Тарих

Тарих (гӀар.

ц. лъазе гьабулеб.

Комплексияб гІелму
Тарих
гӀар. التاريخ‎‎, н.-грек ἱστορία, латин: Historia
Тарих
ГІелмабазул класс гуманитарияб (жамгІияб) гІелму
Тема тарихалъулаб цебетІей
Баккараб заман VI гІ. нилъер заманалде щвелалде
Аслиял мазгьабал дунялалъул тарих, бакІазул тарих; некІсияб тарих, гьоркьохъел гІасрабазул тарих, цІияб тарих
Кумекалъулал дисциплинаби
КІвар бугел гІалимзаби Гьерадот, Плутарх, Вегеций Флавий Ренат, Диодор Сицилиялъулав, Иосип Флавий, Гай Саллюстий Крисп, Тит Ливий, Такцит, Лев Гумилёв, Эдвард Гиббон, Николай Карамзин, Ал-МасгІуди, Ал-Бируни, Ибн-Халдун, Ибн Джарир ат-ТІабари ва ц.
Тарих Викигъамасалад медиафайлал

Дагьабги хас гьабураб магIнаялда тарих ккола жинца кинабниги цебе букIараб жоялъуд рицунел иццал лъазе гьабулеб, жибги лъугьа-бахъиналъул тартибги, тарихиял хIужжабазул хIакъикъатги чIезабулеб ва лъугьа-бахъиназул гIиллаялъул хIакъалъулъ хIасилалги гьарулеб гIелму..

БачIараб бакI ва рагIул магIна

Тарих абураб рагIи авар мацIалде бачIана гІараб мацІалдасан, (гьенибги تاريخ абураб рагIиялъул гьебго магIна буго).

История абураб рагIи бачIараб буго НекIсияб грек мацIалдаса (ἱστορία, historia), гьебги буго некIсияб индоевропаялъул мацIалъул wid-tor- рагIудасан лъугьараб (гьениб weid- кьибилалъул магIна — "лъазе, бихьизе").

Тарих 
Гьеродот (484 – 425 ), жив гIемерисеб историялъул эменлъун рикIкIунев"

"История" абураб рагIул цебесеб магIна НекIсияб Грециялда букIана «лъазабизе, гьикъизе, лъай тIалаб гьабизе, жо лъазабизе». История данде ккун хIалтIизабулаан хIакъикъат лъазабигун, хIужжаби чIезе гьабигун.. НекIсияб Рималъул тариххъваялда (гьанжесеб магIнаялда тариххъвай ккола тарихияб гIелмуялъул цо бутIа, жиннца гьелъулго тарих лъазе гьабулеб) ‘история’ абураб рагIиялъ магIна кьезе лъугьана жо лъазе гьабияллъе гуреб, цебе букIараб жоялъул лъугьабахъиналъул хIакъалъулъ, хадуб цебе ккезабун, бициналъе. Хадуб ‘историяйилан абизе байбихьан бокьараб жиб хIакъикъаталда лъугьараб яги ургъараб лъугьабахъиналъул хIакъалъулъ хабралда,

Гьединго НекIсияб Грециялда «история» рагIиялъ магIна кьолаан гIелмияб цIех-рехалдалъун щвараб бокьараб лъаялде, жакъасеб къоялъ бугеб тарихияб лъай гуребги. Масала, Аристотелица гьеб рагIи хIалтIизабун буго жиндирго «РухIчIаголъабазул историялда» . Гьединго гьеб рагIи дандчIвала Гомерил гимназулъ, Гераклитил адабияталъул асаразда ва Афиназул пачалихъалъе балеб гьаялда. НекIсияб грек мацIалда букIана гьединого historeîn «гIелмияб цIех-рех гьабизе»абураб рагIи, жибги цин Иониялда хIалтIизабулеб букIараб, цинги хадуб гьенисан тIолго Грециялдеги ва ахиралда тIолго греказул цивилизациялдеги тIибитIараб.

Добго некIсияб грек мацIалъул магIнаялда «история» хIалтIизабулаан XVII гIасруялда Френсис Бэконица гIатIидго хIалтIизабулеб «тIабигIияб история» терминалда. Гьоркьохъел гIасрабазул Англиялда «история» рагIи гIемерисеб хIалтIизабулаан хабаралъул магIнаялда (story). Хасаб термин история Цебесел лъугьабахъиназул тартиб хIисабалда хасаб термин история (history) баккана Ингилис мацІалда XV гIасруялъул ахиралда; «историкияб» (historical, historic) абураб рагIи  — XVII гIасруялда. Германиялдаги, Франсиялдаги Росиялдаги кIиябго магIнаялдаги хIалтIизабула цо «история» абураб рагIи.

ТарихчагIи цого заманалда лъугьабахъиназул хал ккун ругеллъунги гьезул гIахьалчагIилъунги кколелъул, гьезул тарихиял хIалтIаби хъварал рукIуна гьезул заманалъул пикруялдалъун, ва политикияб рахъ кквей гуребги, гьел хIалтIабазулъ рукIуна жиндирго заманалъул гъалтIалгиХалип:Стиль фразы. Италиязул гIакъилчи Кроче Бенедеттол рагIабазда рекъон, «тIолго тарих ккола жакъасеб тарихлъун». Тарихияб гIелмуялъ чIезабула тарихалъул иналъул хIакъикъияб битIун бицин, жиблги лъугьабахъиназул бициналдалъунги, гьезул ритIухъаб анализалдалъунги. Нилъер заманалда тарих чIезабула гIелмиял институтазул къуваталдалъун.

Киналго лъугьабахъиназ, жалги наслабазул ракIалда батIи-батIиял куцазда чIолел, гIуцIула тарихиял хроникабазул хIасил. Гьеб къваригIуна цебе букIараб жо бахъун чIезабизе бищун кIвар бугел иццал ралагьезе. Щибаб тарихияб архивалъул гIуцIи браб букIуна дагьабги жамгIияб архивалда, жинда жаниб цоги-цогиял хъвайхъвагIабиги документалги. Архивиял иццаздалъун гуребги, тарихчаIаз хIалтIизарула монументазда ругел суратал ва хъвайхъвагIай, кIалзул биценал ва цогидал иццал , масала, археологиял. Тарихиязда рачIел иццал рихьизарулаго, археологиялъул цIакъго кIудияб мукагIалъи букIуна тарихияб гIелмияб цIех-рехалъе. Лъугьабахъиназул нугIзаз бицараб жо ритIухъ гьабизе яги нахъчIвазе гуребги, гьелъ рес кьола жиндир заманалъул нугIзазул жиндие нугIиялъе жо течIел заманалъул бутIабазул хIакъалъулъ информация батизе.

Цо-цо ауктораз тарих риккIкIуна гуманитарияб гIелмулъун, цогияз — жамгIияб гIелмулъун, а может и рассматриваться как область между гуманитарными и общественными науками.

Историография

Тарихалъул философия

Тарихалъул къагІидаби

Таризалъул заманалъул къотІелаби

Тарихиял дисциплинаби

Тарихалда хурхарал дисциплинаби

Журарал дисциплинаби

ХІужжаби

Адабият

Tags:

Тарих БачIараб бакI ва рагIул магIнаТарих ИсториографияТарих алъул философияТарих алъул къагІидабиТарих Таризалъул заманалъул къотІелабиТарих иял дисциплинабиТарих алда хурхарал дисциплинабиТарих Журарал дисциплинабиТарих ХІужжабиТарих АдабиятТарихГӀараб мацӀ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ГІаща27 март2004 сонХъвавул системаХьаргаби мухъ1975Лондон24 НоябрЖунубияб ХурасанЧӀамалалГьагьарУнсоколо мухъТвиттерТенлаБуцӀраКьенгьараЛъондодаГьукъалТІаса ХъваршиниМогьохъ росдал боЭгъедаГъазимухӀамад ИмамЖумгьурият2020-лел соналСуниялТаяммумХьаргабиXII гІасруПрезидентXI гІасруНипоналИранШабдухъТуркиялъул аваралГIахьалчIиУкраинаГъачикьНанибикаКьанадаБежтӀалКъажарГеографиялъул координаталСилдиДиалектБайар II19361988 сонХадиялВатиканКъАвар мацІалъул цІарХӀинчӀНусиМурадаРачабулда1996 сонБасрияб Сивухъ1930 сонХидиб росдал боХьопор28 июнПарс мацӀРакь (планета)Авар мацӀКолоб росдал боИндияНабоков, Владимир ВладимировичАвар мацІалъул свералабиСасикь🡆 More