Ислам

Ислам (гӀар.

Ислам     Ислам     Ислам     Ислам     Ислам     Ислам     Ислам

«Ислам»-абураб рагӀиялъул таржама гьабизе бегьула «мунго Аллагьасе мутӀигӀав гьави», «мутӀигӀлъи», (Аллагьасул къануназухъ) «гӀенекки» . ГӀараб мацӀалда «ислам»-абураб рагӀи буго «сах-саламатго вукӀине», «хвасарлъизе», «цӀунун хутӀизе», «эркенав вукӀизе»-абурал рагӀабазул магӀна кьолеб سلم глаголалдасан лъугӀараб предметияб цӀар. ШаргӀияб терминологиялда ислам буго цохӀого-цо вугев Аллагьасда иман лъей, Гьесие мутӀигӀлъи, Гьес хӀарам гьабуралдаса инкар гьаби, Гьес хӀалал гьабураб -къабул гьаби; гьединго политеизмалдаса ва ширкалдаса камилаб инкар гьаби.

Тарихалда Исламалъе кьучӀ лъураб заман рикӀкӀуна VII гӀасру МухӀаммад аварагас дагӀват гьабизе байбихьараб мех. Амма Исламалъул гӀакъидаялда рекъон киналго цере рукӀарал аварагзаби ва расулал Муса авараг вукӀа, ГӀиса авараг вукӀа, рукӀана батӀи-батӀиял миллатазул, халкъазул гӀадамазухъе хӀакъаб дин - Исламги босун рачӀун, гьезда тавхӀид къабулабизе рачӀун. Амма заман унщинахъе, гӀадамаца жедехъе щвараб дин хисизабулеб букӀана, гӀемерал бидгӀаби журан, гьитӀинабги, кӀудиябги ширк гьабун, цӀидасан хъанчазе гьабулеб букӀараб лъагълъи-гӀибадат гьабизе лъугьун, тӀадежоялъе Мукъадасал тӀахьазда хиса-баси гьабун. МухӀаммадин абуни , гьев вуго Исламалъул ахирисев авараг, жиндихъ ТӀадегӀанас Къуръан вахӀью гьабурав.

Ислам къабулабуралщиназда абула бусурманалин. Динияб мацӀ — классикияб гӀараб. БатӀи-батӀиял къиматазда рекъон, дунялалда руго 1,2-1,3 миллиардалдаса 1,57 млрдалда вахарав бусурманчи (ай, дунялалъул киналго гӀадамаздасан 22,74 %). Исламияб уммат буго 120-ялдасан цӀикӀкӀун пачалихъалда гӀумру гьабулеб, амма гӀемерисел бусурбаби руго Магърибияб, Къилабияб ва Къилабгун-Машрикъияб Азиялда ва Шималияб Африкаялда. Гьеб 120 пачалихъалда гьоркьоса 35-ялда бусурбабазул бутӀа бащалъиялдасан цӀикӀкӀун буго, 28 улкаялда абуни, Ислам буго пачалихъияб дин, гьезда гьоркьо — Египет, СагӀудиязул ГӀарабия, Марокко, Кувейт, Иран, ГӀиракъ, Пакистан ва цогидал.

Диналъул аслаби

Аллагьасул дин гIуцIун буго лъабго аслияб бутIаялдаса.

    ТIоцебесеб: Иман – Аллагьасул рахъалдаса бачIараб щинаб жоялда ракI чIей.
    КIиабилеб: Ислам – Аллагьасул рахъалдаса бачIараб жоялъе мутIигIлъи.
    Лъабабилеб: ИхIсан – исламияб диналъ тIалаб гьабулеб щинаб жо ракIги, черхги, мацIги цадахъ рекъон камилго ва бацIцIадго гьаби.

Иман

Ислам 
Къуръаналъул ТӀоцебесеб сура

Иман – диналъул тIоцIебесеб аслу.

    1. Аллагьасда ракI чIезаби.
    2. Аллагьасул малаикзабада ракI чIезаби.
    3. Аллагьасул тIухьдузда ракI чIезаби.
    4. Аллагьасул русулазда (илчизабазда) ракI чIезаби.
    5. Къиямасеб къоялда ракI чIезаби.
    6. Аллагьасул къадаралда ракI чIезаби.

Ислам

Ислам 

Ислам – диналъул кIиабилеб аслу.

Ислам абураб рагIиялъул хIакъаб дин абураб магIнаги букIуна. Гьеб магIна босани гьелъ жанире рачуна иманалъул анлъабго рукнуги, исламалъул киналго аслабиги, тIолабго шаригIатги. Гьаниб нилъеца исламалъул хассаб магIнаялъул бицен гьабила.

Ислам гIуцIараб буго щуго аслуялдаса:

    1. Шагьадат битIи.
    2. Как бай.
    3. Закат бахъи.
    4. Рамазан моцӀалъ кӀал кквей.
    5. ХӀаж гьаби.

ИхIсан

ИхIсан – диналъул лъабабилеб аслу

ХIалтIизабураб адабият

ХӀужаби

Линкал

Tags:

Ислам Диналъул аслабиИслам ХIалтIизабураб адабиятИслам ХӀужабиИслам ЛинкалИсламАллагьГӀараб мацӀИманШаригӀат

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Хъизихъ1968ПарижПлатонАваралГІурус мацI21 июль5 январьКаспий ралъад1 январьXXII гӀасру12 ФевралИмам Шамил7 апрельКьудаб контентПутин, Владимирил ВладимирРоссиялъул конституция1937БочохъЛъаратІа мухъМиллатГӀарац (валюта)КиевГьадириХубар росдал боЕгипетХӀажЯпонияГенетикаЗакатала мухъПарансГьаракІуниГрегорианаб календарОнсоколо мухъПодгорицаДемократияМетаболизмНилЦиURLМартӀТажикал17 НоябрБулач-нуцал IРоссиялъул Федерациялъул цӀуниялъул министерлъиГӀабасил МухӀамадХӀоцоса НажмудинХӀукуматПинтаИмарат КавказЦӀуриб2 ФевралБашликентИюнь194522 НоябрМуссолини, Бенито9 мартВикимактабХӀамзатил РасулЖугьутӀалАрменияБелгияЛъим🡆 More