Байбур

Ба́йбур (Starling: bájbur) – гендерил (Генуб росулI) росулIасеб мифологияб рижи.

Байбур гендерида лъала чагIазул куц-мохъги, гьезул гьаракьги босун гIадамал гуккизе ва гьезул лугби мортизаризе къватӀибе бахъунеб хъублъи букӀин.

Генал божула, Байбурица босизе бегьулин щив вукӀаниги чиясул эбел-инсул гьаракь ва гьезул гьаркьица ахӀизе бегьулин гьесул цӀарин. Гьелъие жаваб кьезе бегьуларо, кьунани – яги лага мортлъула, мачӀхала, яги – рокъосачи ракьукье ккола. Эбел-инсудаса гьев рикӀкӀада вугони (масала, эбел-эмен Генур, вас – Маскавалда) гьеб цӀакъ хехго лъала. Рокъор киналгоги рукӀун, эбел-эменги цоги рокъорхунги тун, гьезул гьаркьица жо ахӀун хадуб, гьайгьай, бокьарав чияс жаваб кьола. Щиб-ан абун аскӀове вас щун хадуб, эбел-инсуца, жидеца мун ахӀулев вукӀинчӀин абун хадуб, лъалацинги Байбурица гьесде бер рехун букӀин. Гьеб мехаца абизе кколила: «Байбур, гӀор тун эхебе а, гӀор тун эхеде а»-йин абун.

Байбурил букӀине бегьулила халатккараб лахӀчӀегӀераб, тӀад канлъул къинцӀ чӀолареб, лага. Гьурмал бецӀлъуца гьелъул сипат-суратго бихьуларо. Аммайин абуни, бихьизего, гендерил харбида рекъон, гьеб чӀолеб рагӀуларо.

Этимология

Гьанжесеб авар мацӀалда гьадинаб кьибил лъаларо. Тюрказул мацIазда bajbür «бацIил когIо» абураб магIнаялда дандчӀвазе бегьула, амма гьеб букӀинадай авараб формадул иццин абураб жо щакаб жо буго.

Tags:

Генуб

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ДиалектАгъвали4 ноябрьСалтӀаса Узун-ХӀажиМелъелтІаЯЮРоссиялъул Федерациялъул икълималАваралАрхимедРоссиялъул империяМущулиГренландиялъул инуиталУкраинаБиКӀалбиччанкъоXIII гІасруXI гӀасруАхъбердил МухІамад (Ахъбердилав)КъурбанкъоГьамущи росдал боЖугьутІ динБуртиялПаранг къиралатЧинСтавропол крайТӀанусиБашликентМуниб росдал боКӀахъФейсбукВикимедиа ФондХъвавул системаДагъистанКъункъраАлександр ВишневскийТурхъалиб мухъСловакияСуниял£ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъАвар ВикипедияКъуръанКвадратияб километр24 ФевралКъуруш1955Хунзахъа ХӀажимурад11 мартКаспий ралъадКІочІалибГерманияБиблияКвер7 Ноябр13 декабрТуркменистан🡆 More