Мегӏер Эверест

Джомолу́нгма (тиб.

ཇོ་མོ་གླང་མ, чин. гІадат. 珠穆朗瑪峰, бигь. 珠穆朗玛峰, пинйин: Zhūmùlǎngmǎ fēng, палл.: Чжумуланма фэн), Эвере́ст (инг. Mount Everest), Сагарма́тха (непал. सगरमाथा), Шэнмуфэн (Халип:Китайский) — Ракьалъул бищун борхатаб тІогь (ралъдал гьумералдаса борхалъи 8848 или 8850 метра).

География

Мегӏер Эверест 
Гьималаязда Эверест бугеб бакІ

ТІогь буго Гьималаязул Махалангур-Химал балалъ, жиндасан Непалалъулги Тибеталъул автономияб мухъалъулги (Чин) гІурхъи унеб.

Эвересталъул буго ункъцибилаб пирамидаялъул форма, жанубияб гъвел буго цІикІкІун лабалаб. Жанубияб гъвелалда ва хьалбазда гІазу ва фирн чІчІоларо, гьеб сабаблъун гьел рукІуна гІицІал. Шималиябги бакъбаккул гъажабетІералъул борхалъи буго 8393 м. Ахалъиялдаса тІогьалде борхалъи буго гІ.-ш. 3550 м. ТІогь аслияб къагІидаялъ гІуцІун буго гъоркь хутІарал минералаз.

Жанубалдаса Эверес бухьинабун буго Лхоцзегун (8516 м) Бакъдасеб кьили (7906 м) абулеб мугІрул габурлъиялъ. Хьундарахъалдаса лабалго буссараб бегІербалаб Хьундасеб кьилиялъ (7020 м) Эверест цолъизабун буго Хьундасеб тІогьгун — Чангзе (7553 м). Бакъбаккуда лабалго батІалъулеб буго гучаб бакъбаккул къед Кангшунг (3350 м). Массивалдаса киналго рахъазде риун рачІунел руго цІерлъенал, жал 5000 метраялъул борхалъуда лъугІулел.

Климат

Джомолунгмалъул тІогьиб къойил гьоркьохъеб температура юлалда букІуна −19 °С, январалда — −36 °C (бегьула гІодобе ккезе −60 °C-ялде). ТІогьалъул борхалъи борхалъул чІвабилъун чвахиялъул гъоркьияб гІорхъода гІадин букІиналъ, сипатал руго тохлъукьего лъугьунел штормал 160 км/с хехлъиялде рахунел гьуралгун рукІунел. Маялъул ахиралдаса сентябералъул бакьулъе щвезегІан букІунеб роол муссоналъул заманалда бала гІазу.

Мегӏер Эверест 
Кала-Патхар тІогьалдаса Эверест бихьулеб куц

Борхалъи борцин

Мегӏер Эверест 
Джомолунгмаялъул 3D-анимация

Жинца Джомолунгма Ракьалда бугеб бищун борхатаб тІогь букІин чІезабурав тоцевесев чи вукІана Гьиндустаналъул математик ва топографист Радханат Сикдар. 1852 соналъ тригонометриялъул хІисаб-суалалги жал анлӀидаса дагь гьечІел обсервациязул хІасилазда щварал баяназул компиляцияги гьабун,гьев вачІана XV ТІогь Ракьалда бищун борхатаб бугилан абураб пикруялде, цебе рикІкІунеб букІараб Канченджанга гуреб. Гьес борцана гІага-шагараб борхалъиги, гьебги ккана битІун 29000 фут (8839 м). Сикдарил хІисаб суалалъул хІасилал официалаб куцалда басма гьаруна 1856 соналъул марталъ.

Нусго соналдасан, 1952—1954 соназ Гьиндустаналъул топографиячагІаз цІидасанги борцана тІогьалъул борхалъи, ва 1955 соналъ географиялъул гІелмуялъ къабул гьабуна гьелъул борхалъи ралъдал гьумералдаса 29028 фут (8848 м) бугеб.

1999 соналъ американазул экспедициялъ мухІканлъи цІикІкІараб GPS-алатазул кумекалдалъун баянлъизабуна борхалъи 29035 фут (8850 м) +/- 6,5 фут (2 метра) букІин. 2005 соналъ цогидаб чиналъулаб экспедициялъ баян гьабуна тІогьалъул хъитІалъулаб борхалъи 8844,43 метра гІадин, гьеб къиматгун рази букІинчІо Непал, жинца классикияб къимат 8848 м кколеб букІараб. 2010 соналъ кІиябго рахъ бачІана компромиссалде — Джомолунгмаялъул расмияб борхалъиялъул фиксация гьабуна ралъдал гьумералдаса 8848 метра борхалъи бугеб гІужалда, къвакІараб минераллъиялъул борхалъи буго 8844 м. МегІералъул 8850 метраялъул борхалъи гьедин къабул гьабуна кьучІаблъун геодезиялъул ва картографиялъул гІемерал специалистаз.

Балагьн гьединго

  • Гауришанкар
  • Льюльяйльяко
  • Мауна-Кеа
  • Олимп (Марс)
  • Охос-дель-Саладо
  • Чимборасо
  • Реясильвия

ХІужжаби

РегІелал

Tags:

Мегӏер Эверест ГеографияМегӏер Эверест КлиматМегӏер Эверест Борхалъи борцинМегӏер Эверест Балагьн гьедингоМегӏер Эверест ХІужжабиМегӏер Эверест АдабиятМегӏер Эверест РегІелалМегӏер ЭверестИнгилис мацI

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Чачан мацІАвар свералабиВикигъамасТІадгьаквариТурк мацӀ3 НоябрМехИндонезияКаспий ралъадV гӀасруНилӀер эраТӀагьада23 майБиХъазахъистанАнатомияГениМелъелтІаМукъулукъДФонд ВикимедиаКъурбаналъул къоГьитӀинкилищБелъелдаМажарАвстралияАвар литератураГерекАхъбердил МухІамад (Ахъбердилав)УдмурталГӀункӀкӀидаГъведиш росдал бо1975Балъхъадерил мацӀЦӀор1875 сонГӀандалЧунибШаваНасранияб динПутин, Владимирил ВладимирГӀучӀ (кириллица)АвустурБакълъул мухъЕгипетЦӀобокь МиякьубЛаос2009 сонДиалектСтавропол край21 март4 Феврал1949XII гӀасруГӀодоцараб океанЛатин мацӀ🡆 More