Шагьадат

Шагьадат (гӀар.

Шагьадат     Шагьадат     Шагьадат     Шагьадат     Шагьадат     Шагьадат     Шагьадат

Гьединго шагьада абураб рагIи бачIуна шагьид абураб магIнаялдаги, ай диналъе гIоло къеркьо хварав чи абураб.

Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад  — Аллагьасул халкъалда дин малъизе витIарав авараг вукIиналда». ШигIияз битIулеб шагьадат батIа бахъула суннияз битIулелдаса, тIаде жубараб «ва ГIалийюн Валийю Ллагь» - абураб рагIиялъ, ай "ва дица нугIлъи гьабула ГIали Аллагьасул вали вукIиналда" - абураб. Шагьадат битIи ккола инсанас исламияб дин босиялъе бищун аслияб шартIлъун. Исламалда жаниб шагьадат битIарав чиясул би тIей хIарамаб буго.

Ашгьаду алля́ илягьа илля Лла́гьу ва ашгьаду анна Мух̣Іаммадан расу́лю Лла́гь

Оригиналияб текст (гІараб.)
أَشْهَدُ أَنْ لاَ إِلَهَ إِلاَّ اللَّهُ وَ أَشْهَدُ أَنَّ مُحَمَّدًا رَسوُلُ اللَّهِ


Исламалъул рукну

Шагьадат рикIкIуна тIоцебесеб ва аслияб рукнулъун исламалъул щуябго рукнуялдаса (бл. исламалъул щуябго рукну). Гьелда жаниб буго исламалъул кIиябго аслияб тIадкъай, ТIадегIанав Аллагь цо гьави (тавхІид) ва МухІаммад авараг Аллагьасул халкъалде витIарав чапар вукIиналда божи. Бусурбабаз шагьадат битIула, гIемераб бакIалда ва къойида жаниб чанго нусго нухалъ. ГIага-шагарго гьеб букIуна щибаб дугIаялъулъ.

гІараб мацІалда шагьадат битІи


Шагьадаталъул магІна

Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула, Аллагь тун батIияв жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо ва дица нугIлъи гьабула, МухІаммад  — Аллагьасул авараг вукIиналда». Цодагь гIатIидго ва камилго гьелъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад  — Аллагьасул халкъалда дин малъизе ва кинабниги инсаният къоселалъул бецIлъиялдаса исламалъул нуралде тIоритIизе витIарав авараг вукIиналда»


Ислам боси

Капурав чи исламалде вачIине кканани, бищун цебе гьесда тIадаб буго шагьадат битIизе. Шагьадат битIилалда цебе бараб какги, ккурал кIалалги, гьабураб кинаб бугониги исламалъ тIад къарал гIибадаталги, капурав чиясдаса къабул гьаруларо. Гьелдалъун бичIчIула, хIакълъунго шагьадат букIин, исламалъул чIахIиял рукнабаздаса цояблъун ва гьезул аслулъун.


Шагьадаталъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал

  • Аварагас абуна: «Щив чи вугониги жинца нугIлъи гьабун, Жиндие гIахьалчи гьечIев цо Аллагь тун батIияв, лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечIоян, ва МухІаммад — Гьесул лагъ ва Гьесул чапар вугоян, ва ГIиса — Аллагьасул лагъ ва Гьесул чапар вугоян, гьединго гьев Гьесул рагIи вугоян, Жинца Марйамихъе битIараб, ва Гьесдаса бачIараб рухI вугоян, ва хIакълъунго Алжан — хIакъаб буго, ва ЖужахІ — хIакъаб бугоян, гьев чи Аллагьас гьесул гIамалазухъ балагьун Алжаналъуве вачуна»-ян.

ХІужаби


Адабият

  • Халип:ИСА-1988/1
  • Боголюбов А. С. Шахада // Ислам: энциклопедический словарь / отв. ред. С. М. Прозоров. — Наука, 1991. — С. 296.


МугъчІваял


Tags:

Шагьадат Исламалъул рукнуШагьадат алъул магІнаШагьадат Ислам босиШагьадат алъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисалШагьадат ХІужабиШагьадат АдабиятШагьадат МугъчІваялШагьадатАллагьГӀараб мацӀМухІаммадФайл:As-shahadah.ogg

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Северияб грисбокТуркменистанНилМалдивабиТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъХхвСентябрГьиндгин европиял мацӀалЦиДзерен1919ДанияТатаралМахІачхъалаКабардаЮлианияб календарБатиров, ГӀалаудинил МавлетОриби1944Отто фон Бисмарк28 АпрелРеформация25 НоябрВенесуэлаМасихӀ гьавиПарижЭстонияГерман мацӀБакьучMГагуЧинкараРитӀучӀТахшагьарГерекФинляндияРагьарал1931ЖайранИранСуниялАтлантикияб океанКаспиялъухъИспан мацӀУкраинаМехикоЧӀегӀермегӀерКупрей1955ХӀатшепсутМонакоРоналд Рейган1951 сон14 октябр1916ПинтаТопи (хӀайван)25 майВикимедиа ФондМальтаПанголинXI гӀасруАл-КъагӀида🡆 More