Суракъат I: Аваразул кӀудияв нуцал

Суракъат I — аваразул нуцал, жив, цо-цо баяназда рекъон, XI гІасруялда, цогидал баяназда, XII яги XIII гІасруялда яги XIII гӀасруялда вукІарав.

Нуцал Саратанил вас.

Суракъат I
Суракъат I
байрахъАваристаналъул нуцал
1238/39 –1247/48
Цеве вукІарав Саратан I
Хадув вачІарав Абу-Муслим
Ирсилав Байар II
 
Гьавуна: 1190-л санал
ТІануси(?), Авар нуцаллъи
Хвана: 1240-л санал
?
Наслу: Нуцалзабазул наслу
Эмен: Саратан I
Лъимал: Байар II
Дин: Аваразул дин/Насранияб
 
Рагъул пиша
Рагь: ГІарабазде данде къеркьей

Суракъатие мукІурал ва магъало кьолел рукІана Черкесалъа бахъараб Шамаха шагьаралде щвезегІан ругел киналго халкъал.

Тухум-кьибил

"Нахчу къавмалъул тариххъвай" абураб щаклъи бугеб иццалда рекъон, Суракъат I вукІана васлъун Сиртание, Аулханил васасул вас, ва хадуб умумул рехсон руго: ГІумахан, Прусс-шагь, Бакир, Намруд, Байяр, Парид, Тагьмаз, Саит, ГІамир (ахирисев рехсон вуго пиргІанил вас вукІанин). Суракъат вукІун вуго жив Кара-Хайдакъалдаса вачІарав Аргун абулев бусурбанав чиясул гьудуллъун. Кара-Хайдакъалда гьеб заманалъ имамлъун лъугьун вуго Шайх АхІмад, гьениве ГІабдуллагьида ва Абу-Муслимида цадахъ вачІарав. Гьел киналго рукІуна къурайшияллъун. Гьез яргъидалъун тІибитІизабула Ислам Кара-Хайдакъалдаса бахъараб Чири-Юрталде щвезегІан. ГІемер заман иналде Шайх АхІмад ва ГІабдуллагь чІвала ва хутІула цохІо Абу-Муслим, гьев аскарги бачун Хунзахъ вугев I Суракъатиде данде вахъуна.

Суракъат абулеб цІар буго гІарабазул. Гьеб цІар авараз хІалтІизабиялъ нугІлъи гьабулеб буго аваразулгин насраниял ва гІарабгин бусурбабазул бутІрузда гьоркьор рукІарал хурханазе. Суракъадил гІумруялъул къо-моцІазул суал жеги тІубан рагІалде бахъинабун гьечІо. Руго батІи-батІиял пикраби, жал аслияб къагІидаялъ гІараб мацІалда ругел бакІалъул иццазул баяназда мугъ чІван ругел. ГІемерисел мусанипаз абулеб буго Суракъат вукІанин XI гІасруялъул ахиралда — XII гІасруялъул байбихьуда абун.

Гьеб периодалъул цІакъ кІвар бугеб иццлъун ккола «Бабалъул ва Ширваналъул тарих», гьелъул тексталда, гьижрияб 416/1025 соналъул лъугьа-бахъинал рицунго, Сариралъул насранияв бетІерлъун рехсон вуго Бухтйишо II, жиндирго Сарийя абулей яс росасе Чоралъул амир МухІамад ибн Гьишамие кьурав. Гьесде щвелалде нусго соналъ цеве рехсон вуго Бухтйишо I, жинца гь. 292/905 с. Чоралъул амир асирлъуде восарав. II Бухтйишол ирсилавлъун, рес бугею жо, вукІана К-рух яги Ф-рудж (гІараб хъвай-хъвагІиялда бихьизабун гьечІо тІоцебесеб рагьухъаб ва кІолеб гьечІо битІун цІализе ахирисеб хІарп), гьесул вас, ТІокъу, рехсон вуго гьижрияб 457/1065 соналъ. Чоралъул раис Муфарридж ибн Музаффарил дур хІисабалда. Гьеб информациялде рекъон, рес гьечІо Суракъатица XI гІасруялда ханлъи гьаби. ГІемерисел тарихчагІазда рекъон, Суракъат вукІун ватизе бегьул XII гІасруялда. ШихсагІидилазул Р-л. А-ца. ва А.Е. Криштопаца, «Аргъвани росдал хІакъалъулъ бицен» абулеб иццалъ кьолеб информациялде мугъчІвайги гьабун, рикІкІунеб буго, гъазиязул тІоцебесеб сапар гьижрияб 654 (1256) соналъ букІанин абун, ва гьелдаса бачІунеб гьезул пикруялда рекъон, Суракъат гьавун вуго гІ.-ш. 1190-л соназ в хун вуго 1250-л соназ, гъазиязул Хунзахъе тІоцебесеб сапаралде ва Хунзахъ бахъиялдещвелалде цо чанго соналъ цеве.

Айтберилазул МухІмадил Тимурида рекъон, Суракъат вукІун вуго Исламалда цебесев Аваристналъул ахирисев нуцаллъун, ва гьесул ханлъиялъул заман XI гІасруялъул ахиралде кколеб буго.

ГІумрухъвай

Бакихановасда рекъон, Абу Муслив вукІун вуго гьижрияб V гІасруялда, ай 1009 ва 1107 соназда гьоркьоб заман. XI–XII гІасрабазул иццазда рекъон лъалеб буго: Ширваналдаса бусурбабаз насранияб букІараб Гъумекиб кверде босун буго XI гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялъул байбихьуда (Фарибурзиде хъварал шигІрабазул цоялда буго гьадинал мухъал: «Нужер аскаралъул цо къокъаялъ гьабичІищ чабхъен ва тохлъукьего босичиІищ кверде Гъумекиб?»), гьелъул гІадамаз Ислам босун буго XI гІасруялъул ахирисел соназда. Гьел далилаз кьолеб буго аслу Суракъатица Аваристаналда нуцаллъи гьабулеб букІанин XI гІасруялъул ахиралда абун рикІкІиналъе. Аргъвани росдал хІакъалъулъ биценалъул гІаммаб информациялда рекъон, Суракъатица нуцаллъи гьабулеб букІун буго 1038/39 ва 1247/48 соназда гьоркьоб. Хунзахъ тІалъиялде бусурбаби рачІиналъе къо-моцІ кьей гьабизе бегьула XI–XII гІасрабаздалъун. Гьанибго рехсезе ккола: Хунзахъ батана кІиги гамачІ тІад гІараб хъвай-хъвагІаялги ругеб, гьел хъван ругеб хІатІалда рекъон, гьел рикІкІине бегьула XI–XII гІасрабазда гьарураллъун.

Суракъат нуцаллъиялъул заманалда гІуцІана тах ирсалъе кьеялъул тартиб, жинда рекъон Суракъатил ирсалъул варисзабазе гурони ихтияр букІинчІеб Аваристаналъул тахида рукІине.

Суракъатил рагІият букІана насранияб ва жугьутІ дин ккурал, хъанчие лагълъи гьабулел. Нуцал рикІкІунаан цІакъ къуватав, рагІи билъарав Дагъистаналъул бетІерлъун. Авар нуцаласул кверщаликь рукІана Шамахалдаса бахъараб Кабардаялде щвезегІан ругел киналниги халкъал, тушал ва чачанал. Императорасулаб географияб жамагІаталъул хъвай-хъвагІаялда рекъон, Суракъатица «хІакимлъи гьабулаан Шамахалдаса бахъараб Кабардаялъул гІорхъоде щвезеган ругел халкъазе, чачанал ва тушисел абуни рукІана гьесул рагІиятчагІилъун».

МухІамадшафигІ аш-Ширваниясда рекъон, Суракъатиц хІакимлъи гьабулаан «Авар улкаялда» бугеб «ТІанус» абураб шагьаралда, «ва гьеб — жиндир гучалдалъун Дагъистаналъул бищун къуватал шагьарабаздаса цояб, божунгутІиялъул ицц — вукІана божи гьечІев къуватав залим, "къадарав, ццидаллъи, зулму, ва талихІ къосин тІибитІизавулев, жинда Суракъат–илан абулев, жиндир титулги нусал бугев — гьеб буго гьезул гІадат гьединаб тІокІцІар кьезе ва гьедин жидерго бетІерасда аби, — Сиртанил вас". Гьебго иццалъул информациялда рекъон, Сариралъул хазинаялде бачІунеб букІун буго магъало «Дагъистаналъул киналниги гІадамаз, Черкессалъа бахъарб Шамах шагьаралде щвезегІан ругез» кьолеб. Гьеб Шамаха шагьар буго Ширваналда, гьанжесеб Азарбижаналде гъорлъе кколеб.

Къажаразул XIX гІасруялъул гІалимчи ГІаббас-Кули-агъа Бакихановас хъвалеб буго: «ТІануси шагьаралда, Аваристаналъул некІсияб тахшагьарлъун кколеб, вукІана гучав ва кьварарав амир, жинда Суракъайилан абулев. Гьев Суракъаца, Шамахалъул гІорхъодаса бахъараб черкессазул в чачаназул ракьалде щвезегІан ракьазда кверщел букІиндал, магъало бакІарулаан гІарцудалъун, боцІи-панзалдалъун, къайиялдалъун, чадидалъун, пихъаздалъун ва хІатта гІанкІудал ханаздалъун. Хадуб: «Аслияб магъало букІана: санайил щибаб хъизаналъ кьезе кколаан гІарцул лъабго диргьам яги гьелда бащадаб къимат меседалъул ва цо-цо бищун хІалтІизабулеб чадил роцен; щибав базарганасда тІад лъун букІана дарай ххамалъул кІиго жо ва кІиго кагътил; щибаб ахалдаса бакъвараб цІибилалъул цо-цо хъап. Гьеб гуребги, щибав чи чІварав чияс кьезее кколаан нусго чахъу, цІогьорс ва гьесда релълъарав такъсирчияс абуни — цо-цо оц. Щибаб росдаца, цияв нуцаласда баркулаго, кьолаан щуго царал цІоко — цо чІегІераб ва щуго тІогьилаб, ва щуго куй; нуцал хвараб мехалъ — цо чу, нуцаласул рокъоб щибаб бертадуе абуни — цо оц ва кІиго куй».

Аль-Гъанам гІор (гІарабалдаса "Чахъазул гІор"), жиб Аваристан къотІун чвахулеб ва кІудияб, хасало цІвер чІвалеб ва Аль-Хазар ралъдалІе чвахулеб, В. Ф. Минорскияс релълъинабун рикІунеб буго Сулахъ гІорлъун. Сулахъ букІана авар пачалихъалъул жанисеб лълъел артериялъун. МугІруздаса каспиялъухъаб гІатІилъиялде къватІибе бачІунеб бакІалда букІана шималияб тахшагьар — некІсияб Гелбахъ шагьар. Гьеб букІана улкаялъул тІоцебесеб форпостлъун, гьениса авар пачалихъалъул кверщел тІибитІулеб букІана шималиял ритІелазде, жидер кІудияб бутІаялда аваразул кулал рукІарал, гьединго гьеб шагьар букІана къватІисел тушбабазул гьужум тІоцебе тІаде кколеблъун. Гьедин, гІарабаз цин къезавуна нуцаласул вац Кагьру, жиндир резиденция Гелбахъ букІарава, ва хадур гьениса рачІана Хунзахъе.

Суракъатил чІчІей бегеб бакІ букІана Сариралъулго букараб тахшагьаралда, Хунзахъ, гуреб, ТІануси"; "Хунзахъ-наме"–ялда гьелъие гІиллалъун бихьизабун буго ТІануси Хунзахъ тІалъиялъул бищун щвезе захІматаб чІчІй бугеб бакІ букІин, Суракъат гьенив гІарабаздаса вахчун вукІун вуго. Абизе бажарула: нуцалзабаздаги тахшагьаралъул гІадамаздаги гьоркьоб дандеккунгутІи букІун буго IX гІасрулдасаго; гьелъие хъвалса нугІли гьабула нуцал Хунзахъ жанив гурев, ГІакаро магІарда букІаравб хъалаялъув гІумру гьабун вукІиналъ. Хундерилгун дандеги ккечІого, Суракъат жиндирго рагъухъабиги, церетелзабиги гъаравашалги рачун вахъана щвезе захІматаб ТІанусиве, жиндир гІухьбузе кутакалда кІвар букІараб Терекалъулги Сулахъалъул гІодоблъиялде нухалда тІад контроль букІараб.

ГІарабаз Суракъат рикІунаан Исламалъул тушманлъун ва гьесде данде зенаб рагъ гьабулеб букІанаАваристан кверде бостзе абун. Хъвай-хъвагІабазда рехсон буго гьединго: «Аварал гьеб мехалъго рукІана, гьанжего гІадин мугІрулаб Дагъистаналда бищун тІоцебесеб, цебехъанлъи жиндихъ бугеб халкълъун, ва гьез гІарабазде бидулаб в халатаб данде чІей гьбуна». Суракъатилгун рагъ байбихьула шайх АхІмадица. Цо рагъулъ Суракъатил бо къола ва гье нахъекъала ТІанусиве. Шайх АхІмадица жиндирго муридзаби ГІабдуллагун ва Абу-Муслимгун Хунзахъ чІунтизабула, цо иццалда рехсохъе: «хвалие кьола гьесул рагъухъаби цадахъчагІигун, асир гьарула гьезул руччаби ва лъимал, талавур гьабула кинабго гьезул хазина, киналго гІдамазда босизабула Ислам...». Суракъат хъизангун цадахъ лъутизе ккола Тушалъ ругел жиндирго ракьазде.

ГІумрудал ахиралда Суракъатица жиндирго богун пачалихъалда хІакимлъи бахъула. Гьеб заманалде шайх АхІмад хун вуІуна, гьев вукъула Хунзахъ. Амма гІемераб зманал нуцаллъи кквезе Сураъктида кІоларо: Абу-Муслим цІидасан тІаде кІанцІула Суракъатиде ва гьев нахъе гъола. Суракъат холе гьелдаса хадув.

Абу-Муслимица Суракъат чІвала, бахъула гьесул кинабниги хазина, гьединго бухІула гьесул си, хараблъизабула Суракъатил киналниги ракьал ва живго чІола гІумру гьабун Аваралда, тІолго Дагъистаналъул ва щибав бусурманасул имам хІисабалда. Гьев лъугьуна авар нуцалчилъун.

Абу-Мусли хведал, Хунзахъ шагьар цІидасан тІадбуссуна Суракъатил ирсилазухъе. Суракъатил тухум гІемерлъула ва нуцаллъи гьезул цоясухъа цогидасухъ ирсалъе кьолеб букІуна. Гьединлъидал киналго Хунзахъ нуцалзаби ккола Суракъатил наслуялъул чагІилъун. Кинабниги Дагъистан хутІула гьезул кверщаликь. Гьеб лъугьана Гьижралъул 645 соналъ.

Балагье гьединго

ХІужжаби

Tags:

Суракъат I Тухум-кьибилСуракъат I ГІумрухъвайСуракъат I Балагье гьедингоСуракъат I ХІужжабиСуракъат IXI гІасруXII гІасруXIII гІасруXIII гӀасруНуцалСаратан I

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

15 июльЦІумада мухъПарансКетуГьенри КиссинджерЦӀияб КъотӀиУцимюртГъалбацӀГвадалахара (Мексика)ТажикалГимн23 апрел19 октябрМигел де СервантесСистан ва БалучистанГӀарац (валюта)ФилософияТуркменистанРугъжаса ЭлдарилавГарбилазда12 апрельПолякалСингапур27 декабрЦой, Виктор2011БалахьуниМавлид5 июнҚ̊ЧачаналМартISO 3166КӀудаб ХалакӀумурАрхеологияИраналъул гимнМацӀУзбекистанXI гІасруПетербур20 апрельГьатӀанКишдакьОвидийПодгорицаИнгилис мацӀТIиндиАмерикалъул Цолъарал ШтаталГӀумру гьабулеб бакӀКьанадаХузестанХъвавул системаШвецияМадинаГӀаммаб жанисеб продуктАрмениялМеседАзарсонХахӀцӀулБагъдадМахӀачхъала27 апрельМХалкъаздагьоркьосеб валюталъул фондURLБелоруссКувайт16 майБетIераб гьумер🡆 More