Юпитер

Юпитер (символ: ) — Бакъалдаса щуабилеб планета ва Бакъул системаялда бищун кӀудияб.

Гьеб буго газалъулаб гигант, жиндир масса Бакъул системаялъул киналниги планетабазул данде босараб массаялдаса кӀигоги бащадалдасаги цӀикӀкӀараб, амма Бакъалъул массаялъул азарил цояб бутӀаялдаса дагьалъ гьитӀинаб. Юпитер гвангъиялъул рахъалъ ккола Ракьалъул сардил зодоб лъабабилеб МоцӀродасаги Венераялдасаги хадуб. Гьеб халлъулеб буго тарихалда цебесеб заманалдасаго; бищун кӀудияб букӀиналъ, цІарги кьун буго гьелъие румазул илагьзабазул пача Юпитерасул хӀурматалда,

Юпитер
Юпитер

Юпитер аслияб хӀалалъ гӀуцӀун буго гьиндрогеналдаса, амма гьелиялъ гӀуцӀула гьелъул массаялъул ункъил ва куб-роценалъул анцӀилалдаса цо бутӀа. Гьелъул батизе бегьула ганчӀилаб гӀищ дагьалда ракӀал элементаздаса, амма, цогидал гигант-планетабиго гӀадин, Юпитералъул тІасалъиялъул гьечӀо мухӀканаб къвакӀараб сипат-сурат. Гьелъул жанисеб рахъалъул данде къаялъ къватӀибе кьола цӀикӀкӀун хинлъи Бакъудаса щолелдасаги. Жиндир хехаб тӀасвери букӀиналъ, планетаялъул буго чӀчӀинтӀараб сфероидалъул форма; гьелъул буго дагьа-макъаб, амма загьираб цутӀел экватор сверун. КъватӀисеб атмосфера бихьулеб хӀалалъ бикьун буго батӀи-батӀиял гӀеблъелазда бугеб чанго чӀалоялде, гьезул интеракция бугеб гӀорхъода буго турбулентлъиги штормалги. Гьеб лӀугьа-бахъиналъул бергьараб хӀасил буго КӀудияб багӀараб тӀанкӀ, кӀудияб шторм, жиб букӀин XVII гӀасруялда гьеб тӀоцебе телескопалъ бихьаралдаса нахъе лъалеб.


ХӀужжаби







КъватӀисел регӀелал

Халип:Sisterlinks

Халип:Moons of Jupiter Халип:Jupiter spacecraft

Халип:Portal bar

Tags:

БакъМоцІ (зоб)Ракь (планета)

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

29 декабрМугъзагьодЧачаналСуракъат IХьиндахъКӀалбиччанкъоКавказалъул халкъалУгандаШамахаЦӀурибГӀагараб МашрикъАргентинаВикипедияНухрагӀункӀкӀРиидалил заман10 апрельБакътӀерхьул АзияХӀамадан5 Декабр3 НоябрРузманПортугалияИнтернационалаб фонетикияб алфабет1982 сонШагьарМайХъвайни1ГӀурусал6 ноябрь1 сентябрьСахӀараБакъбаккул рахъГендерил тунелУнсоколо мухъ1915Цивилизация30 июльТӀиндисезул мацӀАзарсонБагӀархъала17 Ноябр7 октябрьКутишаМосква6 октябрь22 НоябрКвадратияб километрГӀелмуГьатӀан (анкьил къо)АндалГабурГрек мацӀБулгъар31 мартАваразул ханзабазул сияхӀИмарат КавказНью-Йорк8 майБелоруссСтокголмХунзахъЦІумада мухъБуркина-ФасоФинляндия30 декабр🡆 More