Ургъ, гьединго эргъел ккола когнитивиял процессаздаса жо, жиб лӀугьине бегьулеб сенсорияб стимулациялда бачӀого.
Цогидаб рахъалъ "ургъ" термин гӀахьалаб букӀине бегьула жалго психикалал процессазе гуреб, психикалаб хӀалазде яги идеязул системалде, жал гьел процессаз ахӀун лӀугьунел.
Церелъун руго ургъиялъул чанго теория. Гьезул хӀалбихьун буго эргъол куцмухъ ва характеристикаби кквезе.
Платонизмалда рекъон, эргъел буго рухӀдал багъа-бачари, жиндилӀ Платоникал формаби ва эзул гьоркьолъаби ратӀарахъулел ва цӀехь-рех гьабун лъазарулел. Гьеб хӀалтӀи бичӀчӀула рухӀдал жиндиагояб сасараб жанисеб кӀалъайлъул. Платоникал формабазул хал гьабула жал хисардулареб мухъалда ругел ва хӀалазул мухъалдадаса батӀиял универсалазул гӀадин. Гьенире рачӀуна лъикӀлъул, берцинлъул, цолъул ва цохӀоголъул ва ц. формаби.
Академикаб литературалда эргӀол гӀеме-гӀемерал формабазул дискуссион букӀуна. Цадахъго гьабун гьел формаби рикьула жидеца теоритикалаб лъай гьабулезде ва хӀалтӀиги битӀараб бищги гьабулезде, хӀо гьечӀо гьел киналго цокӀалде бачунеб киназго рикӀкӀараб таксономия.
This article uses material from the Wikipedia Авар article Ургъ, which is released under the Creative Commons Attribution-ShareAlike 3.0 license ("CC BY-SA 3.0"); additional terms may apply (view authors). Контент рагьараб буго CC BY-SA 4.0 лицензиялда гъоркь, цогидаб бихьизабун гьечӀони. Images, videos and audio are available under their respective licenses.
®Wikipedia is a registered trademark of the Wiki Foundation, Inc. Wiki Авар (DUHOCTRUNGQUOC.VN) is an independent company and has no affiliation with Wiki Foundation.