Дагъистаналъул Байрахъ

Дагъистан Республикалъул байрахъ ккола Дагъистаналъул пачалихъияб гІаламатлъун.

Дагъистаналъул Байрахъ
19 ноябралъ 2003 соналъул
Дагъистаналъул Байрахъ 2:3
991
Цере рукІарал байрахъал
Дагъистаналъул Байрахъ
26 фебруар 1994 
Дагъистаналъул Байрахъ 1:2

Байрахъалъул кьерал

2003 соналъул 19 ноябралъ 27 гъокрь хъвараб "Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон, Дагъистан Республикаялъул байрахъалъул кьерал.

Кьерал ГІурччинаб ХъахІилаб БагІараб
RGB 0-147-73 0-57-166 213-43-30
HTML #009349 #0039A6 #D52B1E

МагІнаби

ГІурччинаб кьералдалъун бихьизабулеб буго чІаголъи, дагъистаналъул ракьалъул гьарзалъи ва гьебго заманаялъ гьеб бачІуна исламалъул гІадатлъун билълъараб кьерлъун. КанчІхъахІилаб (хъахІилаб) — ралъдал кьер (руспубликаялъул бакъбаккул рахъ чурула Каспий ралъдаца), гьелъ тІоритІел гьабула дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялде ва къадру-къиматалде. БагІараб кьералъул магІна демократия, МугІрузул улкаялъул халкъазул бихьинлъи ва яхІ букІин.

Тарих

Хьундасеб Кавказалъул имамат

Дагъистаналъул Байрахъ 
Хьундасеб Кавказалъул имаматалъул байрахъ (1829—1859 сс.)

Хьундасеб Кавказалъул имарат

Дагъистаналъул Байрахъ 
Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ (1919—1920 сс.)

Россиялъул империялъул заманаялъ Чачанлъиялъул цІикІкІунисеб рахъ хІатта Сунж-хъалаги гъорлъе унаан Терский областалде ва жодорго хасал гІаламатал рукІинчІо гьезул.

1919 соналъул сентябр моцІалда чачаназул Ведено росулъ Узун-ХІажи имамас Хьундасеб Кавказалъул миллияб эркенлъи лъазабуна ва Хьундасеб Кавказалъул имарат гІуцІана. ЧІванкъотІун гІорхъаби чІезабичІеб цІияб лъазабураб жиндирго пачалихъалде Узун-ХІажица гъорлъе рачана Дагъистаналъул мугІрузул мухъал, мугІрузул Чачанлъи ва Гъалгъайазул бутІа. Имират гІуцІун букІана ГІусманиялъул империялъе мутІигІаб шаргІияб пачалихълъун.

Хьундасеб Кавказалъул имараталъул байрахъ букІана хасаб кІодолъи-гьитІинлъи чІезабураб гІурччинаб кьералъул ххамил кесекалда хъахІаб кьералъул моцІги гьелда тІад хъахІаб кьералъул лъабго цІваги бахъараб.

Дагъистаналъул Байрахъ 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.

1925

Дагъистаналъул Байрахъ 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1925 с.

1927

Дагъистаналъул Байрахъ 
Дагъистан АССРалъул байрахъ 1954—1991 сс.

ДАССРалъул 1927 соналъул конституциялда букІана Руспубликаялъул бичахисиялъул ва рагъулаб байрахъалъул баян. Гьеб букІана билбагІараб кьералъул ххамил кесек, жиндир квегІаб бокІнида байрахъалъул гІералда аскІоб меседил кьералъ «Дагестанская Автономная Советская Социалистическая республика» абун хъвараб байрахъ.

1937

ДАССРалъул 1937 соналъул конституциялда рекъон республикаялъул пачалихъияб байрахълъун букІана РСФСРалъул пачалихъияб байрахъ, гьебги букІана багІараб ххамил кесекалда байрахъалъул гІералда аскІосеб рахъалдасан гІодосан эххедехун канчІхъахІилаб чІоло биччараб байрахъ. ЧІоло лъугІараб бакІалдасан, квегІаб рахъалъул тІасияб бокІнида бахъун букІана нилъ ва гьецІокъ ва гьелда тІадги щугІаркьелаб цІва. Нилъалда ва гьецІокъалда тІад меседил хІарпаздалъун хъван букІана «ДАССР» абун, гІурус, авар, лъарагІ, лезгин, падар. лак, тат ва табасаран мацІазда.

1954

Дагъистаналъул Байрахъ 
Дагъистаналъул байрахъ 1994-2003 сс.

1978

1978 соналъул 30 маялъ ДАССРалъул ТІадегІанаб Советалъул VIII сессиялъул IX данде ракІариялда къабул гьабуна цІияб Конституция. ГІаммаб куцалда байрахъги гербги щибго хиса-баси гьабичІого хутІана, кинго байрахъалда хъвай-хъвагІи гьабур рукІарал мацІал цІикІкІана, гьеб лъугьана 11 мацІ: гІурус, аварский, падар, даргин, лъарагІ, лак, лезгин, нугъай, табасаран, тат ва чачан мацІал.

1994

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ххамил кесек, горизонталиял гІурччинаб, хъахІилаб ва багІарб кьеразул чІалал жинда ругеб; гІеблъи борхалъиялъул 1:2 бащадаб

Гьанжесеб къагІида

Байрахъалъул гьанжесеб къагІида билълъинабуна 19.11.2003 с. № 27 гъоркь бугеб Дагъистан Республикаялъул пачалихъияб байрахъ" абураб къануналда рекъон.

Дагъистан Республикаялъул байрахъ буго ункъабго бокІон битІараб ва лъабго цоцада бащадаб горизонталиял чІалал жинда ругеб ххамил кесек: тІасияб — гІурччинаб кьералъул, гьоркьохъеб — хъахІилаб ва гъоркьияб — багІараб кьералъул. Байрахъалъул гІеблъи борхалъиялъул 2:3 ращалъула

Байрахъ дагьалъ гІодобе биччай

2012 соналъул 5 маялъ Дагъистаналъул ва Россиялъул байрахъал дагьалъ гІодоре риччан рукІана Дагъистаналъул киналниги шагьаразда ва районазда, жинждир хІасилалдалъун 15 чи хвараб ва нусгоялдаса цІикІкІун чи лъукъараб МахІачхъалаялда посталда аскІоб гьабураб кьвагьиялдаса хадуб.

Суртал

Муниципалиял гІуцІиязул байрахъал

На 1 января 2017 соналъул 1 январалъ Дагъистан Республикаялда букІана 760 муниципалияб гІуцІи: 10 шагьаралъул округ, 41 муниципалияб мухъ, 3 шагьаралдажанисеб мухъ, 7 шагьаралъул чІчІейбугебакІ ва 699 росдал бо.

Шагьаралъул округазул байрахъал

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
Дагъистаналъул Байрахъ  «МахІачхъала шагьар»
шагьаралъул округалъул байрахъ
15.12.2006 2785
Дагъистаналъул Байрахъ  «Гъизляр шагьар»
муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
Дагъистаналъул Байрахъ  «Хасавюрт шагьар»
муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
24.04.2017 11365

Муниципалиял мухъазул байрахъал

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
Дагъистаналъул Байрахъ  Муниципалияб гІуцІи
«Гуниб мухъалъул» байрахъ
29.01.2013 8335
Дагъистаналъул Байрахъ  Муниципалияб гІуцІи
«ДахІадаясул мухъалъул» байрахъ
30.03.2009
Дагъистаналъул Байрахъ  Муниципалияб гІуцІи
«Кули мухъалъул» байрахъ
16.06.2011 7162
Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
Дагъистаналъул Байрахъ  Муниципалияб гІуцІи
«Лак мухъалъул»
25.12.2012 8132
Дагъистаналъул Байрахъ  Муниципалияб гІуцІи
«Тарумасул мухъалъул» байрахъ

Росдал боязул байрахъал

Байрахъ Расмияб цІар Тасдикъ гьабураб къо-моцІ ПГІХЪялда
номер
Дагъистаналъул Байрахъ  Гумбет муъхалъул
«Гьарадирихъ росдал совет» муниципалияб гІуцІиялъул байрахъ
02.06.2016

ХІужаби

Балагье гьединго

  • Дагъистаналъул бетІерасул штандарт

Халип:Россия Федерациялъул икълимазул байрахъал

Tags:

Дагъистаналъул Байрахъ Байрахъалъул кьералДагъистаналъул Байрахъ МагІнабиДагъистаналъул Байрахъ ТарихДагъистаналъул Байрахъ Байрахъ дагьалъ гІодобе биччайДагъистаналъул Байрахъ СурталДагъистаналъул Байрахъ Муниципалиял гІуцІиязул байрахъалДагъистаналъул Байрахъ ХІужабиДагъистаналъул Байрахъ Балагье гьедингоДагъистаналъул БайрахъДагъистан

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Аварал23 апрел29 мартПаранс18932014 сонТахшагьарМулла МухІаммад ГІумарСтивен ГьокингКувайтКьудаб контентКъажарГрек мацӀ2020 сонРоссиялъул федеративияб гӀуцӀиГӀурус географияб жамагӀатГагуТегьранРокьиЧилиХхв23 майУкраинаЗул-ХӀижжаИнсанасул потенциал гӀеялъул индексШвеция1964Пачалихъазул телефоналъул кодазул сияхӀЭнциклопедияБелоруссИмарат КавказДагъистанТІасияб уровеналъул домен1998 сонУшугъ мухъАдыгеялКонтинентВисокоснияб сонЦолъарал Миллатазул ГӀуцӀиХъвавул система19142005 сонБакълъул мухъ19448 сентябрЕвропа2008 сон2 Феврал197423 ЯнварЛондон13 майХалкъалъул гъункиГимнТушТранслатив🡆 More