Абакаров, Абакарил Къади

Абака́рил Къади́ Абака́ров (26 апрел 9 май 1913 сон — 29 феврал 1948 сон) — КӀудияб ВатӀанияб рагъул гӀахьалчи, СССРалъул багьадур (1946).

Абакарил Къади Абакаров
Гьавураб къо-моцІ 26 апрел (9 май) 1913(1913-05-09)
Гьавураб бакІ Эчеда росу, ГІанди округ, Дагъистаналъул область, Россиялъул империя
Хвараб къо-моцІ 29 феврал 1948(1948-02-29) (34 года)
Хвараб бакІ Агъвали, ДАССР, РСФСР, СССР
Принадлежность Халип:Флаг / СССР
Бодул тайпа Рабоче-крестьянская Красная армия[d]
Хъулухъалъул сонал 1942-1945
Рагъул цІар
Старшина
Аскаралъул тІел 8-я стрелковая рота, 1054-й стрелковый полк, 301-я стрелковая дивизия, 5-я ударная армия, 1-й Белорусалъул фронт
Хъулухъ сержант[d]
Рагъал КӀудияб ВатӀанияб рагъ
Шапакъатал ва премиял
Советияб Союзалъул бахІарчи — 1946

Биография

Гьавуна 26 апрелалъ 9 май моцӀалъ 1913 соналъ Дагъистаналъул ЦӀумада мухъалъул Эчеда росулъ. Аварав. Байбихьулеб цӀали швана.

Рагъда ахӀана 1942 соналъул феврал моцӀалъ. 1944 соналъ ВКП(б) гъорлъ лъугӀана.

17 апрелалъ 1945 соналъ «Вербиг» маххул нухлул станция цӀунулаго (Зелов шагьаралъул шималгун-бакъбаккул рахъ) гьесда тӀад къараб отрядалъ 7 танкги, 2 штурмалъул ярагъги анцӀго фашистги гъурана, живго Къади Абакаровас 5 танк ва цо штурмалъул ярагъ гъурана.

15 маялъ 1946 соналъ СССРалъул ТӀадегӀнаб Советалъул Президиумалъул Указалда рекъон старшина Абакаров Къадие кьола Советияб Союзалъул багьадур абураб цӀар ва Ленинил орденги «Меседил цӀваги» кьола.

1945 соналъул ахиралда Къади Абакаровасе демобилизация гьабуна.

ХӀалтӀулев вукӀана цин ЦӀумада мухъалъул Агъвали росдал школаялда, хадув мухъалъул бича-хисиялъул бутӀаялъул кӀудиявлъун, ва гьелдаса хадув сберкассаялъул бетӀерлъун.

Хвана 29 февралалъ 1948 соанлъ.

Шапакъатал

  • Советияб Союзалъул багьадурасул «Меседил цӀва»;
  • Ленинил орден;
  • БагӀараб байрахъалъул орден;
  • Цогидал медалал.

РакӀалде щвей

  • Къади Абакаров гьавураб росулъ колхоз буго гьесул цӀаралда.
  • Гьесул цӀаралда руго Агъвали ва Шаваялда школаби.

ХІужаби

Адабият

  • Абака́ров Кади Абакарович // Советияб Союзалъул багьадурал: Къокъаб биографикияб къамус / Пред. ред. коллегии И. Н. Шкадов. — М.: Воениздат, 1987. — Т. 1 /Абаев — Любичев/. — Гь. 15. — 911 с. — 100 000 экз. — ISBN отс., Рег. № в РКП 87-95382.

РегӀелал

Tags:

Абакаров, Абакарил Къади БиографияАбакаров, Абакарил Къади ШапакъаталАбакаров, Абакарил Къади РакӀалде щвейАбакаров, Абакарил Къади ХІужабиАбакаров, Абакарил Къади АдабиятАбакаров, Абакарил Къади РегӀелалАбакаров, Абакарил Къади9 майКӀудияб ВатӀанияб рагъСССР

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Россиялъул Федерациялъул икълималYouTubeЛаосРасмияб мацӀГеографиялъул координаталОтто фон Бисмарк22 мартСуниялКъажаралХунзахъа ХӀажимурадМукъулукъ17 ФевралЛондонXII гІасруПадар мацI2022 сонКъуръанГӀучӀ (кириллица)МелъелтІаЛенин, Ильял Владимир4 Феврал1961 сонУзбекистанУнсоколоРугъжаса ЭлдарилавЛатин мацӀХорват мацІЦолъараб КъиралатМахІачхъала2010 сонГертмаАрхимедКӀахъIX гӀасруХӀукуматХъвавул системаМущулиДиалектXIII гІасруСловакияХъазахъистанШава13 декабрКвадратияб километрРостов-на-ДонуЕгипетПаранс мацӀ1 сонНепалЧӀегӀермегӀерАктёрлъиялъул искусство🡆 More