Росу

Ро́су – цо хасаб бакӀалда гIадамаз данделъун, рукъзал ран гӀуцӀцӀараб, къайи тIибитIулеб ва гьениб бетӀерахъи гьабулеб бакӀ.

Росу
Г. Гагарин. Хьаргаби
Росу
Чӏохъ росу

Этимология

Росу (ген. ро́сдал, пл. ро́саби) абураб рагӀи ккола авараб; бачӀараб буго прото-авар *rVsʷV рагӀудаса. Гьеб жиндирго иргида лӀугьун буго метатезалдалъун прото-хьундакавказияб *śwerʕV ( ~ -ǝ-, -ʡ-) ('къватӀ, росу') рагӀудаса. ГӀагарал рагӀабилъун ккола тум шалра ва хиналуг сва.

Дурусго

НилIехъе щварал лъаязда рекъон, МагIарухъ (Аварлъуда букIа, ГуржиялI букIа) цере чIахIиял росаби гIуцIцIизегIан гIадамац бетIербахъи гьабулеб букIун буго тухумалккун, кьалбалккун, тайпабиккун. Цо-цо, кIи-кIи гIагарлъи ракIарарал росумахIал бакIал (мархьаби, кулал) данделъизе ккана, цоги чIахIиял росумахIбакIал яги росаби тIанде кIанцIизе байбихьараб мехалъ. Данделъун, гьеза гIуцIцIулеб букIун буго росу. Гьеб мехалъ гурони гьезда чIахIиял росабазде данде къеркьон бажарулароан.

БакIазда (мусдузда), кала́зда, росабазда лъолаан цIарал: — росу гIуцIцIараб бакIалда рекъон (масала, Хъе́рукь, Ге́нуб, Гъогъо́лI, Росно́б) — гьел гIуцIцIарал чагIазда хурхун (масала: ХIажи́кIкIал, ГIиса́лпажихъ) — гьенир тIибитIарал хIалтIабазда, махщалида яги гIемер гьабизе ккараб хIалтIуда рекъон (масала: СугъралI) — букIине бегьула гьенир рукIарал лIугьа-бахъинал – росу бухIи, тIадекIанцIи (масала: КIкIу́яда).

Жеги этимология ричIчIичIел, яги уйин чIчIезабичIел чанги росаби руго (масала, Ху́нзахъ, ГIанди́, Гъуни́б).

Авараз бакIицIарал кидалгогIан гIуцIцIула локативаздалъун (бакI/мес рихьизарулел суффиксал). Щибаб локативалъ кьола жиндирго магIна. Авар локативал рукIуна кьочIохъ: Ге́ну-б («гени букIунеб/бижулеб бакIалда»), Щу-гъи́ («рахараб щобазда бугеб бакI»), Ху́нза-хъ («ху́ндерихъ»), Гьара́дери-хъ («бодухъ кколеб бакI»), ТIеле́кь («тIелалда гъоркь кколеб бакI»), ЦIу́ма-да («цIумида гIагарлъуда, борхалъуда кколеб бакI») ва гь.ц.

МагIарул росаби рикьула роха́базде (яги ава́лазде). ЧIахIиял росабалI рукIунаан: росубакьулIбакI (годекIан, гIадамал тирулел бакIал, тукаби), хIавузал, хIорал, бо бакIарулеанаб бакI ва гь.ц. Гьанже шагьаразухъего батIи-батIиял жал раккана. РосабалI ругел рукъзалазукь, гъоркьтIулбузда, рукIунаан бокьал. Цо-цо бакIазда бугъунгьалбадерие тарал берцинго гьарурал рукъзал.

Мисалалъе росаби:


Росу  Гьаб макъала буго тIинчI, ва гьaб жеги хIадур гьечIо.
Гьабе кумек Википедиялъе, битIизабе ва гьалде тIаде жо жубай.

Tags:

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ИудаизмБиологияВикипедияВинстон ЧерчиллПетербурДжексон, Майкл24 августКъечӀчӀК21 сентябрГъадайчІиYouTubeЭтнохоронимДарадаГъоркьколоВикигъамас18 июнИндонезияБелоруссЛитваДублинНекӀсияб ГрекияРембрандтИндияПольшаЧехьРСФСРЭнциклопедияЛатин мацӀХурмаАвстралияФутболалъулаб формаХъахӀал къункърабиБетIераб гьумерМасихӀ гьавиТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъВенесуэлаПакистанКьудаб контентДучеИнгилис мацӀАвар нуцаллъиКъатӀарКонтинентАдабиятГІободиясули тарих27 апрельУргулаАвар мацІалъул свералабиЧилиЫГӀарац (валюта)ТарихХалкъаздагьоркьосеб роценалъул гӀуцӀцӀи🡆 More