Иран

Ира́н (ایران [ʔiˈɾɒn]), 1979 соналдаса нахъе Исла́мияб Респу́блика Ира́н (парс جمهوری اسلامی ایران‎ — Джомхури́-йе Эслɒми́-йе Ирɒ́н), 1935 соналда цебе гьединго Па́рс — Цебесеб Азиялда бугеб пачалихъ. ТахшагьарТегьран.

Исламияб Республика Иран
парс جمهوری اسلامی ایران
Иран Иран
Байрахъ Герб
ШигӀар: «اﺳﺘﻘﻼﻝ، ﺁﺯﺍﺩﻯ، جمهوری اسلامی»
«Истикълал, Эркенлъи, Исламияб Республика»
Гимн: سرود ملی اﻳﺭﺍﻥ
Иран
Иран картаялда
КьучӀ лъуна 1 апрел 1979 соналъ
(Исламияб революция)
Расмияб мацӀ парс мацI, падар мацI
Миллатал парсал, падарал, лурал
Тахшагьар Тегьран
ЧӀахӀиял шагьарал Тегьран, Машгьад, Карадж, Табриз, Шираз, Исфагьан, АхIваз
ХӀукмуялъул низам исламияб республика
ТIадегIанав бетIер
Президент
Мажлисалъул Председатель
ГIали Хаминеи

Ибрагьим Раиси

МухIамад-Багъир Гъалибаф
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь • Кинниги • % лъел бутІа 17-билеб дунялалда
&&&&&&&&01648195.&&&&&01 648 195 км²
7,07
Халкъалъул къадар• Къимат (2017)• Гъунки
81 000 000чи (17-билеб)
42 чи/км²
ГІЖП (БББ)
  • ХӀасил (2020)
  • Халкъалъул цо чиясе

1,1 трлн $ (23-билеб)
13073 $ (101-билеб)
ГІЖП (номинал)
  • ХӀасил
  • Халкъалъул цо чиясе

635,724 млрд $
7555 $
ИПГӀИ (2019)  0,797 (цӀикӀкӀараб) (65-билеб)
Этнохороним ира́нав, ира́най, ира́нал
Интернет-домен .ir, ایران.
Код ISO RU
Код МОК RUS
Телефоналъул код +98
СагӀтил рачел UTC+3:30 (риидал — UTC+4:30), IRST

БакътӀерхьуда гӀорхъи уна ГӀиракъгун, шималгун-бакътӀерхьуда — Азарбижан, Армения ва Турциягун, шималалдаса — Туркменистангун, бакъбаккуда — Афгъанистан ва Пакистангун. Шималалдаса Ираналъул гӀорхъи чурула Каспий ралъадалъ, жунубалдаса — Гьинд океаналъул Парс ва ГӀуман заливаца.

ГӀемерал гӀасрабаца гьаб пачалихъалъул Машрикъалъул регионалда цӀцӀикӀкӀарасаб асар букӀана, амма жакъаги Иран жиндир ГІЖПялда (БББ) балагьун исламияб гӀаламалда ункъабилеб экономика ва БакътӀерхьул Азиялда (Турциялдаса хадуб) кӀиабилеб экономикалъун ккола. Гьеб гурони, технологиял церетӀеялъул рахъалдаса Иран ккола регионалда бищун церетӀурал пачалихъаздаса. Гьединго Ираналъул ракь буго Евразиялъего стратегикияб рахъалдаса кӀвар бугеб регионалда ва пачалихъалъухъ чӀахӀиял нарталъул ва тӀабигӀияб газалъул запасал руго.

Парсал, азарбижанал, курдал ва лурал ккола Ираналъул бищун чӀахӀиял халкъаллъун.

Этимология

Жакъасеб Ираналъул цӀар «Ирɒ́н» (парс ايراﻥ‎) кьучӀ босула цин гьалдаса пагьл. Erān хадуб гьалдаса авест. Airyāna, ай, гьеб ккола некӀсиял индогун-ираназул цӀаралдаса «arya» бачӀараб рагӀи. Гьеб ккола «Арияб пачалихъ»-абураб магӀна кьолеб прилагательное яги «Ариязул пачалихъ»-абун бугеб генетив, гьаб калимаялдаса кьучӀ босулеб авест. airyanam dahyunam — «Ариязул пачалихъал».

Тарих

Иран 
НекӀсияб Иран. Гьелъул тӀоцебесеб хӀукуматияб гӀуцӀи — Элам (багӀаралъ бихьизабун буго) ва мадугьилиял миллатал — парсал, парфянал, мидиял, касситал; пачалихъал Вавилония ва Ассирия.

Ираналъул хӀукуматияб тарих рикӀкӀуна дунялалда бищунго некӀсияздасан, хъвай-хъвагӀаяздалъун гьелъул заман бахула 5 азарсонида. Гьелъул ракьалда, Хузестаналда, тӀоцебесеб Элам хӀукумат гӀуцӀана нелъер эраялдаса цебе III азарсонида. Дариил I заманалда Парс империя тӀибитӀана Юнаналдаса ва Киренаикалдаса бахъун Гьинд ва Тарим гӀоразда щвезегӀан. Иран, тӀолго жиндир хъвай-хъвагӀиялъул тарихалда жаниб жиб Парс-абун лъалеб, 2 азар соналъ букӀана дунялалъул бищун цӀцӀикӀкӀараб асар бугеб сиясияб ва маданияб марказлъун. ГӀемар гӀасрабаца батӀераб динлъун гьениб букӀана зартуштияб дин. XVI гӀасруялда Ираналъул хӀукуматияб динлъун лъугӀана ислам.

НекӀсияб Иран

Ираналъул территориялда гӀадамал рагъарана гочизе цӀакъ некӀояб заманаялъ (бал. Зарзий культура). Н. э. цебе I азарсоналъ ираниял миллатал гьеб ракьалда цӀцӀикӀкараселлъун лъугӀана.  Цо-цо къавмал (парсал, мидиял, бактриял, парфиял) Иранияб тӀалъиялъул бакътӀерхьул рахъалда чӀана; балучал ана бакъбаккул рахъалда ва ГӀуман заливалъул рагӀаллъуда.

ТӀоцебесеб къуватаб иранияб пачалихъ ХӀамаданалда (Экбатана) жиндир тахшагьаргун Мидиялъул ханлъи букӀана ва гьеб гӀуцӀараб заман ккола н. э. цебесеб VIII гӀасруялъул ахир — VII гӀасруялъул байбихьи. Мидиязе кӀвана жедер кверщалихъ тӀолго бакътӀерхьул Иран ва цо-цо бакъбаккул ракьалги рачизе. Бабиланиялгун цадахъ гьез Ассириялъул империя щущах бана, Месопотамия ва Урартуги бахъана.

Ахаманишал

Н. э. цебе 553 соналда Аншаналъул ва Парсалъул Ахаманишазул тухумалдаса жив кколев хан, гӀолохъанав Кураш мидиязда данде рагъ лъазабун вахъула. Курашица Экбатана кодо босула ва живго Мидиялъул ва Парсалъул ханлъун лъазавула. Мидиязул Иштувегу ханин абуни гьеб заманалъ асирлъун ккола, амма хадув эркен гьавула ва цо останалъул бетӀерлъун тола. Жинда н. э. цебе 529 соналъ хвел щвелалде КӀудияв Курашица II Ахаманишазул империя ва Бакьулъралъадлъиялдаса ва Анатолиялдаса байбихьун Сырдариялда щун БакътӀерхьул Азия жиндир кверщелалде гъорлъ бачула. Гьелда цебе, н. э. цебе 546 соналъ, Курашица Парсалда жиндирго ханлъиялъул тахшагьар гӀуцӀула — Пасаргадал, гьенивго гьев хун хадув вукъула. Курашил вас Камбизица II инсул империялъул ракьал Мисралда ва ХӀабашиялда щун гӀатӀид гьарула.

Иран 
Ахаманишазул империя бищунго гӀатӀидлъараб заманалъ

Камбиз хведал ва гьелдаса хадуб ханасул рокъор лъугӀарал чӀваял ва кьалазул хӀасилалда, ханлъуда вачӀула Дарий Гистасп.

Парфия ва Сасанидал

Македонияв Александр хун хадув н. э. цебе 323 соналда гьесул империя бикь-бикьана чанго батӀа-батӀаял пачалихъазда. Гьанжесеб Ираналъул цӀикӀарасеб территория ккана Селевкиязул кверщалихъ, амма дагьаб хадуб парфяназул хан Митридат I цӀиял ракьал рахъизе гӀоло гьужумал гьаризе байбихьана ва Персиягун Мавараннагьр жиндирго пачалихъалда жанир рачана.

Нилъер эраялда цебе 92 соналда Парфиялдаги Рималдаги гьоркьоб гӀорхъи бикьана Евфрат гӀоралъул русло ккун, амма румал кватичӀого парфянал магърибиял сатрапиязда тӀад гьужум гьабуна ва парфияца къезе гьаруна. Гьеб гьужумалъе жаваб хӀисабалда парфянаца гьабураб чабхъадул хӀасилалда Левант ва Анатолия бахъана румазухъан, амма хадур Марк Антонийил бояца цӀидасан Евфрат гӀоралъул рагӀалда нахъе реххана. Гьелдаса хадуб Парфиялда цоялдаса хадуб цояб ккун гражданлъиялъул рагъал тӀоритӀана Рималъ парфиназдаги греказдаги гьоркьоб питна бекьиялъул хӀасилалда.

224 соналъ Ардашир Папакан абурав, Парсалда бугеб Хейр шагьаралъул бетӀерасул васас, парфян хан Артабан IV боги гъурун кӀиабилеб Персиялъул империя гӀуцӀула — Ираншагьр («Ариязул ханлъи») абун цӀарги лъола гьеб пачалихъалда, гьелъул тахшагьарги Фирузабадалда тола, живгоги цӀияб Сасаниязул династиялъул кьучӀ лъуравчилъунги вахъула. Гьеб заманалда арстократиялъул ва зартуштиял рухӀаниязул асар ва къуват цӀикӀуна, цогидал дин ккурал чагӀазе квалквал гьабула. Административияб реформа тӀобитӀана. Сасанияца румалгун ва Марказияб Азиялдаса кочевникалгун рагъал гьарула.

ГӀараб гьужум

Турк ва мангъулазул гьужумал

Династиял (1501—1979)

Иран 
Шагь ИсмагӀил I

Исламияб республика

Иран 
Аятулла Хумейни

Ирангун-ГІиракъалъул рагъ

ХӀукуматалъул гӀуцӀи

Инсанасул хІукъукъал

КъватІисаб сиясат

Ракьазул бахӀсал

География

Демавенд мегӀер Амоль

Гьава-бакъ

Аслиял шагьарал

Ираналъул халкъалъул 67,5 % гӀумру гьабула шагьаразда. 2030-абилеб соналда гьеб къадар 80 % бахине рес буго. Бищун кӀудияб шагьаралда — Тегьраналда гӀумру гьабула 8,7 млн чияс (ва 14 млн шагьаралъул агломерациялда). Тегьраналда бакӀарун буго пачалихъалъул бащадаса цӀцӀикӀкӀараб промышленнияб къуват, гьени гьоркього уна — автомобилазул, электронияб, яргъил, химикияб ва кванил производство. КӀиабилеб бищун кӀудияб шагьар ккола — Машгьад, гьеб буго шигӀияз мукъадасаблъун рикӀкӀунеб шагьар.
Халкъалъул къадар бихьизабуралдаса цӀцӀикӀкӀун бугел шагьарал:

  • Иран  — 5 000 000-даса 10 000 000-лде вахарав чи.
  • Иран  — 2 000 000-даса 4 999 999-ялде вахарав чи.
  • Иран  — 1 000 000-даса 1 999 999-ялде вахарав чи.
  • Иран  — 800 000-даса 999 999-ялде вахарав чи.
  • Иран  — 500 000-даса 749 999-ялде вахарав чи.
  • Иран  — 300 000-даса 499 999-ялде вахарав чи.
Иран 
Иран (Иран)
Иран 
Машгьад
Иран 
Исфагьан
Иран 
Кередж
Иран 
Шираз
Иран 
Табриз
Иран 
Къум
Иран 
Керманшагь
Иран 
Урмия
Иран 
Рашт
Иран 
Загьедан
Иран 
Керман
Иран 
Йазд
Иран 
Ардабил
Иран 
Бандар-ГӀаббас
Иран 
Эрак
Иран 
Исламшагьр
Иран 
Зинжан
Иран 
Сенендедж
Иран 
Къазвин
Иран 
ХӀурремабад
Иран 
Гурган
Иран 
Сари
Иран 
Шагьрияр
Иран 
Къудс
Иран 
Кашан
Халкъалъул къадар 300 аз. чиясдаса цӀцӀикӀкӀун бугел Ираналъул шагьарал (2016 соналъул баяназда рекъон)

Ираналъул администрияб бикьи

Ираналъул аслияб администрияб бикьи ккола останал (парс استان‎ — ostān; гӀ. къ. — استانﻫﺎ — ostānhā), гьел рикьула шагьрестаназда (парс شهرستان‎), ва хадур гьелги жедер иргаялда  — бахшазда (парс بخش‎). ГӀадатияб къагӀидаялда останалъул бищун кӀудияб шагьар рикӀкӀула гьелъул тахшагьарлъун (парс مرکز‎ — markaz). Жиб-жиб останалде губернаторас (остандарица — استاندار) бетӀерлъи гьабула. Иран бикьула 31 останалда:

1950 соналда цебе Иран бикьулеб букІана 12 останалда: Ардалян, Азарбижан, Балучистан, Парс, Гилан, Араки-ГІажам, Хурасан, Хузестан, Керман, Ларестан, Лурестан ва Мазандаран. 1950-абилеб соналъ гьзул къадар дагьлъана 10-яллда щвезегІан, ва хадуб 1960 соналдаса 1981 соналда щвезегІан гьезул къадар бахана 28 останалде. 2004 соналъ Хурасан бикьана 3 останалда, ва гьединго 2010 соналъ Тегьранги — 2 батІаяб останалда.

Халкъ

Иран 
Парсал

1950—1990-абилел соназ пачалихъалда букІана демографиияб кьвагьи. 1979 соналдаса бахъун 2006 соналде щвезегІан халкъалъул къадар кІицІул цІцІикІкІана ва бахана 70 495 782 чиясда, цинги 2011 соналъ — 75 149 669 чиясдаги. Амма 1990-абилел соназ лъимергьаби лъалаго дагьлъана ва наслаби гІезариялъул даражаялдасаги гъоркье ккана. ТІолго лъимергьабиялъул коэффициент — 1,87 (наслаби гІезариялъе букІине ккола 2,15). Халкъалъул 61% цІцІикІкІараб процент гІадамзул буго 30 сон тІубачІеб гІелалъул (май 2009). Лъайбосиялъул даража бахула 84 %, урбанизация — 71 %.

Дин

Иран 
Ираналъул этникиялгун-диниял къокъаби
Иран 
ИсмагӀил Шагьица шигӀизм Ираналъул хӀукуматияб динлъун лъазабуна.

ГӀемерисел ираниял руго бесурманал. Халкъалъул 85 % — ккола шигӀиял (хӀукуматияб дин). ГӀиракъ, Азарбижан ва БахӀрейн пачалихъалгун, Иран ккола шӀигӀияб халкъалъул процент бащадасан цӀцӀикӀкӀараб бугеб пачалихъаздаса, амма, «Вилаят Факигь» абураб хӀукуматияб доктринаялда рекъон хӀукуматалъул сиясат шигӀизмалда тӀад гӀуцӀун гьечӀо. Къум шагьар рикӀкӀула шигӀизмалъул марказлъун. Гьенир руго гӀемер диниял университетал ва семинариял. Машгьадалда буго шигӀиязе цӀакъ кӀвар бугеб Имам Резал зиярат.

Cунниязул къадар расмияб информациялда рекъон буго 9 %, амма цогидал баяназда рекъон гьезул къадар хӀатта 20% бахулеб батула. Христианазул къадар ккола 4 %.

ХутӀараб 2 % жанир уна бахаял, мандеял, индусал, изидал, зартуштиял, иудеял. Ахирисеб кӀиго расмияб къагӀидаялъ хӀукуматалъ рикӀкӀула ва къануналъ цӀунула.

Экономика

Энергетика

Туризм

Транспорт

Ираналда буго кваранрахъалъулаб транспорт иналъул къагӀида (рул квегӀиса).

Маданият

Иран 
Имамасул мажгит, Исфагьан
    Ираналъул адабият
    Ираналъул архитектура
    Ираналъул изобразительнияб искусство
Иран 
Муин Мусаввир. ГӀащикъал ва служанка. XVII гӀасруялъул Парс живопись
    СМИ

Казиятал: «Кейгьан», «ИттилагӀат».

Телерадиокьей: «Press TV», «Исламияб Республика Ираналъул Гьаракь»

Информагентстваби: ИРНА (IRNA), ИСНА (ISNA), FARS

Рагъулал къуватал

Китайгун рагъулабгун-техникияб гьоркьоблъи

Космосалъулал достижениял

Ираналъул буго жиндирго космосалъулаб агентство.

Гь. балагье

  • Россиялъулгун-ираналъул гьоркьолъаби
  • КӀудияб Иран
  • Иранистика

Комментариял

МугъчӀваял

Адабият

РегӀелал

Халип:ОИК Халип:ШОС Халип:ОЭС Халип:SAARC

Tags:

Иран ЭтимологияИран ТарихИран ХӀукуматалъул гӀуцӀиИран ГеографияИран Аслиял шагьаралИран алъул администрияб бикьиИран ХалкъИран ДинИран ЭкономикаИран МаданиятИран Рагъулал къуваталИран Космосалъулал достижениялИран Гь. балагьеИран КомментариялИран МугъчӀваялИран АдабиятИран РегӀелалИран

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Балъхъадерил мацӀГьунухъХӀукуматХидибЗобКьудаб контент1978Адыгеял17 мартЦивилизацияСанкт-ПетербургXI гІасруИцдаВатиканИндия1964Бангладеш15 Декабр19717 март1939 сонURLТIиндиАвар мацІалъул свералабиВикимедиа Фонд1906 сонГерекРакьдагьоркьосеб ралъад19 майТатарал20 Декабр28 апрельСиясатчиАмерикалъул Цолъарал ШтаталЦIамухъБагьавудин ХъурщилавГӀадамасул черхХьаргабиИмам ШамилРоссиялъул империяМиллат22 мартБакълъул мухъЦиГъодоберисел1 ДекабрУкраин мацӀХъвавул системаТуркменистанДоналд ТрампГенетика2011 сонГьойВикикъамусАвар ВикипедияРоссиялъул Федерациялъул икълимазул кодалИмарат КавказЧӀикӀаса СагӀид апанди🡆 More