Истанбул

Истанбул - Туркиялъул шагьар.

Шагьар
Истанбул
İstanbul
Истанбул
Пачалихъ Туркия
Ил Истанбул
Координатал HGЯO
Мэр Экрем Имамоглу
КьучІ лъуна 667 соналъ н.р.ц.
Цебе букІараб цІар 330 с. щвезегІан Византий
450 с. щвезегІан ЦІияб Рум
1930 с. щвезегІан КъустІантІинийя
Площад 5343 км²
майданалъул борхалъи 100 м
Гьава-бакъалъул тайпа гьоркьохъеб
Расмияб мацІ Турк мацӀ
Халкъалъул къадар 6 536 862 чи (2011)
Гъунки 2480,9 чи/км²
Миллатал Туркал
Динал Ислам, христианство
СагІтил рачел UTC+2, риидал UTC+3
Телефоналъул код +90 212 (Европаялъул рахъ)
+90 216 (Азиялъул рахъ)
Почалъул индексал 34010-34850
80000-81800
Автомобилалъул код 34
Расмияб сайт ibb.gov.tr
Картаби рихьизаризе/рахчизе
Туркия: жеги гьечӀо позиционияб карта.


Истанбул
Истанбул
Истанбул
Истанбул
Истанбул
Истанбул

ХIамзатил Расул ва Истанбул

Туркиялъул темаялда шагIирас хъвараб тIоцебесеб асарлъун ккола «Къо-мех лъикI, Истанбул» (1959) абураб элегия. Гьениб гьес загьир гьабуна Истанбулгун, гьеб некIсияб, тамашаяб, кидалиго Бакъбаккул кIудиял пачалихъазул цоялъул тахшагьарлъун букIараб шагьаргун ккараб дандчIваялъ, гьесулъ, тIоцеве Туркиялде щварав батIияб пачалихъалдаса инсанасулъ бижизабураб жуба-гъубараб асар.

    Бакъ тIерхьунеб, буго, къо унеб буго,
    Босфоралъул лъеда цIияб кьер буго.
    Бакъараб Туркия бакъаникакде
    ГIорцIарал минараз ахIулеб буго.
      Щайзе чияр улка!.. амма ургъалилъ
      Унеб буго гама, дида бихьула.
      Гьезул байрахъалъул бахъараб гIадаб
      Буго хъвархьараб моцI зодихъ лъедолеб.
    Къо-мех лъикI, Истамбул, Султанил гьундул,
    Сулейманил мажгит, мискинаб улка.
    ГIарцул ригьзабазда аскIор гIодор чIун,
    Унел-рачIунезул гьардолел кверал.
      Къо-мех лъикI, къватIазда кофеги гьекъон,
      Кагътал тIами гьарун мех тIамулеб гIел;
      Лъаларо кагътазул лъий талихI бугеб –
      Ва амма Турция къваридго буго.
    Къо-мех лъикI, гьал гIицIал, чамгIалал хIатIал,
    Нуж, чияр чакмаби рацIцIунел лъимал.
    Нуж гIадал гьабсагIат Гъуниб магIарда
    ГъутIбукь кечI ахIулел ратизе руго.
      Къо-мех лъикI, ракьалда чIварал накаби,
      Зобазде рорхарал ракъварал кверал;
      Аза-азар соназ какалги ранин, –
      Кинан нуж Аллагьас гьединан тарал?
    Дун нахъе вуссуна Дагъистаналде –
    Дида лъалагури тIадмагIаруллъи, –
    ГIазул тIохал ругел дир рорхалъаби,
    Лъарал гъулгъудулел дир гъварилъаби.
      Дол нижер мугIрузда хьухьал рештIингун,
      Дур угьараб хIухьел бихьана дида.
      Дол нижер кьураби рецIцIулеб мехалъ,
      РецIцIулел дур берал щвела ракIалде.
    Турциялъул лъим чIван бакIаб ургъалилъ
    Унеб буго гама Грециялде…
    Дица пашманаб кечI ахIулеб буго,
    Гьеб «ватIан, ватIанин» угьдулеб буго.

Цинги гьеб шигIруялдаса хадур рукIана гьединго жиделъ турказул мотивал загьирлъарал: «Истанбулалда султIанил хIарималде щвараб мехалъ хъварал рагIаби» абураб микьмухъги, кIиго шигIруялдаса гIуцIараб «Туркиялда ругел дагъистаниязе цIаларал кучIдул» абураб гьитIинабго циклги, «Дир Дагъистанги», «Камил ватIалъи» абураб марсиятги.

Суратал

Примечания

Tags:

Турция

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

КванхиАлександр Вишневский30 Ноябр1913XII гӀасруКуллабИБусукьГӀархъидаНью-ЙоркКъамилухъ1 мартЗагӀибХорват мацІШаваГиничукьБалахьуни росдал боТІаралъул-МегІерВенаХъахӀал къункърабиРосуАхтачихъИлъаХьиндахъ (Гъуниб мухъ)Кьогъоб росдал боЯпонияГъоркьхъваршиниКъажарАлмахъШамахаХунзахъа Дибир-къадиТуркменистан1972 сонЖалдаРузманЦӀияб ГьамущиЧавашалХарачІиГьоцІалъ росдал боЧоноб27 НоябрСасикьШидибСадубХушатиЛъаратІа мухъГьаракІуни росдал боГъунхаАмерикалъул Цолъарал ШтаталБухди17 майУцмилросуСерб мацӀТуркияКъородаХунзахъНусиАвустурБакъ22 апрельИндонезияЗибирхалиХъазахъистанГабур27 мартШидиб росдал боБерлин14 апрелГӀандал28 майРоссияГъачикьЛанда🡆 More