Нуцал

Нуцал — жал Сариралъул бутӀрузул ирсиллалъунги кколел рукӀарал, жидер резиденцияги цин ТӀануси, хадуб Хунзахъ шагьаралда букӀарал Аваристаналъул бутӀрузул букӀараб титул.

Аваристаналъул Нуцал
Нуцал
Нуцалзабазул дугъ (гьанжесеб реконструкция)
Тайпа Монархия
Статус Пачалихъалъул бетӀер
Резиденция ТӀануси, Хунзахъ
Хъулухъ гӀуцӀи VI гӀ.
Хъулухъ хвезаби 1863
Нуцал
Аваразул байрахъ. Гьанжесеб реконструкция

Бещун тӀоцевесев нуцаллъун рикӀкӀуна VI гӀасруялда вукӀарав Авар-хан. МухӀамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» Нуцалзабазул наслу байбихьулеб буго ГӀарацханидаса (ГӀарацхан Ӏ),живги VII гӀасруялда вукӀарав.

Аваристаналъул бищун къуватав ва рагӀи билӀарав нуцаллъун вукӀана КӀудияв ГӀумахан, жиндир заманалда Авар нуцаллъиялъул пачалихълъиялъул цебетӀейги, сиясиябгин экономикияб къуватги завалалда букӀарав.

Ахирисев нуцаллъун вукӀана Мехтулиса Ибрагьимхан (1859 – 1863). 1863 соналъ Авар нуцаллъи тӀубанго Россиялъул империялде гъорлъе ана.

Титул бачӀараб бакӀ

Нуцал абураб титулалда ва гьеб бачӀараб бакӀалда сверун ругел суалазе мухӀканаб жаваб гьечӀо. Цо-цо гӀелмияб цӀех-рех гьабулез рикӀкӀунеб буго гьеб титул гуржи мацӀалъул «нацвал» абураб рагӀиялдаса бачӀин. Амма гьеб теория битӀараб букӀин цӀакъ щакаб буго, щай абуни гьеб термин Гуржиялъ къанагӀатгицин хӀалтӀизабуларо стратификациялъул номенклатураяла. Гьеб рагӀул этимология балагьизе ккола жибго Авар мацӀалда, жинда жаниб -ал ахир бугел рагӀаби гӀезегӀан ругеб. ГӀинтӀамизе ккола авар мацӀалда «нуцал» абулеб термин гӀадин «нуцияв» абураб терминги хӀалтӀизабулеб букӀараблъиялъухъ. Гьеб терминалъулгун релълъенлъи гьабула хадусел терминазги: «нусияв», ай нусил бетӀер, ва «нуцӀияв» — нуцӀа цӀунулев. Гьеб кӀиябго версиялъ бихьизабулеб буго «нуцӀияв» абулеб термин бетӀерав нухмалъулесде абулеб «нуцал» терминалде цебетӀей. Гьеб пикру хӀакълъула Авар пачилхъ жиндир байбихьуда жиндирго хьундасел гӀорхъаби гочарухъабаздаса цӀунезе гӀорхъодасеб пачалихъ хӀисабалда Сасниязул Ираналъ кумек гьабун гӀуцӀун букӀин рикӀкӀиндал.

Нуцалзабазул сияхӀ

ЦӀар Нуцаллъиялъул заман Баянал
Нуцал  Авар хан VI гӀ.
Лъаларел нуцалзаби
Нуцал  ГӀарацхан Ӏ VII
Нуцал  Хидиршагь VIII
Нуцал  Тараз
Нуцал  ГӀабас IX
Нуцал  Сапишагь
Нуцал  Хаважах
Нуцал  ПиргӀавн X
Нуцал  ГӀамир
Нуцал  Сайгид
Нуцал  Тагьмаз XI
Нуцал  Пардин (Перид)
Нуцал  Байсар Ӏ
Нуцал Намруд XII
Нуцал  Кад (Бакир)
Нуцал  Пирудшагь
Нуцал  ГӀумахан
Нуцал  ГӀарацхан Ӏ XIII
Нуцал Саратан Ӏ
Нуцал  Суракъат Ӏ
Нуцал  АхӀмад
Нуцал  Абу-Муслим
Нуцал  Байар II I Суракъатил вас
Нуцал  Масумбек
Нуцал  СултӀан ибн Масумбек
Нуцал  Чупан ибн СултӀан
Нуцал  ГӀамирахӀмад ибн Чупан
Нуцал  ГӀамир-СултӀан Ӏ 1272 - 1295 Байярил вас
Нуцал  Малик Саратан Ӏ гӀ.-ш. 1295 - гӀ.-ш. 1318
Лъаларел ханзаби
Нуцал  Суракъат ӀӀ 1353/1354 ?
Нуцал  Саратан ӀӀ
Нуцал  Дугърихан Ӏ
Нуцал  Ибрагьим Ӏ
Нуцал  МухӀамадмирза Ибрагьимил дурц, Дугъриханасул Ӏ вас
Файл:ГӀандуникӀ-нуцал I.jpg ГӀандуникӀ Ӏ 1460 - 1485 Ибрагьимил вас
Нуцал  Булач-нуцал I 1485 - 1510 МухӀамадмирзал вас
Нуцал  ГӀамирхӀамзат-нуцал 1510- 1540 Булач-нуцалил вас ГӀума-нуцаласул вас
Нуцал  Нуцалхан Ӏ 1540 - 1546
Нуцал  ГӀандуникӀ-хан ӀӀ 1546 - дек. 1569
Нуцал  АхӀмад 1569 - 1577
Нуцал  ТӀурарав 1577—1578
Нуцал  МухӀаммад-Шамхал 1578—1589 Нуцалханасул вас Турарасул вас
Нуцал  Канбулак-хан 1589—1595 цеве рехсарасул вас
Нуцал  Шамхалхан I 1595—1596 цеве рехсарасул вас
Нуцал  Ибрагьим II 1596—1605
Нуцал  Магьдихан 1605—1514 вас МухӀаммад-Шамхал
Нуцал  Барти-КӀилъилав 1614—1620 ГӀандуникӀ-ханасул II вас Бартил вас КӀушкӀантӀи-КӀилъиласул вас МухӀамадханасул вас,
Нуцал  ГӀумахан I 1620—1634 Шамхалхнасул вас
Нуцал  ГӀамир ХӀамзат-хан I гӀ. ш. 1634—1646 Барти-КӀилъиласул вас
Нуцал  Молдамирза 1646—1650
Нуцал  МухӀамад-хан I 1650—1656 Барти КӀилъиласул
Нуцал  Дугрихан II 1656—1668 ГӀумаханасул I вас
Нуцал  МухӀамад-хан II 1668—1688 цеве рехсарасул вас
Нуцал  ГӀумахан II 1688—1699 цеве рехсарасул вас
Нуцал  ГӀандуникӀ-хан III 1699—1706 цеве рехсарасул вас
Нуцал  Дугърихан III цеве рехсарасул вац
Нуцал  ГӀумахан III 1706—1707 яги КӀудияв Булач, Дугъриханасул III вас вукӀана
Нуцал  МухӀамад-хан III 1707—1722 цеве рехсарасул вац
Нуцал  ГӀумахан IV 1722—1735 Турурасул вас, Туралазул тухумалдаса
Нуцал  Анкалхан 1735—1740
Нуцал  Нуцалхан II 1740—1744 ГӀумаханасул IV вас
Нуцал  МахӀмудхан 1744—1765
Файл:МухӀамад-нуцал IV БахӀарчияв.jpg МухӀаммад-нуцал IV БахӀарчияв 1765—1774 Булачил ГӀумаханасул вас
ГӀумахан V КӀудияв 1774—1801, апрел цеве рехсарасул вас
Нуцал  Гебек-хан 1801—1802, январ цеве рехсарасул вас
Нуцал  СултӀан АхӀмад-хан 1802—1823 ГӀалисултӀан Мехтулил вас, Бахубикал рос
Нуцал  Сурхай-хан I 1818—1834 Гебек-ханасул вас
Нуцал  Аслан-хан I 1827—1828
Нуцал  Абу СултӀан-хан 1827—1834 СултӀан АхӀмадханасул вас
Нуцал  Баху-бика 1834 ГӀумаханасул V яс
Нуцал  МухӀамадмирза 1834—1837
1837—1859 саназда Авар нуцалъи букӀана Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъорлъ
Нуцал  Ибрагьим-хан Мехтулиса 1859—1863 СултӀан АхӀмадханасул вас
1864 соналдаса байбихьун Авар нуцалъи ана Россиялъул империялде гъорлъе

Комментариял

ХӀужжаби

Адабият

Линкал

This article uses material from the Wikipedia Авар article Нуцал, which is released under the Creative Commons Attribution-ShareAlike 3.0 license ("CC BY-SA 3.0"); additional terms may apply (view authors). Контент рагьараб буго CC BY-SA 4.0 лицензиялда гъоркь, цогидаб бихьизабун гьечӀони. Images, videos and audio are available under their respective licenses.
®Wikipedia is a registered trademark of the Wiki Foundation, Inc. Wiki Авар (DUHOCTRUNGQUOC.VN) is an independent company and has no affiliation with Wiki Foundation.

Tags:

Нуцал Титул бачӀараб бакӀНуцал забазул сияхӀНуцал КомментариялНуцал ХӀужжабиНуцал АдабиятНуцал ЛинкалНуцалАваристанСарирТӀанусиХунзахъ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ГеографияГвадалахара (Мексика)22 апрелНухрагӀункӀкӀТвиттерКишдакьЦӀияб ГьамущиВикипедияАзиялъул пачалихъазул сияхІ21 январИгьалиГьадириДанте АлигйериФевралПарансКерман (остан)Онсоколо мухъ19 августГьава-бакъ13 март30 апрельБахӀрайн8 май23 апрелТурк мацӀАвстралияИсраил3 апрелБакъбаккул Европа1972Цолъарал ГIараб Имаратал1930 сон9 Декабр11 ДекабрГӀучӀ (кириллица)Бакьуч20 сентябрХъазНаполеонБашликент23 август1953Халкъаздагьоркьосеб валюталъул фонд3 августТуркменистанИнсанасул потенциал гӀеялъул индекс1982 сонКӀалбиччанкъоАзияЭверест (мегӀер)КӀудияб пандаАнтилопаКолобБолъихъ мухъ11 мартКилищРоссиялъул Федерациялъул цӀуниялъул министерлъиЖугьутІ динVII гӀасру21 ДекабрСентябрьМонархияГӀурус географияб жамагӀатНикосияГьатӀан (анкьил къо)Викикъамус🡆 More