Аваразул Кицаби Ва Абиял

Аваразул кицаби ва абиял ва бицанкӀаби

А

  • АбичӀого тараб рагӀи хазина буго.
  • Абундачазда хадуй лъугьарай, хварай цо гӀаданалъул хабаде ккарайила.
  • Абураб нахъ буссунаро, хъвараб бацӀцӀунаро.
  • Абураб рагӀи — рехараб чӀор.
  • Абурай ясалда аскӀов гӀадин кванай.
  • Абурасе гуро йикӀуней, ячарасейин.
  • АбухӀанипаца хӀама биччачӀони, ХӀанукаца оц биччаларо.
  • Авал гьечӀеб ахирги букӀунаро, ахир гьечӀеб авалги букӀунаро.
  • Аварагасул цӀани парсахъа тӀаде унел рукӀун ратиларо.
  • Авлахъалда гӀи тӀагӀани, тӀехӀаб гъвалица бетӀepлъи гьабула.
  • Агъаз гьечӀес черх чӀвала, чехь квешас рукъ чӀвала.
  • Азарго галул нух цо галудалъун бай бихьула.
  • Азарго оц бугев цо релълъмаххалде ккаравила.
  • Аздагьодул рокьи росул бералъухъ ккарабила.
  • Алазан рагӀалда бицараб ици гохӀилъ батула.
  • Алипалъ би ккун, биялъ ти ккун.
  • Алипалъ таниги, тиялъ йосила: Тела магӀарулав, щвела лъарагӀав.
  • Аллагьас хъвай цо жо буго, вехьасги хӀисаб гьабизе ккелаан.
  • Аллагьас бегӀерараб жо зазила, гӀадамас бегӀерараб гӀучӀила.
  • Аллагьасеги хур рак чӀвараб бокьула.
  • Аллагьасги хъвала, хъвазабуни.
  • Аллагьасде таваккал тӀаме, хӀамаги бухьун.
  • Аниб берцинаб, доба сурукъаб те, доба берцинаб, аниб сурукъаб ккве (росасе уней ясалда эбелалъ).
  • Анисан бох бегьичӀони, бохсан ратӀа бегьуларо.
  • Анищазул хур бекьун, мискин бечелъиларо.
  • Анкь бараб лъалалде лъагӀел уна, лъагӀел бараблъалалде гӀумру уна.
  • Анкьица гӀалалъуналдаса, цо къоялъ бартилъун лъикӀ.
  • АнцӀул борце, цин къотӀе.
  • Анщинахъе нух лъие битӀулеб, бекьанщинахъе хур лъие бачӀунеб.
  • Араб батуларо, тараб щоларо.
  • Араб те, щвараб ккве.
  • Араб, хвараб хвезе те, хинаб, цӀияб тӀаде цӀай.
  • Аралда хадув хапоге.
  • Аралда хадув гӀандулев вехь: Таралда хадуб гӀандулеб бацӀ.
  • Арас таниги, тарас кквела.
  • Ах таниги — цо хӀакъ, кӀоркӀона кваниги-цо хӀакъ.
  • Ах цӀехоге, цӀибил кванай.
  • АхӀмакъ анищаз бечелъула.
  • Ахир гьечӀеб авалбукӀунаро, хиси гьечӀеб балъ букӀунаро.
  • АхӀараб бакӀалде инчӀони — я барщунилан кколеб, я хӀинкъунилан кколеб.
  • АхӀарасул къватӀиб, тӀупарасул рокъоб. АхӀи басра гьабуге.
  • АхӀичӀого бачӀараб гьойде ракьа чухӀичӀого рехула,
  • АхӀичӀого вачӀарав гьобол вачӀаравго нухалъ уна.
  • АхӀун биччаге, вахчун кванаге.

Б

  • Бавудаса гуребила оц лъалеб бугьудасайила.
  • Багъарараб гӀусалъе дару—бахъи.
  • Багъарараб хӀатӀида хӀатӀ рекӀуна.
  • Багъарараб квералъ квасул нухи къала.
  • Багьа гьечӀеб гьанал гьагӀу лъикӀаб букӀунаро.
  • Багьана батизе бигьаяб жо.
  • Багьана гьечӀого барщарав, мухь кьечӀого рекъола.
  • Багьаралда лъимараб бани, лъеберго къо тӀокӀаб бала.
  • БагӀараб кколебилан нихьваб борчӀизе гурин.
  • Бадиве веццуге, нахъасан какуге.
  • Баккудаса хинлъичӀеб бакъалъ, нахъа хинлъуларо.
  • Бакъ агиян къулун, къо агиян ворхун.
  • Бакъ бокьарал ракьанда, рокьи ккарал рагӀалда.
  • Бакъалда хинлъун букӀунеблъи халкъалдаги лъала.
  • Бакъан лъикӀаб буго, цӀалулеб жоги лъикӀаб батани.
  • Бакъ-моцӀ тӀерхьараб мехалъ цӀваби раккула.
  • Бакъидал бацӀица жиндирго тӀинчӀ хӀурулъ квакун кванала.
  • Бакълъухъа оц босе, Аргъваниса куй босе.
  • Бакъуца бухӀун хадуб лъалъан хур бачӀунаро.
  • Балагь букӀуна бачӀарабги бачарабги.
  • Балагь бачӀиндал гьудул рехун тоге.
  • Балагьана, батана; Букарана, хъасана.
  • Балъго рахь босани, тӀатун къинлъула.
  • Балъгояб тӀатӀиялдаса, тӀатараб гьоэр бокьила.
  • Балъда нахъа хӀалихьат, хӀарччда нахъа багьадур.
  • Басрияб гордида цӀияб къвал гъуни, къоролалъе гьебги гьвел буго.
  • Басрияб наккдалъа цӀияб бугӀа бахъуге.
  • Басрияб тӀагӀел тӀамун гъоркь.
  • Басрияй цӀулалъул цӀияб гъалдибер; ЦӀияй бахӀаралъул херав бахӀарав.
  • Бархъалисес хъабида гӀоркь бокьаралъуб гъола.
  • Барщараб пихъалъе дару — кванай.
  • Барщарасе кьей гьечӀеб, кьижарасе тей гьечӀеб. (Гьузарасе кьоларо — кьижарасе толаро).
  • Барщидал квинчӀеб гӀеч гӀодобе бортун турула.
  • Бассарун квералдаса кванан эбел бергьана. Ххенон гьобоялдаса гьанщун лъимал бергьана.
  • Батараб гьабе, гьабураб кванай.
  • Батаралъуб батараб гьабе.
  • Бахилав чиясулгун гьудуллъи гьабуни, бищун дуе къваригӀараб бакӀалда живго гӀодов чӀола.
  • Бахъараб бералда хъат чӀван щибилеб.
  • Бахъунареб бакӀалде туманкӀ кьвагьуге.
  • Бахъунареб ццин букӀунареб, холареб ракӀ букӀунареб.
  • Бахьинаб надалдаса гьоко богӀол цӀоларо. Халатаб гарбидаса къвал харил бахъуларо.
  • БахӀарав чи рогӀокълъугеги херав чи канлъукълъугеги.
  • БахӀарго херлъугеги, херлъун хъарсинлъугеги.
  • БахӀарчиясул къайи буго чучаб бутӀ гӀадаб жо.
  • БахӀарчиясул кӀиго рачел буго, цоябниги чучани чилъи холеб.
  • БахӀарчиясдаса хӀинкъуге, хӀалихьатав гьудуласдаса цӀуне.
  • Бацизе кӀолареб кӀалтӀуги рагьуге, бичизе кӀолареб гарацӀги баге.
  • БацӀ бихьараб хӀама хӀохьокьаги хӀинкъулеб.
  • БацӀ унтуе кьижулеб, кьалуе борчӀулеб.
  • БацӀ хӀинкъизе хӀамица гӀундул кӀорокӀулел.
  • БацӀги циги багъана, цараца би чӀикӀана.
  • БацӀгун багъун, чахъу бергьинаро, чугун дурун, хӀама бергьинаро.
  • БацӀикьа хӀинкъарас гӀи гьабуларо.
  • БацӀил бетӀер тарщида чӀинтӀе.
  • БацӀилгун гьудуллъиги те, гьойдулгун махсароги те.
  • БацӀица гурони цӀцӀе чӀваларо, цӀцӀеца гурони бурутӀ гьабиларо.
  • БацӀица гьабураб гьойца куна.
  • БацӀица кӀал чӀвараб жо бацӀие те.
  • БацӀица цӀцӀедуе гӀадин багьана гьабуге.
  • Бачалъ чудак гӀадин чи бегьиларр.
  • БачӀинеб, бачӀинареб лъалареб гӀурус, бачӀинчӀого букӀунареб хасел.
  • БачӀинилан къо бачӀунаро ккелилан зияде кколаро.
  • БачӀунаго лълъар кквечӀони, лъутун унаго рачӀчӀ щоларо.
  • БачӀунебги борце, унебги борце.
  • Бащалъи гьабунагӀан, гьуинлъи цӀицӀкӀунеб.
  • Бащдаб бугӀа бичун данде жо босе.
  • Бегараб бакъун хвараб, бахъараб гӀорцӀун хвараб. КӀалдибе борта, багӀар гӀеч.
  • Бегараб бацӀ бакъараб, бахъараб бацӀ гӀорцӀараб.
  • Бегун кьаралъиларо, кьижун бечелъиларо.
  • Бегун хвараб гъалбацӀалдаса бахъун хвараб гьой лъикӀ.
  • Бекани бох я халалъулеб, я къокълъулеб.
  • Беканиги кьоларев чиясулгун хоно чӀваге.
  • Бекарасда гурони бохдул унти лъаларо, бихьарасда гурони гӀосол xlapa лъаларо.
  • Бекьарасе бекьараб ракьалдасан буссуна.
  • БекьичӀес хур бецуларо.
  • БекӀкӀулеб гьецӀохъги валагьуге, бичӀулеб цӀулахъги валагьуге.
  • Бер гӀункӀрукъалъ бацӀцӀе.
  • Бер хъантӀуге, боцӀудаса чӀухӀуге.
  • Беразда гуреб канлъи бихьулеб, рекӀедайин.
  • Беразда квер лъураб мехалда гьабиялдаса, михъазда квер лъураб мехалъ гьаби лъикӀаб.
  • Беразе макьу хирияб, рокьуе свади хирияб.
  • Бералда бихьараб битӀараб, гӀиналда рагӀараб гьереси.
  • Бералда бихьараб гӀадаб даран букӀунаро.
  • Бергьараб хьечӀого къуралъе лъин щоларо.
  • Бергьарасул ярагъ магӀида букӀаго, къурасул ярагь чвархъулеб.
  • Бергьунгеги, къогеги, къацандулел чӀогеги.
  • Берцинаб кӀалзуе кӀиго бутӀа бараб.
  • Берцинаб бихънялдаса сурукъаб букъи лъикӀаб.
  • Берцинаб рагӀуца борхатаб мегӀер кьухъур гьабула.
  • Берцинаб рагӀуца маххул каву рагьула.
  • Берцинавги сурула, санагӀалъи гьечӀони, Сураралги рокьула, рокьул дангъва бугони.
  • БетӀер бекилалде къай.
  • БетӀер бичун, чед босуге.
  • БетӀер бокьаии, гьа, хӀатӀал!
  • БетӀер бугони тӀагъур камуларо, тӀажу бугони рухьен камуларо.
  • БетӀер квачан хьихье, чехь бакъун хьихье.
  • БетӀер радал батулеб бакӀалда лъе.
  • БетӀералда лъезе тажалдаса гъоркь лъезе бакӀ лъикӀаб.
  • БетӀералдасан тӀокӀкӀинчӀеб лъин, ахадасан тӀокӀкӀунаро.
  • БетӀергьанчиясул чехь унтичӀони, чияр мугъ унтуларо.
  • БетӀергьанчи хвадилан гӀакдае чуриги кьун, чӀаго хутӀадилан оцое накку баге.
  • Беццав чияс нух малъун, нухда витӀун ккеларо.
  • Бечедасул рокъоб къойил бертин.
  • Бечелъи хола, махщел холаро.
  • Бидаяб чу гӀадин вукӀа, чалияб куй гӀадин вукӀа.
  • Бидул чӀорто — чӀегӀераб жо.
  • Бидуласул гьой кьарияб, гьардухъанасул къвачӀа кӀудияб.
  • Бикъарав вакъула, вагъарав къола.
  • Бикъила — вакъила.
  • Бикъула — вакъула, вакъула — бикъула.
  • Бикъуге — хӀинкъуге, гьереси бицунге — нечоге.
  • Билараб жо хӀатӀаца балагьуге, ботӀроца балагье. Гьереси бицунге, дуе хайирабгӀаги.
  • Бихъарас букъе къохьол зоб, (хъабарча) Tlypac бацӀцӀе квасул кун.
  • Бихьа-бихьараб бицине гуребила рохьобе хӀама унеб.
  • Бихьарасда гурони, балагьалъул кьогӀлъи лъаларо.
  • Бихьарасда рагӀарас бицунге.
  • Бихьарасул рагӀи рагӀарас гьереси гьабуге.
  • Бихьизе — хӀан, хӀанчӀизе — муч.
  • Бихьиларилан цӀогьги гьабуге, рагӀиларилан рагӀиги бицунге.
  • Бихьинчи вокьила, кьурун михъ ккурав, кьурдухъан вокьила свери гӀатӀидав.
  • Бихьинчи ватани, бихьинчи гӀадин вукӀа.
  • БихьунгутӀи гурони, хӀехьонгутӀи гьечӀеб.
  • БитӀараб бицине бокьани, гьитӀинасда гьикъе.
  • БитӀараб бицине ккола, бицараб кквезе ккола.
  • БитӀараб жо лъеца гъанкъуларо, цӀеца бухӀуларо.
  • БитӀараб натӀид борце, тӀекъаб къалмиде рехе.
  • БитӀун ккараб — рокьи, мекъса ккараб — кьал.
  • БитӀун ккани, рокьи, мекъса ккани, кьал, КьучӀ гьечӀеб жо буго берзул ба-лагьи.
  • БитӀун кӀалъай гьабурав кӀодолъиялде щола.
  • БицанагӀан рагӀи гӀемерлъула, бухъанагӀан ракь гӀемерлъула.
  • Бицани бабалабги, бицани дадалабги.
  • Бица-бицарасда хадув вилълъунге.
  • Бицанщинаб рагӀиги букӀунаро, хӀамагӀанаб бацӀги букӀунаро.
  • Бицараб рагӀи кӀочарасда бицарад чиги кӀочола.
  • Бициндал тӀекъав лъала, вилълъиндал рекъав лъала.
  • Бицине вортуге, гьабизе ворта.
  • Бицун бахъунареб чӀамучӀаб хабар, ЧӀаран бахъунареб рачӀ халатаб хур.
  • Бицунге рагӀи, тӀаде чи вачӀингун къотӀизе толеб.
  • Бицунеб мехалъ гьоцӀо гьекъолеб мехалъ загьру.
  • Бицухъе букӀунеб гъаримаб рагӀи, Абухъе букӀунеб хӀатӀал гьечӀеб кечӀ.
  • Бичараб жо — бортараб жо.
  • Босараб жо — батараб жо.
  • Бичулеб жоялда тӀад ратӀал гьанал чӀвани, томен тӀокӀаб щола.
  • Бичун нух босуге боцӀи кьун кьал босуге.
  • Бищун гьуинаб жо — макьу.
  • Бищун рахӀатаб мех буго дида бахӀриги бахӀриялда дунги рихьичӀеб мех.
  • Бищун халатаб жо — мацӀ.
  • Бищун чӀухӀараб жо — хӀелеку.
  • Богол рагӀ — ризаб жо.
  • Богун вагъарав хекко къола.
  • БогӀол мугьгӀан цоязе рокьани, гьалил мугьгӀан цоязеги рокьула.
  • БогӀол рокьи букӀунеб.
  • Бода гьоркьоб тӀон биххани бетӀергьанчиясе тӀукъби камула.
  • Божарав чи вугилан рекӀелъ бугеб бицунге.
  • Божи бугеб магӀардайила хӀамил гӀундул хутӀарал.
  • Божуда рекӀкӀ гьабуге гьерсиде реччеб тӀоге.
  • Бокьа-бокьараб гьабунила хӀамил гӀундул халалъарал.
  • Бокьани, цебе къотӀун билълъунебйла дуниял, бокьани хадуб цӀан бачӀунебила.
  • Бокьоб гьечӀеб гӀи къватӀибе бачӀунаро.
  • Бокьулареб жо рагӀуларо.
  • Бокьуниш хӀамида хӀучч бахъунеб (гьучч бахъунеб).
  • Болъо борхалъана, нух рикӀкӀалъана.
  • Болъонид хӀур кванан, хӀамил гӀулдул чухӀун (чӀахъадерил).
  • Боржалида хабар кьара гьабуге.
  • Бортаян гьойда абун, гьаян гӀанкӀида абун.
  • Бортун араб нусалдаса нахъе хутӀараб лъел лъикӀаб.
  • Бортун унеб генуда гибигун унеб гӀеч речӀчӀараб.
  • Борхатаб магӀарде гьури кколаро, берцинай ясалде рагӀи холаро.
  • Борхатаб тӀасан биччай, тӀуцаб гъоркьан биччай.
  • Борхьил аздагьо гьабуге.
  • Борхьил бетӀер аздагьо лъугьиналде чӀинтӀе.
  • Бох бекараб цӀцӀеде рицӀцӀил гьветӀ бегараб.
  • Бохъ валагье, чохъ валагье. БоцӀи бахӀарчиясда хӀатӀикь букӀунеб.
  • БоцӀи къваригӀуна лъабго къоялъ: хвараб къоялъги гӀураб къоялъги, гьобол вачӀараб къоялъги.
  • БоцӀудаса чӀухӀуге, чияр гьумер бухӀуге.
  • БоцӀул квешлъи — хӀалакълъи, хӀамил квешлъй — гӀин дали.
  • БоцӀул хьон рагӀийила, гӀакдал рахь руссунила.
  • БоцӀул хӀисаб цӀаге, хӀара босе.
  • БоцӀухъ гӀумру бичуге, чадихъ намус бичуге.
  • Бригадир лъикӀав вугони, бригадаги лъикӀаб букӀуна.
  • Бугеб бикъун чӀарасда квешдб къо чӀаги.
  • Бугеб гурони, кьезе кколаро, кьураб гурони квине кколаро.
  • Бугелда ракӀ рази гьабе, гьечӀелде хьулхьудуге.
  • Бугъие бугъа камуларо.
  • Бугъил лълъаралдаса цӀуне, чол малалдаса цӀуне, квешаб, чиясдаса кинабго рахъалъ цӀуне.
  • БугӀа хӀурулъ бекье, роль хӀарщулъ бекье.
  • БукӀараб квеш, ккараб лъикӀ.
  • БукӀаралдаса бугеб лъикӀ.
  • БукӀунареб чӀанкӀкда кӀиго чӀаву бадулеб (гьерекӀдерил).
  • Бурулъ чӀагӀаги чӀвавулъ квасги квешав рососда бихьуге.
  • Бусен тамахаб тӀамулеб буго, вегизе къвакӀараб букӀинин ккола.
  • Бусен цӀилъани, ракӀ цӀилъула.
  • БухӀараб кьечӀони, бокьараб щоларо.
  • БухӀаралъусайила къехь тӀолеб.
  • БухӀарас гурони хӀал абуларо, унтарас гурони агь абуларо.
  • БухӀилаго кванаге, квандеги пударуге.
  • БуцӀцӀа, кӀал! БуцӀцӀинчӀони, борта, зар!

В

  • Вагъулев ккве чи.
  • Вакъарав вехьасда гирун унеб гьорчо чедилан кколебила.
  • Вакъарав квен гьабизеги виччаге, квачарав цӀа бакизеги виччаге.
  • Вакъарасда лъорове вугьарав лъугьаравила.
  • Вакъиларилан къаде квенги тоге, роцӀцӀун бугилан буртинаги тоге.
  • ВакъичӀого кванаге, кеп щвечӀого велъуге.
  • Вакъиялъе дару — кванай, налъиялъе дару — бецӀи.
  • Вакъун вугиш? — ГьечӀо. МагӀарал бахӀарчиясул жавабал. Къечон вугиш? — ГьечӀо. Квачан вугиш? — ГьечӀо.
  • Валагьарасе бигьаяб жо буго гӀодоб расанди.
  • ВалагьичӀого векерарасул квергӀаги гӀодоб чӀвала.
  • Вас вугев эбелалъул гӀеретӀ борхуге.
  • Вас гогьдаризавуни, чухъа халат лъугьуна, яс гогьдаризаюни, мерго тӀалаялда тумакӀ речӀчӀула.
  • Вас квешав вугониги, нус лъикӀай щваги.
  • Вас хварай эбелалъул гӀадаб магӀу букӀунареб.
  • Васаз кочӀолъ ахӀулареб, ясаз магӀилъ бахъулареб.
  • Васал чанадулеб чиярги гӀадат, Эбел чанадиялъ чара хун буго.
  • Васасе ригьин гьабиги, ясалъул рагӀи бицинги рагӀулъе нуцӀа рагьи буго.
  • Васасул лъималаз нилъеран абурабила, ясалъул лъималаз нижеран абурабила.
  • Васниги ясниги гурони чӀужуялъ басриял хьалбал гьаруларо.
  • Вахъине лъаларев гӀодов чӀезавуге. ВахӀалда хӀатӀал рукӀунаро, гьарчида берал рукӀунаро.
  • Вахъун чӀун хӀалтӀарав вегун кваналев.
  • Вацан кьабуниги, къотӀула, тушманан кьабуниги, къогӀула.
  • Вацго вац вугониги къолол бетӀер гьабе.
  • ВацӀцӀадав вахъинчӀони, хъубав тӀатунаро.
  • ВачӀаги лъала дида вачӀ-вачӀги лъала.
  • ВачӀинеги лъай, инеги лъай.
  • ВачӀуневги гӀадат, вахъуневги гӀадат.
  • Вегизеги лъай, вахъинеги лъай.
  • ВелъанагӀан гӀодизе ккола.
  • Вере, гъапу рагьуге, гъванкан чияца къалеб.
  • Вере, тӀокӀлъуге! ТӀоклъани, камула.
  • Вереялъ гьорчо кколаро.
  • Вехь вокьарасе гьойги бокьулеб.
  • Вехь гӀияда нахъа лъикIав, гӀел руккалилъ лъикӀав.
  • Веццуге, какизе ккезе гурин, какуге, веццизе ккезе гурин.
  • Векьарухъан къуни, кьал къолеб.
  • ВитӀунчиясда нич гьечӀеб, гьарчида бер гьечӀеб.
  • Вихьизе гохӀдеги вахун, вахчизе кӀкӀал балагьуге.
  • Виччун чи холаро.
  • Вокьуларев чияс гьабураб жо кинабго квешаб.
  • Вокьуларев чиясда аскӀоялдаса ракьул гвандинир лъикӀаб.
  • Вуссине свери тӀагӀунгеги, сверизе ватӀан тӀагӀунгеги.

Г

  • Гагу хунилан хур бекьичӀого толаро.
  • Галица буххун ралъад тӀагӀинаро.
  • Гама лъикӀаб букӀиналъ ракъдада хьвадуларо.
  • ГамачӀ речӀчӀаниги, хоно, хоно речӀчӀаниги, хоно.
  • Гамач гебегунилан мугӀрул багьа хвеларо.
  • ГамачӀ гъогъол гохӀда лъикӀ.
  • Гамидаги вукӀун, гамихъангун вагъуге.
  • Гамихъан кьал гьавуге, кьурулъан на бахъуге.
  • Ганщида данде бани, бече тӀомода лъола.
  • Гаргадизе лъачӀони, гаргадичӀого вукӀинегӀаги лъазе ккола.
  • ГаячӀилъ речӀчӀаниги руз холеб, гамачӀ речӀчӀаниги руз холеб.
  • Гважуда кӀалдибе тӀил бегьуге.
  • Гважуца рачӀчӀ хьвагӀичӀони, гьой хадуб бачӀунаро.
  • Гванзаб хӀал, хӀораб рахь.
  • Гурга кварал, чед кварал чиядаго рагӀичӀо, Цо квараб дир макари годекӀаниб лъун буго.
  • Генул гьотӀодаса гӀечӀ чӀваге.
  • Гирулеб гьецӀоялда хӀет бижуларо.
  • ГодекӀан цӀакъаб жо, хӀикматал щвани, ХӀалихьатал чагӀалъ гӀодов чӀечӀони.
  • ГодекӀаниб лъикӀаб жо — миккихӀехь.
  • Гозо сверичӀеб жоялъ чан гьабуларо.
  • Гордилъ цӀул гьабе, цӀулалъ гъабу гьабе.
  • Горил рагӀал гьечӀеб, рагӀул ахир гьечӀеб.
  • ГохӀда гьабун хӀор чӀеларо, къан хӀамил рачӀчӀ чӀеларо.
  • Гудрада тӀатӀи гӀункӀ гӀорцӀизе гуребила бухьунеб, гудраца гӀункӀкӀ кквезейила.
  • Гулгун хурибе инаро, хума чӀарадиларо.
  • Гулла-хер гьечӀони, чан щоларо.
  • Гуллида гӀанкӀ речӀчӀун буго.
  • Гуллица цо чи чӀвала, мацӀица нусго чи чӀвала.
  • Гунаш магӀна гьабуге, битӀаралъе нух биччай. (Гунаш магӀна абула гӀаксалда бичӀчӀиялде).
  • Гургинаб тӀад чӀеларо, чӀинтӀараб гириларо.
  • Гучид ца бихьичӀого, царад магъ хьвагӀуларо.

Гъ

  • Гъабу релълъараб бугониги, цӀибил батӀи-батӀияб букӀуна.
  • Гъадица гъадил бер бахъулареб. Гъадица нухъил бер бахъараб.
  • ГъалбацӀ гьечӀеблъи лъани, рохьоб ци басандула.
  • ГъалбацӀ царае хан буго.
  • Гъанкъилищан абурабила тӀохоца, балагьилинха цоян абурабила родоца.
  • Гъасда кватӀани, я гӀемер лъин гьекъола, я лъадулгун рагӀи ккола.
  • Гъасда гьудул гьавуге.
  • ГъветӀ бахӀаргойин гьетӀулеб.
  • ГъветӀалда релълъараб пихъги букӀуна.
  • Гъеду къакъадунилан лочнол къадру хвеларо.
  • Гъогъолъейила гьорчо рехулеб.
  • Гъодоца буххун, ралъад тӀагӀарабила.
  • ГъотӀое къимат пихъ бихьун кьола, гӀадамасе хӀалтӀи бихьун кьола.
  • ГъотӀол рагӀад хӀохьоде сверичӀого букӀунаро.
  • ГъотӀол хал гьабуге, пихъ кванай.
  • ГъоцӀоца махх ккола, росас чӀужу ккола.
  • Гъутабазда гӀазу — гъудузе бертин.

Гь

  • Гьаб кӀочараб бихьугегиян абурабила гирун унеб бетӀералъ.
  • Гьабигьанасда гьабил дваргъи рагӀулареб.
  • Гьабигьанасул чед кӀудйяб, чанахъанасул гьан кӀудияб.
  • Гьабизе бокьаии, кӀоларебги лъаларебги жо букӀунаро.
  • Гьабизе жо тӀагӀарас как бала, кваназе жо тӀагӀарас кӀал ккола.
  • Гьабизе Карим — кваназе ГӀаща.
  • Гьабизе лъарасе квасул дуниял, квине лъарасе нахул дуниял.
  • Гьабихъги къвачӀа мах бахараб рекъарабила. (гӀонкӀкӀол кици).
  • Гьабихъ вугев вакъуларо, корохъ вугев вугьуларо.
  • Гьабихъа хъанда гӀадин вуссана.
  • Гьабихъего сверулеб дуниял, чадихъего бекулеб.
  • ГьабичӀеб жоялъул цӀар рагӀиларо.
  • ГьабичӀесе ечӀилан магъилъ хӀинчӀги ахӀдола.
  • ГьабичӀони, жо букӀунаро, бекьичӀони, хур букӀунаро.
  • Гьабулаго квинчӀони, кунаго хутӀула.
  • Гьабун-гьабунила гьндалъесул гъвала лъугьараб.
  • Гьабун куцараб квер, кванан куцараб чехь.
  • Гьабуни букӀунеб жо буго кеп. КӀваричӀеб гьабуни, кӀваричӀеб лъугьуна.
  • Гьабунщиналде бухӀун лъин щвана.
  • Гьабураб квание чи камуларо.
  • Гьабурас какулеб, кварас беццулеб.
  • Гьабурасе гьабизе цо къоги — нусго сон, нусго сонги — цо къо.
  • Гьабурасе гьабураб батула, гьабичӀесе гьабичӀеб батуларо.
  • Гьабухъе букӀунеб жо буго дуниял.
  • Гьавудила — гӀорцӀила, гӀодов чӀела — вакъила.
  • ГьарудичӀони, кваналаро, квалквадичӀони, букӀунаро.
  • Гьарудуларел квераз квасул нухи къаларо.
  • Гьир бакӀлъани, хӀама чӀола, хӀос бекани, гьоко чӀола.
  • Гьирда къачӀони, къвачӀида батуларо.
  • Гьиридаса тӀутӀ бачахъе. Гьури хӀалакъазул хӀалтӀуда цӀа рекӀуна.
  • Гьойдул хвалчен – чурийила, чодул малъар - кIалцIийин.
  • Гьорол къояль куй биче, цIадал къоялъ чу биче.

ГӀ

  • ГӀака бечӀчӀизе лъаларелъ «лолон гьетӀун бугилан» абурабила.
  • ГӀакъуба бихьичӀес къо хӀехьоларо.
  • ГӀедал течӀони, хведал толеб.
  • ГӀемераб рокъоб лъикӀаб, рекъараб ургьиб лъикӀаб.
  • ГӀемер чӀейги цӀар гуро, чӀечӀого вилълъинги рецц гуро.
  • ГӀолохъанчи дицаги реханин, херав чияс дунги реханилан абурабила нухалъ.
  • ГӀор щун букӀаго цӀул бахъе.
  • ГӀурай яс рокъой йигони, нусалъе рахӀат толаро. (КӀиабилей якьадалъ нусалъе рахӀат толаро).
  • ГӀурул рагӀалде щвечӀого хьитал рахъуге.
  • ГӀурул хӀарим гӀоралъ уна, лъарал хӀарим лъаралъ уна.
  • ГӀурусазул незнаю нусго томеналъул багьаяб.
  • ГӀухьби гӀемераб гӀи бацӀица гьурула.

Д

  • Дагьав гаргаде, гӀемер хӀалтӀе.
  • Дагь кӀалъалесул хӀалтӀи гӀемераб.
  • ДагӀнил цӀоко кьун, цӀел хъвайи босуге.
  • Дадил ургъел гӀоркь ккурас гьабила, гӀиял тӀалаб тӀил ккурас гьабила.
  • Дангизеги дун дангун, донкӀинивги дун тӀамун.
  • Дандежоялъул хур бекьулареб.
  • Данде ккарав чи чӀвараб, чанай араб гьой чӀвараб.
  • Даран рекӀкӀалъ гьабула, ригьин реццалъ гьабула.
  • Дармил эбел-эмен гьечӀел.
  • Дармица къей — анкьил ургъел, Хуруца къей — лъагӀалил ургъел, Ригьнаца къей — гӀумруялъул ургъел.
  • Дару камураб унти букӀунареб, багьана камураб гьереси букӀунареб.
  • Дида ракӀалда цӀани, цӀаназда ракӀалда цӀанкьеро.
  • Дида чанги бакъан лъалаанилан абурабила къоркъоца, щокъробе лъин кӀанцӀун, гъанкъилебилан гуребани.
  • Дие хъвалеб чагъана, чахъабазе бачунеб наку.
  • Дие щибан абун буго гъоркьа палугьанас.
  • Дир-дуралъул бицани, рос-лъадулцин рагӀи ккола.
  • Дир хур багъарулеб гьечӀо, дур гӀи багьарулеб буго.
  • Дир хӀатӀал свакачӀого, дир къваригӀел тӀубаларо.
  • Дирго боцӀи чияеги кьеларо, чияр чулпа диеги бокьиларо.
  • Дида абилеб дуца абуни, дица щиб абилеб!
  • Дица кьуни, диеги кьола.
  • Дицани как бала, амма дир куйдуз баларо.
  • Долого бекьараб хуралдаса квер босе.
  • Доморун вегарав диндарун вахъуна.
  • Дуда тӀил кьабизегӀан чӀа кьурдизе.
  • Дуда цо лъала, царада кӀиго лъала.
  • Дуда ццин бугони, дандеясдаги ццурараб гьоло букӀунареб.
  • Дудаго натӀ букӀаго чияда бугеб рокьоб борцунге.
  • Дуени дир РахӀматги йокьила, амма кьеларо.
  • Дуего бокьулареб жо чияеги гьабуге.
  • Дун вазнивги дица вазнивги чи дида чабхитӀасан ваккаравго лъала, (магӀладерил кици).
  • Дун кибе! Дун кибе — ян букӀунебила талихӀ, ахирги рощногохӀде кколебила/
  • Дун хӀежалде инилан абурабила мочол мугьалъ. (гьунар гьечӀев веццарухъан).
  • Дун чияда хъваларо, чи дидаги хъваге.
  • Дунан абуге, нил-ъан абе, диран абуге, нилъеранабе.
  • Дуниял буго баиДихъего билълъунеб жо.
  • Дунял гьабизе ккани, я рокьи букӀине ккола, я жахӀда букӀине ккола.
  • Дуниял-гӀаламги гӀуцӀцӀун, рокӀкӀен гӀицӀго хутӀулебила.
  • Дуниял къваридав чи вуго чи чӀварав чи.
  • Дуниял роцӀцӀун бугилан буртинаги тоге, вакъиларилан къаде квенги тоге.
  • Дуниял буго гьобо гӀадаб жо.
  • Дур-дурун хьонде унарей, хъан-хъамун бакъде унарей.
  • Дур ургъел гьабуларесдехун ургъел бикьуге, Мун вокьуларезул кумекалде хьул лъоге.
  • Дур хӀал дица бихьилаан, хӀарщукъали, гьадаб аллагьасул тушман гьаваялда гьечӀебани.
  • Дур цӀар ахӀичӀого, ияян жаваб кьоге.
  • Дураб бихьун дираб, дираб бихьун дураб.
  • Дурго гӀайибал рахчун, чиярал къватӀир чӀваге.
  • Дурго рагӀад кӀодолъун бихьуге.
  • Дурго рагӀи ккун чӀоге, дандеясухъги гӀенекке.
  • Дурго чода барахщун, чияр чу рекӀунге.
  • Дургояб чвантиниб тун, чияр квен кванаге.
  • Дургун бакъан рекъоларесулгун къайицадахълъи гьабуге.
  • Дургун ракӀ сукӀарав, салам кьун нечезаве.
  • Дуца эмен кзаназавураб щурминисан васас мунги кваназавизе вугев.
  • Дуцаго дудаго зинкӀкӀе, чияда зинкӀкӀани кин букӀунаян бихьизе.
  • Дуцаго рехичӀел хинкӀал хӀарччиниса ралагьуге.
  • Дуцагр гьабуралъулги багьа гьабе.
  • Дуцаго гьабураб лъикӀлъи кӀочене те, дуего гьабураб кӀочон тоге.

Е

Ё

Ж

  • Жавгьар кисинибги тун, капек балагьуге.
  • Жадул лълъар гьекъезегӀан, цӀадул лълъар гьекъей лъикӀаб.
  • Жакъа кунеб квен метералде те, метер гьабизе бугеб хӀалтӀи жакъа гьабе.
  • Жакъа тани, метер гьабизе ккола.
  • ЖамагӀаталъул пуруц кьурдаги рекӀуна.
  • Жаниб жо гьечӀеб къвачӀа гӀункӀкӀаца букъуларо.
  • Жиб-жиб росолъ гьобол лъикӀав.
  • Жиб гьитӀинабгӀан цӀунцӀраялъ ракь гьобогьуна.
  • Жибго-жибго биччани, ябу чуги бергьуна.
  • Жибго къвакъвадунила мокъокъица бусен тӀатинабулеб.
  • Живго гӀодов ккарав хекко вуцӀцӀуна.
  • Живго жинцаго веццаниш — хвана хӀалтӀи.
  • Живго цохӀо сапаралдё унесул берал мугъалда нахъа рукӀине ккола.
  • Жинда бугеб рухӀ бихьунила хӀанчӀидаса би баккулеб.
  • Жиндего ккараб мехалъ чучун, чияде ккараб мехалъ хӀамалъун.
  • Жиндирго рокъоб къадацаги кумек гьабула.
  • Жиндирго чорхолъ гьечӀеб чияца босуларо.
  • Жинцаго бухъаралъубе живго ккола.
  • Жинцаго живго квегъарав каламалъулъ цӀунула.
  • Жого гьечӀого жо букӀунаро.
  • Жого гьечӀого санде рахъу щваларо.

З

  • Загьруги лъазабе, гьекъечӀого тезе.
  • ЗагӀипасде къавукъунге, къадарав чиясулгун хоноги чӀваге.
  • Заз бекьани, заз бижула, унти бекьани, толо бижула.
  • Заман букӀана боз щолареб,
  • Заман бачӀана дарай гӀолареб.
  • Заманалъ гурони чи квегъуларо.
  • Заман нилъеда рекъечӀони, цилъ заманалда рекъезе ккола.
  • Заназда кьурдуге, майданалда кьурде.
  • ЗахӀмат бихьичӀого, рахӀат бокьарас, бекьичӀого лъилъе, нилъ гьечӀого хур.
  • ЗахӀмат бокьичӀого, рахӀат бокьарас, Бакьулъа гӀункӀрукьалъ кьурун бацӀе кӀал.
  • ЗахӀмат бихьун щвараб шагьи чӀобого швараб гъурушалдаса кӀудияб.
  • ЗахӀматалъ цагъур цӀола, царгъица рукъзал рала.
  • Зобалда кьвагьараб ракьалда тӀатарабила.
  • Зобалъул кьералъухъ валагьуге, ракьул куцалъухъ валагье.
  • Зулму гьабуге: мун кьижула, дуца зулму гьабурав ворчӀун вукӀуна.
  • Зулмучиясда зулмучи гъеждасан ваккун вукӀуна.
  • Зурма рекъезе къали к!утӀулеб.

И

  • Инаро дун хӀорихъе, хӀатӀазде бакъ щвечӀого, (кӀухӀаласул кици); ХӀетӀеги бахъиларо, гурга кодоб кьечӀого.
  • Инсул гьоболги тоге, эбелаб нухги тоге.
  • Инсул рател бичарас бачагохӀал росула.
  • Инсул хӀатӀ босуларев вас вукӀунаро.
  • ИнчӀого къоги беццуге, вихьичӀого чиги веццуге.
  • Исана сон савуд хварабгӀаги.
  • Их бащалъизегӀан божи бугеб хур тоге.
  • Их лъамалъичӀого, лъидир бакъвалъуларо.
  • Их тӀеренаб бачӀани, тӀил бегӀераб букӀуна.
  • Ихдал кьижани, кьиндал вакъула.
  • Ихдалия лъалъ — гъотӀол карае, Хасалил лъалъ — кьолбое.
  • Ихдалил къоялъ лъагӀалица кваназарула.
  • Ицикоги кетоги цого жойила.
  • Иццазулин лъар лъугьунеб, лъаразулин гӀор лъугьунеб.
  • Иццул бетӀер — тӀохил гомог.
  • ИчӀгоялъ гьабе, лъабгоялъ кванай.

Й

К

  • Каву къаси рахай, радал ричӀе.
  • Каву тезегӀан тӀех, тӀох тезегӀан карш.
  • Какни базабунин, алхӀамгӀаги цӀализабе кӀолеб батани.
  • Капек камун, шагьи босуларо, шагьи камун гъуруш босуларо.
  • Камиллъигун моцӀ тӀаса бекула.
  • Каранцайин МухӀама рехарав.
  • КартӀинибе квер бегьани, гӀонкӀкӀоцаги хӀанчӀула.
  • Карщ бухӀун тӀей, хӀисабин.
  • Катида цебе мохмохги тоге, гӀун хадуй ясги рокъой тоге.
  • Катие махсара — гӀонкӀкӀое — гажи.
  • Катил кумек бугони, гӀункӀкӀазул хӀал кколаро.
  • Кваназе бокьараб мехалъ катица тӀинчӀ рахъдалъ чӀвачӀвалебила.
  • Кваназе лъачӀони, хӀалакълъула, хӀалтӀизе лъачӀони, мискинлъула.
  • Кванан гӀорцӀичӀев чӀчӀикӀун гӀорцӀиларо.
  • Кванан рахъараб мехалъ рукъ чиярлъула.
  • Кваналареб хӀамица ХӀоцо мегӀер бегуларо.
  • КваначӀого хӀалтӀуге, хӀалтӀичӀого кванаге.
  • КваначӀого хӀалтӀуге: черх нахъе ккола, хӀалтӀичӀого кванаге: рукъ нахъе ккола.
  • КвинчӀониги гьан кьарияб лъикӀаб, кьечӀониги мадугьал бечедав лъикӀав.
  • Кварабги гьекъарабги — нилъер, квинчӀого, гьекъечӀого тараб — чияр.
  • Кваралъ эхеде, ххуралъ гӀебеде.
  • КвартӀил гӀуж лъунилан гӀарцул къимат холаро.
  • Квасул куналъ зоб кквеларо, зулмучияс ракь кквеларо.
  • Квачан цо рас бортизегӀан, хинлъун цӀоко хӀулизе бокьилилан абурабила цараца.
  • Квен гьабизе жо тӀагӀараб мехалъ, жибги бичеян абулебила хьагицаги!
  • Квен дудаго цебеса кванай.
  • Квен цӀехон гьобол вачӀунарев.
  • Квер багъаричӀони, кӀал багъаруларо.
  • Квер кӀобокӀунилан килищ бортуларо.
  • Квер ракул цӀечӀони, кӀал нахул цӀоларо.
  • Кверал хӀалтӀула, бетӀералъ малъула.
  • Квералъ бичизеги кӀолареб, кӀалалъ бичизеги бегьулареб.
  • Квеш хӀалтӀарасул — хӀамица, ХӀал барасул — гьакица.
  • Квешаб нухдасан рештӀунилан хварав чи цониги вихьичӀо, рекӀун хварав гӀемер вихьана.
  • Квещалде мутӀигӀасда хӀакъаб жо бичӀчӀуларо.
  • Квешасдасан квешлъи, лъикӀасдасан лъикӀлън.
  • Квешасдасан квешлъи, хьагидаса лахӀ.
  • Квешасе вагӀза гьабе, гьуинлъи бердин гьабун.
  • Квешлъиялъ лъикӀлъи гьабуларо, гважуца кьегӀер гьабуларо.
  • Квинарищан абураб жо — кванагеян абураб жо, гьекъеларишан абураб жо — гьекъогеян абураб жо.
  • Кето хӀалакъасеги хӀама кьариясеги яс кьоге.
  • Кибе гъугъаниги, Гъунибе цӀад.
  • Кибе ун букӀараб, гьитӀинаб, кӀудияб балагьизейиш?
  • Киве аниги хадув, хабалъеги цадахъ.
  • КигӀан битӀарабгӀаги, мунго дуцаго беццуге.
  • КигӀан гӀадалавниги, гӀебеде нух бокьила, ГӀемерго гьагавниги, гьакил шагьра бокьила.
  • КигӀан дунго битӀаниги, каратӀ битӀуларин диран абулебила борхьица.
  • КигӀан лъухьаниги къотӀуларо тӀухьиялъ жо.
  • КигӀан хьихьаниги, бацӀ рохьобе гурони балагьуларо.
  • Кидаго вехь гванзаб чол бетӀергьан.
  • Кидадай дун херлъила, бахӀараб мехалъ гьарурал гьунарал рицине.
  • Кинабго оцода гуребила рекӀелъ ракьа букӀунеб.
  • Кинавго чияс пуни, гьури багъарулеб.
  • Кинидасанго бай бихье, хвезегӀан цӀалде.
  • Киниса гьабуниги — дие гъедо. (Киниса гьабуниги, дие мекъса ккола).
  • Киса катие бахъухъ (КвинчӀо катица бахъухъ).
  • Киса щварабали лъалареб боцӀи, кибе арабали лъачӀого тӀагӀуна.
  • Кисан гирарабги гьорчо кӀкӀалахъе.
  • Кодоб кватӀани, болъонил цӀоко цӀеллъун бихьулебила.
  • Кодоб кквезе гӀоркь гуреб, гӀодоб лъезе тӀино гуреб. (ХӀасил кколареб рагӀи, рагӀалде бахъунареб хӀалтӀи).
  • Кодобе кьураб рукӀкӀен тӀад гьабураб маргъалалдаса лъикӀаб.
  • Колол гьойда хӀапизе лъалареб.
  • Корохъ гьабизе яс, гьабихъе ине нус.
  • Куркьби рижани, хӀинчӀ босада чӀоларо.
  • Кутул гьечӀеб гьорор гӀункӀкӀал расандула.

Къ

  • Къад кьерхун, къаси роцӀцӀен — хур-хералъе балагь, Херав чиясул бах!арай лъади-рукъалъе балагь.
  • Къададаги гӀундул ругел, гӀалхудаги берал ругел.
  • Къадал кьучӀ х!амайила, хӀуби кьекӀкӀелила.
  • Къадарал жал гьаризе бегьуларебл'ьи лъазе кколеб гӀадин, къадараб цӀар лъеларедухъ хьвадизеги лъазе ккола.
  • Къаденахъе мегӀерги бегуге, бакъанида росоги тоге.
  • Къан хӀамил рачӀ чӀчӀоларо, хӀурул гьабун чед чӀоларо.
  • Къандалъоялъубе рехун, гӀебу бахчиларо.
  • Къаралас гважи беццун бичараб.
  • Къарз ваццасе гьабуге, гьоркьоблъи хунгутӀизе.
  • Къасд бихьун гӀамалила, гӀамал бихьун хӀалтӀийила.
  • Къасд кканщинаб жоги щоларо, тӀалаб гьабунщинаб жоги батуларо.
  • Къаси бусада лъечӀеб бетӀер радал тӀаде босизе батуларо, (Къаси вега, радал вахъа).
  • КъачӀеб хариниб хер бижуларо.
  • КъваригӀани ахӀизе, ХӀохьочида цӀар лъала.
  • КъваригӀел ккун ахӀулеб мехалъ ХӀажимурадил Давуд, къваригӀараб жо гьечӀеб мехалъ ХӀинкӀил Давуд.
  • КъваригӀинчӀеб жо босани, къваригӀараб бичизе ккола.
  • КъватӀул цӀогьор кӀулаца ккола, рукъалъул цӀогьор сунцаго кколаро.
  • Къебед чӀвалароан, къаси бетӀер къаданиб жоялда лъун букӀарабани.
  • Къед биххараб мехалъ бахъинчӀеб хӀур нахъа бахъунаро.
  • Къинаб квер хӀорго тани, хӀажатаб жо щоларо.
  • Къинал кверал хӀор гьарун, хӀалихьалъи баччуге.
  • Къинал ккарал хӀор гьарун, хӀалихьалъи баччуге.
  • Къо радалго буго.
  • Къого бихьичӀого чилъи бокьарас, Ярагъго гьечӀого рагъде къасд гьабе.
  • Къойилго букӀуна дун аниб (XӀамил xlакъалъулъ).
  • Къокъид арав хутӀарав, халат арав вуссарав.
  • КъотӀун гӀодобе рехун бугониги, чол бохалда божуге.
  • КъочӀчӀоде гӀебо гӀадин ккана.
  • Къуларасе раччи, баччарасе магь.
  • Къулиладайилан могьода гьикъарай, къотӀиладайилан сумада гьикъарай.
  • КъулчӀизе кӀолареб жо хӀанчӀуге.
  • Къурасул рекӀел унти - бергьарав чӀвалеб чӀор.

Кь

  • Кьабураб зар гьанада унтула, абураб рагӀи рекӀеда унтула.
  • Кьарияб чу — лъикӀаб чу, хӀлакъаб чу — квешаб чу.
  • Кьвагьизе-ккани, цӀун букӀине ккола.
  • Кьвагьи гьечӀеб бакӀалде гӀарада баге,
  • Кьвагьун бахъунареб бакӀалда гӀуж баге.
  • Кьерхаде хъвараб хер роцӀаде бакӀарула.
  • Кьерханкъо къалъуларо, къокъав чи херльуларо.
  • Кьерхахъе зоб букӀунаро, рештӀухъе бо букӀунаро.
  • Кьижарав чи — хварав чи.
  • Кьижарасе инсул бутӀа кьечӀеб.
  • Кьили чӀванилан гӀурцӀмадул айгъир бахъинаро.
  • Кьодукьа гурелила хӀинкъулел, гӀурукьайила.
  • Кьолаго босе, кьабулаго лъуте.
  • Кьолесда гьарула, гьабулесда малъула.
  • Кьураб босун барще.
  • Кьураб квералда лъала, квараб чехьалда лъала.
  • Кьурасул квералда гурони, кварасул кӀалалда лъаларо.
  • Кьурда хоно чӀваге.
  • Кьурдун свакаравги кванде, гӀодун свакаравги кванде.
  • Кьуру биххана, борохь нахъе тана.

КӀ

  • КӀал биччан къоялъ гьечӀеб хоно дие щай? Шал богӀое те.
  • КӀал бугеб чода, чу бугев лъелго.
  • КӀал цӀунарав воххула, хехлъарав пашманлъула (КӀал гӀемерав воххичӀо, вуцӀцӀарав пашманлъичӀо).
  • КӀалги хъатги Хъандулалъе, хъатиниб жо Денгасе.
  • КӀалдибе борта багӀаргӀеч. КӀвахӀ буго сахлъиялъул тушман, хӀалтӀи буго гьелъул гьудул.
  • КӀал цӀуне, бер цӀуне, чияр бицунев вукӀунге.
  • КӀалалъ рии бицун, рекӀелъ хасел ккоге.
  • КӀалалъ реххулаго, хвалчаде квер бегьуге.
  • КӀалдиса цаби гъиналде пиштӀе, гьаракь кӀудияб бахъине.
  • КӀалдисан араб бадиб речӀчӀула.
  • КӀалдисан унеб калам пайда гьечӀеб бицунге, ГӀияда гъорлъ речӀчӀараб бацӀ гӀадйнан вукӀунге.
  • КӀалзул гьуриялда гьод букӀунаро, Гьягал рагӀабазда дун божуларо.
  • КӀалзул рагӀи ругьнадаса ссудула.
  • КӀалцӀи бани, чу бекерула, чури тӀуни гьой багъула.
  • КӀалъалареб кӀал букӀунареб, бакъвалареб ракӀ букӀунареб.
  • КӀанцӀани бох бекулеб, борхалъуде вахуге.
  • КӀандӀун вахъунареб бакӀалда хӀуч хъваге.
  • КӀвахӀ месед гуро, хӀалхьи гӀарац гуро.
  • КӀвахӀалъ вас гьавуларо. KlвaxӀaлъ унтизавула, хӀалтӀуца сах гьавула.
  • КӀиго балагь тӀаде ккани, бигьаяб тӀаса бище.
  • КӀиго бетӀерги рекъани, ункъо кверги хӀалтӀани, рукъ цебе тӀола.
  • КӀиго бетӀергьанчи разияб гуреб даран битӀун кколаро.
  • КӀиго гӀанкӀида хадув векерани, цонигияб щоларо.
  • КӀиго чи данде гъуни, гъветӀ чӀезе кколеб.
  • КӀиго чӀужу йигев чиясул рукъ лъухьичӀого хутӀулеб.
  • КӀиго чӀужу ячине бацӀ биччан те.
  • КӀиго харил квацӀиялъул кинаб тӀаса бищилебали лъачӀого, хӀама бакъуда хварабила.
  • КӀилъилалъул гьин гуро, ГьетӀарасул си гуро.
  • КӀиябго бералда чияр лъимал рихьараб мехалъ, цояб бералданиги нилъерго лъималги рихьизе ккола.
  • КӀудияб оцоца рахъ кӀудияб цӀала.
  • КӀудияб унти макъица унеб, гьитӀинаб унти кваница унеб.
  • КӀудияв чи хвани рукъ бухӀула, гьитӀинав чи хвани, керен бухӀула.
  • КӀудиял ургъалабаз гьитӀинал ургьалаби кьеркьезарула.
  • КӀухӀал гӀодов вукӀун кьижула, вегун кванала.
  • КӀухӀал гӀодов чӀунги свакала.

КІкӀ

  • КӀкӀара боржани, гьоко къирула.

Кк

  • Кколареб къо босун хвараб хӀама.
  • Кколаребила чӀегӀераб цер, кквезе ккани, ункъабго цадахъ кколебила.

Л

  • Лабалда хурги бекьуге, бугьаоцги хьихьуге.
  • Лабаллъуда хур гьабуге, лъарал рагӀалда рукъ гьабуге.
  • Лагъ гӀадин хӀалтӀе, хан гӀадин кванай.
  • Ладе валагьарасе — рахъу, бухъулесе — кани.
  • Лал тӀамизе бегьулареб къоялъ, къед гьабизеги бегьуларо.
  • Ламадур кьуни, дадила, кьечӀони, Тиш ХӀасан.
  • Лачен боржаралъуб гъеду рештӀуна.
  • Лачеп — чанабе, гъеду — рощноде.
  • Лачеиги чучула чи гӀемерлъани, чаранги биуна цӀа гьалаглъани.
  • Ле, гӀакълу дагь, тӀуруге, гӀи тун гӀангис киниги; ГӀадамал тун хьвадани, хьитал хун басралъулин.
  • Ле ян абурасда я, — ян абизе кӀоларев чи къватӀиве вахъунге.
  • Лочнол бетӀералда чаргъеду чӀезабуге.

Лъ

  • Лъабго къоялъиш хьихьилел? Лъабго моцӀалъиш?—ан гьикъулебила цараца тӀанчӀазда.
  • Лъабкъого сон барав чи — лъилъизе мех щвараб гьохъил хур.
  • ЛъабцӀул къинлъичӀого гӀака лъалареб.
  • Лъадал бериш?Рокьол гӀусиш?
  • Лъади лъикӀав лъикӀ вуго, лъади квешав квеш вуго.
  • Лъади ячине анцӀгоявгун ургъе, йиччазе нусгоявгун ургъе.
  • Лъадул букӀунила букарараб бакӀ цо-цо бухичӀони рукен (букари) сунареб (къотӀулареб).
  • Лъадулгун кколеб къецалдаса тӀагӀан гьечӀеб дандежо букӀунареб.
  • ЛъазегӀан харбил багьа — нусго томен, лъан хадуб — цо капек.
  • Лъай гьечӀевгун ургъани, ургъалабалъе ккола.
  • Лъалареб бакӀалда адабги гьабуге, гӀорцӀулареб бакӀалда вакъиги лъазабуге.
  • Лъаларилан аби — кӀалзуе бигьалъи, кӀоларилан аби — чорхое бигьалъи.
  • Лъалев чиясе гьабида гӀаитӀеро базе бигьаяб жо.
  • Лъалес малъараб гьабичӀев мурадалде щоларо.
  • Лъалес чу босе, лъаларес куса босе.
  • ЛъарагӀалда магӀаруяасулъеги унге, магӀарухъ дибирасулъеги унге.
  • ЛъарагӀалда чехь цурав, чачаналда мугъ цурав (хур бекьизе кӀухӀалав чи).
  • ЛъарагӀасул гьакица гӀанкӀ ккурабила.
  • ЛъарагӀ мацӀ бицунилан цӀамухӀор бетиларо.
  • ЛъаргӀий цӀанде, цӀорой билде (къункъраби).
  • Лъаракьа гурелила хӀинкъулел, гӀурукьайила.
  • ЛъаралтӀе гӀор кӀанцӀана.
  • Лъебелазул кун, куралазул рукъи (кӀиябго бецаулеб буго).
  • Лъеда бараб полоп гӀадаб жойила рослъадиялда гьоркьоб кколеб кьал.
  • Лъеде мугъ чӀваге, гьерсиде ракӀ гьоге.
  • Лъеда гьабун накъиш чӀоларо.
  • Лъезе лъаларес тӀагъур бахъуге.
  • Лъеца гьобо, цӀеца кор.
  • ЛъикӀ букӀаго, «патихӀа!»
  • ЛъикӀ хьвадарав квеш холаро, квеш хьвадарав лъикӀ холаро.
  • ЛъикӀаб батани, канае, квешаб батани, цӀадуе.
  • ЛъикӀаб дару кьогӀаб букӀунеб.
  • ЛъикӀаб гьудуллъи хазинаялдаса лъикӀаб.
  • ЛъикӀаб жоялъе къей гьечӀеб, къадаралъе бергьенлъи гьечӀеб.
  • ЛъикӀабги бихьаги, квешабги бихьаги.
  • ЛъикӀаб рагӀуда мал баге.
  • ЛъикӀаб хӀама бакӀаб букӀуна.
  • ЛъикӀаб дӀарагӀалда цӀадул бетӀер букӀуна.
  • ЛъикӀав бахӀарчиясул вас къадараванги тоге, къадарав чиясул вас бахӀарчиянги тоге.
  • ЛъикӀалда мал бани, квешалда къвал базе ккола.
  • ЛъикӀасул лъикӀлъиги квешасул квешлъиги кидаго кӀочонареб.
  • ЛъикӀлъи бихьарасул кар, квешлъи бихьарасул малъ.
  • ЛъикӀлъиялда дебе — квешлъи, квешлъиялда цебе — лъикӀлъи.
  • Лъин бахунеб мехалъ гурони чахъдада бацӀ кӀочонареб.
  • Лъин гьечӀеб магӀарда чу кӀутӀулареб, къачӀеб магӀардаса хер бедулареб.
  • Лъин дагьлъигун, гьабил гӀузраби тӀатуна, херлъигун чорхол гӀузраби тӀатуна.
  • Лъин рахънибе ккола, чи нухде ккола.
  • Лъин дӀоровулъ цӀо бурут!
  • Лъимал гьаричӀесда рокьи лъалареб, лъимал хвечӀесда рухӀел лъалареб.
  • Лъималазда релъул даги бихьуге, ццидал расги бихьуге.
  • Лъималазул унти эбел-инсул гьумер ничараб жо.
  • Лълъурдул гъезе араб гъвала, гӀундул къотӀун бачӀарабила.
  • Лъун бихьараб кьили лъикӀаб, къвагьун бихьараб ярагъ лъикӀаб.
  • ЛъутӀарав щив, букъарав хвад? (махщаликъав устар гӀад гьавун).

М

  • МархӀабаян кьабуниги, къотӀула, ма, хӀамаян кьабуниги къотӀула.
  • Ма дуе, ма дие (даран лъикӀаб, маян дуцаги кьураб, маян дицаги кьураб).
  • Ма, сахӀан гӀака бачӀунеб, кье сахӀан чу бачӀунеб.
  • Мавул — кьей, кьовул — божи (маян кьураб жоялде божи цӀикӀкӀараб).
  • Магъал гьанахъ гьоэр щоларо(нилъее къваригӀараб къоялъ лъикӀалъулъ квешаб щолареб).
  • Магьахъ балагьун кьурде.
  • Магъил ургъел гьабулагойила хӀанчӀил бохдул тӀеренлъарал.
  • Магьихъ ралагьуге, гьакихъ ралагье.
  • МагӀарда чан букӀаго, чурун хьаг цӀеда лъоге.
  • МагӀарде гъуниги, хӀамида заз гурони букъ-улареб.
  • МагӀарде гӀазу бани, гӀурдаде саву ккола.
  • МагӀарзухъан кӀалдибегӀан къокъаб жойила гьереси.
  • МагӀарухъ хур хвани, хьиндалазул пихъги хола.
  • МагӀу рекъезе — рагӀи, риба хӀалаллъизе — хӀилла. (МагӀу рекъезе — далай).
  • Мадугьаласул хӀелеку хъазлъун бихьулебила.
  • Макьие сабру гьечӀеб, рокьуе берцинлъи гьечӀеб.
  • Макьу толеб жо — ургъел, гӀадан холеб жо — хиял.
  • Макьу щварал кьижула, рокьи ккарал свердула.
  • Малла-Насрудинил далай лъугӀаниги, чӀанда хабаралъе лъугӀел букӀунаро.
  • Маяълъа цебеялда хадуб.
  • Малъараб гьабе, гьикъараб биде.
  • Малъараб гьабуни, дагӀба кколаро.
  • Малъараб гьабичӀев ХӀавал Палица.
  • Малъарасул кӀал бекуларо, кӀанцӀарасул бох гурони.
  • Малъизе чи тӀагӀунаро, малъараб босаги.
  • МалъичӀеб гьабуге, гьикъичӀеб бицунге.
  • МалъичӀого хӀалтӀи гьабуге, ахӀичӀого кваназе унге.
  • Маргьабаца кантӀула, магьалуялъ кӀвекӀула.
  • МаслигӀаталъ рекъезарула, мацӀица ратӀа гьарула.
  • Махсара гьабе бакӀ бихьун.
  • Махсара гьабе, махсара лъалев чиясе.
  • Махсара лъикӀаб кӀиго чи велъараб.
  • Маххул нуцӀа цӀулал нуцӀаялде ккараб.
  • Махщалица квен гьабуларо, жинцаго кьола.
  • MaxӀ квеш — сег, сум квеш — огоб.
  • МахӀалда хӀал букӀаго, хӀетӀ босе.
  • МацӀ гӀадамасул кунге, хӀайваналъул кун.
  • МацӀалда ракьа гьечӀо, амма гьелъ ракьа бекула.
  • МацӀалде гьоцӀо тӀун, гьодилъ жо баге.
  • МацӀалда кӀолаго, кӀудиялде ваккуге.
  • МацӀид чи чӀвала, цӀогьод оц хъола.
  • Маялда мал бани, кьеялда кьили чӀвазе кколеб.
  • Маян кьураб босичӀони, кьеян гьаризе кколеб.
  • МегӀер бичилалде хер биче, хер бичилалде хьацӀ биче (цин къадараб биче, хадуб гурони лъикӀаб бичугеян абураб жо).
  • МегӀер кӀкӀваниш, гӀор кӀкӀваниш? (яшав гьабизе, гӀадамазулгун хӀал рекъезабизе гьедигӀан бакӀаб-захӀматаб жоян абураб магӀна).
  • МегӀер мегӀералде кколареб, гӀадан гӀадамасде кколев.
  • МегӀер мегӀералде щун бугилан абуни, божа, гӀадамас ругьунаб гӀамал тун бугилан абуни божуге.
  • МегӀер радал беге, гӀор къаденахъе бахе.
  • МегӀергун барщун гӀанкӀ тӀубаларо.
  • Месед балагьизе арав бухъулаго хваравила.
  • Месед хъванилан хъирмил багьа холаро.
  • Меседил кверазул багьа гьечӀеб, гьел ричун росизе щдоларел.
  • Метер гьабулеб жоялде жакъа ургъе.
  • Метер гьабилилан хӀалтӀиги тоге, регӀараб мехалъ гьабилилан гӀаданлъиги тоге.
  • Метер кунеб мохмохалдаса жакъа кунеб гьоэр лъикӀаб.
  • Метер къоялъул хӀисаб гьабичӀев нахъа пашманлъула.
  • Метер семиялдаса жакъа рагъи лъикӀаб.
  • Метериса бохха, цер.
  • Минуталъ нахъа хутӀарав сагӀаталъ хадув гъоларев.
  • Мискинлъиялъе дару хӀалтӀиййла, хӀинкъиялъе дару таваккалила.
  • МичӀ бекьаралъуб — мичӀ, жух бекьаралъуб—жух.
  • МичӀчӀил кьолбода кьагӀрил тӀегь баларо.
  • Могьой гьали, гьанай кватӀи.
  • Мокъиде хъазги бахинабун, хӀелкида къинлъеян абуге.
  • Мокъокъида чӀор речӀчӀани, чӀоролида зунула.
  • Мокърукь бетӀер тункичӀого, гӀадамасда гӀакълу щоларо.
  • Мохмохида нах бахунге.
  • Мохмохиде хьул лъун, хьолбодаса ватӀалъуге.
  • Мохмохил маргьа бице, дада, мохмох кварал гӀадин рукӀине.
  • МоцӀ нилъехъан бугони, цӀвабзазул ургъел кколаро.
  • МочӀолъан рагӀи бугин, рагӀал чӀван вилълъа.
  • Мугъ биччичӀого, хур биччуларо.
  • Мугъ чӀвазе къед бугони, зарул тирхи букӀуна.
  • Мугъалъ баччиялдаса чехьалъ баччи лъикӀаб (квен).
  • Мугъзада чед букӀаго, чехь бакъизе биччаге.
  • МугӀрул гӀин цӀодораб, гӀалхул бер цӀодораб.
  • МугӀрул каву гӀатӀидаб.
  • МугӀруя рукъги рукъалъул хӀубиги гьабуге (Буртинаги чӀужуги).
  • Мун гъалбацӀ ватани, гӀадамал гӀанкӀал гуро.
  • Мун квазавурав чи — мун вокьулев чи, мун гьекъезавурав — мун рихарав чи.
  • Мун кида биххилебан гьикъанила къадада. ХӀарщуда гьикъеян жаваб кьунила кьадаца.
  • Мун кида холебан гьикъараб мехалъ, нахуда гьикъеян абунила къородисесул лакаялъ.
  • Мун лъикӀабилан абуни, хӀамикӀертги бохулебила.
  • Мун цӀализе иналде, дун цӀалун вуссун вукӀана.
  • Мунги-хан, дунги-хан, чуязе хер лъица балеб?
  • Мунго дудаго лъачӀого, чияда гӀайиб чӀваге.
  • Мунго дуцаго.
  • Мунго дуцаго веццуге, халкъалда веццизаве.
  • Мунго цӀакъавилан ккун, чи хӀакъир гьавуге.
  • Мунилан холев дун, хабалъе дун восагиян мун.
  • Мун лъил гьакида рекӀаниги, кечӀ гъосул бакъаналда ахӀе.
  • Муниш наиб? Дуниш наиб?
  • МутагӀиллъун вугев васасда битӀараб гьумер бихьуге.
  • Мухь гуреб жо кьун, вехь гурев чи тоге (вехь те, мухь кьун те).
  • МухӀама хӀалтӀун, ХӀажица кӀутӀун.

Н

  • Нагагь лъаларилан лъабго хьит гьабурабила.
  • Наги тӀутӀги цадахъ хӀалтӀуларо.
  • Наги тӀутӀги цо тӀалинир хӀалтӀиларо.
  • НагӀадалаялъул бетӀер чӀахъаги.
  • Наккдалъ бахчун варани тӀубаларо.
  • Наку щвараб мехалъ щибго кьурдула.
  • Налъи бецӀиялъ берцин гьабула, гӀадан битӀараб бициналъ берцин гьавула.
  • Насибалдаса ратӀалъиларо, гӀажалалдаса хвасарлъиларо.
  • Нах гӀемерлъун карщ холаро.
  • Нах тӀад ккола, тӀухьи гъоркь ккола.
  • Нухда букӀараб гьой чуруде ккани, чури хӀехьолебила, чуруда букӀараб нахде ккани, нах хӀехьоларебила.
  • Нахда чӀечӀеб гъуд родода чӀолеб.
  • Нахъ буссун дудаго речӀчӀулеб чӀор реххуге.
  • Нахъа бугеб куйдаса кодоб бугеб гӀечго лъикӀ.
  • Нахъа гъезегӀан тунила къоркъода рачӀ гъечӀого хутӀараб.
  • Нахъасан чухъа ккурасул чухъил квенчӀел дуцаги ккве.
  • Нахъе валагьун гьури биччай, цеве валагьун гьорчо биччай.
  • Нахъе валагьун кӀалъай, цеве валагьун вилълъа.
  • Нахъе лъураб жо лъималазегӀаги батулеб.
  • Нахъе тараб квен катица уна.
  • Нахъе тараб порччое гьобол лъикӀав вачӀуна.
  • Нахъеги бицани, рузманалъе гӀела (цого жо такрар гьабиялде).
  • НацӀие квешезе цӀаха бухӀуге.
  • Наял рагъила — гьоцӀо тӀагӀина.
  • НекӀсияб сон гуро, сонсияб къо гуро.
  • Неккияб сонги букӀунареб, сонсияб къоги букӀунареб.
  • Нилъ кьижаниги, мегъ кьижулареб.
  • Нилъго нилъехъангойилан абун буго гӀатӀахинкӀаз.
  • Нилъедаса бечедаб бакӀалдасан ригьин гьабизегӀан, гьорода бадире рилълъин лъикӀаб.
  • Нилъерго рагӀиян абун буго цӀргьабаз.
  • Нилъер къвачӀид кколареб чияр цӀалкӀид кколаро.
  • Нилъер чияда, чияр нилъеда.
  • Нилъерго хьитинибе ккечӀеб цӀаялъ хӀецӀе бухӀуларо.
  • Нилъер цабзаз кквечӀеб чияр кӀутӀбуз кколаро.
  • Нилъер чехь унтун букӀин чияда лъалареб.
  • Нилъер чехьги чияр тӀехги бугилан чохьол чӀоло чучуге.
  • Нилъерабго чинква (чинкир), чияраб курак.
  • Нилъерго лъарал гьаракь бугони, чияр гӀоралъул хъуй рагӀуларо.
  • Нилъерго хӀал нилъедаго лъала.
  • Нилъеца квараб чияр, чияца квараб нилъер.
  • Нилъецаго абураб бокьулеб, чияца абураб бокьулареб. (Нису тӀамун тӀех кванан рукӀин лъикӀ, тӀад вугев чиясе наку чӀвазегӀан)
  • Нилъецаго гьабичӀеб нилъее батуларо.
  • Нилъеца цӀали лъабго къоялъ тани, цӀалиялъ нилъ лъабго моцӀалъ тола.
  • Нич гьечӀелъуб яхӀ гьечӀеб.
  • Носоца гуреб къотӀулеб, квералъин.
  • Нохъо тун, нохъо бацӀцӀалъиларо, нохъо чороклъулеб гӀамал течӀони.
  • НугӀ гьечӀеб жо — гьереси.
  • Нусалда бичӀчӀизе ясалда абулеб.
  • Нусго томеналъул багьаябги букӀуна гьереси.
  • Нух бекьуге, хур бекье.
  • Нух гьечӀеб кьуру букӀунареб, кьо гьечӀеб гӀор, букӀунареб.
  • Нух къваридав чи — хьитал къарав чи.
  • Нух лъикӀабани, нухда хер бижилаан.
  • Нух цо гьабе, роцен кӀиго гьабе.
  • Нухда иналде гьалмагь валагье.
  • Нухда унаго, радал хекко вахъа, бакъанида хекко рештӀа.
  • Нухда лъин, лъеда гьобо.
  • Нухлул халалъиялде валагьуге, чӀолеб бакӀалде валагье.
  • Нухъа бахъаралъуб хъвек рештӀуна.
  • НуцӀа гъезегӀан гъелдареч, хур бачӀинегӀан пурчӀина.
  • НуцӀил кӀалтӀаго — хӀеж, хӀобокьго — алжан (лъадилъун ячинесей яс мадугьалихъго ятараб мехалъ).

О

  • Огь, бачӀораб чӀагӀа, чӀегӀераб тӀокӀкӀел, ЧӀартил ракӀ бугесда маххул ракӀ гъолеб (халкъиял рагӀаби).
  • Огь, берцинай, берцинай, бецичӀого ссан тарай;
  • Огь, чӀухӀарай, чӀухӀарай, чӀарачӀого хур тарай.
  • Огьогьоялъ гьорчо кколаро.
  • Ордекалъул тӀанчӀида ханинибго лъин лъалеб.
  • Охолиса бекьичӀеб хаслихъе босулареб.
  • Охолиса карш лъама, хаслихъе хинкӀал чӀахӀа.
  • Оц бегьиниб жо басиялдаго лъала.
  • Оц бихьун рихьи бай, басиялда гӀурдул рай.
  • Оц кьурул рагӀалде къайгун, хӀамида ургъел чӀвалеб.
  • Оц рукьалда квегъула, чи заманалъ квегъула.
  • Оц мацӀ лъалес хъун батаги.
  • Оцал гьечӀесул рекьи хӀалакъаб.
  • Оцал магӀарда, МухӀама рагӀдукь.
  • Оцал тӀуричӀони тӀор баларо, тӀаде ракь хъвачӀони, хур бачӀунаро.
  • Оцода бече гьабеянги абуге, гӀака гьакидаги баге.
  • Оцода бичӀчӀизе, булагъада кьабулеб.
  • Оцол лълъаран хӀамил гӀин ккоге.
  • Оцол тӀомол бицинчӀого, тӀомохьитазул бицунге.
  • Оцол хъири бахъинчӀони, магӀил хъуй бахъунаро.
  • Оцол хъири гуреб, хъурмил гьаракь гуреб.
  • Оцолаб босе, басидулаб те.

П

  • Пикру гӀемерлъани, чи гӀадаллъула.
  • Пикруялда кӀалъани, рагӀулъ мекъи кколаро.
  • Пихъ бижулареб гъветӀ гьуршуларо.
  • Пурцил гьаракь къотӀани, къолол бетӀер камула.

Р

  • Рагъ хинкӀазулгун лъикӀаб.
  • Рагъалдаса рекъел лъикӀаб.
  • РагьумахӀугӀан бегизе захӀматаб мегӀер гьечӀеб. (Рукъалъул рагьумахӀу ГӀакару мегӀергӀанаб).
  • РагӀал бахъун хур бекье, ракьан бахъун бокь хъваштӀе.
  • РагӀал гьечӀеб кьуру гьечӀеб, рагӀал гьечӀеб авлахъ гьечӀеб.
  • РагӀалалдаса ракьан лъикӀаб (нухлул).
  • РагӀи бугеб рукъалдаса, рукъго гьечӀого, къватӀир лъикӀ.
  • РагӀи бугеб рукъалдаса магӀу бугеб рукъ лъикӀаб.
  • РагӀи гьабизе — нус, нису квине — яс.
  • РагӀи гьабуларес боцӀи хьихьиларо.
  • РагӀи гӀарац буго, гӀин тӀами месед буго.
  • РагӀи жаниб лъоларев чиясда балъгояб жо бицинегӀан, квенчӀел цӀун босун къотӀнобе бай.
  • РагӀи къватӀиб, дун рокъов. (КӀал бугев чода, чодулав лъелго)
  • РагӀи рагӀуде бачӀуна, гӀор кьодукье бачӀуна.
  • РагӀи ургъун бице, кици бакӀ бихьун тӀаме.
  • РагӀи хӀалакъаб биде, гьан кьарияб кванай.
  • РагӀуда гугьар гьечӀин, гьурал жалго те.
  • РагӀул гьоло гьабуге, гьалил мигъир гьабуге.
  • РагӀул гӀомо гьабуге, гӀабдалгун щагъадуге.
  • РагӀул гӀоммоялъул гӀарщал гьаруге.
  • РагӀул квешлъи — халалъи, ххамил квешлъи — гьечӀолъи.
  • РагӀул квешлъи — халалъи, харбил квешлъи — гӀемерлъи.
  • РагӀул тӀанчӀи риччаге, тӀулида ццин бихъуге.
  • РагӀуца рагӀи бахъула, бакъуца чӀетӀ бахъула.
  • Радал вахъарасул кьегӀер цӀуяб.
  • Радал къед биххун, къаденахъе хӀур бахъун.
  • Радал яхъаралъул балъ тӀокӀаб.
  • Радалго гьабураб хӀалтӀи лъйкӀаб, гьитӀинго ячарай чӀужу лъикӀай.
  • Ражи — мискинчиясул данде жо.
  • Ражидулъ анкьго дару бугеб.
  • Ражихуялъул тӀиналда гьабуниги, бертин бетичӀого хутӀулареб.
  • Рак гьечӀого, бокь бичуге, бекьичӀого хур бичуге.
  • Ракъи-хьул, свак-кӀвахӀ.
  • Ракьулъе рехханиги, месед холаро.
  • Ракъдада чугӀа чӀоларо, чвантиниб гӀарац чӀоларо.
  • РакъичӀого кванаге, къасд букӀаго жибго те.
  • Ракъун кванани, квен гьуинлъула, гьимун бицани рагӀи гьуинлъула.
  • Ракь бижилалде рак бижараб.
  • Ракьул бетӀергьан вуго бекьарав чи.
  • Ракьул гӀанкӀ ракьул гьойца гурони кколареб.
  • РакӀ битӀизегӀан мацӀ битӀуларо.
  • РакӀ бухӀун гӀодани, беццаб бадисаги магӀу бачӀуна.
  • РакӀ гурхӀи гьечӀеб хӀал — хӀанчӀун кунеб гьан.
  • РакӀ гурхӀун аскӀобе бачараб бурутӀ ццин бахъун бачахъиялде ккола.
  • РакӀ щваралъубе хӀетӀ щола.
  • РакӀалда бугеб жо бицинчӀогойила нухъа чӀегӀерлъараб.
  • РачI халатаб гьойдасаги цIуне, гьод халатаб чодасаги цIуне.
  • РекӀедаса рекӀеде — кьо.
  • Ралъдадаги гел лъе (исрап гьабуге).
  • Ралъдаеги щуб къваригӀунеб, щубаеги бакъ къваригӀунеб.
  • Ралъдалъе чӀимих бортаниш, ана нилъедаса.
  • Ралъдалъе лъинги тӀоге, рохьобе тӀилги босуге.
  • Рас хӀеренаб бихьунила хӀанчӀаз руз бетӀулеб.
  • РатӀа тӀамиледухъ вачӀунге, бох тӀамиледухъ вачӀа.
  • РатӀалги щоларо, щигат диеги гӀоларо.
  • РатӀлица — чи, чоца — багьадур.
  • Рахараб гъансиеги буцӀцӀараб кӀалалъеги рахӀат букӀуна.
  • Рахь баккулареб гӀакдае чури кьоге.
  • Рахь гьечӀеб гӀакдаца гӀартилъ мал бала.
  • Рахь хахулелъул бече хӀалакъаб.
  • Рахьдал тӀанкӀ гьечӀони, бече лъугьунареб.
  • Рахьдалъ рас хекко бихьула.
  • РахӀатгун хӀалихьалъи, захӀматгун бахӀарчилъи.
  • Раччи бачче черхалда рекъараб.
  • РачӀ бухьун, хӀама чӀоларо.
  • РачӀ къотӀун борохь къелъе биччаге.
  • РачӀ кӀудияб лъугьинебилан дегӀен хьихьун букӀарабила, лълъурдул кӀудиял лъугьун, чехь бихъизе ккарабила.
  • Регьел гӀуралъубе щуб гӀолеб.
  • «РегӀуларо, щоларо» гӀиллалъун рикӀкӀунаро:
  • Рекьи басандичӀони, хӀалтӀул хӀур бахъунаро.
  • Рекъав чиясул рагӀад рекъаб букӀуна.
  • Рекъараб рехъалъ хъумур речӀчӀуларо.
  • Релълъаралда рекъарабила рохьдолъ хӀайван данделъулеб.
  • РекъечӀеб бицарасда бокьулареб рагӀула.
  • Рекъон хӀалтӀарабгӀан колхоз бечедаб.
  • Рекъон кванай, къец бан хӀалтӀе.
  • Рекъон чӀикӀаре.
  • РекӀарасда лъелав велъуге.
  • РекӀарасухъ ралагьун рекӀа, рештӀарасухъ ралагьун рештӀа.
  • РекӀее ихтияр кьуни, ихтияр гьечӀеб бакӀалде ккола.
  • РекӀел бер балагьичӀони, бералда канлъи бихьуларо.
  • РекӀел гӀин гӀенеккичӀони, гӀиналда рагӀи рагӀуларо.
  • РекӀел хӀал хьарав ХӀариколосесда хӀатӀикь цӀа бакарав кӀахъияв рекъеларо.
  • РекӀел хӀуби — чехь, Чохьол хӀуби — чед.
  • РекӀелъ бугеб лъаларо, Лъороб бугеб бихьуларо.
  • РекӀкӀ гьабурасе хӀучч битӀуларо.
  • РекӀун бихьун чу босе, лъун бихьун кьили босе.
  • Релълъаралда рекъарабила ратӀлида рукъи балеб.
  • РетӀине гурони къоги бачӀинчӀо,
  • РетӀинчӀого хвараб дарайдул горде.
  • Рецц гьабун гаргадиялъ бецц гьарула, ГӀунгутӀаби рициналъ кантӀизарула.
  • РештӀине лъаларев рекӀинавуге.
  • РекӀинеги лъай, рештӀинеги лъай.
  • Ригь богоде, бог радакье.
  • Ригьда вега, ригьда вахъа.
  • Ригьин чияргун лъикӀаб, чи нилъерго лъикӀав.
  • Ригьинги ригьги ургъун гьабе.
  • Риди меседлъи лъалебани, нахъеясухъе щвелароан.
  • Рии кьижун apace кьиндал мискинлъиялъ макьу толаро.
  • Риидал бакънал рачуней йикӀарай, хасало кьурдулей йикӀа.
  • Риидал борохь бихьарав хасало гӀарщикьа хӀинкъула.
  • Риидал гвангвара гьаличӀони, хасало гереги гьалуларо.
  • Риидал гӀодобе бегьараб квер чӀобого бачӀунаро.
  • Риидал гӀор те, хасало мегӀep те.
  • Риидал дие гӀоло чӀвай, хасало нужеего гӀоло чӀвай (чол кици).
  • Риидал кьижани, кьиндал гӀака хола.
  • Риидал риди ххуй, хасало нах кун.
  • Риидал тӀимугъ босе, хасало буртина босе.
  • Риидал херабги босуге, хасало хӀалакъабги босуге.
  • Риидал хур бекье, кьиндал печь бокье.
  • Риидал хурив хва, хасало рокъов хва.
  • Риидал чӀар гьабичӀони, хасало гьороб жо букӀунаро.
  • Риидала Хасбика, хасало къватӀул бика.
  • Риидалиде гъакал хасало къачӀай, хасалоялде чанагъ риидал къачӀай.
  • Риидалил цого хур, хасало гӀазулъ къараб.
  • Рии-риидал чӀанчӀорол! Хаса-хасало гуд-гудучӀ!
  • Рикьунибе къали баге.
  • РикӀкӀада бугеб меседалдаса гӀагарда бугеб гӀараш лъйкӀаб.
  • РикӀкӀадаса квараб къалиялдаса гӀагардаса квараб сахӀl лъикӀаб.
  • РикӀкӀадегӀан вугев гӀагарав чиясдаса гӀагардегӀан вугев мадугьал лъикӀав.
  • РитӀухълъи рекӀараб хвалчадаса рекӀараб.
  • Рихханжоялъул жо гӀолареб, гургил чед гӀолареб.
  • Рододаса нах буххуге.
  • Родолъа бахъараб гел, нахулъ лъейгун кьватӀарабила.
  • Рокъоб къир-къвар бугони, дуниял къварилъула.
  • Рокъоб кьечӀеб талихӀ рохьоб кьелиш.
  • Рокъобе рукъгӀанаб гьецӀо босулеб.
  • Рокъов квешас рохьоб квешаб бачӀуна.
  • Рокъоса квеш арав къватӀивги квеш хутӀула.
  • Рокьи ккани, кочӀохъан яхъуна, чехь бухӀани, магӀихъан яхъуна.
  • Рокьи ккечӀей гӀаданалда росода нахъа чӀун квен гьабизе лъалареб.
  • Рокьи кьерилъ букӀуна.
  • Рокьое баге, гьанае бай.
  • Ролъул чадал рукӀаго, мучариги квинаро: Бугъби цере рукӀаго, бусбиги квегъиларо.
  • Роол къо хасалил анкьида бащалъулеб. Росдал газа кьурда рекӀунеб.
  • Роол рукъ — буртина, рукъалъул хӀуби — чӀужу.
  • Рос-лъади цолъичӀони, рукъ беххе балагьула.
  • Рососе ине гӀурай яц йигев вацасда къаси макьу щолареб.
  • Росасе ани, рос ватула, чӀужу ячани, чӀужу ятула.
  • Росдае гӀоло бицараб рагӀи — росдае гӀоло гьабураб хъулухъ.
  • Росдае хиянат гьабурав росдал цӀеца вухӀаги.
  • Росдал гӀадат хвеялдаса, гӀадатаб росу хвей лъикӀаб.
  • Росдаца хӀелеку хъуни, хӀарпиеги бутӀа кьезе кколеб.
  • Росу бихьун си борхатаб бай.
  • Росо кӀодо, ясал гӀемер.
  • Росогун дагӀбадани, чиякълъула, ЧӀужугун дагӀбадани, кваникълъула.
  • Росдал анцӀилъ, бол нусилъ.
  • Росулъ гьудул гьаве, нухда гьалмагъ ккве.
  • Росолъе унти я базарганасул гьираца бачӀунеб, я гьардухъанасул къвачӀица *бачӀунеб.
  • Росасда лъади лъабго къоялъ юхӀулейила, чӀужуялда рос лъабго моцӀалъ вухӀулевила.
  • Росасулал лъадаре, лъадулал кӀалалъ.
  • Рохьдолъ чӀа. (Халкъалъ гьабураб гьабе).
  • Рохьобе кватӀи гурони пайда гьечӀнлан абун буго гъадица.
  • Рохьобе тӀил босуге, тӀилаца хур бекьуге.
  • Роцадаса цӀикӀкӀун чуги кӀанцӀуларо.
  • Роцен гьечӀеб тӀох ханасулги букӀунареб.
  • РоцӀцӀагиян цӀцӀани, цӀад багиян буртӀал.
  • РоцӀцӀада ракӀ чӀоге, гӀорцӀалида божуге.
  • Ругьунаб оцалъ гӀадин хур бекьуларо.
  • Рукъ гьечӀесда чи лъала, чед гьечӀесда мацӀ лъала.
  • Рукъ къваридав чи — лъади квешав чи.
  • Рукъ лъухьараб мехалъ хӀур бахъунеб гӀадат.
  • Рукъалъ басра гьавурав къватӀалъ цеве кколаро.
  • Рукъалъ бетӀергьанчи гуро берцин гьавулев, бетӀергьанчияс рукъин.
  • Рукъалъул къварилъи къадада лъала: Дир рекӀел къварилъи дидаго лъала.
  • Рукъалъул кӀудияв мехтичӀони, бертин бетуларо.
  • Рукъалъул кӀалтӀа хклекоги багьула.
  • Рукъалъул хӀал лъималазда лъала; КъватӀалъул хӀал гӀабдаласда лъала.
  • Рукъи бай каратӀ кӀодолъилалде, дару гьабе унти халалъилалде.
  • РукӀниб букӀун гъулгъудун: ГъалбацӀалъ чан чӀваларо.
  • Руссун херлъичӀони, чу херлъуларо.
  • РутӀби жанире сверараб, бохдул щинкӀил хъахӀаб, квараниде бухӀи кьурараб, квегӀиде жал бегараб магӀарул гӀаларча хадуб ккогеги.
  • РухӀ речӀчӀйлалде тушман чӀвачӀев, рухӀ речӀчӀараб мехалъ тушманас чӀвалев.
  • РухӀалица гӀадин чи херлъуларо.
  • РухӀел кванала, ццин кваналаро.
  • Ручун кӀудияб, жаниб рак гьечӀеб, тӀину кӀудияб, жаниб мугь гьечӀеб.
  • Руччабазул базаралъ рукъ цебе тӀоларо.
  • Рущи щваралъубе гӀанкӀу буссуна.

С

  • Сабаб тӀагӀараб жо — гӀажал, гӀадан холеб жо — хиял.
  • Сабурасе бох, виххарасе рахӀа.
  • Саву кьун, кьаву босуге.
  • Сагъри кьода гьабураб Гьима гӀурухъ батулеб.
  • Садакъаги къаде квенги — дагьаб жо.
  • Сапаралдаса вачӀунаго, гамачӀ босунги, чӀобого вачӀунге.
  • СахӀихъ сахӀ гурони щолареб.
  • СахӀил роцен лъазе ккола.
  • СахӀица къеларо, къолоца бергьинаро. (Жо гуреб жоялъул бицунге).
  • СвакачӀого чӀани, чӀечӀого вилълъине ккола.
  • Сверухъе валагьичӀого, рагӀи кьвагьуге. Сордо базе къадар, къо базе гӀажал, КъватӀиса юссара цӀар тӀамурай яс! (Кицилъун лъугьарал, пашманай эбелалъул рагӀаби).
  • Сордо къватӀиб, хинкӀ рокъоб.
  • Сордо сардие те.
  • Сордойилго вачӀани, вокьулевги чӀалгӀуна
  • Суалалда рекъон, къокъ гьабун кье жаваб.
  • Сумал чӀалу гьабуге.

Т

  • Тайидул чу лъугьинегӀан, бетӀергьанчиясул гьой лъугьуна.
  • Тайпа лъикӀалдаса жибго лъикӀаб лъикӀ.
  • ТалихӀ бугеб рокъове къоркъочилай лъугьинаро.
  • ТалихӀ бугев чиясул бихьинхӀамаги къинлъулеб.
  • ТалихӀ бугесул оц ияхӀ бугесухъе ккела.
  • ТалихӀ бугев ригьнадаса воххила.
  • ТалихӀ бугесул хӀама хӀортӀа къинлъила.
  • ТалихӀ къосарасул кверде къо бухӀарав кколев.
  • ТалихӀ къосиналдаса къо тӀагӀинго лъикӀ.
  • Талмикьа талмикьеги хьиндаллъийилан абурабила гӀанкӀица.
  • ТечӀони катицаги хъат балеб.
  • Тирун жо батуларо, цӀехон гурони.
  • Туризе лъугьараб гъотӀое дару — къотӀун рехи.
  • Туркидул кири гьечӀеб, кочӀол хӀакъ гьечӀеб.
  • Тухум лъикӀай дуего те, жийго лъикӀай дие кье.
  • Тушманасда бицунареб жо гьудуласдаги бицунге.
  • Тушманасухъе кваранаб рахъ кьоге.
  • Тушманлъи бекьани, бекьарас лъилъула.

ТӀ

  • ТӀавус зодобе боржуна, гӀункӀкӀ ракьулъе лъугьуна.
  • ТӀад бугеб пихъ бихьун гурони, гъотӀол багьа лъаларо.
  • ТӀад рекӀараб чол квелъ кквезеги лъай.
  • ТӀадаб гуреб гьабуни, гьабизе кколеб бегула.
  • ТӀадагьаб чвантидаса бакӀаб гьир гьечӀо.
  • ТӀаде къо ккани, къоркъолги бацӀ лъугьунеб.
  • ТӀадегӀан ругезул хӀурмат лъицаго цӀунула, хӀурмат цӀуне гъоркьехун ругезул.
  • ТӀалайдухъа гьоркье гӀарац баниги, чӀужуялъ кквечӀеб рукъ бечелъуларо.
  • ТӀанчӀиги ханалги гьарила.
  • ТӀанчӀи ругеб гъадие гьосол бутӀа щолареб.
  • ТӀанчӀил гьоцӀо хъахӀабила.
  • ТӀасан бараб рукъи тӀасан холеб.
  • ТӀегь гӀемералдаса гъветӀ тӀамах гӀемераб лъикӀаб.
  • ТӀегьалареб гъотӀоде на буссунаро.
  • ТӀегьги херги бижилалде, лъинги, ракьги бижараб.
  • ТӀекъалда тӀад рекъоге, къуралде вортахъуге.
  • ТӀекълъи киб бахчаниги, къватӀибе баккичӀого хутӀуларо.
  • ТӀелекье ГӀалибулат гӀадин унге. (ТӀелекьа ГӀалибулат гӀадин вуссана).
  • ТӀимугъ хинаб бокьун, чахъаби рихун.
  • ТӀингъилъ векьарани, гордилъ лъилъарула.
  • ТӀину гьечӀеб гьагьинире, гьарудуге. (гьабунщиналъул ох унеб хӀалтӀи гьабуге).
  • ТӀогьиса хӀетӀе гурони хӀарщуда хъвазе теларилан лъугьарав магӀарулас хӀарщулъ дегӀен чӀвалебила.
  • ТӀоларев гьудуласда бихӀунареб рагӀи абуге.
  • ТӀоноцӀ букаригун нако хъасуге.
  • ТӀогьоде хьвадичӀеб найица гьоцӀо гьабуларо.
  • ТӀорол лалидаги тӀорахьдал щаридаги щаклъуге.
  • ТӀорщел оцонибе бай.
  • ТӀохде ине кӀухӀалал рохьоре ине ккола.
  • ТӀохол гьоболасдасаги гьанал гӀагарлъиялдасаги хабар лъикӀ гьабе.
  • ТӀоцебесеб соналъ бугӀаги хӀунчулеб, кӀиабилеб соналъ гьолоцин хӀуичулареб.
  • ТӀоцее гьагорай яс — хекко бекьараб пурчӀина.

У

  • Умумазул адаб тарас, халкъалъул нусцӀул тола.
  • Умумазул кици цониги гӀодоб хутӀуларо.
  • Умумузул малъи-магъилъе балеб цӀад.
  • Унареб гӀертӀихъ балагьун, унеб парччи тоге.
  • Унаревила хӀалихьат рохьове, ани, рохьго баччун вачӀуневила.
  • Унесе нух битӀаги, чӀолесе рукъ битӀаги.
  • Ункъабго хъахӀалъул ункъабго къотӀаги.
  • Унтарав чи меседил тахидасаги разилъуларо.
  • Унти раххнаца чӀвалебила, рокӀкӀаца бищулебила.
  • Унтиги, тушманги, цӀаги хӀакъираблъун бихьуге.
  • Унтулареб черх букӀунареб, чурулареб боцӀи букӀунареб.
  • Ургъалица черх квараб, чоца гьор квараб.
  • Ургъел гьечӀеб жоялъе хьихьари дагьаб.
  • Ургьел гьечӀеб рукъ гьечӀеб.
  • Ургъел гьечӀев чи ватичӀев, чехь бухӀичӀеб черх батичӀеб.
  • Ургьел гьечӀесе ворчӀи дагьаб.
  • Ургъел гьечӀесул гӀагӀай кӀудияб.
  • Ургъел макьигъдулеб, рокьи гьабудулеб.
  • УргъичӀого борчӀараб рагӀи — ишан кквечӀого рехараб чӀор.
  • УргъичӀого кӀалъарав кӀицӀул хола.
  • Ургъул рагӀи гъваридаб, гъвалил тӀатӀи биццатаб.
  • Ургъун гьабе, аралда хадуб ракӀ бухӀуте.
  • Ургъун гьагӀеян абун буго игьалисес хӀамида.
  • Ургьиб бугеб лъаларо, лъороб бугеб бихьуларо.
  • Ургьиб кӀвекӀун, кӀалдиб чӀамун гурони рагӀи бицунге.
  • Ургьибе борохь биччани, ракӀиш хӀанчӀилеб, тӀулилъ борлъилебилан гьикъулебила.
  • Ургьибе ккараб жоялда саву кколаро.
  • Урхъукье вачӀа, дадал.
  • Устар лъала къайи бихьун.
  • Устарасул къед квешаб, къебедасул нус квешаб.
  • Учузаб жо лъикӀаб букӀунаро.

Х

  • Хабалъ жаназа лъезегӀанго, гӀурай яс росасе кье.
  • Хабар гӀемералъуб иш дагьаб.
  • Хабаралъул лъикӀлъи— къокъдъи биццалъи (ЦӀадаса ХӀамзат).
  • Хадуб ккараб жо бацӀица чӀвала.
  • Хадув пашманлъиялъ хайир щоларо.
  • Хаслихъе дагӀнида — гьаб гӀи лъилан гьикъараб мехалъ— гьав бахӀарчиясул ругилан абурабила. Ихдал гьикъараб мехалъ — бетӀергьабазул батилилан абурабила.
  • Хахизе ракӀалдабуртӀида, лъутизе ракӀалда цӀцӀеда.
  • Хвезе вокьарав чи кьолбрца вецце.
  • Хвезе гӀажалги кӀудияб лъикӀаб.
  • Херав эмен вугес рагьда хъазахъ тоге. (ЛъарагӀалдасан босараб, лъималаз умумул хӀалтӀизариялда гӀайиб чӀвараб кици).
  • Херав эмен гъоркье рехараб гьегь мунго рехизеги нахъе цӀунун те.
  • Херлъунилан бацӀил цер лъугьинаро, цаби гъунилан ритӀучӀил нахъа багьа хвеларо.
  • Херлъун хадуб хъарчигьа тӀанчӀаца балъаргъунеб.
  • Хехаб гважуца беццаб когӀо гьабула.
  • Хехаб лъин ралъдахъе щоларо.
  • Хвелилан давлад унаро, тӀатинилан жо бикъуларо.
  • Хинаб цӀаги цӀияв росги.
  • Хазинаде гӀарац те, гӀедал яс росасе кье.
  • Халалъани хабар чӀалгӀуна.
  • Халат бухӀаги чохӀол мугъзада бакъ.
  • Халатаб жо — чохӀол бакь.
  • Халкъалда нух къосунаро.
  • Хамиз сордо кинаб магӀида.
  • Ханжар цӀулал бугониги гӀола, ракӀ маххул бугони.
  • Харахьибго бугеб тӀенкел, тӀукъбиго чӀвачӀеб гӀала.
  • Хасалил хинлъиялдаги ханасул чучлъиялдаги божуге.
  • Хаслихъе бечелъуге.
  • Хаслйхълъйялде къараб мехалъ никӀкӀицаги цӀакъ хӀаичӀула.
  • Хасало мегӀер бацӀие те.
  • Хвараб гӀака рахьдалаб.
  • Хвараб бацӀица гӀи чӀваларо.
  • Хварав чидай молода вугев, чӀагоявдай?
  • Хварав чиясдаса тӀохол къайи лъикӀ.
  • Хваразе гурони, росас риччаразе хоб бухъуларо.
  • Хварал чӀегӀер ракьулъ, чӀагоял багӀар бакъукь.
  • ХинкӀ босарас тӀор босе.
  • ХинкӀазде щвартӀихалат, хурибе рагӀадхалат.
  • Хиял букӀанила хераб гӀанкӀудул, ханал гьарилилан, къинлъарилилан.
  • Хоб тӀупанагӀан ракӀ тӀупулеб.
  • Хунзахъ бетӀер бахъизе ккани, лъабго накӀкӀигъветӀ кӀкӀвине ккола.
  • Хунздерил гӀадат хвани, гӀандалазул балъ холеб.
  • Хур бухӀаниги, бакъ, рукъ бухӀаниги, цӀа.
  • Хур гуккуге, гьолъ мун дагьавги цӀакъ гуккизе гурин.
  • Хур гъоркьехун лъикӀаб, рукъ тӀадехун лъикӀаб.
  • Хурги дуцаго бекье, гьабихъеги мунго а.
  • Хурде туманкӀ кьвагьани, гьолъ нилъеде гӀарада кьвагьула.
  • Хуриб тӀепаб, тӀохда ганжаб гамачӀ тоге.
  • Хурибе ккараб хӀамица кӀал кӀудияб цӀола.
  • Хурибе хьон, хьагинибе хинкӀ.
  • Хуриш бокьилеб, хурлъун дуниш?
  • Хурул хьон боцӀцӀийила, боцӀцӀул хьон рагӀийила.
  • Хурулги рукъзабазулги бутӀа бакьулъа босе.
  • Хурулги хьолболги цӀину лъикӀаб.
  • Хух кодобе босани, куй гӀодобе биччазе ккола.

Хх

  • Ххунги ччунги ярамас.

Хъ

  • Хъабчида рекъараб рукъи камиларо.
  • Хъазихъего къвакъвадун, къадкил кӀал бихъарабила.
  • Хъархъилъ гӀанкӀ букӀаго цӀеда гереги лъоге.
  • Хъат цӀун цӀан чӀикӀарас гел цӀун лъин гьекъезе ккола.
  • ХъахӀаб гӀарац чӀегӀераб къоялъе къваригӀуна.
  • ХъахӀаб чол чӀоло заманалда къай.
  • ХъахIаб чоцаги, къоролалъул васасги рагъда къо хIехьоларо.
  • ХъахӀал кверазе хӀалтӀи бокьуларо.
  • ХъахӀал кверазе чияр захӀмат бокьула.
  • Хъвезе кьарияб бокьулеб, квине хӀалакъаб бокьулеб.
  • Хъизаналъул гӀайибал гӀадамазе гьурщуге.
  • Хъизаналъул рокьи—рукъалъул хазина.
  • Хъирис бараб чу хъирис бараб чода лъулъалеб.
  • Хъирмида месед гӀадин.
  • Хъукь бекьараб бугӀаялдаса цудун бекьараб богӀол накку лъик!
  • Хъукьаб бугӀаялдаса цудунаб сусур лъикӀаб.

Хь

  • ХӀалихьатил хӀетӀе нахъе кколеб, квер цебе кколеб.
  • ХӀалтӀарасда лъала хинкӀазул тӀагӀам.
  • ХӀалтӀи бокьулев лъугьине лъабго сон къваригӀунеб, кӀухӀал лъугьине лъабго къо гӀолеб.
  • ХӀалтӀи буго рухӀ гьечӀеб жо.
  • ХӀалтӀи гьечӀесе къо халатаб.
  • ХӀалтӀи гьечӀесул чед гьечӀеб.
  • ХӀалтӀи гьечӀо, лъикӀлъи гьечӀо.
  • ХӀалтӀи къола, гӀадамал бергьуна.
  • ХӀалтӀи тӀагӀун чи холаро.1
  • ХӀалтӀи рихарасул гӀусал-цаби чӀола.(Кверал хӀалтӀичӀони, цаби хӀалтӀуларо.)
  • ХӀалтӀуда рекъараб букӀуна мухь.
  • ХӀалтӀуе квалквад — квание гъалбацӀ.
  • ХӀалтӀул квешлъи — гьабунгутӀи, гьудуласул квешлъи — хӀалккунгутӀи.
  • ХӀалтӀул лъикӀлъи лъугӀидал лъала.
  • ХӀалтӀул свак хӀалтӀун гурони бахъуларо.
  • ХӀамида аскӀобе гӀари бачӀунарр, гӀорода аскӀобе хӀама гурони.
  • ХӀиллаялъ балагьуге, хӀалтӀун балагье.
  • ХӀуличӀого бана гӀака магӀида.

Ц

  • Цараца бацӀида гьикъарабила, гьадигӀан цӀакъ дур габур щиб гьабун биццалъарабилан. БацӀица жаваб кьурабила, дирго къваригӀелалъ дунго ун биццалъанилан.
  • Цебе цӀа бакани, нахъа рахъу ккола.
  • ЦебетӀамалъе тӀил бигъараб.
  • Цин гьабизе кӀухӀаллъани, кӀицӀул гьабизе ккола.
  • Цин хӀалтӀизе, цин кваназе кӀицӀул дунялалде риччаларо.
  • Цо къоялъ цебе бекьараб жо анкьица цебе бижула.

Цц

ЦӀ

  • ЦӀад хӀаллъани, рокъове, бакъ хӀаллъани, гьорове.
  • ЦӀадал къоялъе бакъул къо камулареб, лабалда хуралъе цӀадал къо камулареб.
  • ЦӀел хӀалтӀи цӀеца гурони гьабулареб.

ЦІцӀ

Ч

  • Чарухъида хӀур бахинчӀони, хӀарчида нах бахунаро.
  • Черхалда гӀакъуба бихьичӀони, чехьалда рахӀат бихьуларо.
  • Чияр кумекалде хьул лъоге, хӀалтӀун балагье.
  • Чорхое рахӀат гьабурав, нахъа разилъуларо.
  • Чулла гӀуруда уна.

ЧӀ

  • ЧӀала мегӀер гӀанаб цӀа ургьибе ккечӀони, ЧӀохъ бетӀер бахъуларо.

ЧІчӀ

ЧIчIанагIан кIанцIизе кколебилан абурабила гIанкIица.

Ш

Щ

Э

Ю

Я

ХӀалтӀизабураб адабият

  • Авар халкъалъул кицаби ва абиял, З. Алиханов, МахӀачхъала, 1991

Tags:

Аваразул Кицаби Ва Абиял ГъАваразул Кицаби Ва Абиял ГьАваразул Кицаби Ва Абиял ГӀАваразул Кицаби Ва Абиял КъАваразул Кицаби Ва Абиял КьАваразул Кицаби Ва Абиял КӀАваразул Кицаби Ва Абиял КІкӀАваразул Кицаби Ва Абиял КкАваразул Кицаби Ва Абиял ЛъАваразул Кицаби Ва Абиял ТӀАваразул Кицаби Ва Абиял ХхАваразул Кицаби Ва Абиял ХъАваразул Кицаби Ва Абиял ХьАваразул Кицаби Ва Абиял ЦцАваразул Кицаби Ва Абиял ЦӀАваразул Кицаби Ва Абиял ЦІцӀАваразул Кицаби Ва Абиял ЧӀАваразул Кицаби Ва Абиял ЧІчӀАваразул Кицаби Ва Абиял ХӀалтӀизабураб адабиятАваразул Кицаби Ва Абиял

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Ингилис мацIКипр17 апрельИзаноНилРСФСР18 августГенубУцимюртГьималаялПинтаГимнМацӀФевралКвадратияб километрМуссолини, БенитоБакуКӀудияб пандаXXI гӀасру2016 сонШвейцарияХъазахъистан1415 сонНасранияб динФинляндияБолъихъ мухъ1954 сонБи29 июльВалютаТІалибан2023 сонЗинжан (остан)Фонд ВикимедиаVII гӀасру2000 сон26 декабрИранИндия22 июнГӀучӀ (кириллица)Истанбул1914ЛиванҚ̊Гьигьалъ7 октябрьХьиндахъ1997 сонБелгияКаспий ралъадБоснагьерсекРокьиТІаралъул-МегІер5 июльХунзахъа ХӀажимурад22 НоябрКореял9 июн7 январь15 апрельРок-музикаГьобоБакьайчӀиГьунарлъи201129 Январ🡆 More