Имам Шамил

Имам Шамил нилъеда лъала Кавказалда, ва батIи-батIиял хасго бусурбабазул улкабазда цIар рагIарав, рагъул ва пачалихъалъул бажари бугев, гIакъилав бетIер ва сиясатчи вукIин.

Шамил
Шамил
Байрахъ
Байрахъ
3-ев Дагъистаналъул ва Чачанистаналъул имам
1834 — 25 сентябр 1859
Цеве вукІарав: ХІамзат-бек
Хадув вачІарав: Кавказ Россиялда рекІинабуна
 
Дин: ислам, сунияб мазгьаб
Гьави: 26.6.1797
Генуб, Дагъистан
Хвей: 4.2.1871
Мадина, ГІусманиязул Хилапат
Вукъун вуго: Мадиналда "Жаннат ал-БакъигІ" хобалазда
Гьавураб мехалъ
букІараб цІар:
ГІали
Эмен: Денгасул МухІаммад
Эбел: Баху-Меседу
Лъади: 1) ПатІимат
2) Жавгьарат
3) Загьидат
4) ШугІайнат-Анна Улуханова
5) Аминат
Лъимал: васал: Жамалудин, ГъазимухІаммад, СагІид, МухІаммадшапигІ ва МухІаммадкамил
ясал: Написат, ПатІимат, Нажават, Баху-Меседу, Сапият
Хъулухъ: Рагъул цевехъан

Амма киназдаго лъалеб гуро гьесул умумул шал ва киса рукIаралали, хъванги гьечIо.

ГьоцIдерица бицуна Гьидалъа биде вахъун жодохъе вачIанила Денгав абурав чи, гьев вукъунги гьенивго вуго, Денгал нохъойилан абулеб бакIги буго. Денгал вас МухIамад гьенив гьавурав, гIурав, ГьоцIалъа ккана ГIашилтIа (Унсоколо мухъалъул) росулъе.

Гьениб гьес гьабула хъизан. Лъадилъун йачула гьебго росулъа Бахту-меседу абурай лъикIаб тухумалъул яс. ГIашилтIаса гьел уна Генуре. Генуб гьавула гьезие вас ГIали. Гьев ГIали унтарав загIипав вас вукIун вуго, гьесда цIар хисула Шамил абун. Гьеб мехалъ гьев вас Шамил гIунила сахав, зурбаяв гIолохъанчи. Гьев вуго вукIинесев Дагъистаналъулги, Кавказалъулго, дунялалдаго, хасго бусурбан хIукумтазда ва Россиялда цIар рагIарав пачаликъалъул бетIер, дунялалда цIар рагIарав бодул бетӏер.

Гьев Гьидалъа умумузул вукIин баян гьабула гьесул эбелалъул гIагарав чи (вацгIал) ГIашилтIаса Шагьав Шамилица Гьидалъе хъвараб ва цойгидалги кагътаз.

Примечания

Литература

Tags:

Кавказ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Хъвавул системаАвар мифологияМедицинаБусукь19751913Пачалихъ1996 сон21 ДекабрГьаракІуни росдал боХелекьури росдал боКъКъородаХъвартихьуни росдал боХъазахъистан31 декабрГъазимухӀамад ИмамРоже ГародиЖажадаТажикалОттава1998 сонБеледиЭнциклопедияВикигъамасГьиндибГьойГалаксия1 мартХъварадаЦамлаАфгъанистанЭгъедаГозолоколоХундерил сверел1906 сон2004 сонСерб мацӀ3 январьЦIияб гIажам ضێياب عاجامРакьалъул рахъалъан чӀахӀиял пачалихъазул сияхӀХвелВильнюсТуркиялъул аварал1871 сонШотодаГъодобери росдал боУнсоколо мухъПаранс мацӀБолмацIХородаФилософШамахаXII гӀасруХидиб росдал боПарс мацӀЧуГІобода росдал боБоснагьерсекРакь (планета)ЯпонияБетӀераб гьумерХарахьиАндерсен, Гьанс Христиан1954 сонТенла🡆 More