Инхоса Гӏалихӏажияв

Инхоса ГӀалихӀажияв (ТӀаса Инхо, Шималияб Кавказалъул имамат, 1845 — Андирай, Дагъистаналъул вилаят, 1889) — кӀудияв авар шагӀир, гӀалимчи, адабияталъул мацI камилго къачIарав кIудияв рагIул устар.

Инхоса ГӀалихӀажияв
Инхоса Гӏалихӏажияв
ТӀубараб цӀар Инхоса ГъазимухӀаммадил вас ГӀалихӀажияв
Гьави 1845
ТӀаса Инхо, Шималияб Кавказалъул имамат
Хвей 1898
Андирай, Дагъистаналъул вилаят
Миллат Аварав
Эмен ГъазимухӀаммад
Адабияб гьунар
Пишаялъул тайпа
  • ШагӀир
  • гӀалимчи
  • дибир
Жанр
  • рокьул лирика
  • шигӀру
  • поэма
  • кицабиял алфазал
  • турки
Асаразул мацӀ Авар
Машгьурал асарал
  • Будун дамдамаги, дибир гьороги
  • ТӀабигӀат
  • Кицабиял алфазал

ГӀумрухъвай

ГӀалихӀажияв гьавуна 1845 соналъ гӀадатав аварав ГъазимухӀаммадил хъизаналда ТӀаса Инхо росулъ. 12 сон базегӀан цӀалана ГӀалихӀажияв росдал мадрасаялда, гьелдаса хадув инсуца гьев цӀализе витӀана Миякьове ГӀумархӀажиде цеве. Гьенив 10 соналъги цӀалун, гьев нахъвуссана гӀагараб росулъе. Гьелдаса хадуб, гӀарадерил жамагӀаталъул гьариялда рекъон, ГӀалихӀажияс тӀаде босула ГӀоротӀа росдае дибирлъи гьаби, лъабго соналъ хӀалтӀула гьенив

МутагӀиллъуда

ГӀалихӀажияв цӀалулев вукӀана мутагӀиллъун ЧӀикӀаб, Миякьоб ГӀумархӀажида, Гъадарив Къурбанов Къадида аскӀов. Гьесул букӀана лакайдул тӀажу, гурде ва цебебухь, гьелда гъоркьан ретӀелги букӀунароан. Цо нухалда ЧӀикӀаса гьоболас ГӀалихӀажиясухъе кьун pyro кьагӀазул тахтабазул гьабураб тӀимугъги чакмаялги ретӀине, тӀад лъезе хъурайсинтӀагъурги. Гьесухъги балагьун, гьоболас цӀакь рекъолин абун буго. Амма ГӀалихӀажияс гьеб ретӀел тӀаса бахъун буго, гьоболасе кӀудияб баркалаги кьун, гьесухъе кьун буго, жиндие насиб гьечӀиланги абун. Гьесул сахаватаб ракӀалдаги, чияр жо анищан кколареб гӀамалалдаги гьобол цӀакъ бахиллъун вуго. ЧӀикӀаб цӀалулаго, дибирас цо-цо свера-тиризе гьазие изну кьолеб букӀун буго. МутагӀилзаби лъел цӀeзe ясал рачӀунеб бакӀалде иццде унел pyкӀyн pyгo. Лъимги цӀун, ячӀуней цо берцинай яс гьазда данде ккун йиго. Гьелдеги валагьун, ГӀалихӀажияс гьадин абун буго:

Инхоса Гӏалихӏажияв 
    …Вай тамаша, хӀикмалъи щиб, гӀадамал,
    ХӀурулгӀинцин гуродай гьай ячӀуней?
    Щунусго яс ячун, жиндихъ кьуниги,
    Цо рас гьезухъ бихьизецин кьоларей... ин.
Инхоса Гӏалихӏажияв 

АскӀор рукӀарал мутагӀилзабаз гьасда гьикъун буго, бегьилищ дуца ясалде гьединаб кечӀ рикӀкӀинеян. ГӀалихӀажияс бегьилилан жаваб кьун буго, щай абуни, гъолъие гъоб кечӀ рагӀизе цӀакъ бокьанилан. ГӀалихӀажияв кечӀ гьабизе гӀeмep ургъизе кколарев вукӀун вуго. Вачун бихьизабураб, яги бицараб гӀолаанила кечӀ рикӀкӀине, цебего гьеб ургъараб гӀадин. Миякьоса ГӀумархӀажица цо дарс кьурабго, ГӀалихӀажияс кинабго peкӀeлъе тӀолаанила, цинги нахъияб къояль дарс кьураб тӀехьалъул хӀасил гъос ГӀyмapхӀажие бицунаанила. Инхоса Лабазан-дибир абулев чи ун вуго ГӀалихӀажиясде аскӀове цӀализе, дос цо дарс кьурабго рекӀелъе гӀелму тӀолаанила. Жиндица гӀелму босизе ва жиндиль бугеб цогиясе кьезеги кӀудияб гьунар, махщел букӀун буго гьесул.

Рузман сордояль жидеего нигӀматал кьеян гьаризе гӀадамазул рукъзабахъе унаго, кинацаго цеве тӀамулаанила ГӀалихӀажияв. Гьев, хасаб макъанун, назмуялда рекъезабун, хитӀаб гьабун кӀалъалаанила гӀaдамаздехун:

«ГӀадамалчагӀи, хирияб сордо буго, кири батила. НигӀматал гьарза гьареги, балагьал рикӀкӀад гьареги, халатаб гӀумру, чорхое сахлъи, рукъалъе бечелъи, боцӀуда баркат, цӀoгьoдaca рахъи, хъурмидаса цӀуни, цӀа рикӀкӀалъи, лъим гӀaгарлъи, иманалда хвей, ахират лъикӀаб, бокьун кьей, кьун босе, кьолелда разилъе, малъулел гӀемерлъаги, лъалел гьарзалъаги, лъикӀаб — аскӀоб, квешаб — рикӀкӀад, бихьаралде щукру, щваралде иман, Аллагь гурхӀи, хӀадис бокьи, хӀакъаб бичун, тӀекъаб нахъе, хъвараб бихьи, кьураб боси, ахӀи-xӀyp гӀодоб, гӀoдop риччай халат, балагьазде сабру, рахӀматазда рохи, рекӀелъ иман, aскӀoв вали, босизе гӀедерлъи, бичизе кӀвахӀаллъи, аскӀор гьуинлъи, гьобол хиралъи, херазе талихӀ, бахӀаразе рохел, хъизан рекъон, рукь бохун, абурай йокьи, йокьарай щвей, щивав мурадалде щвей, мунагьал гьарунгутӀи, гьарурал чури, мурад тӀубай, тӀаде цӀикӀкӀин, цӀияб эркенлъи, ахӀизе талихӀ, тухумазе рохел».

Ясал ва къоролзаби ругеб рокъобе рикӀкӀунаан:

«Гьарарасе кьеги, вокьарасе щваги, рукӀкӀенгун шагьарарай, мергогун зурзударай, зарукь тӀала ккурай, тӀаде щваралгун журарай, гьабизе кверда лъалей, кваназе нахуллъарай, хурибе квер битӀарай, корохъе бох бегьарай, хъандирогун хурхарай, хадирогун лебалай, хъизан-рукъгун гьуинай, гьабулелъухь урхъарай, рат1лил устар цӀарулай, цӀаха бесси хӀадурай, гъасда цӀa лъалей, цӀел хинлъи лъалей, халкъалъ къадру ккурай, къватӀиего машгьурай»

www.fatiha.ru/klassika/aligadji/

ХӀужжаби

Адабият

МугъчӀваял

Tags:

Инхоса Гӏалихӏажияв ГӀумрухъвайИнхоса Гӏалихӏажияв ХӀужжабиИнхоса Гӏалихӏажияв АдабиятИнхоса Гӏалихӏажияв МугъчӀваялИнхоса ГӏалихӏажиявАваралДагъистаналъул вилаятШималияб Кавказалъул имамат

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

ГIахьалчIи11 мартЦолъарал ГIараб ИмараталБагӀархъалаСентябрь28 ФевралПолякалТатарал21 июль29 июльУнсоколо росуМальтаНоябрь18 НоябрЭстонияГеографиялъул координаталХъазЛенин, Ильял ВладимирДекабрьМузыкаКаспий ралъад19 Декабр5 апрельГІахьвахъ мухъКъардибХъергъуАхъайтала23 июльИсламКъагьираГӀучӀ (кириллица)ХамизГӀусманияб империя1898Зинжан (остан)30 апрельПлощадь28 июнEnya1893КъедиКонтинентМоцӀ (гӀужалат)Тутмос III КӀудиявГус, ЯнТӀасияб нахъисеб гургинлъараб рагьарабПарсал2017 сонНухрагӀункӀкӀПарс (остан)24 ДекабрСарир19782004 сонYouTubeМавлидУцимюртАзиялъул пачалихъазул сияхІСагӀтазул зона30 октябр31 март29 июнОнсоколо мухъ14 май20 апрель1875 сонРоссиялъул Федерациялъул цӀуниялъул министерлъиКъарахъа МухӀамадтӀагьир13 декабрГрек мацӀ🡆 More