Сугъра́лӀ — Дагъистаналъул Гъуниб мухъалда бугеб росу.
Уна СугъралӀ росдал боялде гъорлӀе ва ккола гьелъул административияб марказлъун.
Росу | |
СугъралӀ | |
---|---|
HGЯO | |
Пачалихъ | Россия |
Федерациялъул субъект | Дагъистан |
Муниципалияб мухъ | Гъуниб мухъ |
Росдал поселение | СугъралӀ росдал бо |
Тарих ва ракьхъвай | |
Централъул борхалъи | 1926 м |
СагӀтазул зона | UTC+3:00 |
Халкъ | |
Къадар | ↗2360 чи (2010) |
Миллат(ал) | аварал |
Конфессия(л) | бусурбаби-суниял |
Катойконим | сугъралӀев, сугъралӀей, сугъул |
Расмияб мацӀ | авар, гӀурус |
Цифрабазул идентификаторал | |
Телефоналъул код | +7 87258 |
Почалъул индекс | 368354 |
ОКАТО код | 82216865001 |
ОКТМО код | 82616465101 |
ГКГН номер | 0145287 |
sogratl.net | |
|
СугъралӀ букӀана аваразул бищун чӀахӀиял росабазул, кӀвар бугел экономикиял, пишадулал, маданиял ва лъайкьеялъулал центеразул цояблъун. Жакъа къоялъ ккола Гъуниб мухъалъул бищун кӀудиял росабазул цояб.
Росу буго мухъалъул марказ Гъуниса 35 км-алъ жанубалдехун.
СугъралӀ росу ккола жакъасеб Гъуниб мухъалъул бищун кIудияб росу, гьединго гьеб ккола цебе букIараб ГIандаллъиялъул тахшагьар. Гьеб росу цIакъ машгьураб буго, гьениса рахъарал машгьурал чIагIазулI руго гIалимзабиги, тохтурзабиги, сиясатчагIиги, Россиялъул бахарчагIи, летчикал (кIиго вац). СугъралI росу гьединго ккола некIсиял лъаялъул центразул цояблъун.
Халкъалъул рикӀкӀен | ||||||
---|---|---|---|---|---|---|
1869 | 1888 | 1895 | 1926 | 1939 | 1970 | 1989 |
1946 | ↘1928 | ↗1987 | ↗2000 | ↗2296 | ↘1967 | ↘1706 |
2002 | 2010 | |||||
↗2233 | ↗2360 |
Ккола моноэтникияб авар росулъун.
Сугъулдерица гьединго бетIербахъи гьабула гIемерисел Дагъистаналъул шагьаразда, бищун гIемер гьел руго МахIачхъалаялда.
Шагьаралда ругел сугъулдерил хIаракаталдалъун щибаб моцIалда, цо нухалъ биччала жидерго росдал цIар кьураб «Сугъралъ» казиятги.
Россиялъул журналист,"Черновик"газеталъе кьучI лъурав ХIажимурад Камалов (1965—2011);
ГТРК "Дагъистан"абураб гIуцIиялъул нухмалъулев, машгьурав журналист ХIажи ГIабашилов (1950-2008)
ХIакъикъат Газеталъул БетIерав редактор, Дагъистаналъул журналистазул цолъиялъул нухмалъулев ГIали Камалов (гь.1948с)
Дагъистаналъул ЖамгIияб палаталъул нухмалъулев,СНГаялъул мустахIикъав энергетик ХIамзатов ХIамзат (гь.1938 с)
«Халкъалъул лъаялъул даража гьенир ругел школазул къадаралдалъун борцани Дагъистаналъул магIарулал рикIкIине бегьула гIемерисел цере тIурал улкабазул халкъаздасаги цере араллъун» - ин хъван букIана машгьурав филолог П.К.Усларица.
«Щибаб мажгиталда цебе буго мадраса гIелму босизе бокьарав чиясе санагIаталъе» - янги хъвана гьес. Цогидав тарихчи М.Н.Покровскияс хъвалеб буго: « Гьаб ганчIазул ва кьурабазул гохI рикIкIине бегьул Кавказалда бищунго хъвай-цIали ва гIелму цебе тIураб бакIлъун» - ин. Дагъистаналъ гIелмиял кадрабаздалъун хьезабулеб буго Шималияб Кавказги, Поволжьеги, Шималияб Азербижангиянги хъвалеб буго гьевго гIалимас.
XVII абилеб гIасруялда Дагъистаналда байбихьула рухIияб культураялъул, гIелмуялъул ва гIараб ва бусурманаб гIелмуялъул цIилъи ва цебетIей.
XVI-XVII абилел гIасрабазда раккана Дагъистаналда философияб пикруялъул ва гIелмуялъул централ Дербенталда, Гъумекиб, Сугъралъ, Усиша ва Муги, гьенир раккана тIоцересел адабияталъул хъвай-хъвагIаял. Гьел гIасрабазда байбихьана гIарабалдаса Дагъистаналъул мацIазде гIелмиял ва адабияталъул хIалтIабазул таржамаги, гIажам хъвай-хъвагIайги. Дагъистаналъул росабалъ рагьана гIараб мактабал. Цо-цо дагъистаниял гьанир гьел мактабалги лъугIун гIелму камил гьабизе тIадеги унел рукIана гIараб пачалихъазде, къватIире.
Аслияб къагIидаялда нилъер мактабазда малъулаан битIун цIализе ва ракIалдаса Къуръаналъул сураби лъазаризе. Гьел мактабазул кIудияб кIвар букIана гIараб мацI, грамматика ва словарал хъвазе ва лъазаризе. Гьел гIасрабазда цохIо Дагъистаналда гурел къватIирги машгьурал гIалималлъун рукIана Къудукьа Мусалав, МохIоса Дамадан, ГIободаса ШагIбан, Ахаралдаса ГIабдулбасир, Къамахалиялдаса ГIумар, Сугъралъа ГIалириза, Дусрахъа ГIумар, Кулиялдаса МухIаммад, Ругъжаса МухIамад ва Гъумекиса Нажмудин.
Сугъралъ – гIелмуялъул къебелъи.
ТIадехун рехсаралдаса бихьулеб буго дунялалъул гIелмиябгун литературияб гIумруялъулъ хасаб бакI Дагъистаналъ кколеб букIараблъи. Гьез жидерго бутIа лъуна Кавказалда, Поволжьеялда ва Казаналда. Гьеб гIелмияб хIаракаталъулъ хасаб ва кIудияб бакI кколаан Сугъралъ росдаца. Гьединлъидалин Гъумекиса Жамалудин устарасул вас ГIабдурахIманица хъвараб: «Сугъралъ росу рикIкIуна гIелмуялъул иццлъун, Аллагьасукьаги хIинкъулел, иманги щулиял бахIарзазул, месед гIарацалъул ва маххул устарзабазул росулъун.
НекIо заманалдаса нахъе Сугъралъ машгьураб букIана лебалал чотIахъабаздалъун, гIужилал кьвагьдохъабаздалъун, шайихзабазул хабалаз ва берцинал руччабаздалъун. ТIубараб Дагъистаналда батиларо Сугъралъ росдаде бахунеб росу» - ян.
Сугъралъ буго некIсияб магIарул росу, кидаго машгьураб букIана гьеб гIалимзабаздалъун. Гьоркьохъел гIасрабаздаса нахъего гьеб букIана Дагъистаналъул гIелмияб центрлъун, гIараб гIелмуялъул гIалимазул ва жамгIиял хIаракатчагIазул ватIанлъун.
Философияб гIелмуялъул доктор М.ГIабдулаевасул рагIабазда рекъон, Дагъистаналда тIоцересезул цояб ва цIакъго машгьураб букIун буго Сугъралъа ГIалиризал мадраса. Гьенив лъагIалида жанив цIалулев вукIун вуго 150-200 мутагIил. Гьенир гIицIго магIарулал гурел жидер росабалъ мадрасабиги лъугIун гIелму камил гьабизе рачIунел рукIун руго даргиял, лезгиял ва тумал. Гьениб жидерго гIелму камил гьабуна машгьурал гIалимзаби Къудукьа Мусалас, ЗамиргIалица ва гь.ц.
Сугъралъ росдаца Дагъистаналъе кьуна гIемерал машгьурал гIалимзаби.
XVII абилеб гIасруялда гьениса рачIарал кIудиял гIалимзабилъун рикIкIуна кIигояв: МухIаммад б. Сатмар б. ДахIай ас – Сугъури (хвана 1036/1626-27 с) ва цIакъго машгьурав гIалим фикгьиялъул хIадис гIелмуялъул чирахъ ГIалириза – Афанди ас-Сугъури (999/1590г. – 1088/1677-78г.).
Гьаб тІубачІеб макъала буго Дагъистаналъул ракьхъваялъул хӀакъалъулъ. Нужеца кумек гьабизе бегьула проекталъе, гъалатІ битІизабун ва макъалаялда тIад жо жубан. |
This article uses material from the Wikipedia Авар article СугъралӀ, which is released under the Creative Commons Attribution-ShareAlike 3.0 license ("CC BY-SA 3.0"); additional terms may apply (view authors). Контент рагьараб буго CC BY-SA 4.0 лицензиялда гъоркь, цогидаб бихьизабун гьечӀони. Images, videos and audio are available under their respective licenses.
®Wikipedia is a registered trademark of the Wiki Foundation, Inc. Wiki Авар (DUHOCTRUNGQUOC.VN) is an independent company and has no affiliation with Wiki Foundation.