Туркия

Ту́ркия яги Турк (тур.

ГІуцІана 1923 соналъ ТІоцебесеб дунялалъул рагъда ГІусманиязул империя къун хадуб ва гьеб бикьиялъул хІасилалда, ва турк миллаталъул гІадамаз гІумру гьабун ругел ракьал хасаб турказул миллияб пачалихъалде сверизабун хадуб. 2015 соналда жаниб халкъалъул къадар бахунеб буго 77 695 904 чиясде, ракь — 783 562 км². Дунялалда гьелъ ккола 18-еб бакІ халкъалъул къадаралъул рахъалъ ва лъебералда налъабилеб бакІ ракьалъул рахъалъ. Пачалихъалъулаб майІ — турк.

Туркия
Türkiye Cumhuriyeti
Туркия Туркия
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Yurtta Barış, Dünyada Barış
(Авар: «ВатІаналда рекъел, тІолабго дунялалда рекъел»
Гимн: İstiklâl Marşı
Туркия
ГӀуцӀцӀана 29 октябр 1923 соналъ
Расмияб мацӀ Турк мацI
Миллатал {{{Миллатал}}}
Тахшагьар Анкара
ЧӀахӀиял шагьарал Стамбул, Анкара, Измир, Бурса, Адана, Анталия
ХӀукмуялъул низам президентлъиялъул республика
Президент Ражаб ТІайип Эрдогъан
Пачалихъ. дин Ислам
Ракь
• Кинниги
• % лъел бутІа
36-билеб дунялалда
783,562 км²
1,3
Халкъалъул къадар
• Къимат (2018)
Гъунки

82 003 882чи (19-билеб)
105 чи/км²
ИПГӀИ (2011) 0,699  (цІикІкІараб) (92-билеб)
Этнохороним туркав, туркай, туркал
ГӀарац Турциялъул лира (TRY, код 949)
Интернет-домен .tr
Телефоналъул код +90
СагӀтил рачел +2, риидал UTC+3

Турция ккола динамикияб куцалда цебетІолеб экономикаялъул къайи-матахІ гьабулеб индустриалияб пачалихъ. Бича-хисиялъул бажари буголъиялъул баршалъиялде (БББ) данде ккун халкъалъул цо чиясе ГІЖП-лъул къадар бахуна 19 6100 долларалде лъагІалида жаниб (2014). 2014 соналда БББ-ялъул рахъалъ Турциялъул ГІЖП бахана 1508 млрд долларалде.

Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде, дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб. Турциялъ гІурхъи цо гьарула бакъбаккудасан Гуржиялъулгун, Эрменистаналъулгун, Азарбижаналъулугн ва Ираналъулгун; къиблаялдехун — ГІиракъалъулугн ва Сириялъулугун; бакътІерхьудахун — Герекалъулгун ва Булгъаралъулгун. Улкаялъул рагІалда буго ункъго ралъад: ЧІегІер, Ракьдагьоркьосеб, Эгей ва Мармар ралъадал.

2000 соналъ Турциялъул Жумгьурияталъе щвана Евроцолъиялъул гІахьалчи-пачалихълъун лъугьине кандидат-пачалихъалъул официалияб статус. Турция ккола НАТО-ялъул гІахьалчи-пачалихъ 1952 соналдаса бахъун.

География

Туркия 
ХъахІилаб мажгит

Туркия буго бакъбаккул башдаб шаралда. Гьелъул гІатІилъи (жанир ругел хІавузал, лъим бакІарарал бакІалгун цадахъ) бахуна 779 452 км². Туркиялъул — 97 % — бутІа буго Азиялда ва 3 % — Европаялда. Туркиялъул географияб хаслъилъун ккола — церегосел заманаздасан бахъун Европагун Азия хурхинарулел ва чІегІералъдал рагІаллъабазда ругел халкъал ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІаллъабигун хурхинарулел, аслиял нухазда букІин. Гьанэейин абуни Туркиялъул ракьаздасан лъун руго Азиялъул гІемерал пачалихъал Европагун хурхинарулел маххул ва хъилил нухал.

Улкаялъул ракьазул цІикІкІунисеб бутІа ккола Анатолиялъул бащадаб чІинкІиллъиялде ва Эрменистаналъул мугІрузул тІалъиялде, дагьаб — Балканалъул бащадаб чІинкІиллъиялде ЧІегІер ва Ракьдагьоркьосеб ралъадазда гьоркьоб.

Туркиялъул бищун цІикІкІараб халалъул манзил буго бакъбаккудаса бакътІерхьуде — 1600 км, севералдаса къиблаялде — 600 км. Лъабго рахъалъан гьеб батІи-батІиял ралъадаз жанибе бачуна: севералдасан — ЧІегІералъдаца, бакътІерхьудасан — Эгей ралъдаца, къиблаялдасан — Ракьдагьоркьосеб ралъдаца. Туркиялъул европияб ва азиялъул рахъал цоцадаса ратІа гьарун руго, ЧІегІералъадгун Эгей ралъад хурхинабулеб мармар ралъдацаги, Босфор ва Дарданел ралъдал къварилъабаз. Босфоралъул ва Меседил лълъарал (Мармар ралъад) къиблаялдехун буго дунялалъул бищун берцинал шагьаразул цояб ва Туркиялъул бищун халкъ ризаб шагьар — Истамбул.

    ГІорхъаби

Туркиялъ гІорхъаби цо гьарула (сагІтил хъаравулалда рекъон):

Пайдаял магІданал

Туркиялъул ракьалда 100 гІанасеб тайпа пайдаял магІданазул буго. Улкаялда буго гІемерал тайпаби рудаялъул, химиялъул, цІатІаригун-энергетикаялъул гІатІгоял материалазул. ТІолгодунялалъул лъамамеседалъул нахърателалдаса Туркиялъул бутІа ккола 25 %.

Гьава-бакъ

Туркия — цІикІкІунисеб бутІаби мугІруздасан гІуцІараб пачалихъ буго, гьединлъидал гьава-бакъги батІи-батІияб куцалда хисардула гІодоблъабаздаги мугІруздаги. Централиял бутІабазда гьава-бакъ гьоркьохъеб даражаялъул континенталъулаб букІуна, багІарараб ва бакъвараб рииги гІураб куцалда цІорораб хаселги букІуна. Эгей ва Ракьгьоркьохъеб ралъадазул гьава-бакъ хасало цІакъ тамахаб букІуна. ЧІегІералъдал рагІаллъиялдайин абуни гьава-бакъ танкараб, цІадал гІемераб ва хасало цІорораб букІуна. Къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гьава-бакъ тропикияб салул авлахъалъулаб букІуна, цІакъ багІарараб риигун.

Тарих

Туркия 
ГІусманиязул пачалихъалъул бищун гучалда бугеб мех (гІага-шагарго 1680)
  • 25—26 август 1071 — Малазгирталда къеркьей (Маназкерт, Манзикерт, тарихияб Эрменистаналъул шагьар, гьанже Туркиялъул бакъбаккул рахъалда бугеб Муш икълималда бугеб). Алп-Арсланил бетІерлъиялда гъоркь туркал-селжуказ къвинаруна византиялъулал ва асирлъуде восана византиялъул император Роман IV Диоген.

Халкъ

Туркия 
Туркал

Пачалихъалъул аслияб халкълъун ккола — туркал. ГІусманиязул заманалда турказ жододего абулаан "гІусманиял" абун (тур. Osmanlı).

1927 соналъ тІобитІараб тІоцебесеб халкъалъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Туркия жумгьурияталда гІумру гьабулеб букІун буго 13 464 564 чияс, гьездаса 2 323 359 курдал, 376 000 эрмениял, черкесал, босниял ва и цогидалги.

Кинго улкаялда тІобитІана 12 халкъалъул хъва1-хъвагІай. 1927 соналдаса бахъун Туркиялъул халкъалъул къадар цІикІкІана 4,4 нухалъ, гІицІго 1950 - 1985 соназда жаниб — 2,5 нухалъ. 2009 соналъ Туркиялъул халкъалъул къадар бахана 72,6 млн чиясде, халкъалъул гъунки 88 чи щибаб км², шагьаразда гІумру гьабулезул бутІа 75,5 %, 15 соналдаса рорчІарал хъвазе-цІализе лъалезул бутІа 88,1 %.

Туркиялъул ракьазда цокІалаб гуреб куцалда рикь-рикьун руго халкъал. Бищунго гъункун халкъал руго Мармар ва ЧІегІер ралъадазул рагІаллъабазда, ва гьединго Эгей ралъдал рагІалдехун кколел мухъаздаги. Бищунго халкъ ризаб шагьарлъун ккола — Истамбул, бищун гІадамал дагьаб мухълъун ккола — Хаккяри.

Эрменал

Эрменал — ккола Туркиялъул аслияб халкълъун, гьез гьабула насранияб дин ва эрменал хъвехъилалда цебе гьел гІумру гьабун рукІана тарихияб БакътІерхьул Эрменистаналъул ракьазда ва Киликиялда. XX гІасруялдаса цебе Туркиялъул ракьазда гІумру гьабун рукІарал эрменазул къадар бахунеб букІана 3 000 000 цІикІкІун эрменав.

Сирянал

Сирянал — ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. Жакъасеб Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун, Сириялъулгун ГІиракъалъул гІорхъабазда, XX гІасруялъул авалалда гІумру гьабун рукІана нус аза-азар сиряназ, гьесздаса 500 000 цІикІкІун чи чІвана тІоцебесеб дунялалъул рагъул заманаялъ. ЧІаго хутІарал сирянал дунялалда рикь-рикьун ана. Хаккяри икълималъул тІолго халкъалдаса сиряназул къадар букІана 43,7 %. Гьел дунялалда рикь-рикьун аралдаса хадуб гьезул минабахъе рахъана курдал.

Грекал

Грекалги ккола насранияб дин гьабулеб Туркиялъул аслияб халкълъун. БатІи-батІиял баяназда рекъон, ТІоцебесеб дунялалъул рагъда цебе, жакъасеб Туркиялъул ракьалда гІумру гьабун букІана 2,7 млн. гІунтІарав грекас. Жакъасеб Турциялда гІумру гьабун руго гІураб къадаралъул бусурманал греказ.

Курдал

Курдал — жинца аслияб куцалда ислам гьабулеб, иранмацІазул халкъ. 1927 соналъул халкъазул хъвай-хъвагІаялда рекъон Туркиялда рукІана 2 323 359 курдав .

Туркия 
Ххенолел дервишал

Туркяилад гІемерал соназ, цогидал халкъал турказде сверизабиялъул политика билълъинабулеб букІана. Гьединлъидал, гІага-шагарго миллатазул къадар рикІкІинцин цІакъ захІматаб букІуна. БатІи-батІиял баяназда рекъон Туркиялда ругел курдазул къадар бахуна 10-ялдаса 23 % улкаялъул кинабниги халкъалъул къадаралдаса. 8,13 миллион чи вуго курдазул Туркиялда (2014 соналъул баяназда рекъон), ва аслияб куцалда гьез гІумру гьабулеб буго улкаялъул бакъбаккудахун.

Крималъул татарал

Туркиялда гІумру гьабун буго гІураб къадар крималъул татараз (гІага-шагарго 500 000 - 5 миллионалде щвезегІан), гьезул аслияб бутІаялъ Туркиялде гьижра гьабуна Россиялъул империялда гъорлъе Крим цІцІаралдаса хадуб, ва гьижра гьаби гьоркьоса къотІичІого цебе инеб букІана XVIII, XIX ва XX гІасрабазда.

Кавказалъул халкъал

ЦІкІкІараб къадар Шималияб Кавказалъул халкъазулги буго Туркиялда (аслияб куцалда гьел ккола, Кавказалъул рагъдаса хадуб гІурусаз жодорго ватІаназдаса гочинарурал гІадамазул наслаби) — гьезде киназдего турказ гІаммаб куцалда черкесалин абула. Гьездаса руго адигал, абазинал, абхазал, нугъаял, карачаял ва балкарал, дагъистаналъул халкъал ва хасго магIарулал, гъалгъаял, гьириял ва чачанал. Гьезул гІаммаб къадар бахуна 3 миллион чиясде.

Туркал

Туркал — ккола Туркиялъул аслияб ва бищун рикІкІен цІикІкІараб миллатлъун. Гьел кІалъала алтаялъул мацІазул хъизаналдаса тюрказул гІаркьелалда гъорлъе унеб огъуз къокъаялъул мацІалда ва гьез гьабула ислам дин. Турказул умумул ккола — огъузал, гьелги рачІана жакъасеб Туркиялъул централияб бутІаялде XI гІасруялъул бакьулъ, жакъасеб Хъазахъистаналъул ракьазда букІараб тарихияб Огъузазул пачалихъалдасан. 1453 соналъул 29 маялъ турказ греказухъа бахъана Константинопол (гьанжесеб Истамбул).

1927 соналъ Туркиялда гІумру гьабун букІана 13 464 564 чияс, гьезул цІикІкІунисел рукІана туркал. Жакъасеб Туркиялда халкъалъул къажар бахуна 80 000 000 чиясде, гьесдаса 50 000 000 - 59 000 000 чияс жалго туркаллъун рикІкІунел руго (62 % - 74 %)

Динияб рахъалъ туркал — ккола бусурбабилъун (чІикІкІунисеб бутІа — хІанапил мазгьабалъул суниял, дагьаб — гІалевиял).

Цоги халкъал

ТІадехун рехсарал халкъаздаса батІаго, аслияб куцалда Туркиялъул къиблаябгун-бакъбаккул рахъалдехун гІумру гьабун руго миллионалде гІезе рекІарал гІарабаца. Лазазги хемшиназги гІумру гьабун буго аслияб куцалда ЧІегІер ралъдал бакъбаккул рагІаллъабазда. Гьединго улкаялда гІумру гьабун руго албанал, гуржиял, падарал, узбекал, татарал ва цогиги гІемерал миллатазул вакилзаби

Туркиялда гьоркьоса къотІичІого гІумру гьабун буго чанго азарго гІурусас.

Шагьарал

2014 соналъ Туркиялда букІана 1 млн чиясдаса цІикІкІун чияс гІумру гьабулеб ичІго шагьар.

Шагьар Халкъалъул
къадар
Истамбул 13 710 512
Анкара 4 630 735
Измир 3 401 994
Бурса 2 100 000
Адана 1 636 229
Газиантеп 1 438 373
Шагьар Халкъалъул
къадар
Кония 1 107 886
Анталия 1 073 794
Кайсери 1 004 276
Диярбакир 920 366
Мерсин 915 703
Эскишехир 659 924


Халкъалъул къадаралгун шагьарал:

  • Туркия  — 10 000 000 цІикІкІун чи вугел.
  • Туркия  — 2 000 000 - 5 999 999 чи вугел.
  • Туркия  — 1 000 000 - 1 999 999 чи вугел.
  • Туркия  — 800 000 - 999 999 чи вугел.
  • Туркия  — 500 000 - 799 999 чи вугел.
  • Туркия  — 300 000 - 499 999 чи вугел.
Турция: жеги гьечӀо позиционияб карта.

Административияб бикьи

Туркия 
Туркиялъул икълимал

Туркия бикьула 81 илалде (икълимазде, гьелъул бакІалда цебе хІалтІизабулаан вилайет абураб рагІи). Щибаб илги бикьула мухъазде (илче-язде, тур. ilçe), 2007 соналъ Туркиялда букІана 923 мухъ (илче). Илалъул административияб центр букІуна централияб мухъалда (илчеялда - merkez ilçe).

Илалъул сиясиял ишал тІоразе тІадтарасул хъулухъалда цІар буго губернатор (vali), гьевги вихьизавула хІукуматалъ. Губернаторасул чІолеб бакІалде абула вилайет (vilayet).

Росдал магІишаталъул суалал тІорала муниципалитеталъул бетІерас (büyükşehir belediyesi başkanı), гьевин абуни вищула халкъалъ. Мухъазулги (илчеязулги) руго муниципалитетал (belediye) гьезда тІадтаразул хъулухъалде абула мэр-абун (belediye başkanı).

Сиясияб гІуцІи

Къанунал рахъулеб къуват буго цопалатаялъул парламенталъул кодоб — ТІадегІанаб миллияб мажлисалъухъ (Büyük Millet Meclisi), жибги гІуцІун бугеб 600 депутатасдасан, жалги рищулел 5 сонил болжалалда (2007 сон щвезегІан рищулаан — 7 сонил болжалалда) халкъиял рищияздалъун. Цеве пачалихъалъул бетІер — Республикаялъул президент (Cumhurbaşkanı), вищулаан ТІадегІанаб миллияб мажлисалъ 7 сонил болжалги цІан, гьес тІубазабулаан гІицІго вакиллъиялъул хІалтІаби.

Туркия 
Инкъилабалда данде рахъарал туркал 2016 сон

ХІукму билълъинабиялъул къуват букІана Министерлъиялъул Советалъухъ (Bakanlar Kurulu) бетІерав министрасул (Başbakan) нухмалъиялда гъоркь. Гьединлъидал пачалихъалда цІикІкІунисел ихтиярал рукІана бетІерав-министерасухъ. ХІукму билълъинабиялъул ва къанунал рахъиялъул къуватазда тІад халкквей гьабула Конституциялъул Диваналъ (Anayasa Mahkemesi), жибги гІуцІун бугеб, президентас рихьизарурал, 11 даимав ва 4 хисулел членаздасан. Председателем Конституциялъул Диваналъул председателлъун (2007 соналъул октябралдасан бахъун) вуго Хашим Килич.

2007 соналъул 21 октябралда Туркиялда тІобитІана билъанхъизабулеб бугеб конституциялда рекъезариял гьариялъул референдум. Гьел рекъезариязул хІасилалда хисизабуна президент вищулеб къагІида, гьесул ихтиярал ва гьесие лъураб болжал, гьединго парламенталъул ихтияразул болжалги. 1982 соналъ лъураб конституциялда рекъон пачалихъалъул бетІер — президент — вищулаан парламенталъ. Президент вищулаан 7 сонил болжалги цІан ва кІиабизе вищизе ихтиярги букІинчІо. ЦІиял тІаде рачІарал рекъезариязда рекъон, улкаялъул бетІер вищула тІолго халкъалъул рищияздалъун 5 сонил болжалалда ва гьесие рес буго цоги цо болжалалъ вачІине ришиял гьаризе. Парламенталъул рищиял гьарула 4 сонида жаниб цо нухалъ.

Жакъа Туркиялъул бетІерлъиялда буго консервативияб (цІиябщиналда данде чІараб) РитІухълъиялъул ва цебетІеялъул партия.

2017 соналъул 16 апрелалъ Туркиялда тІобитІана конституциялда хиса-басиял гьариялъул референдум, гьелъул хІасилалда президентасул ихтиярал цІикІкІинаруна, парламенталда бакІал цІикІкІинаруна ва бетІерав-министрасул хъулухъ хвезабуна. Гьел рекъезариязул рахъ ккун гьаракь кьуна 51,41 %, данде рахъана 48,59 %. Туркия лъугьана президентлъиялъул республикалъун.

КъватІисеб сиясат

Туркия 
Анталиялда G20-ялъул саммит, 2015

2000 соналъ Туркиялъул Республикаялъе щвана пачалихъ — кандидат абураб официалияб статус Евроцолъиялъе членлъун лъугьине. Туркия ккола НАТОялъул членлъун 1952 соналдасан байбихьун.

Америкаялъул эксперт Фион Хиллица загьир гьабулеб буго, БакътІерхьуда бачІеб, икълималда кІвар бугеб пачалихъ бугин Туркия абун, цо чанго шималиябгун-атлантикиял гІуцІабазда гъорлъ гьеб букІанигицин. Жиндирго гІорхъабазда сверухъ ругел пачалихъазда гІемерал ишкалаби ругониги, Туркиялда бажарана кІудияб экономикиял ресал гІуцІун ва гьелъ жигара бахъулеб буго цебе букІараб гІусманияб пачалихъалъул гІатІилъабазда цебехъан-пачалихълъун букІине.

Кавказалъул икълим ккола — Туркиялъул къватІисеб сиясаталъул кІвар бугел пунктаздаса цояблъун. Туркиялъул къватІисел ишазу министр Мевлют Чавушоглуца кьураб баяналда рекъон, Туркиялъ жигара бахъулеб буго цоцадарарал рукІине Кавказалъул пачалихъалгун.

Туркия ва Евроцолъи

Гьаб заманаяляда Туркиялъ Евроцолъиялъулгун гьарулел руго кІалъа-ралъаял, Туркияги европаялъул сиясиябгун-экономикияб гІуцІиялда гъорлъе лъугьине.

Маданият

Дин

Туркия 
Сардилъ гвангъизабураб Айя София

Къануналда рекъон Туркиялда динал пачалихъалдаса батІа гьарун руго ва улкаялъул живав чиясе бокьараб дин гьабизе ихтияралги кьун руго. Улкаялъул цІикІкІунисеб халкъалъ гьабула исламияб дин ва гьел ккола хІанапил мазгьабалъул гІадамаллъун. Гьединго гІорхъолъа ун машгьурал руго батІи-батІиял тІарикъатал. Аслияб куцалда машгьурал тІарикъатал руго накъшубандияб ва мевлеви тІарикъатал. Руго Туркиялда шапигІил мазгьабалъул гІадамалги, гІемерисел курдал ккола гьел. ГІемераб къадар мажгитазулги буго улкаялда — 78 000 мажгит.

Экономика

Улкаялъул экономикаялдаса промышленносталъ ккола 28 %, росдал магІишаталъ — 15 %, минаби раялъ — 6 %, халкъалъе гьарулел хъулухъаз — 51 %.

2018 соналъ Туркиялъ ккуна дуниялалда 18 бакІ экономикаялъул гучалъул рахъалъ.

2020 соналъул 1 январалдасан байбихьун, Туркиялда хІалтІул харжалъе чІезабураб бищун дагьаб къадар ккола 2943 туркиялъул лир (брутто) (€442,17) ва 2324,70 туркиялъул лир (нетто) (€349,17).

Транспорт

Улкаялда руго чанго гьавамухъал, жанисел ва халкъаздагьоркьосел рорженал гьарулел. ЦІикІкІараб къадар туристазул букІиналъ, Туркиялда цІакъ цебе тІураб система буго гІаммаб транспорталъул — автобусазул хьури ва метро (1996 соналдаса бахъун). Гьединго руго чанго порталги, маххул нухазул хьури ва нартгун газ бачиналъул хьураби.

Туризм

Турциялда цІакъго цебе тІун буго туризмаялъул хъулухъал и инфраструктура. Гьеб бараб буго ралъдал курортал рукІиналда ва машгьурал гьайбатал бакІал гІемер рукІиналда.

КъватІисеб бича-хиси

2017 соналъ Туркиялъ ккуна 27-еб бакІ къватІисеб бича-хисияьлъул къадаралъул рахъалъ, къватІисел пачалихъазе гьабураб бича-хисиялъул (экспорт) къимат бахана $166 миллиардалде, къватІисан жанибе бачІараб (импорт) - $214 миллиардалде.

Рагъул къуватал

Туркиялъул рагъул къуватал (тур. Türk Silahlı Kuvvetleri) ккола — эркенлъи, лъидагобангутІи ва улкаялъул ракьазул кІибикьичІолъи цІунизе цойиде ракІарарал аскарал. 2006 соналъ кьурал баяназда рекъон туркиялъул армиялъул рикІкІен бахуна 514,85 азр. аскариясде.

Иццал ва мугъчӀваял

Халип:Турция темабаздалъун

Халип:Балканалъул бащадаб чІинкІтллъиялъул пачалихъал Халип:Ракьдагьоркьосеб ралъдал рагІалда ругел пачалихъал Халип:ЧІегІер ралъдал рагІалда ругел пачалихъал Халип:G20 Халип:НАТО

Tags:

Туркия ГеографияТуркия Гьава-бакъТуркия ТарихТуркия ХалкъТуркия ШагьаралТуркия Административияб бикьиТуркия Сиясияб гІуцІиТуркия КъватІисеб сиясатТуркия МаданиятТуркия ЭкономикаТуркия Рагъул къуваталТуркия Иццал ва мугъчӀваялТуркия

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ТУнкъракьЛатин мацӀМагӀарул гимн1987 сонОгобИнтернационалаб фонетикияб алфабетУкраин мацӀ1981 сонБусурманчиХурмаКойотКьудаб контентБиблия2015 сонUTCЦӀумада мухъПаранс2006 сонПарижАвар мацІалъул цІарубакІЕкатерина IIISO 3166Ушугъ мухъРасмияб мацӀШамахаАдам аварагФейсал ибн ГІабдул ГІазиз Ал СагІудМахӀачхъалаХалкъалъул къадарВикикъамусВикимедиа ФондГьаркӀас (Шурагьи мухъ)ВьетнамХӀабашиШвейцария30 ЯнварXI гІасруХунзахъХӀамзатил РасулЦӀТIинди4 Феврал15 апрельИндияЧачаналӀГӀараб мацӀГенетикаИман1925Америкалъул Цолъарал ШтаталСербияВикипедияФейсбукКъадар (росу)Географиялъул координаталКъуръанГӀурус географияб жамагӀатРоссиялъул Федерациялъул икълималМасихӀ гьавиДунялалъул рахъалПортугалия1870 сонГарнаЛаос🡆 More