Лъабабилеб Рейх

Нацистияб Германия, официалго Герман Рейх (гер. Deutsches Reich) гӀадин лъалеб 1933-лдаса 1943 соналде щвезегӀан, ва КӀудияб Герман Рейх (гер. Großdeutsches Reich) 1943-лдаса 1945 соналде щвезегӀан, Лъабабилеб Рейх — герман пачалихъ 1933 ва 1945 соназда гьоркьоб, Адольф Гьитлерица ва Нацистияб партиялъ, гьеб диктаторлъиялде буссинабун, тӀад кверщел ккун букӀараб.

Гьитлерил нухмалъиялда гъоркь, Германия хехго лӀугьана тоталитарияб пачалихълъун, гӀумруялъул киналниги гӀадин аспектазда тӀад хӀукуматалъул контрол гьабулеб. Лъабабилеб Рейх, жиндир магӀна "лъабабилеб пачалихъ" яги "лъабабилеб империя" бугеб цӀаралъ бакка-бахъи гьабулаан нацистазул пикруялде, жинда рекъон Нацистияб Германия цебе букӀара Мукъаддасаб Румаб Империялъул (800–1806) ва Германиялъул Империялъул (1871–1918) ирсилаб букӀараб. Лъабабилеб Рейх, жиб Гьитлерица ва Нацистаз Азарсонил Рейхлъун лъазабураб, ахирлъана 1945 соналъул маялда, анцӀила кӀиго гурони сонги бачӀого, цададъчагӀаз Германия къезабидал, Европаялда КӀиабилеб Дунялалъулаб рагъалъе ахирги лъун.

Тарихияб пачалихъ
Герман Рейх (1943)
КӀудияб Герман Рейх
гер. Deutsches Reich (1933–1943)
гер. Großdeutsches Reich (1943–1945)
Байрахъ Герб
Байрахъ Герб
ШигӀар: «Ein Volk, ein Reich, ein Führer»
Авар: «Цо халкъ, цо рейх, цо фюрер»
Гимн:

Германиязул кечӀалъул тӀоцебесеб строфа,

хадуб Гьорст Весселил кечӀ


Германиялъул территория 1942 соналде:      Германия[1], Генерал-губернаторлъиялги гъорлӀе рачун      Рейхскомиссариатал ва де юре чиядабачӀеб Дания      Рагъулал администрациял

Германиялъул территория 1942 соналде:      Германия, Генерал-губернаторлъиялги гъорлӀе рачун      Рейхскомиссариатал ва де юре чиядабачӀеб Дания

     Рагъулал администрациял
28 фебруар, 193323 май, 1945

Тахшагьар Берлин
ЧӀахӀиял шагьарал Берлин, Вена, Гамбург, Мюнхен
МацӀ(ал) герман
Дин
букӀинчӀо
Валюта рейхсмарка
ГӀатӀилъи 633 786 км² (1938)
696 265 км² (1941)
Халкъ 79 375 281 (1939)
109 518 183 (1940)
Пачалихъалъул бутӀрул
Фюрер
 • 1934–1945 Адольф Гьитлер
Рейхспрезидент
 • 1934 соналде щвезегӀан Пауль фон Гьинденбург
 • 1945 Карл Дёниц
 • 1933—1945 Адольф Гитлер
 • 1945 Йозеф Гёббельс
 • 1945 Иоганн фон Крозиг
Тарих
 • 19331934 Нацистал хӀакимлъиялде рачӀин
 • 30 април 1945 Адольф Гьитлерица живго чӀвай
 • 8 май 1945 Капитуляция
 • 23 май 1945 Арест Фленсбургалъулаб хӀукумат
Цере рукӀарал ва оккупатинарурал пачалихъал
  • Лъабабилеб Рейх Веймаралъул Республика
  • Лъабабилеб Рейх Сааралъул хӀавузалъул территория
  • Лъабабилеб Рейх Австриялъул ТӀоцебесеб Республика
  • Лъабабилеб Рейх Чехословакия
  • Лъабабилеб Рейх Клайпедский край
  • Лъабабилеб Рейх Данцигалъул эркенаб шагьар
  • Лъабабилеб Рейх Польшаялъул Республика (1918—1939)
  • Лъабабилеб Рейх Дания
  • Лъабабилеб Рейх Норвегия
  • Лъабабилеб Рейх Люксембург
  • Лъабабилеб Рейх Нидерландал
  • Лъабабилеб Рейх Бельгия
  • Лъабабилеб Рейх Лъабабилеб Республика
  • Лъабабилеб Рейх Югославиялъул Къираллъи
  • Лъабабилеб Рейх СССР
Хадусел
  • Лъабабилеб Рейх Германиялъул советияб оккупациялъул зона
  • Лъабабилеб Рейх Германиялъул америкаялъулаб оккупациялъул зона
  • Лъабабилеб Рейх Германиялъул британиялъулаб оккупациялъул зона
  • Лъабабилеб Рейх Германиялъул парансиялъулаб оккупациялъул зона
  • Лъабабилеб Рейх Чехословакия
  • Лъабабилеб Рейх Польшаялъул Халкъияб Республика
  • Лъабабилеб Рейх Люксембург
  • Лъабабилеб Рейх Югославиялъул Федеративияб Халкъияб Республика
  • Лъабабилеб Рейх Австриялъул оккупациялъул зонаби
  • Лъабабилеб Рейх Фленсбургалъулаб хӀукумат
Лъабабилеб Рейх Медиафайлал Викигъамасалда

1933 соналъул 30 январалда Веймар Республикаялъул президент Паул фон Гьинденбургица, ай пачалихъалъул бетӀерас, Гьитлер тӀамуна Германиялъул Канцлерлъун, ай хӀукуматалъул бетӀерлъун. Гьелдаса хадуб Нацистияб партиялъ байбихьана сиясияб оппозиция тӀубан тӀагӀинабизе ва жиндирго къуват консолидатинабизе. Гьинденбург хвана 1934 соналъул 2 августалда ва Гьитлер лӀугьана Германиялъул диктаторлъун, канцлерасул ва президентасул хъулухъал ва ихтиярал жиндирго кодор цолъизарун. 1934 соналъул 19 августалда гьабураб миллияб референдумалъ Гьитлер тасдикъ гьавуна Германиялъул цо вугев Фюрерлъун (цевехъанлъун). ТӀолго хӀакимлъи буссана Гьитлерил кодобе ва гьесул рагӀи лӀугьана бищун тӀадегӀанаб къанунлъун. ХӀукумат букӀана координатинабураб, цадахъ хӀалтӀулеб гуреб, амма фракциязул данделъилъун, жиб хӀакимлъиялъеги Гьитлерил лъикӀаб бербалагьиялъеги къеркьолеб. КӀудияб депрессиялъул бащалъуда, нацистаз букӀахъинабуна экономикаяб стабиллъи ва ахир лъуна массаяб хӀалтӀукълъиялъе, цӀикӀкӀарал рагъулал харж гьабиялги жубараб экономикаги хӀалтӀизабун. Дефициятияб харж гьабиги хӀалтӀизабун, режим жубана массивияб балъгояб армия цӀидасанги яргъидгӀуцӀиялъул программа билӀинабизе, гӀуцӀана Вермахт (яргъидгӀуцӀарал къуватал) ва гьаруна гӀатӀидал жамгӀиял хӀалтӀабазул проектал, гьенибго гъорлӀ Автобаненги (автомагистраль). Экономикаялъул стабиллъи букӀахъинабиялъ режималъул популярлъи борхизабуна .

Расизм, нацистияб евгеника ва хасго антисемитизм рукӀана режималъул централиял гӀаламатал. Германиял халкъал рикӀкӀунаан нацистаз тӀадегӀанаб расалъул, ариязул расаялъул бищун бацӀцӀадаб гӀаркьеллъун. ЖугьутӀазул ва гъарачагӀазул дискриминация ва гьезда хадучӀей байбихьана нацистаз хӀакимлъи бахъидал. ТӀоцересел концентрациониял урдуял гӀуцӀана 1933 соналъул марталда. ЖугьутӀал ва цогидал чагӀи, жал хъулухъ гьечӀеллъун рикӀкӀунел рукӀарал, туснахъ гьаруна, либералал, социалистал ва коммунистал чӀвана, туснахъ гьаруна яги къватӀире ритӀана. Насраниял килисаби ва Гьитлерил нухмалъиялде данде чӀарал ватӀанчагӀи ва зулмуялъукье ккезаруна, гӀемерисел церехъаби туснахъ гьаруна. Лъайкьей буссинабуна расаязулаб биологиялде, демографияб сиясаталде ва рагъулаб хъулухъалъе ярагьиналде. Карьераялъул ва лъайщвеялъул рахъалда руччабазул ресал дагьлъизаруна. ХӀалхьи ва туризм гӀуцӀун рукӀана "Роххиялдасан къуват" програмаялда жанир, 1936 соналъул роол Олимпиялъулал хӀаяз демонстратинабуна Германия халкъаздагьоркьосеб аренаялда. Пропагандаялъул министр Йозеф Гёббельсица эфективго хӀалтӀизабулеб букӀана кино, массаял митингал ва Гьитлерил гьипнотикияб пасихӀлъи жамгӀияб пикруялде асар гьабизе. ХӀукуматалъ контроль гьабулаан гьунарлъиялъулаб жалго загьир гьариялда тӀад, гьунарлъиялъул хасал навгӀал лъикӀаллъун рикӀкӀун, цогидал гьукъун яги гьезие авара гьабун.

1930-л соназул кӀиабилеб бащалъиялдаса байбихьун Лъабабилеб Рейхалъ цере лъолел рукӀана цояздаса цоял агрессивиял тӀалабал, рагъалдалъун хӀинкъи кьолаго, гьел тӀурачӀони. Сааралъул вилаяталъ плебисциталдалъун гьаракь кьуна Германиягун цолъиялъе 1935 соналъ, 1936 соналъ Гьилерица аскар битӀана Рейналъул вилаяталде, жиб ТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъдаса хадуб демилитаризатинабун букӀараб. Германиялъ бахъана Австриия 1938 соналъ (аншлюс), тӀалаб гьабуна гьебго соналъ Чехословакиялдаса Судет вилаят ва гьеб щвана. 1939 соналъул марталда лъазабуна Словак пачалихъ, гьеб лӀугьана Германиялъул клиент пачалихълъун, гьединго лъазабуна Богьемиялъул ва Моравиялъул протекторат, жиб Чехиялъул ххутӀарал оккупатинарурал территориязда гӀуцӀараб. Гьелдаса гӀемер кватӀичӀого Германиялъ тӀадецуй гьабуна Литваялда, гьелъ Мемелалъул територия кьезе. ерманиялъ хъвана тӀадекӀанцӀунгутӀиялъул пакт хъвана СССР-алъулгун ва Польшаялде тӀадекӀанцӀана 1939 соналъул 1 септембералда, гьелдалъун байбихьана Европаялда КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ. 1941 соналъул байбихьуде Германиялъ ва гьелъул ХӀосалъул къуватлъиязда ругел европаялъулал цадахъпачалихъаз контроль гьабулеб букӀана Европаялъул кӀудияб бутӀаялда. Рейхскомиссариаталъул гӀатӀилъизарурал бутӀабаз контролалъукье росана нацистаз рахъарал района, герман администрация лъазабуна Польшаялъул ххутӀараб территориялда. Германиялъ эксплуатинабулеб букӀана жинцаго оккупатинарурал территориязулги, гьединго жиндирго цадахъпачалихъазулги сурсатал ва хӀалтӀулаб къуват.

Геноцид, массаяб чӀвай-хъвей ва массаяб хӀалалъ гьабизабулеб хӀалтӀи лӀугьана нацистияб низамалъул хасал гӀаламаталлъун. 1939 соналдаса байбихьун нус-нус азар германиялъулал ватӀанчагӀи, жидер психикияб яги физикияб гӀунгутӀаби ругеб, чӀвана азарханабазда ва руссенханабазда. Айнзацгруппаялул рагъулаллъизарурал хвалил эскадронал рукӀунел рукӀана герман яргъид гӀуцӀарал къуватазда цадахъ оккупатинарурарл территориязда ва гьез чӀвалел рукӀана миллионал жугьутӀал ва Гьолокосталъул цогидал къурбанал. 1941 соналдаса хадуб цогидал миллионал рукӀана туснахъ гьарун, хвезегӀан хӀалтӀизарулел яги чӀвалел нацистазул концентрациониял урдуязда ва тӀагӀинариялъул урдуязда. Гьеб геноцид лъала Гьолокост гӀадин.

1941–1942 соназда германиязул СССР-алде тӀадекӀанцӀи букӀана битӀа-бишун унеб, гьел Кавказалде гӀунтӀунцин щвана, амма СССР-алъул контркьабиялъги Цолъарал Штатал рагъде лӀугьиналъги ахир лъун вермахталъул инициативаялъе 1943 соналъ, 1944 соналъул ахиралде гьел нахъецуна 1939 соналде щвезегӀан рукӀарал гӀурхъабазде. Германиялъ массаял гьавадулал бомбахинариял цӀикӀкӀана 1944 соналъ, ХӀосалъул къуватлъиял нахъецуна Бакъбаккул ва Жанубияб Европаялде. ЦадахъчагӀи Франсиялде тӀадекӀанцӀигун, Германия бахъана бакъбаккудаса СССР-алъ ва бакътӀерхьудаса цогидал альянсчагӀаз, гьелъ капитуляция лъазабуна 1945 соналъул маялда. Гьитлерица къей рикӀкӀиналъе инкар гьабиялъ рагъалъул ахирисел моцӀазда иш бачана герман инфраструктура массаяб къагӀидаялъ биххизабиялде ва тӀадеги къурбаназде. Бергьенлъи ккурал альянсчагӀаз бабйбихьана денацификациялъул сиясат ва Нюрнбералъул процессалда махӀкамаялде рачана нацистазул нахъе хутӀарал гӀемерисел церехъаби, жидеца гьарурал рагъулал такъсиразе гӀоло.

ЦӀар

Цебетарих

Тарих

Нацистаз хӀакимлъи бахъи

Германиялъул нацификация

ХӀакимлъи консолидатинаби

Рагъулаб кутак цӀикӀкӀинаби

КӀиабилеб дунялалъулаб рагъ

КъватӀисеб сиясат

Рагъ байбихьи

Европа бахъи

СССР-алде тӀадекӀанцӀи

Хисиккараб лахӀзат ва коллапс

Германиязул камиял

География

Территориалиял хиса-басиял

Оккупатинарурал территориял

Сиясат

Идеология

ХӀукумат

Къанун

ЯргъидгӀуцӀарал къуватал

Вермахт

СА ва СС

Экономика

Расаялъулаб сиясат ва евгеника

Расизм ва антисемитизм

ЖугьутӀазда хадучӀей

ГъарачагӀазда хадучӀей

Цогидал къокъабазда хадучӀей

ГӀаммаб план Ост

Гьолокост ва суал тӀубанго хӀукум гьаби

ЖамгӀият

Лъайкьей

Руччабазул ва хъизаналъул роль

Сахлъи цӀуни

Дин

Маданият

Цензура

Архитектура ва гьунарлъи

Кино

Ирс

Ралагье гьединго

ХӀужжаби

Баянал

Цитататби

КъватӀисел регӀелал

Халип:Sister project links


Tags:

Лъабабилеб Рейх ЦӀарЛъабабилеб Рейх ЦебетарихЛъабабилеб Рейх ТарихЛъабабилеб Рейх ГеографияЛъабабилеб Рейх СиясатЛъабабилеб Рейх ЯргъидгӀуцӀарал къуваталЛъабабилеб Рейх ЭкономикаЛъабабилеб Рейх Расаялъулаб сиясат ва евгеникаЛъабабилеб Рейх ЖамгӀиятЛъабабилеб Рейх МаданиятЛъабабилеб Рейх ИрсЛъабабилеб Рейх Ралагье гьедингоЛъабабилеб Рейх ХӀужжабиЛъабабилеб Рейх КъватӀисел регӀелалЛъабабилеб РейхГерман мацӀ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

АвстралияҰГӀагараб МашрикъХорватияМузыкаШигӀиялТахшагьарБетӀераб гьумерАвар мацӀЭмине ЭрдогъанСафия бинт ХӀуяйТатаристанИнтернационалаб фонетикияб алфабетСочиялда аскӀоб Ту-154 катастрофа1871 сонШагӀирСагӀудиязул ГӀарабия31 декабр7 январьТвиттерБолмацI2001 сонПинкьГьоболханаГӀанкӀуАваразул кицаби ва абиял2013 сонUTCГӀодоцараб океанГертмаРейс 17 Malaysia AirlinesСаратан IДжексон, МайклМетрада13 ФевралИндияХъвадарухъанГарнаГрекал1962 сонКетуРоссиялъул империяГерекРачабулда1941 сонЛӀБетIераб гьумерЦӀунтӀа мухъ1976ЭгъедаВикипедияАстрономияАдигъ мацӀРейкявикИспан мацӀ21 апрельНилӀер эраГиничукь1 майТурбовентиляторияб двигательГуржи хъвай-хъвагӀиРитӀухълъиялъул ва цебетӀеялъул партия (Турция)🡆 More