Аварал

Ава́рал (романизация: aváralcode: av is deprecated ) — этникияб къокъа ва нация, кавказияб хъизаналъул авар мацӀалда жал кӀалъалел, гӀаммаб тарихги маданиятги жидер бугел.

Ккола Кавказалъул кьолболал халкъазул цояб, жиб историкияб рахъалъ гӀумру гьабун бугеб МугӀрул Дагъистаналда (Авария), Азарбижаналда (ЦӀор) ва Бакъбаккул Гуржиялда. Ккола Дагъистаналъул бищун рикӀкӀен гӀемераб халкъ, 2020–2021 сонил ценсалда рекъон, Россиялда рикӀкӀадул рахъалъ аварал руго анлӀабилеб бакӀалда.

Аварал
Avaral
Аварал
ТӀолаб популация
гІ.-ш. 1.5 миллион
Регионал цӀиккӀанисел популациябигун
Аварал Россия
  • Аварал Ставропол край: 10 288 (2021)
  • Аварал Москва: 4 320 (2021)
  • Аварал Ростов област: 4 285 (2021)
  • Аварал Чечня: 4 079 (2021)
  • Аварал Астрахан област: 3 527 (2021)
  • Аварал Ханты-Манси автономияб округ: 2 550 (2021)
  • Аварал Гъалмугъ: 2 500 (2021)
  • Аварал Санкт-Петербург: 1 904 (2021)
  • Аварал Краснодар край: 1 643 (2021)
  • Аварал Саратов област: 1 117 (2021)
  • Аварал Волгоград област: 1 113 (2021)
1,012,074 (2021)
Аварал Азарбижан114,000
Аварал Украина1,496
Аварал Хъазахстан1,206 (2009)
Аварал Гуржия1060
МацӀал
Авар __
Дин
Аварал Ислам
ГӀагарал этникиял къокъаби
Цогидал хьондакавказиял

Аваразул тӀолаб рикӀкӀен бахуна 1,5 миллион чиясде, гьезул цӀикӀкӀанисел (85-ниги %) руго Дагъистаналда, элъул 41 мухъалъул 17-ялда ва 10 шагьаралъул 5-ялда. Жеги гӀ-ш 6% буго Россиялъул цогидал регионазда, ва гӀ-ш 9% гӀумру гьабун буго аслияб куцалъ Авар ЦӀоралда, гьабсагӀат Азарюижаналда гъорлӀ бугеб, ва Туркиялда диаспора гӀадин.

Этимология

Жидедаго абулеб ава́рал абураб цIар лIугьана протокавказияб *ʡwǝ̆hri абураб кьолбодасан.

История

РикӀкӀен ва ругеб бакІ

Аварал 
Аварал ругеб бакӀ Дагъистаналда, Чачаналда ва ЦӀоралда (Азарбижан), %-азда, 2010 соналъул Россиялъул ва 2009 соналъул Азарбижаналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналъул баяназда рекъон.
Аварал 
Жанубияб Федералияб Сверухълъиялда ва Шималияб Кавказалъул Федералияб Сверухълъиялда аварал ругеб бакӀ, шагьаралъул ва росдал поселениязда, %, 2010 соналъул къадар рикӀкӀин.

Дунялалда аваразул къадар буго 1,5 миллион чи: Россиялда — 1 млн, Азарбижаналда — 200 аз., Туркиялда — 80 аз., Гуржистаниялда - 20аз.

Аваразул бутӀа мухъалккун 2010 соналъул халкъалъул къадар рикӀкӀиналда рекъон:

Мухъ Регион %
ГӀахьвахъ мухъ Дагъистан 99,4 %
ЦӀунтӀа мухъ Дагъистан 99,4 %
Хьаргаби мухъ Дагъистан 99,3 %
ЦӀумада мухъ Дагъистан 98,9 %
Шамилил мухъ Дагъистан 98,7 %
Бакълъул мухъ Дагъистан 98,6 %
ЛъаратӀа мухъ Дагъистан 98,4 %
Болъихъ мухъ Дагъистан 97,5 %
Унсоколо мухъ Дагъистан 97,5 %
Хунзахъ мухъ Дагъистан 97,5 %
ЧӀарада мухъ Дагъистан 97,3 %
Гъуниб мухъ Дагъистан 96,3 %
НахъбакӀ мухъ Дагъистан 85,9 %
Гелбахъ мухъ Дагъистан 83,4 %
Гелбахъ шагьар Дагъистан 72,1 %
Хьаруб мухъ ЧачаналӀ 54,4 %
БагӀархъала мухъ Дагъистан 46,6 %
Салануб шагьар Дагъистан 46,1 %
Шурагьиб шагьар Дагъистан 45,79 %
Тарамухъ мухъ Дагъистан 35,8 %
Хасавхъала мухъ Дагъистан 31,4 %
Хасавхъала шагьар Дагъистан 30,6 %
МахӀачхъала шагьар Дагъистан 26,7 %
Шурагьиб мухъ Дагъистан 23,5 %
Лаваша мухъ Дагъистан 22,4 %
ЦӀиябтум мухъ Дагъистан 21,9 %
Дибирилросу мухъ Дагъистан 20,3 %
БагӀархъала шагьар Дагъистан 20,1 %
Турхъалиб мухъ Дагъистан 18,4 %
Каспихъ Дагъистан 14,7 %
Черноземел мухъ Хъармухъия 7,2 %

Аварал гӀумру гьабун руго Дагъистаналъул мугӀрулаб рахъалъул цӀикӀкӀанисеб территориялда (13 мухъ) ва бутӀаккун лъарагӀлъуда ругел мухъазда (Гелбахъ, БагӀархъала, Тарамухъ, Хасавхъала, Шурагьиб ва цогидал мухъал). Дагъистаналде гурелги, гӀумру гьабун аварал руго ЧачаналӀ (Хьаруб мухъ), Гъалмугъалда ва Россиялъул Федерациялъул цогидал субъектазда (кинабниги къадар — 912 090 чи). Дагъистаналда аварал ругеб аслияб территория буго ГӀанди-гӀоралъул, Авар-гӀоралъул ва ЧӀегӀер-гӀоралъул бассенал. Аваразул 28 % гӀумру гьабун буго шагьаразда (2002 соналъул баянал).

Азарбижаналъул аварал

Туркиялъул аварал

МацӀ

Авар мацӀ ккола шималкавказияб хъизаналъул нахъгин дагъистанияб къокъаялде, гьелъул руго сверелал, жал шималияб ва жанубияб тӀадкаламазде рикьулел. ТӀоцебесеб тӀелалде ккола бакъбаккулал, хундерилаб ва нахъбакӀалъулаб, кӀиабилелде — гьидерилаб, анцухъезулаб, цӀоралъулаб, къаралазулаб, къехӀдерилаб ва гьочотӀасезулаб сверелал; гьоркьохъеб позицион буго бакълъухъезулаб сверелалъул. БатӀи-батӀиял сверелазда ва сверелазул группабазда гьоркьор руго фонетикиял, морфологиял ва лексикиял батӀалъиял.

Авар мацӀалъе гӀагарал руго гӀандисезул ва цӀунтӀисезул мацӀал. И. М. Дьяконовасда рекъон, нахгин дагъистаниял мацӀазда цадахъ, авар мацӀ буго некӀсияб алародиял мацӀазул чӀагояб давам; гьел мацӀазда гъорлӀ руго гьединго агван, хуррит, урарт, гутий гӀадал хварал мацӀалги. Гьедниго С. А. Старостиница рикӀкӀунаан тум мацӀалъул гьанжесел авариял мацӀазулгун гӀагарлъи букӀин.

Россиялда ругел аваразда гьединго лъала гӀурус мацӀ, Туркиял ва Азарбижаналда ругел аваразда бицуна турк ва къажар мацӀалги.

Авар хъвай-хъвагӀиялъул традициялъул кьалбал уна гьоркьохъел гӀасрабазулӀе. ТӀоцересел хъвай-хъвагӀиял гӀарасал руго гуржи хӀарпаздалъун гьарурал. Ислам тӀибитӀиялдаса байбихьун ва 1927 соналде щвезегӀан авар хъвай-хъвагӀи букӀана гӀараб графикаялъул аслуялда (авар гӀажам), 1927–1938 соназда — латин графикаялда. 1938 соналдаса авар хъвай-хъвагӀи бачун буго кириллицаялъул аслуялде.

1938-абилелдаса байбихьун 1955 соналде щвезегӀан БакътӀерхьул Дагъистаналда (Авариялда) школабазда жо малълъи 5 классалде щвезегӀан букӀунаан авар мацӀалда, хадусел классазда байбихьулаан гӀурус мацӀалда. 6-абилеб классалдаса авар («рахьдал») мацӀ ва адабияб лъазарулаан хасал дисциплинаби хӀисабалда. 1955-56 цӀалул соналъ Авариялъул школабазда дарсал малълъи бачана авар мацӀалде. 1964-65 цӀалул соналъ Дагъистаналъул шагьаразда рукӀаралщинал миллиял школаби къана, дарсал малъиялъул процесс бачана гӀурусалде. Жакъа къоялъ аварал ругеб территориялда школабазда жо малъулеб буго авар мацӀалда 3-абилеб классазде щвезегӀан, хадуб — гӀурусалда. Шагьаразда абуни киналниги школабазда миллиял мацӀал хисун хӀалтӀизабулеб буго гӀурус мацӀ. Гьеб системаялъ цӀикӀкӀинабулеб буго ассимилациялъе рес. Дагъистаналъул конституциялда рекъон, авар мацӀалъул буго "пачалихъияб" статус Дагъистаналъул Ресбуликаялда; аваразул мухъазда, де факто, гьеб буго расмияб мацӀлъун.

2001–2016 соназда авар мацӀалда санайил информация кьолеб букӀана Прагаялда американ «Эркенлъи/Эркенаб Эвропа» радиостанциялъул Шималкавказияб студия, жиб Цолъарал Штатазул Конгрессалъ финансинабулеб букӀараб.

Материалияб маданият

Росаби

Рукъ

ЖамгІиял бакІал

Росдал магІишат ва боцІи-панз хьихьи

Кверзул махщел

Миллияб ретІел

РукІа-рахъин

ЖамгІияб низам

Хъизан

Квен-тІех

Дин

Аварал буго бусурбанал.

ГІадатал

Галерея

Медиафайлал

МугъчӀваял

Tags:

Аварал ЭтимологияАварал ИсторияАварал РикӀкӀен ва ругеб бакІАварал Азарбижаналъул аваралАварал Туркиялъул аваралАварал МацӀАварал Материалияб маданиятАварал РукІа-рахъинАварал ДинАварал ГІадаталАварал ГалереяАварал МедиафайлалАварал МугъчӀваялАваралАвар мацӀАвар мацӀалъул романизацияАварияГуржияМиллатЦӀор

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Музыка26 ЯнварКомурИюньАрмения5 сентябрКъурушРоссияИдеология31 декабр1983 сон1900 сон21 июльБакуНекӀсияб Египет14 май13 декабрЛитва12 январьАдыгеялХадум1940АвгустусМальтаАфгъанистанРокьи18 НоябрГимн1979 сонЧехь27 ФевралВенесуэлаГьималаялЛъагӀел2015 сонЗакатала мухъСахӀараГиничукьХунзахъРакь (планета)29 июль1954 сонАваразул тарихТІаралъул-МегІерГьоболхана197323 апрел19202018 сонБагъдадМадинаГӀаммаб жанисеб продуктШагьарИудаизмАваразул кицаби ва абиял1953ГӀумру гьабулеб бакӀТабасаран мухъМацӀГьенри КиссинджерРоссиялъул конституцияБакъбаккул рахъХубар1846 сон🡆 More