Нахъисеб Кьералъул Рагьарал

Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал

Нахъисеб кьералъул рагьарал — кІалъалел цо-цо мацІазда ругел рагьарал гьаракьазул класс. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацІалъул бищун борхатаб бакІ цогидалде данде ккун кІалалъул нахъисеб рахъалда букІин, рагьукъал лъугьунаго гІадин калмалъул нух чІедерлъизабичІого. Нахъисел рагьаразде гьединго цо-цо абула бецІал рагьарал-иланги, щай гурелъул цебесеб кьералъул рагьаразде данде ккун гьел дагьабги бецІго абулел рукІиналъ.

Нахъисеб кьералъул хӀалуцинчӀел рагьарал хІакъикъаталдаги, ккола нахъисеб кьералъул рагьаразул цо тайпалъун; цониги мацІалда, лъалеб жо, данде лъоларо нахъиселги нахъе гІагаралги рагьарал гІицІго кьерлъиялде балагьун.


Артикуляция

Нахъисел рагьаразул артикуляциялъул цоккураб категория гьечІо, амма гьел рукІине бегьула рорхарал рагьараллъун, мисалалъе [u] гІадал, яги нахъе цІцІараллъун, мисалалъе, [ɑ] гІадал.

Partial list

Халкъаздагьоркьосеб фонетикияб алипбаялда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:

  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɯ]
  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [u]
  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул хӀалуцинчӀеб лабиаллъараб рагьараб [ʊ]
  • тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɤ]
  • тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [o]
  • гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ʌ]
  • гъоркьияб-гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɔ]
  • гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɑ]
  • гъоркьияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [ɒ]

ХФА-ялда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечІел цересел рагьарал:

  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул экзолабиалияб рагьараб [ɯᵝ] яги [uᵝ]
  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɯ̽] яги [ʊ̜]
  • тӀасияб борхиялъул нахъисеб кьералъул хӀалуцинчӀеб экзолабиалияб рагьараб [ɯ̽ᵝ] яги [ʊᵝ]
  • тӀасияб-гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул экзолабиалияб рагьараб [ɤᵝ] яги [oᵝ]
  • гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъичӀеб рагьараб [ɤ̞] яги [ʌ̝]
  • гьоркьохъеб борхиялъул нахъисеб кьералъул лабиаллъараб рагьараб [o̞] яги [ɔ̝]

Гьанибго гІадин, нахъисеб кьералъул цогидал рагьаразеги бегьула транскрипция гьабизе релятивияб артикуляциялъул жал аскІор ругел рагьаразеги хІалтІизарулел диакритиказул кумекалдалъун, мисалалъе ⟨⟩, ⟨⟩ яги ⟨ʊ̟⟩ гІадал нахъе гІагаразде гІагарал гургинлъарал рагьаразе.

See also

ХІужжаби

Tags:

Нахъисеб Кьералъул Рагьарал АртикуляцияНахъисеб Кьералъул Рагьарал Partial listНахъисеб Кьералъул Рагьарал ХІужжабиНахъисеб Кьералъул Рагьарал

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ГерекБакьайчӀиЬСССРТушАварияПадар мацIКитайЮ19 мартАваразул ханзабазул сияхӀИспан мацӀМиллатГъизлярКӀиабилеб дунялалъулаб рагъУдмурталШвейцарияКІочІалибВикикъамусКириллияб хъвай-хъвагӀиБелорусс5 НоябрГӀажбитӀXIII гІасруШамаха13 декабрЧачан мацӀКъуръанМетаболизмXII гӀасруЖеневаХьундасеб Кавказалъул имаматТатаристанВикипедияГӀандалКӀалкквейАзарбижанПаранс мацӀГус, ЯнЕвропаОтто фон БисмаркНасранияб динГенубНуцалГъиргъизистанКаспий ралъад2008 сонМоскваСловакияВалютаКъарадахъГӀодоцараб океан1 январь£Толстой, Лев Николаевич1990 сонМуниб росдал боГІаммаб жанисеб продуктМукъулукъ🡆 More