Телави

Телави, Телавур (гуржи: თელავიcode: ka is deprecated ) буго Гуржиялъул КІахети регионалъул аслияб шагьар ва административияб центер, жибги Алазаналъул расалъуда бугеб.

Гьелъул халкъалъул къадар бахуна гІага-шагарго 19 629 чиясде (2014 соналде бугеб хІалалда рекъон). Шагьар буго Цив-Гомбори балал аххакь, ралъдал гьумералдаса 500–800 метралъул борхалъуда.

Тарих

Телавиялда тІоцересел археологиял рателазе дата гьабула резил гІасруялдалъун. Телвиялъул цІунун хутІарал бищун цересел сипат-суратазул цояб буго II гІасруялда греказул географчи Клавдий Птлолемеяс хъвараб: гьениб рехсолеб буго Теледа абураб цІар (Телавиялде регІел). XVIII гІасруялда Телави байбихьана лІугьине кІвар бугеб ва кІудияб политикияб ва административияб центрлъун. Телавиялъул хІакъалъулІ интерес бугеб информация буго X гІасруялъул гІараб географчи Аль-Мукъаддасил хъвай-хъвагІаязда; гьес Телави рехсон буго гьеб заманалъул Кавказалъул Туплис, Шамхор, Ганжа, Шамах ва Ширван гІадал кІвар бугел шагьаразда цадахъ. Халкъалъул бицунаго, Аль-Мукъаддасица баян гьабун буго, гьеб аслияб къагІидаялъ насранияб дин ккураб букІанин абун.

Телави 
Икалто (гІ.-ш. 800 с.)

X–XII гІасрабазда Телави букІана цин КІахетиялъул пачалъиялъул, хадуб КІахети-Гьерети пачалъиялъул тахшагьарлъун. Гуржи пачалихъалъул Меседил гІасру–йилан абулеб заманалда (XII–XIII гІасраби) Телави лІугьана Гуржи пачалихъалъул бищун кІвар бугел сиясиял ва экономикиял марказазул цояблъун. XV гІасруялда цолъараб Гуржи пачалихъ биххидал, Телавиялъул роль гІодобе ккезе байбихьана ва ахиралда гьеб лІугьана даран-базаралъул ва устарлъиялъулаб гІадатаб шагьарлъун. Телавиялъе цІидасанги сиясияб кІвар щвана XVII гІасруялда гьеб КІахетиялъул пачалъиялъул тахшагьарлъун лІугьиндал. 1762 соналде гьеб лІугьана цолъизабураб Бакъбаккул Гуржистаналъул Картли-КІахети пачалъиялъул кІиабилеб тахшагьарлъун (Туплисалдаса хадуб).

Россиялъул кверщаликь

Телави 
Streets of Telavi city

1801 соналъ, Россиялъул империялъ Картли-КІахети кверщаликье босун хадуб, Телавиялъул букІараб тахшагьаралъул статус тІагІана. XIX гІасруялда шагьаралъе кьуна Тифлис губернатлъиялъул уездалъул марказалъул статус. Гьеб периодалъ шагьаралъул экономика гІуцІун букІана индустриялъул гьитІи-бикъинаб бутІабаз (къехь белъин, чиниялъул продукция, чІагІа гьаби ва ц.), даран-базаралъ ва росдал магІишаталъ. XIX гІасруялъул ахиралда шагьаралъул халкъалъул къадар букІана гІ.-ш. 12 000 чи.

География

Телави 
Алазан гІурул расалъи

Телави буссараб буго Цив-Гомбори баладе жанубиябги жанубиябгин бакътІехьул рахъалъ, шималияб ва шималиябги бакъбаккул рахъалъ гІурхъилъула Алазаналъул расалъигун.

Алазаналъул расалъиялдаса шималияб рахъалда бугеб КІудияб Кавказалъул бал бихьула кинабго Телавиялдаса гІадин.

Гьанжесеб заманалъ Телавиялъул бухьен буго Туплисгун кІиго автомобилияб нухалдалъун. Бищун лъикІаб нух буго КІахетиялъул росдалаб рахъалдасан, ва гьелъул халалъи буго 156 км, гьелдаса къокъаб буго Гомбори баладасан бугеб нух. Гьелъул халалъи буго 96 км, амма хІалтІизабиялъе гьеб буго санагІалъи гьечІеб ва чІедераб, 2014 соналдаса унеб буго гьеб нухалъул реставрация.

Жиндир берцинлъиялъухъги, тарихиял гІарасазухъги, гьоболлъиялъухъги Телави буго Гуржистаналда машгьураб туристикияб бакІлъун .

Сиясат

Телави 
Телави шагьар

Телавиялъул муниципалияб мажлис (гуржи: თელავის საკრებულო) буго Телавиялда вакилаб идаралъун, жакъасеб къоялъ гьенив гъорлІ вуго 33 чи. Мажлис регулярго данделъула кодексалда хис-басалъул, коммуналиял, шагьаралъул бюджеталъу, шагьаралъул хІукуматалда хадуб халкквеялъул гІадинал суалал тІураялъе. Телавиялъул мажлисалде рищиял гьарула ункъго соналдаса ункъго соналде. Ахирисел рищиял рукІана 2017 соналъул октобералда.

Партия БакІал Гьанжесеб Муниципалияб мажлис
  Гуржи анищ 24                                              
  ЦМХІ 5                                                
  Европаялъулаб Гуржистан 2                                                
  Гуржистаналъе 1                                                
  Патриотазул Альянс 1                                                

Машгьурал гІадамал

Шагьаралда гьаруна

  • Асатиани, Шалвил Кахи (1947–2002) — совет ва гуржи футболист, тренер.
  • Малян, Суренил Генрих (1925–1988) — режиссёр, СССР-алъул халкъияв артист (1982).
  • Чикваная, Петрил Гиви (1939–2018) — совет ватерполист ва тренер, Олимпиял хІаязул кІицІулав гІарцулав призёр.

Шагьаралда рукъана

  • Телавиялда вукъун вуго Виссарион Джугашвили — Иосиф Сталинил эмен.

Маданияталда рехсей

Галерея

Ралагье гьединго

  • Кахети
  • Цинандали

ХІужжаби

  • Rosen, Roger. Georgia: A Sovereign Country of the Caucasus. Odyssey Publications: king Kong, 1999. ISBN 962-217-748-4

КъватІисел регІелал

Tags:

Телави ТарихТелави ГеографияТелави СиясатТелави Машгьурал гІадамалТелави Маданияталда рехсейТелави ГалереяТелави Ралагье гьедингоТелави ХІужжабиТелави КъватІисел регІелалТелавиГуржи мацӀГуржия

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

КагӀбаКахӀиб мухъКанада19131966Инс-авар мацӀ2 апрель1987 сон1893Саратан IАвар мацӀалъул хадурегӀелАрхеология4 Феврал23 сентябрГӀодоцараб океанТӀохьотӀа25 октябрЛаосКӀудиябросуГъуниб мухъГIахьалчIиХундерил сверел30 июльГӀурус мацӀДагъистаналъул гербХъвадарухъан29 майЗирараб альвеолярияб латералияб флэпЮлианияб календарШурагьиб мухъЛенин, Ильичил ВладимирГьунарлъи4 июль25 сентябрИндонезияМацӀазул хъизанЮпитерХурмаАхӀмос, Ибанал васБулгъарАмерикалъул Цолъарал ШтаталГӀангур4 МартИное Иное10 июнКъородаАмерикаялъул нухрагӀункӀкӀСинаялъул бащдаб чӀинкӀиллъи30 мартГрек мацӀ30 сентябрьРалъдал уровеналдаса борхаоъи9 Январ21 НоябрХьиндахъ росдал бо (ЛъаратӀа мухъ)🡆 More