Шота Руставели: Гуржи поэт

Шо́та Руставе́ли (гуржи: შოთა რუსთაველიcode: ka is deprecated , хӀакъикъияб фамилия Торели гуржи: ტორელიcode: ka is deprecated ) гӀ.-ш.1172–1216 — гуржиязул пикручи, пачалихъияв хъулухъчи ва шагӀир.

Жиб гуржи ва тӀолгодунялалъул адабимяталъул бищун кӀвар бугел асаразул цояблхун кколеб "ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи" абураб хрестоматияб эпикияб шигӀруялъул автор.

Биография

Шота Руставели: Биография, РакӀалдещвей, ХІужжаби 
Шота Руставели

ШагӀирасул гӀумруялъул хӀакъалъулъ информация буго цӀакъ мукъсанаб. ТӀибитӀараб версия буго, гьесул фамилия ггьев гьавураб Рустави абураб росдадаса бачӀараб бугилан. Живго Шотаца жиндирго фамилия хъвалеб букӀана «Руставели» гуреб, «Руствели» абун; гьелъ бихьизабизе бегьула Шота цо чӀван-къотӀараб росулъа гурев вукӀин. Рустави абураб цӀар бугел географиял пуктал гьеб заманалда букӀун буго чанго.

Буго гьединго версия, Руставели абраб рагӀи тӀокӀцӀар бугилан абураб, жиб Рустави майорат кодоб букӀарав Шотал инсуего щун букӀараб. ШагӀирасул жиндирго фамилия буго батӀияб.

Жакъа къоялъги гьечӀо мухӀканал баянал шагӀир гьавураб ва хвараб къо-моцӀалъул, гьесул лъугьиналъул ва биографиялъул гӀемерисел бутӀабазул хӀакъалъулъ. ГьечӀо лъалеб жого гьесул инсул хӀакъалъулъ; гьечӀо мухӀканаб информация Шотал вацал-яцал рукӀиналъул, книаб-букӀаниги информация гьесул эбелалъул хӀакъалъулъ. «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» асаралъул ахириял мухъазда гьес жив месх вугилан хъван букӀаниги, чӀван-къотӀун абизе кӀоларо гьев месхетияв вукӀанин абун.

Шота цӀалулев вукӀун вуго Грециялда, вукӀун вуго Тамар пачахӀалъул хазиначилъун (батана гьесул гъолбас 1190 соналъул акталда). Гьеб букӀана Хъизихъалъул сиясияб къуваталъул ва лирикияб поэзия цебетӀеялъул заман.

Цо-цо тарихиял баянал щвезе бегьула Мукъадасалда бугеб Хъанчилаб килисаялъул Синодикаялдаса. XIII гӀасруялъул хъвай-хъвагӀиялда Шота рехсон вуго хъулухъги бицун. Жибго килисаялда буго сурат, жиндир хъвай-хъвагӀиялда Русьавели рехсно вугеб. Гьанисан гьабизе бегьула Руставелица килисаялъе кутӀудияб квербакъи гьабун букӀанилан абураб натижат.

Гьомерил шигӀрабиги, Платонил философияги, теолгияги, риторикаги, парс ва гӀараб адабиятги лъалев Руставели вуссуна адабияталъулаб пишаялде ва хъвала шигӀру «ЦӀиркъил тӀом ретӀарав бахӀарчи» — гуржи адабияталъул ва хъвагӀиялъул чӀухӀи.

Биценазул цоялда рекъон, цӀакъ Тамарахъ гӀищкъу ккарав Шотаца гӀумру рагӀалде бахъинабула килисаялъул хӀужраялъуб. Бицуна, XVӀӀӀ гӀасруялъул гуржи миторополит Тимофейида Мукъадасалда гуржиязул пачахӀзабаз бараб Хъанчил килисаялда Шотал хоб ва сурат бихьун бугилан. Цогидаб версиялда рекъон, Тамарахъ рокьи ккарава Шотаца ячун йигу Нина абурай гӀадан, ва бертадаса хадуб пачахӀалъул амру бачӀун буго гьелъие шагьас гьабураб адабияб сайигъат гуржи мацӀалде таржама гьабеян абун. Гьеб амру Шотаца тӀубан буго, амма жиндирго хӀалтухъ сайигъаталдаса инкар гьабун буго. Гьелдаса анкь индал, гьесул бетӀер къотӀараб жаназа батун буго. Гьев Мукъадасалде анин ва гьенив хванин абрал биценалги руго, амма гьезие далилал гьечӀо.

РакӀалдещвей

Шота Руставели: Биография, РакӀалдещвей, ХІужжаби 
Щота Руставелие бараб гӀарас.
  • Руставелил цӀар кьун буго гуржи драматикияб театралъе, тТулписалда бугеб театралияб институталъе.
  • Руставелил цӀар кьун буго:
    • Тулписалда ругел бетӀераб проспекталъе, аэропорталъе ва метроялъул станциялъе.
    • Ереван бакьулъ бугеб къватӀалъе, ва гьединго Грузиялда ва цогидал пачалихъазда ругел гӀемерал къватӀазегиа.
    • Мукъадасалда Хъанчил килиса бугеб къватӀалъе.
    • Кавказалъул мугӀрузул цо тӀогьалъе — Шота Руставели.
  • СССР-алда къватӀире риччан рукӀана почалъул маркабаи, Руставелил сураталгун.

ХІужжаби

РегІелал

Tags:

Шота Руставели БиографияШота Руставели РакӀалдещвейШота Руставели ХІужжабиШота Руставели РегІелалШота РуставелиГуржи мацӀ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Гьарри ПоттерХириясул ГІалибек1930 сонРакь (планета)ЕХарахьиАзияГІобода росдал бо17 августНепалИцда1978МочІохъВикипедияЧӀондокьЛутер, Мартин1991ХортаБиологияЧудулоб22 августНартНахъбакІ мухъИмам ШамилДанухъАвар мацІалъул свералабиГъараколобЛъанлъариБусурманчиФинляндияКӀиабилеб дунялалъулаб рагъКвамиМолдовТранслативЛитваРостов-на-ДонуБасарРумалъул империяГӀоротӀаТалилъБелоруссПарансАлмахъАзарбижанАваралП1963 сонМанчестер ЮнайтедРагъ1939 сон2005 сонПиргӀавназул сияхӀМелъелтІаНасранияб динСетуял1926 сонФатӀима ЗагьраъРакьалъул рахъалъан чӀахӀиял пачалихъазул сияхӀ1906 сон1992Унсоколо мухъАвстралияТІаса ХъваршиниРейс 370 Malaysia AirlinesТIиндиАдминистратияб марказСелена ГомесГригорианияб календарГӀодоцараб океан🡆 More