Хунзахъ

Хýнзахъ, яги тарихияб Ху́нзахъ шагьа́р (абул куц ) — ккола Дагъистаналда бугеб росу, Хунзахъ мухъалъул ва Хунзахъ росдал боялъул административияб центер; ккола мухъалъул бищун кӀудияб чӀел-бакӀлъун, жиндир халкъалъул къадар 4245 чи вугеб.

Хунзахъ буго гьебго цӀар бугеб тӀалъуда, ГӀакаро магӀардаса хьондасебгин бакъбаккудехун, Тобот лъаралда аскӀоб.

Мухъалъул марказ
Хунзахъ
Хунзахъ
HGЯO
Пачалихъ Хунзахъ Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ Хунзахъ мухъ
Росдал поселение Хунзахъ росдал бо
Тарих ва ракьхъвай
ТӀоцебесеб рехсей V гӀ.
Централъул борхалъи 1658 м
Климаталъул тайпа МугӀрулаб
СагӀтазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 4245 чи (2010)
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Бусурбаби
Катойконим Хунзахъев, хунзахъей, хунз
Расмияб мацӀ авар, гӀурус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368260
ОКАТО код 82256890001
ОКТМО код 82656490101
ГКГН номер 0012112
khunzakh.ru  (гІурус)
Хунзахъ (Россия)
ТӀанкӀ
Хунзахъ
Хунзахъ
Москва
Хунзахъ (Дагъистан)
Хунзахъ
МахӀачхъала
ТӀанкӀ
Хунзахъ
Хунзахъ (Хунзахъ мухъ)
ТӀанкӀ
Хунзахъ

ГӀуцӀула Хунзахъ щуго роххаца, гьезул бищун некӀсиял руго Самилахъ, ШототӀа, нуцалзабазул резиденция букӀараб ЩулалъутӀа; жеги кӀиго роххен лӀугьана XVII гӀасруялда: Лъа́рахъ ва ХӀо́рихъ.

Хунзахъ ккола некӀсияб чӀел-бакӀлъун, жиндие 2400-ялдаса цӀиккӀун сон бугеб. Бакъбаккул Кавказалда бищун некӀсиял ва политикал центразул цояблъун кколеб Хунзахъ букӀана Авар пачалихъалъул тахшагьарлъун, кколаан Авариялъул ва мугӀрул Чачаналъул рагъулаб ва административияб центерлъун. Авар нобилитат ва гьелъие хъулухъ гьабулел гьенир рукӀиналъ, Хунзахъ букӀана кӀудияб чӀел-бакӀлъун, халкъалъул цӀикӀкӀараб къадарги бугеб. Кавказалъул рагъул заманалда халкъалъул къадар гӀезегӀан гӀодобе ккана. Россиялъул империялда гъорлӀ Хунзахъ букӀана Авар сверухълъул, революциялдаса хадуб Хунзахъ кантуналъул центерлъун.

Жакъа къоялъ Хунзахъ буго мухъалъул политикабгин културияб центр, гьенир руго руго аслиял административияб бакӀал, маданияталъул бакӀал. Буго цебетӀураб инфраструктура: школаби, паркал, спортзал. Гьенир торитӀула мухъалъул аслиял тадбирал. Гьединго Хунзахъ руго туристикияб бакӀал, гьезда гьоркьоб Хунзахъ музейги. Самилахъ авалалда буго Абулмуслим шайхасул зиярат.

Топонимия

Росдал цIар кисан бачIараб бугеяли гIалимзабазул ва тарихчагIазул батIи-батIиял пикраби руго:

  • Xl гIасруялъул гуржиязул тарихчи Мровели Леонтица хъвала буго Хунзахъилан цIар жинда бугев НухI аварагасул наслуялъул чи, «байданлъиялда гочарухъабаз гIемер рахIат хвезе гьабун, гочанила магIарухъе. Гьес гьениб шагьарги гIуцIанила, гьелъие жиндирго цIарги кьунила».
  • Хунзахъ чамалиго нухалъ биххизе гьабун цIидасан базе ккун букIана. Гьединлъидал, цо-цоязул пикру буго росдал цIар "Хун бахъ"-илан абурал рагIабаздасан бачIун батилилан.
  • Цогидаз абула буго гьеб цIар "Ханзабахъ"-илан абураб рагIиялдасанги бачIун букIине бегьулилан, щайгурелъул Хунзахъ цIебегоялдаса нахъе букIана ханзабаз чIей гьабулеб бакIлъун.
  • Гьединго Хунзахъ росдал цIар бачIине бегьула гьелъул кьучI лъураб бакIалдасан, ай сверухълъиялдасан. Гьедин бачIараб цIаралъул мисалал Аваристаналда дагьал гьечIо.

Хунзахъ ва Хунзахъ боялда цогидал халкъаз абулел рукӀана жидерго цӀарал. Даргияз хӀалтӀизабулеб термин букӀана XӀивар/ХӀибар. Тумаз Хунзахъ шагьаралда абулаан Яртащи/Яртахьи абун. Чачаназ ва гъалгъаяз абулеб цӀар букӀана Джаяхъ.

ГӀандисез хӀалтӀизабулеб термин ккола Гьайбуя, гъодоберисез — Гьабул, кӀкӀаратӀисез — Гьалби. ГӀахьвалаз абулеб цӀар буго Илъалъ.

Тарих

Хунзахъ букӀана Авариялъул тахшагьарлъун. 1837 соналъ гIурусазул боялъ кверде босана., 1843 соналъ Шамилие мутIигIлъана. 1859 соналъ гIурусаз цIидасан бахъана. 1864-69 соназ Хунзахъ рагъул хъала бана. Ахиралда, 1864—1928 соназ, Авар округалъул администратияб центрлъун букIaна.

Администрация

Мухъалъул

Жанисеб рикьи

Хунзахъ бикьула щуго роххаде: Самилахъ, Лъарахъ, ХӀорихъ, ШототӀа, ШулалъутӀа. Д. Атаевас рехсохъе, Самилахъ ва ХӀорихъ жалгоги рикьула кӀи-кӀи роххабазде. Щибаб роххада букӀана жиндирго мажгит. Бищун некӀсияллъун ккола Самилахъ, ШототӀа ва ЩулалъутӀа, гьелъие нугӀлъи гьабула гьезул локациялъги, гьезда хурхарал топонимазги, гьединго хундерил биценазги.

Самилахъ роххен (XVII гӀасруялде щвезегӀан Сагьмилахъ) букӀана Аваралде ислам бачӀиналдего. Гьенир ратана гуржи ва бищун цересел гӀараб хъвай-хъвагӀаби (XI–XII гӀасраби). Самилахъ буго Цолбокь рагӀалда, гамачӀхӀалаб борхалъуда. Гьениб буго Хьондасебгин Бакъбаккул Кавказалъул бусурбабаз рикӀкӀунеб Абумуслим шайхасул хоб. Самилазул цере рукӀана хасал балъал, гӀумруялъул аспектазул регуляция гьабулел; 1824 соналъ балъал хъвана гӀараб мацӀалда, гьел хъвай-хъвагӀаби цӀунун хутӀун руго.

ШототӀа яги ЧототӀа роххен буго бакъдехун рахъалдехун, гӀанчӀилаб борхалъуда, жанубияб рахъалда рагӀал бугеб бакӀалда. Роххадул централаб бакӀ ккола ГьинтӀа. Цере ШототӀа роххадулги рукӀун руго жиндирго балъал.

ЩулалъутӀа роххен буго хъитӀазулаб борхалъуда, анцӀ-анцӀ метр борхалъи бугеб рагӀал кӀиго рахъалӀан данде бачӀун лӀугьунеб бокӀнида. Роххен букӀана Хунзахъ тахшагьаралъул аслияб, гьениб букӀана нуцалзабазул щула гьабураб резиденция, жиндир хӀакъалъулӀ XVI гӀасруялдасаго лъалеб. ШулалъутӀа гӀумру гьабун рукӀана нуцаллзабазул нуслуялъул гӀадамал, гьезул церетелзаби, нукарзаби, хъалаялъул гъаравашал, хъулухъ гьабулеб персонал, пачалихъияб администрациялда хӀалтӀулел. XIX гӀасруялде щвезегӀан гьениб букӀана Хунзахъ бол мажгит, жиндица нуцаллзабазул гьингун цо щулалъиялъул комплекс гӀуцӀулеб букӀараб.

Лъарахъ роххен документазда рехсолеб буго XVII гӀасруялъул ахиралдаса байбихьун Лъарахъ-ШототӀа гӀадин. Гьеб бутӀаккун буго хундерил аристократиялъул гӀадамалги рукъулел рукӀараб XVI гӀасруялъул хабал ругеб бакӀалда. Гьеб факталъги, рижалилаб щулалъи гьечӀеб бакӀалда букӀиналъги нугӀлъи гьабула гьеб роххен цогияздаса хадуб лӀугьараб букӀиналъе. Бищун рес бугеблъун ккола гьеб XVII гӀасруялда ШототӀа авал гӀатӀилъун, гьелдаса батӀалъун лӀугьин.

ХӀорихъ роххен буго XVII гӀасруялъул хабал ругеб бакӀалда, Лъарахъ роххен гӀадин рижалилаб щулалъи гьечӀелъуб. Гьеб докуентазда рехсолеб буго XVII гӀасруялъул ахиралдаса бахъараб, гьелъ абизе бегьула гьебги Лъарахъ роххенги гӀага-шагарго цого заманалда лӀугьанилан. Роххадул цӀаралъ нугӀлъи гьабула гьеб хундерица гьабураб хӀор сверун лӀугьараб букӀиналъе. XIX гӀасруялдаса ХӀорихъ роххада буго гьанжесеб бол мажгит.

География

Бугеб бакI

Хундерил тIалъи буго МагIарухъ жумгьурияталъул бакьулъ, ай МахIачхъалаялдасан 220 км рикIкIад. 1700-2000 м ралъдал гьумералдаса тIаде ккола гьеб. Гьелъул кьучIалда гъорлъ уна къвакIараб гачигамачӀ. Хъунзахъ буго борхалъиялда бугеб тIалъи (гІурус. плато). Гьелъул халалъи буго 25 км, гIеблъи – 8-10 км, кинабниги гӏеблъи-халалъи бахуна 250 квадратияб километралда. Хундерил тIалъи Сулахъалъул жаниблъиялде гъорлъе уна.

Цогидал шагьараздасан Хунзахъе унел шагьранухазул халалъи.

Шагьар Манзил, км
1 МахIачхъала 220
2 Дербенд 100
3 Шура 76
4 Избербаш 173

Жанисеб сипат-сурат

Хунздерил тIалъи бакъбаккул рахъалдасан Тобот Лъаралъул кIкIалалъ (гІурус. каньон) кIийида бикьула. Гьеб кIкIалги Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан байбихьараб лъугьуна Шамилил мухъалда, Гьолокь росулъе, АваргIоралде швараб мехалда. Гьеб кIкIалалъул халалъи 100 метралдаса 1000-1200 метразда бахинегIан цIикӏкIуна.

Бищунго Хунздерил тIалъиялда кIудиял лъараздасан кола: Тобот, Хундерил Лъар, Илъа Лъар - гьезул киназулго берцинал, 50-80 метразда рахарал, чвахабиги руго.

Климат

Хунзахъ
Климатограмма (авалгъин)
Я
Ф
М
А
М
Ю
Ю
А
С
О
Т
Д
 
 
8.1
 
 
2
−6
 
 
10
 
 
4
−5
 
 
23
 
 
7
−3
 
 
43
 
 
12
2
 
 
94
 
 
17
7
 
 
104
 
 
19
11
 
 
123
 
 
21
13
 
 
92
 
 
21
12
 
 
52
 
 
17
8
 
 
17
 
 
13
3
 
 
11
 
 
7
−2
 
 
12
 
 
4
−5
Гьоркьохъел макс. ва мин. температураби (°C)
ГӀазу-цӀадал гӀаммаб къадар (мм)

Хунзахъ буго гьоркьохъел гӀеблъелазда, гьава-бакъалъе сипат гьабизе бегьула хинаб абун. Сверухълъиялъул лъагӀалил гьоркьохъеб гьогьомараб температура къаде букӀуна +10.0°C, къаси-къаси гьеб гӀодобе ккезе бегьула +1.3°C-ялде. ЛъагӀалил гьоркьохъеб температура абуни букӀуна +9,7°C; гьоркьохъеб максимумги минимумги ккола +8.0...+11.9°C. ЛъагӀалил гьоркьохъеб абсолютияб температура гӀунтула +5.0...+19.2°C-азде.

Бищун квачарал моцӀаллъун ккола декембер, январ ва фебруар; гьел моцӀазда щибиб къоялъги цӀунула минусияб температура. Январалъул гьоркьохъеб температура букӀуна -2.5°C, къаде бахине бегьула 0.4°C-ялдеа, къаси-къаси: -5.1°C. Абсолютияб минимун ккола -14,8°C-ялдаса гӀодобеги. Ахирисеб анцӀго соналда жаниб бищун гӀодегӀанаб январалъулаб минимумалъул фиксация гьабуна 2014 соналъул 21 январалда: гьеб букӀана -17,6°C. Январалъул абсолютияб максимум гьоркьохъеб къагӀидаялъ букӀуна 9,1°C, бищун цӀикӀараб январалъул абсолютияб максимум фиксатинабуна 2021 соналъул 9 январалда: +13.1°C. Фебруаралъул гьоркьохъеб температура январалъулалдаса дагьалъ борхатаб букӀаниги, гьеб хисардизе бегьула, гьениб цо-цо къоялъ температура ккезе бегьула январалъул гьоркьохъелдасаги гӀодобе. 2012 соналдаса Хунзахъ фиксатинабураб бищун гӀодегӀанаб температура буго фебруаралъул абсолютияю минимум: -20.9°C (2014 соналъул 1 фебруар).

Хинаб сезон байбихьула Хунзахъ април-маялъ, гьелъул завал ккола роол лъабабго моцӀалде. Юн, юл ва август моцӀазул гьоркьохъеб температура букӀуна 14...16°C, абсолютияб максимумалъул гьоркьохъеб къима бахуна 27...29°C-деги. Роол моцӀазул абсолютияб минимумалъул гьоркьохъеб къима ккеза бегьула — 7...8°C. 2011 соналдаса бищун цӀикӀкӀараб температура Хунзахъ букӀана +30,5°C, жиб 2018 соналъул 4 юлалда фиксатинабураб.

Бакъул къоязул гьоркьохъеб къадар лъагӀалида жаниб ккола 254. Гьезул бищун дагьал ккола январалде — 17 къо; канлъул къоялъул халалъи гьеб моцӀалда ккола 9.1–9.9 сагӀат. Бищун цӀикӀкӀараб къадар гьел къоязул бачӀуна юн, юл, августалде: 25–27 бакъулаб къо. Канлъул къоялъул халалъи гьел моцӀазда ккола 11.6–15.3 сагӀат.

ЛъагӀалида жаниб букӀунеб гьоркьохъеб накӀкӀлъиялъул къима Хунзахъ бахун 4.8 баллалде. Бищун цӀикӀкӀараб накӀкӀлъи букӀуна ихдалил моцӀаздаги, юлалъги юлалъги. Ахирисел соназул накӀкӀлъиялъул гьоркьохъеб къима бищун цӀикӀкӀун кколеб буго май моцӀалде. Бищун цӀикӀкӀараб гӀаммаб бал щвараб накӀкӀлъей фиксатинабуна 2013 соналъ — 5.3 балл. НакӀкӀ лъедела жо бихьизе бажариялъул минималияб къима фиксатинабуна Хунзахъ 2011 соналъул 6 новембералдаги 2012 соналъул 19 январалдаги, гьеб букӀана 50 метралдаса дагь.

ГӀазу-цӀадалъул лъагӀалил нормаялъул гьоркьохъеб къима Хунзахъ буго 49.1 мм. Бищун дагьаб ккола январалде, бищун цӀикӀкӀараб — юлалде: 8.1 ва 122.7 щибалъе. Фиксатинабураб гӀазу-цӀадалъул лъагӀалилаб максимум буго 738 мм (2013 соналъул 5 май), моцӀилаб максимум — 211 мм (19.07.2013); хадуб хал ккураб заманалда жаниб сордо-къоялда бараб гӀазу-цӀадалъул максималияб къадар букӀана 58 мм (22.08.2020). ГӀазуялъул гъаталъул гьоркьохъеб биццалъи ккола 17,3 см, гьеб хутӀула гьоркьохъеб хӀалалъ 63 къоялде щвезегӀанги. Бищун бицатаб гӀаздал гъаталъул фиксация гьабуна 2016 соналъул 2 январалдаги 18 октобералда — 27 см.

Гьаваялъул реччелалъул гьоркьохъеб къима буго 63%. Хунзахъ бищунго дагьаб реччел бугел моцӀал ккола новембер, декембер, январ ва фебруар. Гьоркьохъеб реччелалъул фиксатинабураб бищун цӀикӀкӀараб процент ккола 81, гьебги 2013 соналъул 10 юлалда. Фиксация гьабураб минимум буго 26%. Гьоркьохъеб атмосферияб тӀадецуй букӀуна 818,9 гПа. Хунзахъ букӀараб максималияб атмосферияб тӀадецуй 1055.8 гПа — 2021 соналъул 1 январалда, минималияб букӀана 2013 соналъул юлалда — 846.2 гПа.

Гьорол хехлъиялъул ахирисел соназул гьоркьохъеб къима буго 2.6 метр секундалда жаниб. Гьури гӀемераб моцӀлъун ккола мартги априлги. Гьоркьохъеб къимаялъул бищун цӀикӀкӀараб фиксатинабуна 2011 соналъул октобералда (5.0 м/с). Бищун хехаб гьури Хунзахъ букӀана 35 м/с бугеб 2013 соналъул 23 марталъ. Гьуриялъул процентияб рахъалъ цӀикӀкӀанисеб ккола бакъбаккулаб — 51.5%, бищун дагьаб ккола жанубалъулгин бакъбаккулаб 1.9%.

Хунзахъ климат
Индекс Янв. Феб. Мар. Апр. Май Юн Юл Авг. Сеп. Окт. Нов. Дек. ЛъагӀ
Абсолютияб максимум, °C 13,2 15,5 19,8 24,4 27,5 28,8 30,5 30,3 32,5 21,9 20,1 18,2 32,5
Гьоркьохъеб максимум, °C 2,0 3,5 6,7 12,0 16,7 19,4 20,9 21,3 17,1 12,5 6,7 3,6 11,9
Гьоркьохъеб температура, °C −2,5 −1,6 1,2 6,1 11,3 14,5 16,3 16,4 12,2 7,1 1,9 −1,2 9,7
Гьоркьохъеб минимум, °C −6 −5,4 −2,8 1,8 7,1 10,5 12,5 12,2 8,3 3,4 −1,8 −4,7 8,0
Абсолютияб минимум, °C −18,6 −24,5 −20 −12,1 −4,5 3,8 4,9 5,0 −1,6 −8,4 −15,9 −19,8 −24,5
Бакъул къоязул гьоркьохъеб къадар 17 18 17 19 23 24 25 27 25 21 19 19 254
Гьоркьохъеб накӀкӀлъи, октаби 4,7 4,6 5,7 5,6 5,8 5,5 5,6 4,6 4,5 3,7 3,8 4,0 4,8
ГӀазу-цӀадал норма, мм 8,1 10,1 22,9 42,9 94,4 103,5 122,7 91,9 52,3 17,4 11,4 11,5 589,1
Гьоркьохъеб реччел, % 57,9 57,3 61 61,8 65,4 68,5 72,5 68,6 72,1 58,0 57,3 56,9 63
Атмосферияб тӀадецуй, гПа 814,9 816,0 814,7 817,5 819,0 820,1 820,2 821,8 821,6 821,9 820,5 818,1 818,9
Гьорол гьоркьохъеб хехлъи, м/с 2,7 2,7 3,2 3,2 2,6 2,3 2,1 2,2 2,3 2,5 2,2 2,7 2,6
Ицц: Гьава-бакъ ва климат сайт

Ракьлъай (геология)

Хунздерил тIалъиялъул чӏегӏеракь буго гIемерисеб буго. Чӏегӏеракьал, лабаллъиялда балагьичIого, ритIизарун, хурзазе хIалтIизе гьарула. Хурзабахъ абуни картошка, чIегIергьоло, лъелъ, тIепало ва гь. ц. хьала.

Тӏабигӏат

ГIурчинлъиялъ Хунзахъ бечедаб бакI гьечIо. Рохьалги хутIунго гьечIо.

Хунзахъ тӏалъиялда гьал хаду рехсарал хурдул рижулел руго: махIакIо (гІурус. шалфей), гIонкIкIозаз (гІурус. астрогал), рехъеб (гІурус. вьюнок), хIамисур (гІурус. чабрец), гIанбарис (гІурус. экспарцет), гIанкIихер (гІурус. клевер), люцерна, (гІурус. тимофеевка), ва гь. ц. Хунзахъ байданал ва мугIрул ихдал батIи-батIиял тIугьдуца цIун рукIуна.

Хунзахъ тIалъиялда гьедигIан батIи-батIиял хIайваналги гьечIо. ГIемериса букIунеб жо бугеб гIанхвара (гІурус. хомяк). КъанагIатго гьенире рихьуна: гIанкI, цер, гIондокь (гІурус. ласка), бакьучги (гІурус. барсук), бацIги.

Гьениб дагьабго лъикI буго хIанчIазул иш. Ай рихьизе бегьула гъалухIанчIазул (гІурус. галкаби) тIелал, гӏалхул маккаби, чIоролабазул цо тайпа, ва гьединго цо-цо вахIшиял хIанчIал.

Жакъа къоялда, тIалъиялъул гӏалхул хIайванал киналго тIагIелалда хIинкъараб буго. Гьебги халкквей жодода хаду гьечIел чанахъаби сабаблъун ва цо-цо хIайванал гьабзаца чIваялдалъун.

Демография

Цебе

Ругел баяназда рекъон XVII гӀасруялда Хунзахъ букӀун буго 3000 цӀараки. Сверухъ тӀабигӀаталъул гӀаммаб деградациялъ, ракь гӀунгутӀиялъ гӀумруялъул даража гӀодобе кколеб букӀиналъ, эпидемияз ва къватӀисел сиясиял ситуацияз квалквал ккана Хунзахъ шагьар гӀатӀилъиялъе. XVI–XVII гӀасрабазда Хунзахъа къватӀире араз кьучӀ лъуна чанго росуялъе тӀалъиялдаги ва цогидал ракьаздаги.

XIX гӀасруялда Хунзахъ букӀана 700–800 цӀараки, захӀматаб Кавказалъул рагъалдаса хадуб гьеб къадар ккана 400 цӀаракиялде. XX гӀасруялъул тӀоцересел анцӀсоназда, тӀоцебесеб иргаялда Хунзахъ Авар сверухълъиялъул административияб марказ гьабидал, халкъалъул къадар байбихьана цӀидасанги цӀикӀкӀине.

Гьанже

Халкъалъул рикӀкӀен
1888189519261939195919701979
1747176818102150197223722332
198920022010
290136944245


Гьанир бетIербахъи гьабулел чагIазда абулеб цӀар бугл хунз (хъв. ху́ндери-). Хундерил буго лексикияб рахъалъ стандартаб авар мацӀалде гӀагараб жидерго сверел, жиб болмацӀалъе кьучӀлъарабилан рикӀкӀунеб.

Жакъа къоялъ Хунзахъ буго аваразул чӀахӀиял росабазул цояб. Ахирисеб нусго соналда жаниб Хунзахъ бугеб халкъалъул къадар буго стабилго цӀикӀкунеб. Гьеб шартӀинабураб буго Хунзахъ жибго цебетӀеялъги, гӀумру гьабизе лъикӀлъаби чӀезариялъги, гьелъул административиябгин политикияб кӀвар букӀиналъги. Росдал аслияб халкъ ккола аварал.

Маданият

ХӀалхьул бакӀал

Спорт

ЦӀар рагӀарал чагӀи

  • Абу-Муслим — шейх, магIарулазда гьоркьо Ислам тIибитIизе гьабунин рикIкIунев чи, вукъун вуго Хунзахъ.
  • КӀудияв ГӀумаханАвариялъул нуцал.
  • МухӀамад-нуцал IV — Авариялъул нуцал.
  • Макъсуд ГIалиханов-Аварский — гIурусазул генерал, Мервскияб округалъул начальник ва Тифлисалъул губернатор.
  • ГIалихил Хъайтмаз — полковник, ХӀоцоса Нажмудинил асхIаб, контрреволюционер.
  • Хунзахъа ХIажимурад (1816—1852) — ханзабазул рахьдал вац, бахIарчияв цевехъан ва рагъухъан.
  • МухIамадбекова, МухIамадил Загьидат (1920—1999) — Дагъистан лъикI лъалей гIадан (дагестановед).
  • ХIажиев, ХIажил Загьид (1898—1971) — магIарул шагIир. Дагъистаналъул АССРалъул халкъияв шагIир.
  • ГIалихан ХIусейнов (1814—?) — Шамилил мурид, хаду-хаду, гIурус генерал-майор.
  • ГIумар ибн ГIабдусалам ад-Дагъистани (1759—1792) — машгьурав динияв цевехъан. Живго Хунзахъа, гIумру Мадинаялда ана.
  • Абубакар ибн ГIабдусалам ад-Дагъистани — Хунзахъа машгьурав динияв цевехъан, Мадиналъул хIанапил мазгьабалъул муфтий. ГIумру Мадинаялде ана.
  • ГIусман ибн ГIабдусалам ибн Абубакар ибн ГIабдусалам Дагъистани — Мадинаялда ХIанапил мазгьабалъул муфтий (гьиджраялъул 1303-1319 соназ).
  • Сурхайханил ПатагӀали (? — октябрь 1877) — рагъул цевехъан, Шамил имамасул наиб.

Ралагье гьединго

МугъчӀваял

РегӀелал

Tags:

Хунзахъ ТопонимияХунзахъ ТарихХунзахъ АдминистрацияХунзахъ ГеографияХунзахъ ДемографияХунзахъ МаданиятХунзахъ ХӀалхьул бакӀалХунзахъ СпортХунзахъ ЦӀар рагӀарал чагӀиХунзахъ Ралагье гьедингоХунзахъ МугъчӀваялХунзахъ РегӀелалХунзахъГӀакаро (мегӀер)ДагъистанКумек:ИФА/АварХунзахъ мухъХунзахъ тӀалъи

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

АргъваниЧачаналӀЧӀар жамагӀатПарижКьудаб контентЭлизабет IIГригорианияб календарь2008 сонРочиселКиндиргъа жамагIатКъамилухъГӀурус мацӀ1995 сонХунзахъ мухъ2003 сон2 мартШидиб росдал боИгьалиМухІаммад-нуцал IVКІижаниАбэ, Шиндзо14 сентябрь1973ИххаМелъелтІа росдал бо1894ХасавюртЧудулобШабдухъАйя СофияАзарбижанГъадайчІиУзбекистанГьаракІуни росдал боЦӀолбокьПачалихъ22 НоябрТIиндиХъазахъистан1898БуртиялХушатиЛагьижИсландияБолгаралЛагадухъ (Закатала район)КехӀаб-авахӀ1000 сонСтавропол улкаГъазимухӀамад ИмамЖагънабШималиябгин атлантикияб къотӀиялъул организацияБенгал мацӀГьамищтІа росдал боURLАс-СамадуРосуЧарахъ (Гъуниб мухъ)Квадратияб километр🡆 More