Гӏараб Алипба

ГІараб алипба (гӀар.

Хъвай-хъвагІи буго кваранидаса квегІиде курсивалдалъун ва гьелде гъорлъ буго 28 хІарп. ГІемерисел хІарпазул руго контекстиял хъвалел къагІидаби.

ГӀараб алипба
Гӏараб Алипба
Тайпа
Абджад
МацӀал ГӀараб
Заман
III яги IV гӀасруялдаса нахъе
Хурхарал системаби
Эбелаб система
Египтиял гьиероглифал
  • Прото-Сайнаъаб
    • Финикияб
      • Арамаяб
        • Набатеяб
          • ГӀараб алипба
ISO 15924
Хъвалеб къагӀида Кваранидаса квегӀиде
ISO 15924 Arab, 160
Юникод
Юникодалъул диапазон
Arabic
Юникодалъул ранг
Гӏараб Алипба
ГІараб хъвай-хъвагІи хІалтІизарулел пачалихъал:
  цохІо бугеб расмияб хъвай-хъвагІи
  цогидаб расмияб хъвай-хъвагІигун бугеб

ГІараб алипба рикІкІуна абджадиятлъун, ай жинда гъорлъ гІицІго рагьукъал гьаркьал (консонантал) рихьизарулел хІарпал хІалтІизабулеблъун, гьединго рикІкІуна гІараб алипба жубараб абджадиятлъун кколин абунги.

Цогидал журарал абджадиятазда гІадин къаламчагІаза рахъана рагьарал гьаркьал рихьизаризе хасал хІаракаби ва диакритикал.

Рагьукъал гьаркьал

Аслияб гІараб алипбаялда буго 28 хІарп.

Цогидал мацІазе дандеккезабун гьабураб гІараб хъвай-хъвагІиялде тІаде журан ялъуни тІаса рахъун руго чанго хІарп, мисалалъе, парс, гІусманияб турк, курд, урду, синди, малай, пушту, арви ва малаялам мацІазда. ГІараб хІарпазул гьечІо бетІераб ва бетІераб гуреб формаби.

ГІемералго хІарпал руго цоцазда релълъарал, амма жал бакъулъ ругел бутІабазда тІад ялъуни гъоркь ругел тІанкІаздалъун (нукъдабаздалъун) ратІарахъулел. Гьел тІанкІал ккола хІарпазул ратІатІоларел гІаламаталлъун, жидеца батІи-батІиял гьаркьал кьолел хІарпал цоцадаса ратІа гьарурел. Мисалалъе, ب (b), ت (t) ва ث (th) хІарпазул буго цого аслияб куц-мухъ, амма руго тІанкІал: цояб гъоркь, кІиго тІаса ва лъабго тІаса; ن (n) хІарпалъул байбихьуда ва гьоркьоб хъвалеб къагІида буго цого тІаса цо тІанкІгун, батІаго ва ахиралда хъ валел къагІидаби руго батІиял.

ГІараб хІарпазул басмаялъул ва кверзул хъвалеб къагІида ккола курсивлъун, рагІиялда жаниб гІемерисел хІарпазул букІуна аскІор ругезулгун бухьен.

Алипбаялъулаб тартиб

ГІараб алипбаялъул хІарпазул буго кІиго батІияб тартиб (коллация): абджадия ва гьиджаи (алифбаи).

Оригиналияб абджадия (أَبْجَدِيّ) таритиб, жиб леттерингалъе[en] хІалтІизабулеб, лъугьараб буго финикъияб алипбаялъул тартибалдаса, ва гьелъ гьеб релълъараб буго финикъияб алипбаялдаса лъугьарал цогидал алипбаязул тартибалда, мисалалъе, гьибрит алипбаялъул тартибалда. Гьеб тартибалда хІарпал гьединго хІалтІизарула цифраби хІисабалдаги, Абджадияталъул цифрабазул буго гьибрит гематриялъулги грек изопсефиялъулги гІадаб алипбагун цифрабазулаб код/шифр

Гьиджаи (هِجَائِي) ялъуни алифбаи (أَلِفْبَائِي) буго гьанжесеб тартиб, жинда жаниб хІарпал куц-мухъалда рекъон цадахъ лъурал, гьеб тартиб хІалтІизабула, телефоназул тІахьал, къамусал гІадал цІаразул ва рагІабазул сияхІазда.

Абджади

Абджади тартиб кколаро цебесеб шималияб семит алипбаялъул тартибалъул гІадатияб ирсилаблъун, гьелда жаниб буго бакІ, жиб арамияб самех/семкат ס хІарпалъе данде кколеб, амма гьеб арамияб хІарпалдаса лъугьараб цониги хІарп гьечІо гІараб алипбаялда. Самех тІагІиналъул бакІалде ש шин хІарпалдаса лъугьана кІиго цоцада рачІел гІараб хІарпал, ش (шин) ва (син), жал самехалъул бакІалде рачІарал. Анлъго цогидаб хІарп, жидер аналогал цониги шималияб алипалда гьечІел, лъун руго ахиралда

Абджадиялъул гІаммаб тартиб
غ ظ ض ذ خ ث ت ش ر ق ص ف ع س ن م ل ك ي ط ح ز و ه د ج ب أ
gh dh kh th t sh r q f ʿ s n m l k y z w h d j b ʾ
28 27 26 25 24 23 22 21 20 19 18 17 16 15 14 13 12 11 10 09 08 07 06 05 04 03 02 01

Гьелъул вокализация гІемерисеб гьабула хадусеб къагІидаялъ:

    ʾabjad hawwaz ḥuṭṭī kalaman saʿfaṣ qarashat thakhadh ḍaẓagh.

Цогидаб вокализация:

    ʾabujadin hawazin ḥuṭiya kalman saʿfaṣ qurishat thakhudh ḍaẓugh
Абджадиялъул магърибияб тартиб (батизе бегьула бищун цебесеблъун)
ش غ ظ ذ خ ث ت س ر ق ض ف ع ص ن م ل ك ي ط ح ز و ه د ج ب أ
sh gh dh kh th t s r q f ʿ n m l k y z w h d j b ʾ
28 27 26 25 24 23 22 21 20 19 18 17 16 15 14 13 12 11 10 09 08 07 06 05 04 03 02 01
Кьераз рихьизарун руго хІарпал, жидер цебесеб таблицаялде данде ккун батІиял бакІазда ругел

Гьелъул вокализация гьабизе бегьула:

    ʾabujadin hawazin ḥuṭiya kalman ṣaʿfaḍ qurisat thakhudh ẓaghush

ГІиджаи

Гьанжесел къамусазда ва баянтІахьазда абджадиялъул тартибалъул бакІалда хІалтІизабула цІияб гьиджаи тартиб hijāʾī, жинда жаниб хІарпазул тартиб гІемерисеб гьезул куц-мухъалда рекъон гІуцІараб. Гьиджаи тартиб киданиги хІалтІизабуларо цифраби хІизабалда.

ГІаммаб гьиджаиялъул тартиб
ي و ه ن م ل ك ق ف غ ع ظ ط ض ص ش س ز ر ذ د خ ح ج ث ت ب ا
y w h n m l k q f gh ʿ sh s z r dh d kh j th t b ā

Гьиджаиялъул батІияб тайпа хІалтІизабулаан Магърибалда, амма гьеб дагьаб цебегІан хисана машрикъияб тартибалъ.

Гьиджаиялъул магърибияб тартиб
ي و ه ش س ق ف غ ع ض ص ن م ل ك ظ ط ز ر ذ د خ ح ج ث ت ب ا
y w h sh s q f gh ʿ n m l k z r dh d kh j th t b ā
Кьераз рихьизарун руго хІарпал, жидер цебесеб таблицаялде данде ккун батІияб бакІ бугел

ХІарпазул къагІидаби

Халип:Calligraphy ГІараб алипба кидаго ккола курсивлъун, жидер рагІиялда жаниб бугеб бакІалде балагьун хІарпазул рукІуна батІи-батІиял хъвалел къагІидаби. ХІарпазул букІине бегьула ункъгоялде гІунтІун батІияб хъвалеб куц, жал байбихьул (инициал), гьоркьохъеб (медиал), ахираб (финал) ва жибго бугеб (изолят) бакІазде данде кколел (IMFI). Цо-цо хІарпазул хъвалеб къагІидаялъул гІемерго батІалъи бугеб мехалъ, цогидал хІарпал гІемерисел хисичІого хутІула ункъабго хъвалеб бакІалда. ГІаммаб къагІидаялда цого рагІабазда жаниб хІарбал цоцада рухьуна къокъаб мухъалдалъун, амма анлъго хІарп (و ,ز ,ر ,ذ ,د ,ا) хурхинаризе бегьула гІицго цебехун (кваранидехун) бугеб хІарпалда. Мисалалъе, أرارات (Арарат) рагІиялда киналго хІарпал руго ратІаго хъвалеллъун, щай гурелъул гьел хІарпал рухьинарун бажаруларо хадусезда. Гьединго цоцо рагІабазул комбинациял хъвала лигатураби (хасал формаби) гІадин, масала, лам-алиф لا, жиб хъвазе тІадаблъун бугеб (لـا лигатурияб гуреб комбинация цІализе захІматаблъун рикІкІуна)

Аслиял хІарпазул таблица

Arabic letters usage in Literary Arabic
ГІаммаб Магърибияб ХІарпазул цІарал

(классикияб абулеб къагІида)

ХІарпазул цІарал гІараб хІатІалда Транслитерация Value in Literary Arabic (IPA) Абулеб къагІидаялъул авар мацІалда

ругел гІадал эквивалентал

Контекстуалиял формаби БатІаго бугеб форма
Абджади Гьиджаи Абджади Гьиджаи Финал Медиал Иницал
 
1. 1. 1. 1. ʾalif أَلِف ā / ʾ

(гьединго â )

/aː/, /∅/ васас (тІоцебесеб а дагьабги халатаб) ـا ا
2. 2. 2. 2. bāʾ بَاء b /b/ бакъ ـب ـبـ بـ ب
22. 3. 22. 3. tāʾ تَاء t /t/ таргьа ـت ـتـ تـ ت
23. 4. 23. 4. thāʾ ثَاء th

(гьединго  )

/θ/ авар аналог гьечІо, ингилис think ـث ـثـ ثـ ث
3. 5. 3. 5. jīm جِيم j

(гьединго ǧ )

/d͡ʒ/ авар мацІалда дандчІвала гІарабалдаса рачІарал рагІабазулъ,

джуз

ـج ـجـ جـ ج
8. 6. 8. 6. ḥāʾ حَاء

(гьединго  )

/ħ/ хІайранлъи ـح ـحـ حـ ح
24. 7. 24. 7. khāʾ خَاء kh

(гьединго  )

/x/ херлъи ـخ ـخـ خـ خ
4. 8. 4. 8. dāl دَال d /d/ даим ـد د
25. 9. 25. 9. dhāl ذَال dh

(гьединго  )

/ð/ авар эквивалент гьечІо, ингилис that ـذ ذ
20. 10. 20. 10. rāʾ رَاء r /r/ авар аналог гьечІо, испан мацІалда perro ـر ر
7. 11. 7. 11. zāy / zayn زَاي z /z/ зайтун ـز ز
15. 12. 21. 24. sīn سِين s /s/ симис ـس ـسـ سـ س
21. 13. 28. 25. shīn شِين sh

(гьединго š )

/ʃ/ шиша ـش ـشـ شـ ش
18. 14. 15. 18. ṣād صَاد

(гьединго ş )

/sˤ/ эквивалент гьечІо

(релълъараб букІине бегьула ссуй)

ـص ـصـ صـ ص
26. 15. 18. 19. ḍād ضَاد

(гьединго  )

/dˤ/ эквивалент гьечІо ـض ـضـ ضـ ض
9. 16. 9. 12. ṭāʾ طَاء

(гьединго ţ )

/tˤ/ тІалаб ـط ـطـ طـ ط
27. 17. 26. 13. ẓāʾ ظَاء

(гьединго  )

/ðˤ/ эквивалент гьечІо ـظ ـظـ ظـ ظ
16. 18. 16. 20. ʿayn عَيْن ʿ /ʕ/ гІумру ـع ـعـ عـ ع
28. 19. 27. 21. ghayn غَيْن gh

(гьединго ġ )

/ɣ/ гъаргъар ـغ ـغـ غـ غ
17. 20. 17. 22. fāʾ فَاء f /f/ Фазил ـف ـفـ فـ ف
19. 21. 19. 23. qāf قَاف q /q/ къед ـق ـقـ قـ ق
11. 22. 11. 14. kāf كَاف k /k/ калам ـك ـكـ كـ ك
12. 23. 12. 15. lām لاَم l /l/ килищ ـل ـلـ لـ ل
13. 24. 13. 16. mīm مِيم m /m/ моцІ ـم ـمـ مـ م
14. 25. 14. 17. nūn نُون n /n/ нуж ـن ـنـ نـ ن
5. 26. 5. 26. hāʾ هَاء h /h/ гьев ـه ـهـ هـ ه
6. 27. 6. 27. wāw وَاو w / ū / ∅ /w/, //, ∅ вуго ـو و
10. 28. 10. 28. yāʾ يَاء y / ī /j/, // яс, гьабизе (дагьабги халатаб и) ـي ـيـ يـ ي
(алипбаялъул хІарплъун рикІкІунаро, амма цІакъ кІвар бугеб роль хІала гІараб грамматикаялда ва лексикаялда, гьенибго баян гьабиги: гІемерисел битІарал гурел чІужугІаданалъул жинсалъул предметиял цІарал рихьизариги. hamzah هَمْزة ʾ /ʔ/ гьуърул ء

(аслияб къагІидаялъ хъвала рагІул бакьулъ ва ахиралда, цогидал хІарпазда бухьунаро)

ʾalif hamzah أَلِف هَمْزة ـأ أ
ـإ إ
wāw hamzah وَاو هَمْزة ـؤ ؤ
yāʾ hamzah يَاء هَمْزة ـئ ـئـ ئـ ئ
ʾalif maddah أَلِف مَدَّة ʾā /ʔaː/ ـآ آ

Баянал

Алиф

Контекст Форма МагІна
Диакритикал гьечІого ا
  • байбихьуда: а, и   /a, i/ яги сасунеб, ай цебесеб гьаракьалда хурхунеб, хІарп баянаб артиклалда ال (a)л-
  • бакьулъ яги ахиралда: ā   /aː/
  • сасунеб مِائة рагІиялъулъ
ТІад гьамзагун

(гьамза алиф)

أ
  • байбихьуда/ бакьулъ/ ахиралда: хадуб букІуна фатхІа - ʾa, яги замма - ʾу
  • батІаго яги жибго рагьараб гьаракьги гьечІо (гІемерисеб хадуб букІуна сукун): /ʔ/ дандчІвала цо-цо рагІабазул къамусиял формабазда
Гьоркь гьамзагун

(гьамза алиф)

إ
  • байбихьуда: ʾи   /ʔi/
  • бакьулъ бихьизабуларо (балагье гьамза ва U+02E4)
Мадагьгун آ
  • ʾā   /ʔaː/
'Васлагьгун' ٱ
  • байбихбуда/ бакьулъ/ ахиралда: сасунеб
  • /ʔ/ Маркер/коннектор/кІиго рагІиялда гьоркьоб гьеб бухьинабизе хІалтІизабулеб ишара, хІалтІизабула яги баянаб артиклалда (ал) яги алифгун ялъуни гьамза алифгун каламул бутІаялда, каламул цІаралда ялъуни цогидал цІаразда жаниб, мисалалън: ГІабд Аллагь عَبْدَ ٱلله - "Аллагьасул лагъ"

ХІарпазул вариантал


Лигатураби

Геминация

Нунация

Рагьарал гьаркьал

Къокъал рагьарал

Халатал рагьарал

Дифтонгал

Рагьарал гьоркьор риччай

ТІадеги хІарпал

Икълимиял вариантал

Жиндирго гурел хІарпал стандартияб гІараб мацІалда

ГІараб мацІалдаса батІиял мацІазда хІалтІизаби

Цифраби

ХІарпал цифраби хІисабалда

Тарих

ГІараб тІахьал кьабулел алатал

Компьютеризация

Юникод

Клавиатураби

ХІатІ лъазаби

Балагье гьединго

ХІужжаби

Tags:

Гӏараб Алипба Рагьукъал гьаркьалГӏараб Алипба Рагьарал гьаркьалГӏараб Алипба ТІадеги хІарпалГӏараб Алипба ЦифрабиГӏараб Алипба ТарихГӏараб Алипба КомпьютеризацияГӏараб Алипба Балагье гьедингоГӏараб Алипба ХІужжабиГӏараб АлипбаГІараб мацІГӀараб мацӀХIарп

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ХӀабашиВаранихӀинчӀЖанубияб океанНахур14 октябрБелгенИстанбул1953Гус, ЯнАмазонАзарбижанГагуПётр IХамагъиб8 июлИнгилис мацӀТахшагьарХельсинкиЕкатерина IIАваралХьитВенесуэла1973Бонго (хӀайван)Илъа1927ЧинкараКалашниковасул автоматБелорусс19 октябрКъаракъалпакъ мацӀ1951 сонОтто фон БисмаркПолинезиялъул кӀудияб гӀункӀкӀОрибиАлександр ВишневскийКаспий ралъадХӀамаYouTubeТакинЛичи (хӀайван)КавказБагӀараб цӀиркъ1978ЦиМангуст1958ГъазахъистанЧӀоролоЧехияАлпалЮлианияб календар1974ФейсбукГьитӀинаб пандаТамарауКӀудияб пандаМухӀаммадХъахӀилаб гнуАдабиятЕвропа19381900Батиров, ГӀалаудинил Мавлет🡆 More