Онсоколо Мухъ

Онсоколо мухъ — Дагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи.

Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул централияб рахъалда. Онсоколо мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб анцӀила цоабилеб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 34-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 559,86 квадратияб километр.

Муниципалияб мухъ
Онсоколо мухъ
Байрахъ Герб
Байрахъ Герб
HGЯO
Пачалихъ
Административияб марказ Шамилхъала
Тарих ва география
ГӀуцӀи 1935
ГӀатӀилъи
  • 560 квадратияб километр
Цифрабазул идентификаторал
Телефоналъул код +7 87257
Расмияб сайт
Онсоколо мухъ картаялда
Онсоколо Мухъ Медиафайлал Викигъамасалда

Онсоколо мухъалъул ракӀилъун буго историкияб Авар-гӀорккун букӀараб болмухъ Хьиндаллъи. Жибго Онсоколо мухъ гӀуцӀана 1953 соналъ.

Административияб планалда Хунзахъ мухъ бикьула анцӀила лъабго муниципалияб гӀуцӀиялде, гьезул 12-ялъул буго росдал боялъул статус, цо буго шагьарияб поселение. Гьез гъорлӀе бачуна 21 чӀел-бакӀ, жидер цояб шагьаралъул тайпадул гьенлъун бугеб. Мухъалъул административияб центр буго Унсоколо.

ГӀадамазул къадаралъул рахъалъ Хунзахъ мухъ буго 29 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 33 019 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Мухъ ккола авар мацӀалъул хьондасеб тӀадгарул хундерил сверел тӀибитӀараб ареаллъун.

Ракьхъвай

Мухъ ккола Дагъистаналъул централияб бутІаялда ва гьелъул гІорхъалаби цояллъун ккола: Шурагьиб, Лаваша, Хьаргаби, Хунзахъ ва Гъумбет мухъал. Ракьалъул кІодолъи — 560 км².

Тарих

Унсоколо мухъ гІуцІцІана 23 январалъ 1935 соналъул, Авар округ ва Гъойсубулаялъул мухъ гІуцІцІиялъул хІасилалда.

2011 сон рикІкІуна, криминалалъул рахъалъ кутакалда хІалуцараблъун ва тІубараб мухъго рикІкІуна Дагъистаналъул цогиял мухъазда данде ккун бищун хІалуцараблъун. Чанго соналъ мухъалъул ва жумгьурияталъул хъулухъчагІазе рахІат толеб букІинчІо Ибрагьим ХІажидадаевас ва гьесул жамагІаталъ. 2009 соналъул феврал моцІалъ чІвана мухъалъул бетІер Генуса Казимбег АхІмадов, 2011 соналъул августалъ захІматго лъукъана цІияв бетІер МухІамадхІажи ТІагьиров (гьесул вас чІвана). Гьединго гьужумал гьаруна цоги-цоги хІукуматалъул хІалтІухъабазде, бизнесменазде ва къуваталъул идарабазул чагІазде.. Гьебго соналъул августалъул авалалда ярагъ гьоркьоб хІалтІизабураб тунка-гІуси ккана мухъалъул кІиго кІудияб Генуб ва Унсоколо росабазул гІолохъабазда гьоркьоб, гьелъул хІасилалда чІвана анкьго чи: цо Унсоколоса, цо ЧІиркъатІаса ва щуго Генуса. Гьединго чІваразда гьоркьое ккана Генуса лъабго сон барай яс, чІвай-хъвеялъул би тІада бугевлъун ккола Унсоколо росдал бетІер ГІабдулмажидил МухІамад.

Халкъалъул къадар

Мухъалъул гІадамазул къадар бахуна 30 029 чиясде.

    Миллияб гІуцІцІи

2010 осналъ гьабураб ТІолгороссиялъул халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон:

Миллат РикІкІен,
чи
Кинабниги рикІкІеналдаса
бутІа, %
магІарулал 28 799 97,5 %
даргинал 128 0,43 %
лакал 111 0,38 %
цогиял 509 1,7 %
кинниги 29 547 100 %


Административияб бикьи

Мухъалда гъорлъе уна 12 муниципалияб гІуцІцІи:

  1. Росдал бо «Балахьуни» (росаби Балахьуни, Мокъсохъ ва ШулалъутІа)
  2. Генуб
  3. ГІашилтІа
  4. Росдал бо «ГьаракIуни» (росаби ГьаракIуни, Урчиаб ва ТІаралъул-МегІер)
  5. Росдал бо «ИштІибури» (росаби ИштІибури, Колоб ва ИнкІвалитІа)
  6. Росдал бо «Майданское» (росаби Майданское ва Зирани)
  7. Рихьуни
  8. Росдал бо «Унсоколо» (росаби Унсоколо и ХинлъимитІа)
  9. ХарачІи
  10. Росдал бо «ХъахІабросо» (росаби ХъахІабросо ва Бекьилъ)
  11. ЦІатІанихъ
  12. шагьар тайпаялъул гьен (посёлок ) «Шамилхъала»

Экономика

Мухъалъул аслияб экономика бараб буго — росдал магІишаталда. мухъалда буго 4 ПКЗ, 4 колхоз, 5 совхоз ва ччугІил магІишат.

Лъай кьей ва культура

Мухъалда буго 18 школа, 11 лъималазул школалдацересел учреждениял, 2 махщалабазул школа, 1 лъималазул творчествоялъул Рукъ; 18 клуб, 20 мактаба, 3 музей, 1 театр, 12 памятник культураялъул ва тарихалъул.


Линкал

ХІужаби



  1. перенаправление Шаблон:ТӀинчӀ-Дагъистан
  1. перенаправление Шаблон:Унсоколо мухъ

Tags:

Онсоколо Мухъ РакьхъвайОнсоколо Мухъ ТарихОнсоколо Мухъ Халкъалъул къадарОнсоколо Мухъ Административияб бикьиОнсоколо Мухъ ЭкономикаОнсоколо Мухъ Лъай кьей ва культураОнсоколо Мухъ ЛинкалОнсоколо Мухъ ХІужабиОнсоколо МухъАварияДагъистанДагъистаналъул административияб рикьиМуниципалияб гӀуцӀи

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

1908 сонДаргин мацӀ1961 сонКабардаГӀархъидаБехе ТалаКитайКӀахъАлександр ВишневскийФилософия1000 сонЧунибДоналд ТрампДагъистанГьатӀан (анкьил къо)2020 сонЯГӀажбитӀАвар свералабиГендерил машинабазул тоннель23 ДекабрЗибирхалиХӀинчӀКъажарТӀагьада19491964Микк2010 сонБетIераб гьумерМиллатМигел де Сервантес7 НоябрМетаболизм1883 сонТӀанусиРоссияАгъвалиТуркменистанВикипедияЦихалахъМагӀарул гимнГьоцІалъ росдал боХунзахъТIиндиПутин, Владимирил ВладимирМосква1934IX гӀасру2004 сонXI гӀасруДучеНартБелоруссДжексон, МайклДиалектРакь (планета)КӀалкквейГертмаГьойV гӀасруБелъелдаЛондонИндонезия1 январьГӀодоцараб океанАзарбижан🡆 More