Хьи́ндахъ — Дагъистаналъул Хунзахъ мухъалъул росу, Нахъа-Хьиндаллъуда бугеб.
Коло росдада цадахъ Хьиндахъ росдал боялде гъорлӀе уна ва гьелъул административияб центерги ккола.
Росу | |
Хьиндахъ | |
---|---|
HGЯO | |
Пачалихъ | Россия |
Федерациялъул субъект | Дагъистан |
Муниципалияб мухъ | Хунзахъ мухъ |
Росдал поселение | Хьиндахъ росдал бо |
Жанисеб бикьи | 4 роххен:
|
Тарих ва ракьхъвай | |
ТӀоцебесеб рехсей | XVIII гӀасру |
СагӀтазул зона | UTC+3:00 |
Халкъ | |
Къадар | ↘560 (2010) чи (2010) |
Миллат(ал) | Аварал |
Конфессия(л) | Ислам |
Катойконим | Хьиндахъев, хьиндахъей, хьинда́л |
Расмияб мацӀ | авар, гӀурус |
Цифрабазул идентификаторал | |
Почалъул индекс | 368267 |
|
Росдада цIар бачIиналда хурхун буго лъабгониги версия:
Росу буго Хунзахъ мухъалъул шималиябгин бакътIерхьул рахъалда, мухъалъул марказ Хунзахъа 17 км-ялъ рикIкIад, Бакълъул мухъалъулгун гIорхъода. Росдал гIурхъи буго Хунзахъ мухъалъул ГIоротIа, МочӀохъ, ГӀочӀло росабигун.
Росу шартIияб къагIидаялъ бикьула кIиго бутIаялде — цIияб (ГьаматIа роххен) ва басрияб рахъалде. Басрияб рахъалъ ккола хьундасебгин бакъбаккул рахъалдехун бугеб экспозицияги ва тIубанго гуреб лъар ккун эхебе бугеб лъарал ракьул террасаги. ГьаматIа авал буго росдадаса лъар ккун добехун, бакъбаккул рахъалде дагьабго гьетIи бугеб гохIда.
Кьер буго кIкIалахараб; руго иццалги. Тектоникияб планалда росу ккола ЧIалда синклиналалъул хьундасебгин бакътерхьул кваркьиялде. Росу бугеб бакIалъул ракьбагъарун буго 7 балл. Росдада цебесан чвахулеб ГIанди-гIурул гIаркьеллъун жиб кколеб лъар. Гьелъул цIадал райдал, кIудияб ихх лӀугьуна. Лъараца бахъула рагIаллъи; рачIунел ганчIал рукIуна 2 метралде щолелги.
Росдал хьундасебгин бакъбаккул рахъалда буго 300 метралъул лъар, гьелъулги кIудияб цIад байдал лӀугьуна ихх.
Хьиндахъ росу уна Сулахъалъул жаниблъуде.
Хунзахъ тӀалъуде данде ккун, рижел гIемер батӀияб буго. Хинаб расалъуда букIиналъги, регьелал букIиналъги, росулӀ ахал гIезари цебе тIураб буго. РукIуна батIи-батIиял пихъал: гIеч, гени, курак, микьир, кокон; камуларо цIибилги багIли-жагаги; букIуна цIулакьо (руго нусго сон барал гъутIбиги), амма ахирисел соназ цӀулакьудал гъутӀби ракъвалел руго.
Росдал территориялда буго цӀакъ батӀи-батӀияб ландшафт, гьелъие хасиятал рижалил шартӀазда рекъон, территория бикьизе бегьула чанго зоналде. Бакъбаккулги хьундасебги рахъ, балалда цураб, буго лъагӀалида жаниб бищун гӀемерал къояз бакъул чӀоразукьеги кколеб. Релиеф гьениб буго аслияб куцалъ балъахараб, гьетӀараб. Гьеб рахъалда бижьула бакъги бокьулеб, гӀемер лъимги къваригӀунареб гъветӀ-хер. ГъутӀбузул гьенир рижула пихъилал, дандчӀвала чӀегӀерзазил, гӀинтӀидул, гъарцӀидул батӀа-батӀаго ругел хъархъалги, гьединго тӀубарал массивалги. Хурдузул аслияб форма гьениб буго хӀет, цогидал навгӀазул хурдул дандчӀвала къанагӀат. Расалъуде перпендикулая рго ругел кӀкӀалахарал бакӀазда дандчӀвала тӀубанго батӀияб флора.
Росдадаса бакъдасебгин бакъбаккул рахъалда буго накIкIил рохь. Бакъдасеб рахъалдехун кколел бакӀазда (бакӀалъул гаргаралда хьонда) дандчIвала батӀи-батӀияб гъветӀ-хер. чIчIвад, мах, бигьаро, микк, рицI, ботI, батIи-батIиял хурдул, гьезда гьоркьор даруялги. Хъархъазул данде чIвала сани, гIонхъори, цIцIени, гIинтIи.
ГIалхул хIайваназул данде чIвала гIанкIал, цурдул, гIанграл, бацIал, болъонал, гIандокьал. ХIанчӀазул: цIумал, хъарчигъаби, гъудул, мокъокъал.
Росдал тарих лъазе гьабиялда тIад кинаб-букӀаниги гIелмияб хIалтIи гьабун гьечо. КъучIаб къагIидаялъ лъаларо, росдае чан сон бугебали. РикIкIине бегьула росу Ислам бачIиналдего букIараб бугилан, щай гурелъул гьелъие нугIлъи гьабулеб буго росдада аскIор ратун рукIарал хобаз. Гьел хобазда жанир гIадамал рукъун ратун руго исламияб къагIидаялъ гурел, гIадамазда цIадахъ рукъун ратун руго хъубиги пахьул цIарагIги. Батизе бегьулеб жо буго гьеб заманалда, аваразда гьоркьоб гIадин, росулъ политеизм букӀараблъи.
Гьанже бугеб росдал тарих байбихьула ГьацIалухъ росулӀа рачIарал гӀадамаз ЦӀалӀ абураб бакӀалда росдае кьучӀ лъуралдаса (гьецIел-хьиндал абун буго абиги). Росдае кьучӀ лъуразул цӀарал цӀунун хутӀун руго, гьелги руго: ГIаликIо, Сайид, ГIумардибир, ГIабдулмуъмин, Чакар, Залихай, ГIашурай, ГьитIинагIали; гьезул тухамалъул цӀарги букIун буго ГIалкIал абун. Жакъа къоялъги гьеб ЦIалӀ, басрияб росу букIараб бакIалда, руго рукъзабазул хутIарал кьучӀал, жеги ратизе бегьула гьенир цIа бакулел рукIараб бакIазул лъалкIал.
XVӀӀ гIасруялъул ахиралда ЦIалӀ букIараб росуги тун, гӀадамал рахъун руго гъоркьегIан, гьабсагIат бугеб росдал Гьажукь авал бугеб бакIалде. Биценал руго, рахъиналъе гIилла букIанин ЦIалӀ борхьал гIемерлъи, гьез лъимал гъанкъи. Цоги гIилла букIун батизе бегула ЦIалъ лъим дагьлъи. Гьеб ритIухъ гьабизе бегьула гьабсагIат бугеб росдал Гажукь авалалъул бищун басрияб роххен лъаралде аскIобе кколедухъ бан букӀиналъ. Росдал анкьгоялде гIунтIун рукIун руго хабзалги, амма гьабсагIат цо гурони гьечIо. Гьеб хабзалалӀ батараб бищун басрияб зоное буго лъабнусидаса цIикIкIараб сон. Гьелдаса формалго рикIкIине бегьула гьабсагIат бугеб росдае ругел сонал.
ЦIалӀ бакI тедал, гIадамаз цIияб росу бана лъаралда аскӀоб, гьабсагIаб бугеб Гажукь авалалдаса гъоркегIан; абула, габсагIат бугеб мажгиталда гъоркъехун 50 рукъ букIанин (гьабсагIат буго 3–4 рукъ). 1845 соналъул риидал кIудияб лъар бачIун, рукъзалги, гьениб букIараб мажгитги хвезарун руго. ЦIияб мажгит бан буго 1847 соналъ (гьедин хъван буго мажгиталда жаниб), мажгит буго жакъа къоялъги.
1830–1835 саназда росулъ байбихьун буго батӀатӀ (картошка) гIезабизе. ТIоцебе гьеб байбихьун буго Чупалав абулев чияс; гьесие картошка битIун бачIун буго Хунзахъа Хъайтмаз абулев гьоболас, гьес, живго вачIун, малъунги буго картошка хIалтIизабизе.
Биценазда рекъон, росдаца нуцалзабазе кьолаан ккураб къадаралъул магъало; хасаб гьабун росдада лъураб магъало букIана цIулакьудал цIулал рахъу, жибги чередизе хIалIизе гьабулеб букIараб. Росулъ букIун буго кIудияб квенд, жаниб цIул бухIун рахъу бахъулеб.
Батараб хъвай-хъвагIиялда буго: гьижраялъул 1310 соналъ (1889 сон) росулӀ ракь багъарун, гIемерал чагIи хванин.
Кавказалъул рагъда Хьиндахъа гIахьаллъун руго Чондотилавги Чухъилдибирги (гьел шагьидлъун руго АхIулгохIда). Имам Шамилги муридзабигун вачIун вукIун вуго Хьиндахъе; гьениб шаригIаталъе кьучIги батун, Шамил нахъвуссун вуго ЦIатанихъе.
Имаматалъул мехалда Хьиндахъ росу кколаан Нахъа-Хьиндаллъул наиблъуде гъорлӀе.
Хьиндахъ росу чангIо нухалъ бухIун буго. ГIемераб тунка-гIуси букIун буго ГIоротIа росдалгун. ГIарадерица дагIба балеб букIун буго Хьиндахъ росдлал ракьазда. ДандбитIун бугеб рахъалдасан Дидиколо аблеб магъилӀ хIалтIулел чагIазде гулла балеб букIун буго гIарадерица, гьелъ хурзал рекьизе кколел рукIун руго къасе мехалъ, оцазул лъурдузда нартил чирахъалги ран. Рес къотIараб бакIалде ккараб мехалъ, хиндахъа руччаби ун руго рузман къоялъ Унсоколое, тIаса кIазалги рахъун гьарун буго гьезул бода квекел гьабеян. Онсоколоса Хьиндахъе вачIун рвго 50 рекIарав; гьез лъазабун буго гIарадерил жамагIаталда росдада хъвагеян.
Росдал бетӀерлъун КIудив НухIи вугеб заманалда, гIарадерица дагIба бан буго Дергъвани ва Иццухъ ракьазда. КIудияв НухIица маслигIаталъе ахIун вачIун вуго Шураялдаса губернатор. МаслигIат гьабун, хьиндадерихъ жалго бетIергьанал ракьал хутIун руго. Амма XӀX гIасруялъул ахиралда гIарал цIидасан рахъана Дергъвани ракь бахъизе. ГIарадерица ургъун буго хIилла: хьитазде жаниб жидерго ракьги бан, гьел Къуръанги кодоб ккун гьедизе лъугьун руго жидер хIатIида гъоркь бугеб ракь жал бетIергьанаб бугилан. Амма гьезул хIилла лъан буго, цинги хIатIида гIицIго гьедизе тIамун руго — гьезда кIун гьечIо гьерсидалъун гьедизе. ПалхIасил, ракьал хутIун руго хьиндадерихъ.
ЧӀейилаб рагъул соназ росдаца болшевиказде дандечIей гьабуна. 1919 соналъ болшевикал рачIана МагIарул-рагIалде, гьенисен росдаде тIаде базе байбихьана гIарадул гулла. ГIадамал росуги тун гочана КилалӀе ва гьенир рукIана кӀиго моцIица. Болшевикал лӀугьана чIобоголъараб росулъе, росу тун инчIого ратарал гIадамалги чIван, бата-кIвараб жоги бикъун, гьез росу чIунтIизабун тана.
1920 соналъ росулӀ байбихьана цIадулунти. 1920−1922 соназда росулӀ лъуна совет низам. ВЦИКалъул 1921 соналъул 20 январалъул декреталдалъун гIуцIана Авар сверухълъул ЦIатIанихъ бутӀаялде кколеб Хьиндахъ росдал совет. 1928 соналъ Хьиндахъ росу ана цIигIуцIараб Хунзахъ мухъалде гъорлӀе. 1930 соналъ росулӀ рагьана школа. 1936 соналъ гIуцIана Калининил цIаралда бугеб совхоз; гьениб букIана 148 цIараки, 35 гектар мегъалъул, 45 гектар ахазул, 125 хIайван, 220 чахъу-цIцIеги. ВДНХ-ялъул дугъги, чанго орденги босун букIана колхозалъ.
КӀиабилеб дунялалъулаб рагъда Хьиндахъаги Колосаги ана 68 чи, гьезул 36 чи нахъ вуссинчIо.
1948 соналъ росулӀ рагьана анкьго сонил школа-интернат, гьенир цIалулаан Колоса, Гьарадерихъа, ГIочIлоса лъимал.
П. В. С. ДАССРалъул 1954 соналъул 18 августалъул амруялдалъун Хьиндахъ росдал совет къана, росу бачана ГIоротIа росдал советалде гъорлӀе. 12 соналдаса гьебго П. В. С. ДАССРалъул 1966 соналъул 17 январалъул асруялдалъун Хьиндахъги Кологи гъорлӀеги унеб Хьиндахъ росдал бо букӀахъинабуна.
1965 соналъ кIиябго росдада гьоркьоб рагьана цIияб школа. Гьеб школа гьоркьохъеблъун лӀугьана 1975 соналъ. 2010 соналъ бана цIияб кIитIалаяб школа.
Халкъалъул рикӀкӀен | ||||||
---|---|---|---|---|---|---|
1888 | 1895 | 1926 | 1939 | 1970 | 1989 | 2002 |
266 | ↘254 | ↗266 | ↗347 | ↗352 | ↗394 | ↗732 |
2010 | ||||||
↘560 |
Хьиндахъ ккола моноэтникияб авар росулъун. Росдал чӀагӀазда абулеб цӀар ккола хьинда́л (хъв. хьинда́дери-); хьиндадерил буго жидерго гаргар, жиб хундерил свералил кколеб ва нахъахьиндал къокъаялде гъорлӀе унеб.
Хьиндахъ росу бикьула ункъго роххаде: Гажукь, БакьулӀ, Онсоди, Гьамала.
This article uses material from the Wikipedia Авар article Хьиндахъ (Хунзахъ мухъ), which is released under the Creative Commons Attribution-ShareAlike 3.0 license ("CC BY-SA 3.0"); additional terms may apply (view authors). Контент рагьараб буго CC BY-SA 4.0 лицензиялда гъоркь, цогидаб бихьизабун гьечӀони. Images, videos and audio are available under their respective licenses.
®Wikipedia is a registered trademark of the Wiki Foundation, Inc. Wiki Авар (DUHOCTRUNGQUOC.VN) is an independent company and has no affiliation with Wiki Foundation.