Рихьуни

Ри́хьуни, яги Иргьа́н (гІур.

Росу
{{{1}}}
Пачалихъ Россия
Жумгьурият Дагъистан
Муниципалияб мухъ Унсоколо
Координатал HGЯO
Площад 40,49 km²
Расмияб мацІ авар ва гІурус мацIал
Халкъалъул къадар 1800 чи (2002)
Миллатал аварал
СагІтил рачел UTC+4
Телефоналъул код 87257
Почалъул индекс 368946
ОКАТО 82253830001
{{{1}}} (Россия)
ТӀанкӀ
{{{1}}}

Этимология

Ри́хьуни букIа, Иргьа́н букIа – цониги рагIуе лъаяца чIчIезабураб этимология гьечIо, амма гьел рагIаби авар (яги аваргун-гIанди) рукIин хIакъаб жо буго. Хьиндаллъуда ругел росабазул цIарал гIемерисеб бутIа лIугIула V сериядул локативазда («жаниб, жанибхун»), гьаниб – V серия. Гьебги кIиго батIияб буго: бигьагояб (-б/-в/-й/-р < *=) ва кIижубараб (-nV- + *=, цIале: -ни-б, -но-б ва гь.ц.). Суффикс -nV букIине бегьула *= гьечIогоги (рорце: къотIно́, чохьо́ни ва гь.ц.), гьедингоял руго Хьиндалазул некIсиял бакIицIаралги: Ри́хьу-ни, Хъара́-ни, Зира́-ни, ГьаркIа́су-ни, Гьара́кIу-ни. Гьелда рекъон, Ри́хьуни абураб рагIиги авараб ккола, амма кьолбол магIна унго кинабали лъазе захIматаб буго. Авар мацIалда рихь абураб рагIуца кьола гьал магIнаби: 1) бидурихь, би жанисан чвахулеб букIунеб къаркъаладулI бугеб мащу 2) хIайваназул гIавратлогол цIар 3) =ихь- «бер балагьун щиб букIаниги цебетIамизе, цебелъезе» кьолбодасан бачIараб р-ихь- абураб яги масдар, яги цIарубакI. Бачине бегьула лъабабилеб момент: гьелда рекъон, Ри́хьуни-дул магIна ккола «бихьулеб жаниблъи [яги росу]», амма нилIеда лъазе ккола Рихьуни бакIалда аварацацин Иргьанинги абулеблъи (яги абулебанлъи). ЛъарагIгун-турказ тIибитIизабулеб буго мекъаб гипотеза, гьазул рагIи кколин гьебан абун, амма гьезда киданиги бичIчIичIо жал мекъ рукIине бегьулин абураб жо: гьаб кьибилгицин бачIине бегьула аваргун-гIанди мацIаздасан. Авараб гIор абураб рагIи лIугьун буго протоаваргун-гIанди мацIадул кьолбодасан, амма гIанди мацIцIазул магIна батIияб ккола – «магIданлъи; магIданлъим» (масала: тIинд. reha < *rihV), гьелда рекъон *ʔirhV-n(V) < *rihV-, «магIданлъим бугеб бакI» магIнагун. Гьебни гьереси гьабизе бегьилаан, амма рихьундерил магърибгун-шималияб рахъалда буго гьабсагIалъгицин reha бугеб бакI. Церегоялдаса нахъе гьенибе хьвадулаан тIолго Хьиндаллъи. Генуса, ГъеникIкIалал тIалъудаса Щугъире рачунеб, гендерил умумуца гIуцIцIараб нухдацин цIар буго Иргьа́нс-Ну́хал абун. Рихьуни букIине бегьула аварабураб *rVhV абураб рагIи. Гьедингояб ккола гIанди́ абурабги – гIандияб *Gʷan- абураб рагIудаса бачIараб.

Ракьхъвай

Росу ккола АваргІорул рагІалда, районалъул центр Унсоколо росдадаса жанубиябгун-бакъбаккулл рахъалдехун 18 км рикІкІад.

Халкъалъул къадар

  • РикIкIун вуго 1.8 азарго чи (2002) соналъ.
  • Аваразул (магIарулазул) росо.

Тарих

  • Гьеб букІана (ХIХ гІасруялъ) росдал жамгІияталъул центрлъун.
  • ТІубанго биххун букІана (1970) соналъ ккараб ракь багъариялъул хІасилалда.

2008 соналъ Рихьуни хІоралда гъоркье ккун росу тІерхьана, гІадамалин абуни ЦІияб Рихьуни росулIе гочинаруна.

Росдал тарихиял бакІал

  • Бронзадул мехалъ букІараб ракьукь бугеб нохъо.

ХIужаби

Ссылкаби

Адабият

  • Дагестанская АССР: Административно-территориальное деление. — Махачкала: Дагестанское кн. изд-во, 1966.
  • Дагестанская АССР: Административно-территориальное деление. — Махачкала: Дагестанское кн. изд-во, 1980.
  1. перенаправление Шаблон:Унсоколо мухъ


Рихьуни  Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.

Tags:

Рихьуни ЭтимологияРихьуни РакьхъвайРихьуни Халкъалъул къадарРихьуни ТарихРихьуни Росдал тарихиял бакІалРихьуни ХIужабиРихьуни СсылкабиРихьуни АдабиятРихьуниГІурус мацIДагъистанУнсоколо район

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

МарсАкнада (ЦІумада мухъ)1 ДекабрРоссиялъул Федерациялъул икълимазул кодалИндонезияИмам Шамил1978Россиялъул ФедерацияБакълъул мухъБелъелдаТарихНихьлидаМахАвар мацӀЧӀегӀермегӀер20 март1993 сонГьомерРузман15 НоябрЦIияб гIажам ضێياب عاجامИцдаТуркал15 июлУнсоколоISO 3166ЛахчайидаЧахъуГьойСабдаЦолъарал Миллатазул ГӀуцӀиУкраин мацӀ8 сентябр19 майМухӀамад Рамазанов1990 сонВикимактабИнгилисалБуртиялАваралЭрменистаналъул административиябгин территориалияб рикьиАхтачихъШамаха30 апрельЭнциклопедияЦIамухъАргъваниРокьиБеледиХушатиАдыгеялТуркменистанПакистанГерекХъвай-хъвагӀиялъул система1972 сонРоснобХъинцӀирРамазанПарс мацӀМоцІ7 апрель26 сентябрЛъимЧӀикӀаса СагӀид апандиЯкБолъихъ мухъФонд ВикимедиаГӀебутӀаРоналд Рейган🡆 More