Хъахӏал Къункъраби

ХъáхӀал къункъраби — аваразул кІудияв шагІир ХӀамзатил Расулил бищун машгьурал шигІрабаздаса цояб, шигIру, гьес Япониялдаса вуссун хадуб хъвараб.

ШигІру буссинабун буго гІемерал мацІазде. ГІурус мацІалде гьеб буссинабуна 1968 соналъ Наум Гребневас, 1969 соналъ гьеб шигІруялдаса гьабуна Журавли абураб кечІ.

Хъахӏал Къункъраби
ХъахӀал къункъраби
Хъахӏал Къункъраби
къункъраби

ШигІруялъул тарих

Аваразул шагІир, ХІамзатил Расулица «ХъахІал къункъраби» шигІру хъвана 1965 соналъ Япониялдаса вуссинадал. ШигІруялъул тема ракІалде бачІун буго Хиросимаялда бугеб Япониялдаса ясалъе, жий Хиросимаялда гьабураб атомияб къвагьиялъул хІасилалдалъун лейкомиялъ унтун йикІарай, гьабураб монументалде щун, гьениб гІемерал кагъаталъул гьарурал къункъраби рихьун хадуб.

ХІамзатил Расул Япониялда вукІаго, хола гьесул эбел; тІадвуссунаго гьев вукІун вуго эбелалъул хІакъалъул пикрабазда, гьесда ракІалде щун руго Севастополалда букІараб рагъда хварав кІудияв вац МухІамад ва араб бакІ лъачІого рагъда тІагІарав вац Ахильчи, ракІалде щун руго цогидал гІагарал чагІи кІудияб ватаІанияб рагъда хварал. Гьел пикрабазда хъван буго Расулица шигІру.

Тема ва идея

ШигІруялъул леймотивлъун буго къункърабазул тІелалду хадуб балагьи. Гьел роржунунел къункъарбаз къо лъикІ гьарулел ругел гІадин гьаркьалги гьарулаго «Нилъее салам кьун роржунел руго». Авторас пикру гьабулеб буго гІумру лъугІиялда ва хвел бачІиналда тІад пикру.

ШигІруялъул идеялъун буго гІадамасул гІумруялдаги хІанчІазул роржиналдаги гьоркьоб гьабураб релъенлъи ва хвел ахирлъун кколарин абураб пикруги.

«Кирго рукъун гьечІин, къанабакь лъечІин ‹...›. ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин»...

ШигІруялъул жанр ва композиция

ШигІрудал жанр буго эллегия, жиндир адабияталъулаб мазгьаб романтизмалъун кколе. Композиция гьабун буго авторасул гІумрудал нухалъул хІакъалъулъ темаялда тІасан бугеб жанисеб диалог хІисабалда. ТІолго шигІруялъулъ буго пашманлъи, гІумруялъуо ахир букІин бичІчІи. Авторасда бихбулеб буго къункърабазул тІелалъулъ цо манзил:

    Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
    Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?

Гьелдалъун бихьизабун буго живго авторасул хІал ва кинабниги шигІруялъулъ кьолеб бугеб пикру.

Лирикияв гьероясул сипат-сурат

БетІерал гьеорояллъун руго живго авторги къункърабазул тІелги, гьезда гьоркьоб лъугьун буго бихьулареб хурхен; живго авторасда бихьулеб буго гьесул гІагарлъи, къисматазул релъенлъи..

ШигІруялъул текст

    Дида ккола, рагъда, камурал васал
    Кирго рукъун гьечӀин, къанабакь лъечӀин.
    Доба борхалъуда хъахӀил зобазда
    ХъахӀал къункърабазде сверун ратилин.
      Гьел иххаз хаселаз халатал саназ
      Нилъее салам кьун роржунел руго.
      Гьелъин нилъ пашманго, бутӀрулги рорхун,
      Ралагьулел зодихъ щибаб нухалда.
        Боржун унеб буго къункърабазул тӀел,
        Къукъа буго чӀварал гьудулзабазул.
        Гьезул тӀелалда гъоркь цо бакӀ бихьула -
        Дун вачӀине гьаниб къачӀараб гурищ?
          Къо щвела борхатаб хъахӀилаб зодихъ,
          ХъахӀаб къункъра лъугьун дунги паркъела.
          Гьелъул гьаркьидалъун ракьалда тарал
          Киналго нуж, вацал, дица ахӀила.


Ралгье гьединго

МугъчӀваял

Библиография

  • Казиев Шапи. Расул Гамзатов. — М: Молодая гвардия, 2018. — О стихотворении «Журавли»: с. 250—257.

РегӀелал

Tags:

Хъахӏал Къункъраби ШигІруялъул тарихХъахӏал Къункъраби Тема ва идеяХъахӏал Къункъраби ШигІруялъул жанр ва композицияХъахӏал Къункъраби ШигІруялъул текстХъахӏал Къункъраби Ралгье гьедингоХъахӏал Къункъраби МугъчӀваялХъахӏал Къункъраби БиблиографияХъахӏал Къункъраби РегӀелалХъахӏал КъункърабиХӀамзатил Расул

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Гьой27 август1918Квадратияб километрМангустИспан мацӀКанадаХъахӀилаб гнуНугъай мацӀАтлантикияб океанБацӀ1973Александр МакедониявДанияЛитваХӀамаДжексон, МайклISO 3166СтокголмПётр IXIX гӀасруСуниял1944M14 мартБорциналъул рикӀкӀкен28 АпрелБушбокГӀурус ВикипедияМехикоЭстонияХундузВикимедиа ФондПортугалияБакьучКаспий ралъад197422 августАварал22 мартТуркал-гӀусманиялПанголинФинляндияБайтул МакъдисЦицеронКъардибМасихӀ гьави1904Кавказ1972 сонГеографиялъул координатал12 декабрПукуМонакоРеформацияФейсбукЭркенаб контентПачалихъазул телефоналъул кодазул сияхӀ2023 сонИсраилXI гӀасруАвустурРембрандт🡆 More