Салман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд

Салман ибну ГIабдулгIазиз СагІуд (гӀар.

31 Декабралъ 1935 соналъул, Ар-Рияд) — СагІудиязул ГІарабиялъул хан, кІиябго хІарамалъул хъулухъчи ва Ал СагІудазул наслоялъул бетIер. Ханасул ханбакIалде вачIана 2015 соналъул 23 январалъ жиндирго вац, хан ГIабдуллагь хун хадуб.

Салман ибну ГIабдулгIазиз СагIуд
Салман ибну ГIабдулгIазиз СагIуд
Байрахъ
Байрахъ
СагІудиязул ГІарабиялъул хан
КІиябго хІарамалъул хъулухъчи
 23 Январ 2015 сон
Цеве вукІарав: ГIабдуллагь ибну ГIабдулгIазиз СагIуд
Ирсилав: МухІаммад ибн Наип СагІуд
 
Дин: ислам, сунияб мазгьабалъул
Гьави: 31.12.1935
Ар-Рияд СагӀудиязул ГӀарабия Салман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд
Тухум: Аль СагIуд
Эмен: хан ГIабдулгIазиз
Эбел: ХІасса бинту АхІмад Судайри
Миллат: гIарабав
Хъулухъ: сиясатчи
 
Шапакъатал:
Халип:ГIабдулгIазиз ханасул орден Халип:Пайсал ханасул орден

Салман — ккола СагӀудиязул ГӀарабиялъул тIоцевесев хан ГІабдулгІазиз ибну ГІабдурахІман СагІудил вас, гьев вукIана Пагьд ханасул бищун божарав гIакълучилъун. ХанбакIалде вачIишалда цебе гьев вукIана тушман нахъе чIвалеб министерлъун (2011—2015) ва Ар-Рияд ракьалъул бетӏерлъун (1963—2011).

Жиндирго гӏумру

Гьавуна 1935 соналъул 31 декабиралъ Ар-Риядалда, СагIудил хъизамалда 25-ев лъимерлъун, ХІасса бинту АхІмад Судайрие. Байбихьул лъай гьесие щвана ибну СагIудица жиндирго лъималазе бан букІараб Ар-Риядалъул ханзабазул школалда. Салманица тІалаб гьабуна динияб ва дунявияб гІелмаби.

Салманил 18 сон букІараб мехалъ, гьесул эмен, хан ГIабдулгIазизица, 1953 соналъул март моцІалда гьев вихьизавуна жиндирго вакиллъун ва Риядалъул амирлъун.

Риядалъул амир

1963 соналъул певралалда Салман тІамула Рияд ракьалъул бетӏерлъун. Гьес гьеб хъулухъалда бана 48 сон, 1963-са байбихьун 2011-елде щвезегІан. Бетӏер хІисабалда, гьес гІемераб хІалтІи гьабуна, гьоркьохъеб шагьаралдаса Ар-Рияд кІудияб шагьаралде сверизабизе. Гьес гІемераб кІвар кьуна къватӏиса тира-сверизе бокьулел ва бечедал чагӏи пачалихъалде цІаялъе.

Тушманасдаса цІуниялъул министер

Салман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд 
Амир Салман АЦШялъул тущманасдаса цІуниялъул министр Леон Панеттагун Пентагоналда 2012 соналъул апрелалда

2011 соналъул ноябралда амир Салман тІамана тушманасдаса цІуниялъул министерасул хъулухъалде. Гьеб хъулухъалда гьес хисана жиндирго хварав вац, СултІан. Салман гьединго гъорлъе лъугьана Миллияб хІинкъибукІунгутІиялъул шураялде.

Жиндирго вац Наип ибну ГІабдулгІазиз хун хадуб, 2012 соналъул июналда амир Салман тІамана СагІудиязул ГІарабиялъул ирсилав амирлъун, ва гьединго бетӏерав министерасул наиблъунги.

Хан ва КІиябго хІарамалъул хъулухъчи

2015 соналъул 23 январалъ, жиндирго вац, хан ГІабдуллагь хун хадуб, Салман вачІана СагІудиязул ГІарабиялъул ханлъун ва КІиябго хІарамалъул хъулухъчилъун.

Живго хІукмуялде вачІиналъул хІурматалда Салманица кІиго моцІалъул харж бикьана пачалихъиял хъулухъчагІазе, пенсионеразе ва цІалдохъабазе, тІаса лъугьун тана 500 азарго жамгІиял ишазухъ жанир ккарал ва 133 азарго долларалде бахараб магъалоялги.

Суратал

ХІужаби

Ссылкаби

Халип:СагІудиязул ГІарабиялъул ханзабазул хъизан

Tags:

Салман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд Жиндирго гӏумруСалман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд СураталСалман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд ХІужабиСалман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд СсылкабиСалман Ибну Гӏабдулгӏазиз Сагӏуд1935201523 Январ31 ДекабрАр-РиядГӀараб мацӀКІиябго хІарамалъул хъулухъчиСагІудиялъул ханзабазул сияхІ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Тажикал1 ФевралЦой, ВикторКишдакьШидиб росдал боВикикъамусЛитваБасрияб СивухъШаваБетӀераб гьумерМикдакьАвар мацІалъул свералабиГӀебутӀаКӀудияв ГӀумаханЗибирхалиКьогъоб росдал боГъуниб мухъБилкан мухъБагулалХьаргаби мухъБехвалъучІиТІаса Хъваршини19131986 сонБоснул мацӀХьаргабиГъозулталаТенлаБалдукьСагІудиялъул ханзабазул сияхІГІалиев, МухІамадил ГІадаллоТурциялъул буртиялГьиндибГІараниСанухъ1998 сон26 мартГозолоколо6 МартБагьавудин ХъурщилавЭкономика4 январь28 майДанухъСабдаХъизихъНекӀсияб ЕгипетГІондокъориИрландияЛондонХлорофиллДадулаздаЦӀадаса ХӀамзатАдабиятЦолъарал ГӀараб Имаратал3 январь17 майТвиттер1969Александр МакедониявКъамилухъЛъибишо росдал боГІалиева, ХІамзатил Фазу30 июнБаланубГьигьалъ-ГІурухъ20 Феврал🡆 More