Чӏарада Мухъ

ЧӀарада мухъ — Дагъистаналда гъорлӀ бугеб административиябгин территориалияб цвел ва мухъалъул статус бугеб муниципалияб гӀуцӀи.

Буго Дагъистаналъул бакътӀерхьуда, Авариялъул жанубиябгин бакъбаккудехун. ЧӀарада мухъ ккола аваразул мухъазул цояб ва гӀатӀилъиялъул рахъалъ гьезда гьоркьоб ункъабилеб, Дагъистаналъул цогидал мухъазда гьоркьоб — 29-абилеб; мухъалъул гӀатӀилъи буго 894,03 квадратияб километр.

мухъ / муниципалияб мухъ
ЧӀарада мухъ
Герб
Герб
Пачалихъ Чӏарада Мухъ Россия
ГъорлӀе уна Чӏарада Мухъ Дагъистан Дагъистаналде
ГъорлӀе бачуна 13 муниципалияб гӀуцӀи
Адм. марказ ЦӀуриб
Нухмалъи
Мухъалъул администрациялъул бетӀер МухӀамадилазул ГӀабдулвагьабил МухӀидин
Депутатазул данделъиялъул бетӀерав МахӀачилазул МухӀамадил КӀудамухӀамад
Территория
ГӀатӀилъи 894,03 км² (1,78 %)
БакӀ 29-б 
Тарих
ГӀуцӀи 1929 сон
География
Климат Рекъараб
СагӀтазул зона MSK (UTC+3)
Демография
Къадар 13 518 чи  (2022 сон)
0,43 %
БакӀ 47-б бакӀ
Гъунки 15,12 чи/км²
Росдалаб агьлулъи 100 %
Миллат(ал) аварал
Конфессия(л) бусурбаби-суниял
Расмиял мацӀал авар, гӀурус
Цифриял идентификаторал
ОКАТО 82 259
ОКТМО 82 659
Расмияб сайт
ЧӀарада мухъ картаялда
Чӏарада Мухъ Медиафайлал Викигъамасалда

Тарихияб рахъалъ гьанжсеб ЧӀарада мухъалъул бугеб территориялда рукӀана Авариялъул Къарахъ, Мукракь, Кьенсерухъ тарихиял болмухъал. Жибго ЧӀарада мухъ гӀуцӀана 1929 соналъул 3 юлалда, букӀараб Гъуниб сверухълъиялъул территориялда.

Административияб планалда ЧӀарада мухъ бикьула анцӀила лъабго муниципалияб гӀуцӀиялде, ичӀгоялъул буго росдал боялъул статус, ункъго буго жибго росу. Гьез гъорлӀе бачуна кинабниги 53 чӀел-бакӀ. Мухъалъул административияб марказ буго ЦӀуриб росу.

Агьлулъиялъул къадаралъул рахъалъ ЧӀарада мухъ буго 47 бакӀалда, гьенив гӀумру гьабун вуго 13 518 чи; мухъалъул кьибилаб халкълъун ккола аварал. Кинабниги агьлулъи буго росдалаб. Мухъ ккола авар мацӀалъул жанубияб тӀадкаламалъул къарахъдерил сверел тӀибитӀараб ареаллъун.

Тарих

Гьанжесеб ЧӀарада мухъалъул территориялда рукӀана Авариялъул Къарахъ, Кьенсерухъ ва Мукракь боял. ЧӀарада мухъ гӀуцӀана 1929 соналъул 3 юлалда, байбихьуда гьелда гъорлӀ букӀана 53 росдал шура, территориялъул гӀатӀилъи букӀана 1124 км².

География

Мухъ буго гьанжесеб Дагъистаналъул жанубиябгин бакътӀерхьуда, мугӀрул Дагъистаналъул, ай тарихияб Авариялъул жанубиябгин бакъбаккул рахъалда. ГӀурхъаби руго Дагъистаналъул щуго мухъалъулгун: шималиябгин бакътӀерхьуда — Гъуниб, бакъбаккуда — Тум, жанубалда — Рутул, жанубиябгин бакътӀерхьуда — ЛъаратӀа ва шималиябгин бакътӀерхьуда — Шамилил.

Мухъалъул территориялъул гӀатӀилъи буго 894,03 км².

Демография

Халкъалъул рикӀкӀен
1926193919591970197919892002
13 57814 40010 89414 10412 61410 31511 792
2010201120122013201420152016
11 77711 74911 74111 75411 91112 14912 367
201720182019202020212022
12 54712 81312 95713 14613 33813 518


    Миллияб гӀуцӀи

ЧӀарада мухъ ккола моноэтникияб авар мухълъул; кинабниги агьлулъиялъул 97,3 % ккола аварал.

Территориалияб гӀуцӀи

Административиябгин территориалияб гӀуцӀиялда жаниб ЧӀарада мухъалъ гъорлӀе рачуна росдал боял ва росаби..

БакӀалъулаб жинцаго нухмалъи гьабиялда жаниб гьебго цӀар бугеб муниципалияб мухъалъ гъорлӀе бачуна росдал поселениялъул статус бугеб 13 муниципалияб гӀуцӀи, жал росдал боязе ва росабазе данде кколел.

Росдал боАдминистративияб
центер
ЧӀел-бакӀазул
къадар
Агьлулъи
(чи)
ГӀатӀилъи
(км²)
1Гьачада росдал боГьачада росу5865118,31
2Гьилиб росдал боГьилиб росу82022106,27
3Гьочоб росдал боГьочоб росу2743104,02
4ГӀириб росдал боГӀириб41999121,78
5Магъар росдал боМагъар росу7736105,29
6Мугурухъ росуМугурухъ росу135724,12
7Рисиб росдал боРисиб росу779294,36
8Рочиб росдал боРочиб росу71299146,41
9СуметӀа росдал боСуметӀа росу554751,81
10Хьилиб росуХьилиб росу118930,31
11Цадахъ росуЦадахъ росу1559
12ЦӀуриб росдал боЦӀуриб росу4297317,59
13ЧӀарада росуЧӀарада росу143723,76

ЧӀел-бакӀал

ЧӀарада мухъалда буго 53 росдалаб чӀел-бакӀ.

    Хъутаби

Цадахъ росу буго ЧӀарада мухъалул чӀел-бакӀ, жиб лъарагӀлъиялда бугеб.

Карта

Чӏарада Мухъ  Административияб центер, 2234 чи
Чӏарада Мухъ  1000-ялдаса цӀикӀкӀун
Чӏарада Мухъ  500-ялдаса 1000-де щвезегӀан чи.
Чӏарада Мухъ  100-ялдаса 500-де щвезегӀан чи
Чӏарада Мухъ  100-де щвезегӀан чи.

МугъчӀваял

Баянкьелал

Иццал

РегӀелал

Tags:

Чӏарада Мухъ ТарихЧӏарада Мухъ ГеографияЧӏарада Мухъ ДемографияЧӏарада Мухъ Территориалияб гӀуцӀиЧӏарада Мухъ ЧӀел-бакӀалЧӏарада Мухъ КартаЧӏарада Мухъ МугъчӀваялЧӏарада Мухъ РегӀелалЧӏарада МухъАварияДагъистаналъул административияб рикьиМуниципалияб гӀуцӀи

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Россиялъул империяХалкъалъул гъунки1964 сонСочиЦӀадаса ХӀамзатГӀахъуша мухъИтниЗул-ХӀижжаТакинАмерикалъул Цолъарал ШтаталГІумаханов, Дарбишил СайгидпашаРосу2002 сон1893ЛондонУшугъ мухъБелоруссКетуИнхелоса КъурбанХъвавул система1918Гус, ЯнПётр I189523 Декабр1962 сонВисокоснияб сонЗнаменский килисаШвейцарияАвар Википедия23 ЯнварКӀудияб панда2009 сонГӀажбитӀАфгъанистанДагъистанНугъай мухъХалкъалъул къадарТумал12 июньВеларияб эйективияб аффрикатСентябрь7 сентябрКъагьираКувайтИнгилис мацICitroënАвар нуцаллъиИндонезия3 апрельТІасияб уровеналъул доменРакьЛенин, Ильял Владимир2008 сон1931ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ28 мартКъажарЦолъараб Къиралат23 февральГӀучӀ (кириллица)🡆 More