Сигънагъи

Сигъна́гъи (гуржи: სიღნაღიcode: ka is deprecated ) — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб гьитӀинаб шагьар.

КӀахети вилаяталде гъорлӀе кколеб Сигънагъи муниципалитеталъул административияб марказ.

Кизики абулеб тарихиябгин географияб вилаяталъул марказ. Шагьар буго мугӀрул парсалда, кьерзабахъ, гьетӀ-гьетӀарал къватӀаз хурхинарурал.

Гьиинаб шагьар букӀаниги, Гуржистаналъул чӀагӀа бахъулеб регионалъул бакьулӀ букӀиналъги, берци-берцинал пейзажал, мина-картал, чӀчӀедерал гамачӀ ккурал къватӀал рукӀиналъги Сигънагъи гьабула популярияб туристикияб рахълъун

ГӀодобе балагьараб гохӀда бугеб Сигънагъи рагьула Алазаналъул расалъиялде, гьениса рихьула КӀудияб Кавказалъул мугӀрулги.

Этимология

Шагьаралъул цӀар бачӀун буго рукӀел, хандакъ–илан магӀна бугеб некӀсияб тюрк сигъинак (тур. sığınak, падар. sığınacaq) абураб рагӀудаса.

Тарих

Сигънагъи бугеб вилаяталде тӀоцере гӀадамал рачӀана палеолиталда. Кинабниги тарихалда жаниб, Сигънагъи вилаят гьенир рукӀарал гӀадамазда лъалеб буго Камбечовани яги Кисики цӀаралда гъоркь. ГӀумру гьабулеб бакӀ хӏисабалда Сигънагъи тӀоцебе рехсон буго XVIII гӀасруялда. 1762 соналъ II ГьерекӀлица Сигънагъиялда бана хъала территория аваразул чабхъеназдаса цӀунизе.

1770 соналъул халкъалъул къадар хъваялда рекъон, Сигънагъи гӀумру гьабун букӀун буго 100 хъизан, аслияб къагӀидаялъ базаргаби ва устарзаби. Гуржистан 1801 соналда Россиялъул империялъул кверщаликье ккедал, Сигънагъиялъе расмияб хӀалалъ кьуна шагьаралъул статус ва 1802 соналъ гьабуна Туплисалъул губернаторлъиялъул Сигънагъи уездалъул марказлъун. 1812 соналъ Сигънагъиги хутӀараб Гуржистаналда цадахъ данде бахъана гӀурус хӀакимлъиялде. Кавказалъул рагъул заманалда Сигънагъи рикӀкӀунеб букӀана кӀвар бугеб бакӀлъун, щай гурелъул гьеб букӀана Имаматалде гӀагарлъухъ.

Шагьар хекко кӀодолъулеб букӀана, халкъ цӀикӀкӀунеб букӀана, Совет хӀукуматалъул заманалда Сигънагъи букӀана росдал магӀишаталъул центерлъун. Совет заманалдаса хадусеб Гуржистаналда экономикияб кризисалъ кӀудияб асар гьабуна шагьаралъе. Амма реконструкциялъе Гуржистаналъул хӀукуматалъ байбихьун буго кӀудияб проект, гьелъие финансал чӀчӀезарулел руго къватӀисел организациязги; проект буссараб буго цебетӀолеб бугеб туризмалъул интересаздеги инфраструктураялъе модернизация гьабиялдеги.

География ва климат

Шагьаралъул гӀатӀилъиялъ ккола 2,978 га, гьелъул 24,3 % ккола мина-картаз. Сигънагъи буго Туплисалдаса жанубиябгин бакъбаккуда гӀ.-ш. 113 км-ялъ рикӀкӀад. Сигънагъиялъул мухъ шагьаралда цун буго бакъбаккул ва жанубиябгин бакътӀерхьул рахъ. Шагьар буго Гомбори балалъул бакъбаккул цересел парсазда, Алазан ва Къарби гӀоразул расалъиязда гьоркьоб лъимбикьуда, бачӀин тӀокӀам росдал магӀишаталъул ва ахихъанлъиялъул регионалда. Ралъдал гьумералдаса гӀ.-ш. 790 метраялъул борхалъуда шагьаралдаса рагьула КӀудияб Кавказалъул мугӀрузде ва Алазаналъул расалъиялде шаклу. Сигъагъиялда буго тамахаб ракьдагьоркьобралъдалаб климат. Хасел буго рекъахъе квачараб, рии букӀине бегьула багӀарараб. Бищун борхатаб гьоркьохъеб температура июлалда букӀуна 24,3°C, бищун гӀодобегӀанаб температура январвлда букӀуна 0,2°C. ЛъагӀалил гьоркьохъеб гӀазу-цӀадал къадар багъардахъула 602,1-ялдаса 949,7 мм-ялда гьоркьоб, бищун цӀикӀкӀараб гӀазу-цӀад букӀуна ихдалил моцӀаздаги роол байбихьудаги.

Маданият

Сигънагъиб ва гьелъул сверухълъиялда буго чанго тарихиял ва маданиял гӀарасал, жал 1975 соналдаса нахъе пачалихъалъул хасаб цӀуниялда гъоркь бугеб. Шагьар сверун буго къед XVIII гӀасруялъул щулалъиялъул хутӀелалгун Жибго шагьаралда жаниб буго кӀиго гуржи ортодоксалияб килиса — цояб мукъаддасав Гергие, цогидаб — Стефание. КӀвар бугеб монастер Бодбе буго Сигънагъиялдаса 2 км-ялъ рикӀкӀад, IV гӀасруялъул Гуржистаналъул апостол, мукъаддасай Нинода хурхараб букӀиналъ, гьеб ккола зияраталъул бакӀлъун.

БакӀалъулаб этнографияб ва археологияб музей, 1950-л соназда бараб, 2007 соналъ цӀигьабун ва лӀугьинабун буго гьанжесеб цебебахъиялде — Сигънагъиялъул музей. Гуржистаналда Сигънагъи машгьур буго «Рокьул шагьар» хӏисабалдаги, гӀемерисел уна гьенире бертин гьабизе.

Галерея

Машгьурал гӀадамал

  • Геворг Башинджагъиян, суратчи
  • Отар Чиладзе, хъвадарухъан
  • Тамаз Чиладзе, хъвадарухъан
  • Вано Сараджишвили, кочӀохъан
  • Бидзина Квернадзе, композитор

Ралагье гьединго

  • КӀахети
  • Вакъири
  • Картли-КӀахетиялъул пачалъи

ХӀужжаби

  • Rosen, Roger. Georgia: A Sovereign Country of the Caucasus. Odyssey Publications: Hong Kong, 1999. ISBN 962-217-748-4

КъватӀисел регӀелал

Tags:

Сигънагъи ЭтимологияСигънагъи ТарихСигънагъи География ва климатСигънагъи МаданиятСигънагъи ГалереяСигънагъи Машгьурал гӀадамалСигънагъи Ралагье гьедингоСигънагъи ХӀужжабиСигънагъи КъватӀисел регӀелалСигънагъиГуржи мацӀГуржистанКӀахетиСигънагъи муниципалитет

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Насранияб дин10 ФевралРоссиялъул империя3 апрелАктёрлъиялъул искусствоГенубНилӀер эраYouTubeАвгуст4 ФевралНакІкІикь (Хунзахъ мухъ)КипрКӀудияб ВатӀанияб рагъКъункъраБеледиКитайНоябрьТуркменистанГӀархъидаУзбекистанПРугъжаса Элдарилав4 сонЧачан мацӀТалилъГъоркь ИнхелоЦӀобокь МиякьубГӀараб хъвай-хъвагӀиОтто фон БисмаркХъазахъистанГьамущи росдал боЬ13 декабрБетӀераб гьумерТІадгьаквариБоснул мацӀНекӀсияб ЕгипетXI гІасруБуртиялАвстралияЗибирхали17 ФевралУнсоколоРагъXIII гІасруМацӀазул хъизан4 ноябрьXIV гӀасруХӀумсДаргиналТушИсламГъиргъизистанШвейцарияФилософияФашизмГьойМуниб росдал боШамаха2012 сонВалютаXI гӀасруКаспий ралъадРакьалъул рахъалъан чӀахӀиял пачалихъазул сияхӀДаргин мацӀ🡆 More