Январь

Январ — юлианияб ва григорианияб календаразда лъагІалил тІоцебесеб моцІ.

январ
Ит Тл Ар Хм Рз Щт Гь
1 2 3 4 5 6 7
8 9 10 11 12 13 14
15 16 17 18 19 20 21
22 23 24 25 26 27 28
29 30 31        
2024 с.

Жодор 31 къо бугел анкьабго моцIалъул цо моцI.

Январь
Январ, Leandro Bassano

Дагъистаналъул тарихалда январь моцI

  • 1262 соналъул 13 январалда Терек гӀурул рагӀалда Хулагидазул ва Меседил Ордаялъул ханзабазул аскаразда гьоркьоб рагъ ккана.
  • 1742 соналъул январалда Табасараналде ва Ахтиялде данде Ираналъул аскараз рагъ байбихьана.
  • 1804 соналъул январалда ЦӀоралде ана генерал Василий Гуляковасул бетӀерлъиялда гъоркь рагъулаб экспедиция. Гьенив Закатала округалда 15 январалда генерал В.С. Гуляков чӀвана.
  • 1811 соналъул январалда Табасараналда байбихьана восстание.
  • 1829 соналъул январалда Дагъистаналъул ханзаби Сурхайие ва Абу-СултӀан-Нуцалие чӀезабуна гӀарцулаб харж. 1830 соналъул январалда имам ГъазиМухӀамадица гӀандисезда шаригӀат * [[босизабуна.
  • 1833 соналъул январалда ГьоцӀалъ ахӀараб гӀалимазул данделъиялда ХӀамзат-бег лъазавуна имамлъун.
  • 1841 соналъул 1 январалда гӀуцӀана Каспиялъулаб область.
  • 1878 соналъул январалда «Тушманасулгун гьарулел ишазулъ тӀокӀлъиялъе гӀоло» гӀурус Императорасул армиялъул генерал-лейтенант Балакиши Араблинскиясе (Али-бек) (1828-1902) кьуна ГӀазизай Аннал 2-абилеб даражаялъул орден.
  • 1897 соналъул 1 январалда Ереваналда гьавуна Дагъистаналъул политикияв хӀаракатчи, 1942-1948 соназда КПССалъул Дагъобкомалъул тӀоцевесев секретарьлъун хӀалтӀарав ГӀазиз ГӀалиев.
  • 1910 соналъул 17 январалда гьавуна Дагъистаналъул политикияв ва жамгӀияв хӀаракатчи ХӀажагӀали Даниялов.
  • 1914 соналъул 3 январалда гьаюна РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияй артистка Барият Мурадова.
  • 1914 соналъул 6 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Анвар Аджиев.
  • 1916 соналъул 14 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов.
  • 1918 соналъул январалда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб мугӀрузул халкъазул ӀӀӀ съездалда ХӀоцоса Нажмудин цӀидасан вищана тӀолгодагъистаналъулго имамлъун.
  • 1921 соналъул 20 январалда, 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика.
  • 1926 соналъул 7 январалда гьавуна Дагъистаналъул росдал магӀишаталъул институталъул ректорлъун гӀемерал соназ хӀалтӀарав профессор МухӀамад Жамбулатов.
  • 1931 соналъул 14 январалда Москваялъул Кремлялда «10 соналда жаниб Дагъистаналъул цебетӀеялъул хӀакъалъулъ» абураб докладгун цеве вахъана Дагъсовнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасов.
  • 1934 соналъул январалда хъвадарухъан, кавказовед А. Аршарунил бетӀерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бачӀун букӀана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул къокъа.
  • 1935 соналъул январалда ДагъЦИКалъул членаллъун рищана хъвадарухъаби С. Стальский, ХӀ. ЦӀадаса, А. МухӀамадов, Р. Нуров ва Б. Астемиров.
  • 1938 соналъул 30 январалда гьавуна 1987-1997 соназда Дагъистаналъул хӀукуматалъул вукӀарав председатель, политикияв хӀаракатчи ГӀабдуразакъ Мирзабегов.
  • 1939 соналъул январалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул хӀукмуялдалъун ЦӀадаса ХӀамзатие кьуна «ЗахӀматалъул БагӀараб Байрахъ» орден.
  • 1943 соналъул 25 январалда ДАССРалъул СНК ва ВКП(б)ялъул обкомалъул бюроялъул хӀукмуялдалъун республикаялъул МТСалдаса Ставрополь краялъе кумекалъе механизаторалгун цадахъ битӀана 300 трактор.
  • 1944 соналъул январалда, Сталинград цӀунулаго, бахӀарчиго рагъана ва нус-нус фашистал гъурана дагъистаниял — Совет Союзалъул БахӀарзал, летчик Амет-Хан Султаницаги пулеметчи Ханпаша Нурадиловасги.
  • 1947 соналъул 27 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияв БахӀарчи, сахлъицӀуниялъул ва жамгӀияв хӀаракатчи АхӀмад Саламов.
  • 1951 соналъул 4 январалда Шамил районалъул КъахӀиб росулъ гьавуна СССРалъул Художниказул союзалъул член, Ленинилаб Комсомолалъул премиялъул лауреат, Дагъистаналда рагъулаб искусствоялъул школалъе кьучӀ лъурав ХӀусейн МухӀамаев.
  • 1951 соналъул январалда СССРалъул Министрзабазул советалъ, гьоркьоб лъун, халгьабуна «ДАССРалъул росдал магӀишат цебетӀезабиялъул хӀакъалъулъ» суалалъул.
  • 1951 соналъул январалда Швейцариялда хвана Тарковский шамхалазул ахирисев вакил – НухӀбег Тарковский. 1951 соналъул 19 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ гьавуна Россиялъул БахӀарчи, Дагъистаналъул жамгӀияв хӀаракатчи, космонавт МухӀамад ТӀолбоев.
  • 1954 соналъул 1 январалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Музыкантазул союзалъул председатель Хан Баширов.
  • 1955 соналъул 26 январалда гьавуна Дагъистаналъул рохьил магӀишаталъул Комитеталъул председатель ГӀалибег ХӀажиев.
  • 1962 соналъул 5 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат МухӀамад Асиятилов.
  • 1962 соналъул 14 январалда гьавуна гӀелмияв хӀаракатчи, Дагъистаналъул университеталъул ректор МуртазгӀали Рабаданов.
  • 1976 соналъул 10 январалда сардилъ Дагъистаналда 5 баллалде бахараб гучалда ракьбагъарана.
  • 1976 соналъул 14 январалда гьавуна Хунзахъ районалъул бетӀер СагӀид Юсупов.
  • 1990 соналъул январалда ахӀана Дагъистаналъул бусурбабазул тӀоцебесеб съезд. Гьенибго гӀуцӀана бусурбабазул динияб идара (ДУМД) ва вищана муфтий.
  • 1991 соналъул 29 январалда СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Президиумалъ хӀукму гьабуна СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул филиал СССРалъул гӀелмияб Академиялъул Дагъистаналъул гӀелмияб Централде сверизабизе ва гьелъул Президиумалъул председательлъун ХӀажи ХӀамзатов тасдикъ гьавизе.
  • 1992 соналъул 24 январалда Россиялъул хӀукуматалъ къабул гьабуна «Репрессиялде ккарал Дагъистан АССРалъул халкъазул ихтиярал цӀуниялда бан гьаризе кколел цебесеб кӀваралъул тадбирал» абураб хасаб хӀукму.
  • 1996 соналъул 9 январалда радал сагӀат 6-ялде бащдаб хӀалтӀараб заманалда С. Радуевасул ва Х. Исрапиловасул бетӀерлъиялда гъоркь яргъид гӀуцӀараб хъачагъазул къокъа Гъизляр шагьаралде тӀаде кӀанцӀана.
  • 2003 соналъул 22 январалда Москваялда Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель МухӀамадгӀали МухӀамадовасе кьуна Халкъазда гьоркьосеб Академиялъул «ХӀурматияв академик» абураб цӀар ва диплом.
  • 2007 соналъул 22 январалда Дагъистаналъул хӀукуматалъ, мухӀкан гьабун, къабул гьабуна «ЦӀияб Лак» районалдаса цӀигӀуцӀулеб районалде гочине кколев 10662 чиясдасан гӀуцӀараб сияхӀ (2 982 хъизан).
  • ХӀуригат бахъун хадуб Советияб хӀукумат щвана Кавказалдеги. 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб тӀобитӀараб съездалдаса хадуб, ай 1921 соналъул 20 январалда ВЦИКалъул Декреталда рекъон, гӀуцӀана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика. СССРалъул заманалда гьеб кколаан РСФСРалъул цо бутӀалъун.

ХIужаби

Tags:

Григорианияб календарьМоцІЮлианияб календарь

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Пётр IИбрагьим аварагХалкъалъул хъвай-хъвагӀайМухӀамад-СагӀид ШамилБетӀераб гьумерХарахьиXIV гӀасру1996 сонИнгилис мацӀЦӀваMЦӀер1979 сонГъведиш росдал боМокшаялАстрономияФюрерШималияб КавказХьабалухъагӀучӀРафаэлГус, ЯнXVIII гӀасруИмам ШамилТвиттер1913Нахъисеб кьералъул рагьарал1922Бакъда ГьиристанГӀахьалчӀи росдал боЛондонГожоВикигъамасКӀудияв ГӀумаханПинтаАвар маданиятШималияб ЦӀорол океанДагъистаниXIII гӀасру27 ФевралЭнциклопедия3 ФевралХубарXII гӀасру1801 сонГӀакаро (мегӀер)1971Советияб Союзалъул Социялизмаялъул Республикаби14 июнГуржистаналъул премьер-министрХамизЩаматСуракъат IРоналд РейганГӀусман-хӀажи МухӀамадовАвстралия🡆 More