Туплис

Тулпис, Тбили́си (гуржи: თბილისიcode: ka is deprecated tʰ'biliˌsi ⓘ — «хинаб ицц», цебесеб (1936 соналде щвезегІан) цІар — Тифлис) — Хъизихъалъул тахшагьар ва кІудияб шагьар, жиб Кор гІоралъул рагІалдаги бугеб, жиндир хакъалъул къадарги гІага-шагарго 1,1 миллион чиясде бахунеб.

Шагьаралъе кьучІ лъун буго V гІасруялда.

Тахшагьар
Тулпис
თბილისი
Байрахъ Герб
Байрахъ
Байрахъ
Герб
Герб
Пачалихъ Гуржи
Координатал HGЯO
Мэр Каха Каладзе
ТІоцебесеб нухалъ рехсей IV гІасру
БукІараб цІар 1936 с. щвезегІан Тифлис
Площад 726 km²
Расмияб мацІ гуржи мацI
Халкъалъул къадар І 485 293 чи 
Гъунки 1614 чи/km²
Динал Насранияб
Телефоналъул код 32
Расмияб сайт http://www.tbilisi.gov.ge

Тулпис ккола Хъизихъалъул бищун кІвар цІикІараб магІишаталъулаб, жамгІияб ва маданияб центр. Шагьар гьединго ккола трансмиллиял энергетикиял ва дармилал проетазе кІвар бугеб транзитивияб центрлъун.

Шагьаралъ гІуцІула улкаялда жиндир даража бащад гьабураб Тулпис муниципалитет, жиндир гІатІилъи 720 км² бугеб, халкъалъул къадар — &&&&&&&&01184818.&&&&&01 184 818 чи, 2020 соналде баяназда рекъон, ялъуни &&&&&&&&01108717.&&&&&01 108 717 чи (2014 соналъул къадар рикІкІиналда рекъон), гьенирго жибго шагьаралъул &&&&&&&&01062282.&&&&&01 062 282 чиги (2014 сон), 4 шагьаралъул тайпаялъул гьеналъул &&&&&&&&&&016015.&&&&&016 015 чиги (2014 сон), 22 росдал — &&&&&&&&&&030420.&&&&&030 420 чиги (2014 сон).

Этимология

«Тбилиси» абураб цӀар тӀоцебесеб нухалъ рехсолеб буго IV гӀасруялда; гьеб цӀар бачӀин хурхинабулеб буго шагьаралда чӀабтӀил хинал иццал (гуржи: თბილისი [Тбилиси]; тбили — «хинаб») рукӀиналда; 1936 соналде щвезегӀан хӀалтӀизабулеб букӀана грек адабияталдаса бачӀараб «Тифли́с» абураб цӀар. 1936 соналдаса расмияб хӀисабалда тасдикъ гьабуна жиб абулеб къагӀидаялъул рахъалъ миллиялде гӀагараб «Тбилиси» абураб форма.

Физикиябгин географиялъулаб сипат-сурат

Туплис 
Тулписалъул ботаникияб ахикь бугеб чвахел

Бугеб бакӀ

Тулпис буго 30 км халалъиялъул Тулписалъул жаниблъиялда, жиб Кор гӀоралъул расалъиялде кколеб ва лъабго рахъалъ сверун кьурабаз къараб. Ралъдал гьумералдаса борхалъи буго 380–770 метра. Тулписалда сверухъ руго 6-, 7- и 8-балл сейсмолъи бугеб бакӀал. Бахъбаккудаса, жанублъияб рахъалдасаги ва бутӀаккун бакътӀерхьудасаги Тулписалъу гурхъи буго Гардабан мухъалъулгун, шималияб рахъалдаса ва хутӀараб бакътӀерхьудаса — Мцхет мухъалъулгун.

Климат

Климат буга рагьаяб субтропикияб, халатаб багӀарараб риигун, къокъаб хинаб иххгун, тамахаб, амма ракъадалаб хаселгун.

  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб температура: +13,3 °C.
  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьуриялъул хехлъи: 1,5 м/сек.
  • ЛъагӀалил гьоркьохъеб гьаваялъул рагьай: 67 %.
  • Температурабазул экстремаллъи: минимум — −24,4 °C 1883 соналъул 21 январь); максимум — +42,0 °C (1882 соналъул 17 июль).

Тарих

РикӀкӀунеб буго, Тулписалъе кьучӀ лъунин Ибериялъул пачахӀ Вахтанг Горгасалица нилъер заманалъул V гӀасруялда, ва тахшагьарлъун лъугьанин VI гӀасруялда, амма «Тбтлада»цӀар буго дагьалги цересел румазулал картабазда, Тулписалъул тарихияб централда рухъа-хъван рагьун руго I–II гӀасрабазул термалият хӀамамал мозаика ккурал хӀавузалги, ретӀел хисизе бакӀалги ва керамикиял рогӀразул церетӀурал системабиги ругел. Шагьаралъул цогидал бакӀазда ратун руго н. щ. VI–III гӀасрабазул росаби.

Административияб рикьи

Туплис 
Вид на исторический квартал Тбилиси

Жакъа къоялъ Тулпис шагьар бикьула хадусел административиял районазде:

  • Ваке (ვაკე)
  • Сабуртало (საბურთალო)
  • Исани (ისანი)
  • Самгори (სამგორი)
  • Дидубе (დიდუბე)
  • Чугурети (ჩუღურეთი)
  • Крцаниси (კრწანისი)
  • Мтацминда (მთაწმინდა)
  • Глдани (გლდანი)
  • Надзаладеви (ნაძალადევი)

Цере рукІарал:

  • Дидгори[ka] (დიდგორი) — 2007–2013
  • Басрияб Тбилиси[ka] (ძველი თბილისი) — 2007–2013

Тбилиси муниципалитеталде гъорлъе 2008 соналдаса байбихьун уна: 4 шагьаралъул тайпаялъул гьен гІадамазул къадар &&&&&&&&&&016015.&&&&&016 015 чи вугеб ( 014) — Диди-Лило (2417 чи, 2014), Загэси (5200чи, 2014), Коджори (1232 чи, 2014), Цхнети (7166 чи, 2014) — ва 22 росу гӀадмазул гӀамаб къадар &&&&&&&&&&030420.&&&&&030 420 чи вугеб (2014). Гьанжесеб статистикаялъ гьел киналго рикӀкӀуна Тулписалда гъорлъ, амма халкъалъул къадар рикӀиналъул рахъал гьел рикӀкӀуна батӀаго.

ХӀакимлъиялъул органал

Шагьаралъул хӀакимлъи

Шагьралда буго Тулписалъул халкъияб мажлис (Сакребуло) ва Тулписалъул хӀукумат, жинда цебе шагьаралъул мэрас хисаб кьолеб.

Хъизихъалъул хӀакимлъи

Тулписалда руго пачалхъилъул хӀакимлъиялъул киналниги тӀубазабиялъул ва диваналъулал (Конституциялъулаб хутӀизегӀан) органал. Тарихияб район Авлабариялда, М. Абдушелашвилил къотӀноб буго президентасул кӀалгӀа — Хъизихъалъул президентасул расмияб резиденция ва хӀалтӀул бакӀ.

Галерея

ХӀужжаби

Адабият

  • Поспелов Е. М. Географические названия мира. Топонимический словарь / отв. ред. Р. А. Агеева. — 2-е изд., стереотип. — М.: Русские словари, Астрель, АСТ, 2002. — 512 с. — 3 000 экз. — ISBN 5-17-001389-2.

Ссылки

Халип:Азиялъул тахшагьарал

Tags:

Туплис ЭтимологияТуплис Физикиябгин географиялъулаб сипат-суратТуплис ТарихТуплис Административияб рикьиТуплис ХӀакимлъиялъул органалТуплис ГалереяТуплис ХӀужжабиТуплис АдабиятТуплис СсылкиТуплисГуржи мацӀКор (гӀор)ТахшагьарФайл:Tbilisi.oggХъизихъ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ШотодаАнсалтІаНипоналХасавюртХъварадаРоснобЕвропа1916Мазада росдал боРачабулдаГрек мацӀТІаса Инхъокъвари30 сентябрьГӀандал1954 сонМазадаХъизихъГІочІло росдал бо23 апрельБудапештНекӀсияб ЕгипетХуштада1894ДилимРоже ГародиЖунубияб ХурасанГӀ2011 сонШвецияШубадаМочІохъГьонодаАкнада (ЦІумада мухъ)30 июнБакьайчӀиНанибикаБарнабГьамиштІаГьаракІуни росдал бо4 ФевралURLБиблияXI гІасруКъажарБакътӀерхьул АзияСелена ГомесХородаЦІумадаАхтачихъ1988 сонИраналъул гимнАваразул ханзабазул сияхӀВильнюсЖажадаХидиб росдал боМеседНакІкІикь (Хунзахъ мухъ)ГъазимухӀамад ИмамЧанхъоUTCЦІумада-ГІурухъРоссияВикипедия2014 сон14 апрельПрага2018 сонКъорода росдал боАдабиятХӀажи-МурадБуцӀра🡆 More