Хириясул Гӏалибек

Хириясул ГІалибег (1805–5 июл, 1839) — аваразул рагъул цевехъан, Имам Шамилил наиб ва гьесдаса цере рукІарал кІиявго имамасул цадахъчи, Аваристаналъул наиб.

Хириясул ГӀалибек
Эмен Хириясулав
Эбел Бегичу
Лъимал Ханзадая
Дин Ислам
Рагъал АхІулгохІ цІуни/Кавказалъул рагъ 1817–1864

Лъимерлъи ва гІолохъанлъи

ГІалибек гьавуна 1805 соналъ рагъухъабазул хъизаналда, Аваристаналъул тахшагьаралда. Гьесул эмен Хириясулав ва кІудияв эмен Чупан рукІана КІудияв ГІумаханил ханлъиялъул заманалда Аваристаналъул аскаразул церехъабилъун. Рагъ хІалуцинегІан ГІалибег хІалтІулев вукІана ГІочІло росдал къадилъун, хадув гьев тІамуна Рихьуни росдал къадилъун. Кавказалда эркенлъи цІуниялъул рагъ байбихьидал, ГІалибекица цин ккуна ГъазимухІамадил рахъ, гьев хведал, ХІамзат-бекил рахъги. 1834 соналъ Шамил имамлъун вищидал, ГІалибег Шамилица тІамуна хунздерил наиблъун ва гьесда тІадкъана цо хунздерил боялъе бетІерлъи гьаби.

АхІулгохІ

ГІалибекица бахІарчилъи бихьизабуна генерал Фезил Авар экспедициялда, гьесул рагъухъабаз нахъчІвана гІурусазул Аргъвани тІаде кІанцІи, гІахьаллъи гьабуна ГІашилтІа рукІарал рагъазулъ.

Наибасул ахирисеб рагъ

1839 соналъ Шамил сверун ккун вукІана АхІулгохІда. ГІалибек тун вукІана Сурхайил си цІуние. Гьеб букІана рагъулъ аслияб щулалъи, щай абуни гьеб букІана бищун борхатаб бакІалда. Гьелъ, АхІулгохІ цІунулезда кІолеб букІана гІурусазул аскарал ругелщинал бакІазде тІаде гулла базе.

29 июналъ, сагІат ичІгоялда, Апшерон ва Кураялъул полказул батальонал лъабабго рахъалъ тІаде къана ва байбихьана си бахъизе. МагІарулаз гьезул кьаби нахъчІвана, гІурус боял нахъе къана ва байбихьана сиялде гІарадабазул гулла базе. Гьениб гуллица ГІалибегил гъеж тІезабуна, амма, гьелъухъ балагьичІого, гьев вагъулев вукІана.

ГІалибек щварал ругънадасан хола 5 июлалъ, кІиго къоялдасан бахъула Сурхайил си, гьеб цунун рукІаралщинал топханадул гуллида гъоркь хун хадуб. Гьеб щулалъи бахъиялъ тІолго рагъалъул ахир баян гьабула, жеги лъабгогІанасеб моцІидасан АхІулгохІги бахъула (22 август, 1839 сон). Гьенивго, си цІунун рукІаразда цадахъ вукъула ГІалибегги.

ХІужжаби

Линкал

Tags:

Хириясул Гӏалибек Лъимерлъи ва гІолохъанлъиХириясул Гӏалибек АхІулгохІХириясул Гӏалибек ХІужжабиХириясул Гӏалибек ЛинкалХириясул ГӏалибекАваристанИмам Шамил

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

16 апрельАргъвани росдал боГӀурус мацӀГӀумру гьабулеб бакӀЦолъараб Къираллъиялъул премьер-министрКъебекъов ГӀалибулатил ГӀалиасхӀабКӀкӀаратӀаЯпония1906 сонГӀараб мацӀАвар литература31 декабрВ (кириллица)ХьимакъороУзбекистанГӀодоцараб океанКетуТвиттерРиидалил заман1924РагъБурусселДоналд ТрампГус, ЯнЛъимНилӀер эраГуржи хъвай-хъвагӀиГьумер1962 сонАваразул кицаби ва абиялГьоболханаПрагаХорватияЛатин мацӀ1961 сонГьава-бакъАвар мацӀалъул романизацияАбхазия8 июнСагӀтазул зонаТарихГригорианияб календарьАнтомасияМухӀамад ГъунашевПашанЖумгьуриятЦIияб гIажам ضێياب عاجامПутин, Владимирил ВладимирМетрадаАзарбижанЦӀваХӀамзатил Расул25 июльБуркина-ФасоРагӀиТалат2 апрельГӀурус географияб жамагӀатБалахьуни росдал боБуртиялАстрономия🡆 More