ГІамир-СултІан I (XIII гІ.
ГІамир-СултІан I | |||||||
| |||||||
Цеве вукІарав | ГІамир-АхІмад ибн Чупан | ||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|
Хадув вачІарав | Малик Саратан I | ||||||
Гьавуна: | XII гІ. ахир ? | ||||||
Хвана: | XIII гІ. бащалъи ? | ||||||
Наслу: | Нуцалзабазул наслу | ||||||
Эмен: | Байсар II | ||||||
Лъимал: | ГІамир-СултІан I | ||||||
Дин: | Аваразул дин/Насранияб ва Ислам | ||||||
Рагъул пиша | |||||||
Рагь: | Гъазиязде данде рагъ, Гъумекиб чІунтизаби |
Абу-Муслим хун гІага-шагарго 30 сон индал, ГІамир-СултІаница бакІарула аваразул аскар ва Хунзахъ жиндирго рукІарал балъгоял рахъкколезул кумекалдалъун тІаде кІанцІула гъазиязде. Гьездаго гьоркьов вукІуна Аваристаналъул амир ГІамир-АхІмад ибн Чупан. Гьел яги гъурула, яги нахъе гъола, ГІамир-СултІан лъугьуна Аваристаналъул нуцаллъун, гьедин Суракъатил наслуялъухъе нахъбуссуна нуцаллъиялъул тах, халкъалъ дагь-дагьккун Ислам тезе байбихьула.
«Тарих Дагъистан» абулеб Дагъистаналъул тарихияб хроникаялда рехсон буго: «... Гъумекиб ва Хайдакъалъул бутІрузда гьоркьоб букІараб ракълил матІу бекула ЩайтІаналъул хІаракат бахъиялдалъун. Шагьидзабазул амирасул (ХІамза) ирсилазул Хайдакъалъул бетІергьабазул гьеб хІинкъараб мехалъ нахъе рукІарал МухІамад-ханасдаги, Ашир-ханасдаги ГІамир-ханасдаги рукІел батула Аваристаналъул бетІергьабазухъ ва гьезул рахъ кколеллъун рукІине тІаде босула... Гьенир гьездаги Гъумекиб бетІерадаги гьоркьор лъугьуна вахІшиял рагъар... Аваразул ханас кагъатги ва, бищун кІалъазе пагьму бугезда гьоркьоса рищун, чапарзаби ритІула Каутар-шагьасухъе, тюрказул улкаялде... ва цебе лъола цолъиялъул ва гьудулъиялъул суал, мадугьалъиялъулги тушбабазде данде гьарурел рагъазда цоцазе кумек гьабиялъул шартІазул къануназдаги рекъон», гьеб къотІи-къай щула гьабула гІагарлъи гІуцІиялдалъун — Каутар-шагьас жиндирго вас Кей-Кадие ячуна аваразул нуцаласул берцинай яс ва ахирисесул яц кьола Саратание, аваразул нуцаласул васасе... Ва гьеб къотІи-къай тІубазе «...Каутар-шагь тюрказул аскарги бачун уна Гъумекиве бакъбаккул рахъалдаса», ва «Авар вилаяталъулги» Хайдакъалъулги аскар бакътІерхьул рахъалдасан. Гьедин, гьеб хроникаялда рекъон, Саратанил эмен, ГІамир-СултІан, Исламалъул гъазиязухъа нуцаллъи бахъун хадув, кватичІого, къотІи-къай гьабун, цолъула магъулалгун ва Хайдакъалъул ханзабигун, ва гьез кьаби щвезабула гъазиязул централдаго — Гъази-Гъумекиб. Гьелъул хІакъалъулъ хроникаялъ рехсолеб буго: «гьел рачІана талат къоялъ, тІоцебесеб рамазаналъ Нажмужинил къоязда... Саратаница ва Каутарица чІунтизабуна ГІумекиб... ва гъумекалъул киналниги амирзаби, жалги ХІамзал ирсилал, щущала дунялалъуд батІи-батІиял рахъазде».
ГІамир-СултІанил ирс босула гьесул вас I Малик Саратница.
This article uses material from the Wikipedia Авар article ГӀамир-СултӀан I (аваразул нуцал), which is released under the Creative Commons Attribution-ShareAlike 3.0 license ("CC BY-SA 3.0"); additional terms may apply (view authors). Контент рагьараб буго CC BY-SA 4.0 лицензиялда гъоркь, цогидаб бихьизабун гьечӀони. Images, videos and audio are available under their respective licenses.
®Wikipedia is a registered trademark of the Wiki Foundation, Inc. Wiki Авар (DUHOCTRUNGQUOC.VN) is an independent company and has no affiliation with Wiki Foundation.