Кӏахети: КӀахети — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб икълим

КІахет (гуржи: კახეთიcode: ka is deprecated ) — Гуржистаналъул бакъбаккуда бугеб икълим (мхаре), жибги 1990-л соназ КІахеталъул тарихияб вилаяталдаса ва гьитІинаб мугІрузул вилаят Тушетиялдаса гІуцІараб.

Гьелъул тахшагьарлъун буго Телави. Икълималъ гъорлъе бачуна микьго административияб муниципалитет: Телави, Гурджаани, Къурели, Сагареджо, ДедоплисцІкъаро, Сигънагъи, Лагадухъ ва ХІамитІа. КІахеталъул г1урхъи буго Россиялъул Федерациялъул хьунда Чачангун, хьундагин бакъбаккуда Дагъистангун (тарихияб Аваристан), бакъдагин бакъбаккуда Азарбижангун, ва гьединго Мцхета-Мтианетигун ва Квемо Картлигун бакътІерхьуда. КІахеталъул буго цІикІкІараб лингвистикиябги маданиябги идентитлъи: гьелъул этнографияб гъоркькъокъа — кІахетиял — кІалъала гуржи мацІалъул кІахетиязулаб сверелалда.

Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи

Давид Гареджил монастерияб комплексалъул бутІа буго гьеб икълималда ва ккола гуржи ва къажар хІукуматазда гьоркьоб гІурхъадулаб дагІбадул субъектлъун. КІахетиялъул машгьурал туризмалъул бакІазде гъорлІе ккола Тушети, Греми, Сигънагъи, КІветІера, Бодбе, Лагадухъ цІунарал районал ва Алверди монастер. КІахетиялъул чІагІдал регион буго Гуржиялда чІагІдал продукция цебе бачунжолъун. Регионалъ чІагІа бахъула Телави ва Къурели микро-регионазда.

География

Гьанжесеб административияб къагІидаялъ мухъазде гуребги, КІахет традиционалго бикьула ункъго бутІаялде: Жанисеб КІахети (შიდა კახეთი, Шида Кахети) Цив-Гомбори баладаса бакъбаккудехун Алазан гІоралъул кваранаб рагІал ккун эхебе; КъватІисеб КІахети (გარე კახეთი, Гаре Кахети) — Къарби гІоралъул хІавузалъул бакьулІбакІккун эхебе; Кизикъи (ქიზიყი) — Алазаналдаги Къарби гІоралдаги гьоркьоб, Гагъма (გაღმა მხარი, Гагъма Мхари) Алазаналъул квегІаб рагІалда. Гьенибго гъорлІе ккола гьоркьобгІасрулъиялъул Гьерети икълималъул бутІаги.

Климат

КІахеталъул кІудияб бутІаялда климат буго субтропикияб. Алазаналъул расалъиялъул климат релълъараб буго Италиял Альпазул аххакь букІунелда. Январалъул гьоркьохъеб температура гьениб букІуна гІ.-ш. 1 °С, июлалда — 23-24 °С. ГІазу-цІадалъул къадар дагьлъула шиалиябгин бакътІерхьудаса жанубиябгин бакъваккуде, ХІамитІа сверухълъиялда лъагІалил къадар 900-ялдаса цІикІкІун мм, Гремиялда — 700 мм, Гурджааниса бакъбаккудехун — 600-са дагь мм. Алазаналъул расалъи ва Гомбор балалъул шималиял парсал руго цІибил гІезабиялъе рекъарал бакІал — гьенибин бугеб Гуржистаналъуо аслияб чІагІа бахъулеб центр. Къарби тІалъиялда буго бакъвараб авлахъул климат, рекъахъе квачараб хаселгун ва багІарараб риигун. Июлалъул гьоркьохъел температураби гІ.-ш. 25 °С, январалъул — гІ.-ш. 0 °С. Ширак авлахъалда ва Къарби тІалъиялъул жаниблъиязда хасел букІуна дагьабги квачараб — январалъул гьоркьохъеб температура гІ.-ш. −3 °С, гІазу-цІадалъул къадар 500-са дагь мм лъагІалида жаниб. КІахетиялъул жанубиябгин бакътІерхьул рагІалда, Давид Гареджил монастералда аскІоса гІебеде климат буго бащдасалулавлахъулаб 400-са дагь мм гІазу-цІадалъул къадаргун. Къарби тІалъи буго Гуржистаналъул тІорщалил нахъарукълъун. ТІалъиялъул гІатІидаб бакІ хІалтІизабула хасалил мегІер-гІалах гІадин.

Тарих

Гьанжесев КІахети вилаят буго лъабго тарихияб гуржи вилаяталъул (КІахети, Кухети ва Гардабани) территориялда. «Картлс Цховреба» тариххъваялда рекъон, киналниги гуржиязул этнарха Картлосил букІун буго щуго лъимер, гьезда гьоркьор КІахет, Кухет и Гардабан.

Н. щ. III гІасруялда Фарнаваз пачаяс кьучІ лъураб микьго эриставлъиялда гьоркьоб букІана КІахетиялъул эриставлъиги. Цолъараб эриставлъиялъул тахшагьарлъун лІугьана хъала Уджарма, Аспагур пачаяс жиндие кьучІ лъураб. Цебесеб гьоркьобгІасрулъиялда КІахеталъул марказ бахъана Къарбиялъул расалъиялде жанибегІан шималияб рахъалде, цин Герми шагьаралде, хадуб Телавуралде. КІахети бачана цолъараб Гуржи пачалихъалде гъорлІе XI гІасруялъул байбихьуда, амма анцІсонида жаниб гьеб батІалъана. XII гІсруялда гуржиязул пача Давидица (гІ.-ш.1089-1125 КІахети тІубан гъорлІе бачана Гуржи пачалъиялде.

1460-л соназ Цолъараб Гуржи пачалихъ биххун хадуб КІахети лІугьана цияда бачІеб пачалъилъун. XVI гІасруялдаса байбихьун XIX гІасруялъул байбихьуде щвезегІан КІахетиги гьелда мадугьалихъаб Картлиги зама-заманалда букІана Ираналъул кверщаликь. 1616 соналъ шагь ГІаббасица КІахеталъул этникиял гуржиязул нус-нус азар чи депортинавуна Ираналде ва щущахъ бана икълим I Теймуразиде данде гьабураб кампаниялда.

1762 соналъ ГьерекІлил заманалда КІахетиялъул пачалъи цолъизабуна Картлигун. Гергияб трактаталдаса ва Туплис Агъа МухІамад-ханас талавур гьабин хадуб Картли-КІахети пачалъи ккана Россиялъул империялъул кверщаликье; КІахетиялда ва хутІараб Гуржистаналда тІад Россиялъул сюзиренитет рикІкІана Къажар Ираналъ1813 соналъ хъвараб Гулистаналъул къотІи-къаялда.

1918—1921 соназда КІахети букІана чиядабачІеб Гуржистаналъул Демократияб Жумгьурияталда гъорлІ, 1922—1936 соназ Нахъакавказалъул ССР-алда, 1936—1991 соназ Гуржи ССР-алда гъорлІ. 1991 соналъ Гуржистаналъе чиядабачІолъи щваралдаса нахъе КІахети буго Гуржистаналъул Жумгьурияталъул икълимлъун.

Административияб рикьи

Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи 
Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи 
Вилаяталъул муниципалитетатал: 1 ХІамитІа муниципалитет, 5 Гурджаани муниципалитет, 8 ДедоплисцІкъаро муниципалитет, 3 Къурели муниципалитет, 4 Лагадухъ муниципалитет, 6 Сагареджо муниципалитет, 7 Сигънагъи муниципалитет, 2 Телави муниципалитет.

КІахети икълималда тІураязул хІакимлъиялъул бетІерлъун ккола Гуржистаналъул Президентасул Пачалихъияв Вакил. Гьесул функциял руго икълималда къанун билІинаби щулалъиялъул координация, сурсатазул мобилизация, икълималъул кинабниги территориялда жамгІиял программаби гІуцІи ва рилІинари, инсанасул ихтиярал цІуни ва ц.

Административияб рахъалъ вилаят гІуцІун буго микьго муниципалитеталдаса (2006 соналде щвезегІан рукІана  мухъал). 2016—2017 соназ Телави шагьар бащад гьабуна муниципалитеталде.

Муниципалитет ГІатІилъи,

км²

Халкъ

2002, чи

Халкъ

2014, чи

Халкъ

2018, чи

Марказ
ХІамитІа 2207 41 641 31 461 30 193 ХІамитІа ш.
Гурджани 846 72 618 54 337 53 104 Гурджаани ш.
ДедоплисцІкъаро 2529 30 811 21 221 21 069 ДедоплисцІкъаро ш.
Къурели 1001 37 658 29 827 30 275 Къурели ш.
Лагадухъ 890 51 066 41 678 41 402 Лагодухъ ш.
Сагареджо 1491 59 212 51 761 52 251 Сагареджо ш.
Сигънагъи 1252 43 587 29 948 29 724 Сигънагъи ш.
Телави 1095 70 589 58 350 56 663 Телави ш.
вилаят, киналниги 11 310 407 182 318 583 314 681 Телави

Шагьарал:

  • Телави (19 629 чи, 2014),
  • Сагареджо (10 871 чи),
  • Гурджаани (8024 чи),
  • Къурели (7739 чи),
  • ХІамитІа (7105 чел.),
  • ДедоплисцІкъаро (5940 чи),
  • Лагадухъ (5918 чи),
  • ЦІнори (4815 чи),
  • Сигънагъи (1485 чи).

ГІаммаб карта

Картаялъул легенда:

Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи  Административияб марказ, 20 100 чи.
Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи  10 000-15 000 чи
Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи  5000-10 000 чи.
Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи  2000- 5000 чи.
Кӏахети: География, Тарих, Административияб рикьи  1000-2000 чи.
Гуржистан КІахети: жеги гьечӀо позиционияб карта.

ХІужжаби

КъватІисел регІелал

Tags:

Кӏахети ГеографияКӏахети ТарихКӏахети Административияб рикьиКӏахети ГІаммаб картаКӏахети ХІужжабиКӏахети КъватІисел регІелалКӏахетиГуржи мацӀГуржистанДагъистанКъажарКъурели муниципалитетРоссиялъул ФедерацияСигънагъи муниципалитетТелавиТушетиХIамитIаЧачан

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ГІободиясули тарихНаполеонБахӀрайнГӀурус мацӀПакистанГьунарлъиЭнциклопедия10 мартАваралФутболалъулаб форма16 августКвенИудаизмНейл АрмстронгМартБецӀдерил сверелКӀудияв ГӀумаханДубайИнгилис мацӀ21 сентябрГерекЕгипетГӀурус географияб жамагӀатМухІаммад-нуцал IVАвар мацІалъул свералабиТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъМахІачхъала1937Цой, ВикторГерманияФейсбукДублинВараниИрландия30 сентябрьСарирРоссияВинстон ЧерчиллВоенный городок (Болъихъ мухъ)ЫАл-КъагӀидаХунзахъ хъалаОцелотВенесуэлаЛатин мацӀМоскваХъизихъДучеИнюпикалГус, ЯнБусурманчиХлорофиллРоссиялъул ФедерацияКъагьираКӀиабилеб дунялалъулаб рагъ🡆 More