Гӏободаса Шагӏбан-Къади

ГӀободаса ИсмагӀилил ШагӀбан-къади (1606–1668, ГӀобода, Авар нуцаллъи) — гӀалимчи, жамгӀиявгин динияв жигарчи, сиясатчи, дипломат.

Дугъри-нуцалил заманалда вукӀарав Аваристаналъул къади ва пачалихъалъул мирза (канцлер), жинца Авар нуцаллъиялъул сиясияб гӀумруялда бихьулеб лъалкӀ тарав.

ГӀободаса ШагӀбан-къади
Аваристаналъул къади
1656–1666
Нуцал Дугъри-нуцал
Хадусев Къадиясулав МалламухӀамад
Гьави 1608
ГӀобода, Авар нуцаллъи
Хвей 1668
ГӀобода, Авар нуцаллъи
Вукъараб бакӀ ГӀобода хабал
Эмен ИсмагӀил
Лъимал васал: МалламухӀамад, НурмухӀамад, МухӀамад
яс: ПатӀимат
Дин Ислам

ШагӀбан-къадица кӀудияб хӀалтӀи гьабуна Аваристаналда исламалъул позиция щула гьабиялъе, гьесул хӀаракаталдалъун ГӀобода рагьун букӀана мухӀканаб цӀалул программаялда рекъон хӀалтӀулеб мадраса, жиб XIX гӀасруялде щвезегӀан хӀалтӀараб.

Биография

Цересел сонал

Ругел хъвай-хъвагӀабазда рекъон, ШагӀбан гьавуна 1608 яги 1609 соналъ, Авар нуцаллъиялъул ГӀобода росулӀ. Гьесул инсуда цӀар букӀана ИсмагӀил, гьев рикӀкӀунаан гӀараб гӀелму бугев чилъун. Байбихьул лъай ШагӀбание кьуна инсуца. Хадуб ШагӀбаница лъайщвей давам гьабуна Дагъистаналъул мадрасабазда. Гьениб цӀалиги лӀугӀизабун, щвараб лъай гъварид гьабизе ШагӀбан ана исламиял пачалихъазде.

Дагъистаналъул машгьурав тарихчи Дургъелиса Назирица рикӀкӀахъе, ШагӀбаница цӀали давам гьабун буго Ираналда. Амма Айтберилазул Тимурица рикӀкӀунеб буго гьев цӀаланилан Жанубияб Кавказалъул Ширваналда, гьениб XVII гӀасруялда Сефевилазул хӀаракаталдалъун билӀинабун букӀана иранияб административияб система, жиндир хӀалтӀи бачиналъулӀ кибго парс мацӀ хӀалтӀизабулеб. ШагӀбанида гӀараб мацӀ гуребги, лъалеб букӀана парс мацӀги. Гьелъие нугӀлъи гьабула гьесул квералъ пар мацӀалда гьарурал хъвай-хъвагӀабаз, мисалалъе, гьес хъвараб цо текст байбихьулеб буго парс мацӀалъ хъварал "дица Аллагьасул цӀаралдалъун байбихьана" абурал рагӀабаздалъун, гьединго гьев рехсон вуго гӀараб ва парс мацӀ лъалев чи абунги. ТӀадежоялъе, гьесул хатӀалулӀ бихьула парс настгӀаликъалъул асар, авараз абуни гӀемерисеб хӀалтӀизабулеб хатӀ букӀана насх.

ШагӀбанил хадусеб жамгӀиябгин сиясибя хӀалтӀулӀ гьечӀо кинаб букӀаниги гӀаламат гьес шигӀизм ккурал Сефевилазул пачалихъалъул интересазда жо гьабиялъул, гьелъги нугӀъи гьабище бегьула гьев сунниял гӀемерал Ширваналда цӀалиялъе.

ВатӀаналде нахъвуссиндал, ШагӀбанил цӀар ине байбихьана. Цин ГӀобода, хадур цогидал бакӀаздаги. ТӀоцеве гьев хӀалтӀизе лӀугьана ГӀахьалчӀив, Гободаса шималиябгин бакътӀерхьул рахъалдехун бугеб. Лъайги гъваридав, практикаялда гьебги хӀалтӀизабулев, шаригӀатги гӀадатги лъалев чи гӀадин машгьурлъана гьев Авариялда. ЧӀахӀиял бояз гьев ахӀулаан батӀи-батӀиял жамгӀиял суалал тӀуразе, къадиясул хӀукмаби къотӀизе. ЦӀунун хутӀарал гӀараб мацӀалъулал документаз нугӀлъи гьабула гьев Бакълъухъ къадилъун хӀалтӀулев вукӀаравлъиялъе. Гьениб гьес байбихьи лъуна цебетӀураб мадрасаялъе, гьесухъе цӀализе хьвадулел рукӀана цоги-цоги росабалӀа мутагӀилзаби.

Аваристаналъул къадиясул хъулухъалда

1646 соналъ инкъилабалда хадуса нуцаллъиялъул тахиде вачӀарав Дугъри-нуцалас, жиндие сверухъ бажари ва ссий бугел гӀадамал къваригӀарав, гӀагар гьавуна ШагӀбан, гьев нуцалас 1656/1657 соналъ тӀамуна Аваристаналъул къадилъун. Улкаялъулги, Хунзахъ тахшагьаралъулги шаргӀияв къадиясул хъулухъалда цадахъ, ШагӀбан-къадица нухмалъи гьабулаан Дугъри-нуцаласул канцеляриялъе, гьес бачунаа нуцаласул кинабниги пачалихъияб накълуги. ШагӀбан-къадил кодосан унаан Дугъри-нуцаласул цогидал ракьазул бутӀрулгун, авар боязул церехъабигун бугеб кагъталхъвай. Гьелъ рес кьолаан гьесие Кавазалда XVII гӀасруялъул кьороб ва ахиралда рукӀарал къватӀисес сиясиял ишазул курсалда вукӀине. Хасго лъикӀаб хъвай-хъвайгӀи букӀана ШагӀбан-къадиясул Таргъуялъул шамхаласул канцеляриялъул нухмалъулев вукӀарав жамгӀияв ва динияв жигарчи, ГӀали ал-Багъдадилгун.

Пачалихъияв хъулухъалда вукӀаго, ШагӀбан-къадил цӀар ана Бакъбаккул Кавказалдаго. Гьесда абулаан фикьгьалъул, хӀадисазул ва Къуръаналъул гӀелмудал ралъдалӀе лӀугьаравилан. Дагъистаналъул бетӀерав къади ва муфтийилан. Нуцаллъиялъул боялъул къади гуревги, ШагӀбан къадица вукӀана Хунзахъ бол мажгиталъул имамлъун, гьенир ракӀарулаан Авариялъул сиясиябги гӀелмиябгин динияб элита.

АнцӀабго соналъ къадиясулги кацлерасулги хъулухъалда, ШагӀбан-къадица тӀуралаан къватӀисебги жанисебги сиясатулъул суалал гурелги, Аваристаналда ислам щула гьабиялъулги шаригӀат билӀинабиялъулги суалал. Айтберовас хъвавухъе, ШагӀбан-къадил гьеб хӀалтӀулӀ кӀудияб жигар букӀана, гьес тӀаде росун рукӀана гӀуцӀа-кӀутӀиялъул ишалги.

XVII гӀасруялъул 60-л соназда ШагӀбан-къадил хӀаракаталдалъун рагьана мухӀканаб цӀалул программаялда рекъон хӀалтӀулеб тӀоцебесеб исламияб школа. Гьелъие цӀалул программа бакӀалъул спецификаги гӀадахъ босун гӀуцӀана живго Аваристаналъул къадияс, гӀуцӀана гьенир цӀалулезе квербакъи гьабиялъул система. ШагӀбанил вас МалламухӀамадил нухмалиялда гъоркь, гьеб школаялъ хӀадурулаан мутагӀиллзаби, малъулаан диниял гӀелмаби. ЦӀалулрукъалъул аслияб масъала букӀана бакӀ-бакӀазда мадрасаби рагьизе кӀолел кадраби хӀадури. Гьенир цӀалулел рукӀана авар гурелги, Бакъбаккул Кавказалдаса цогидал гӀадамалги. ШагӀбан-къадица гьеб мадрасаялда цӀалулаан лекциял. Гьенир гьесда цере цӀалана жиндир цӀар арав Къудукьа Мусалав, Кьохъа Салман ва ц.

Ахирисел сонал

1666 соналъ ШагӀбан-кадица хъулухъ тана. Гьесул бакӀалда Аваристаналъул къадилъун ваӀана гьесул вач МалламухӀамад, жинда Къадиясулавилан абулеб букӀарав. Хвана ШагӀбан-къади жиндирго гӀагараб ГӀобода росулӀ 1668 соналъ. Гьесул хабада лъураб зонода рукӀана рагӀаби: "Гьаб буго халкъалъул лъикӀаздаса лӀикӀав шайхасул, магӀарул гӀалимзабазул бетӀерасул, къадил, ГӀободаса ШагӀбанил хоб".

Имаматалъул заманалда наиблъун вукӀарав Гиничукьа Инквачил Дибирица цӀех-рехги гьабун батана ШагӀбан-къадил хоб, ва наибасул амруялда рекъон, гьениб чӀвана мустахӀикъаб зани, рукӀаразде тӀадеги хъвана хадусел рагӀабиги: "Зани цӀигьабуна 1856 соналъ, Хунзахъ наиблъун Гиничукьа Дибир ва къадилъул гӀалимзабазул варис ГӀахьалчӀиса МухӀамад, ГӀумар къадиясул вас, ругеб заманалда".

Хъизан

ШагӀбана-къадил вукӀана лъабго вас: МаламухӀамад (Къадиясулав), МухӀамад ва НурмухӀаман, в цо яс, ПатӀимат. ЦӀакъаб тарбияги щварай, яхӀ-намусги цӀунарай гьей лӀугьана ШагӀбан къадил вукӀарав цӀалдохъан Кьохъа Салманил лъадилъун. Гьелъие инсуца кьун рукӀара кверзулхъваял руго нахъе цӀунун.

ШагӀбан-къадил киналго лъималазда лъалаан гӀараб мацӀ, гьезие щвана лъикӀаб лъай-гӀелмуги. МалламухӀамад, 1666 соналъ имен хъулухъалдаса гӀодов чӀедал, лӀугьана Аваристаналъул къадилъунги, инсул хъулхъал тӀуралевлъунги. Гьев вукӀана цӀакъ лъикӀ гӀараб мацӀги лъалев, эркенго авар–гӀараб таржамаги гьабулев, мугӀалимасул хӀалтӀулги, гьединго лъайкьеялъул процесс гӀуцӀиялъул сфераялда хӀалтӀулги, тӀадегӀанаб гӀелмияб идараялъул гӀумрудал гӀаммаб линия бачиналъулги кӀудияб махщел бугев чи. Гьесда лъалаан бакӀалъул некӀсияб къанунги, шаригӀатги, гьев вукӀана гӀадамазул адаб гьабулев, бечедалин мискиналин батӀалъи гьечӀого ритӀухълъи ккурав чи. Гьев пачалихъияб хъулухъалда вукӀана 1682/83 соналъ-лъагӀан. Гьесул вац НурмухӀамад вукӀана 1687–1699 соназда II ГӀумаханасул канцеляриялъул нухмалъулевлъунги Аваристаналъул къадилъунги. Гьесдаса хадув Аваристаналъул къадилъун вахъана ШагӀбан-къадил цоги вас — МухӀамад.

Ралагье гьединго

МугъчӀваял

Адабият

  • Айтберов, Тимур (2006). Шабан-кади из Обода [ГӀободаса ШагӀбан-къади].

РегӀелал

    гӀурус мацӀалда

Tags:

Гӏободаса Шагӏбан-Къади БиографияГӏободаса Шагӏбан-Къади ХъизанГӏободаса Шагӏбан-Къади Ралагье гьедингоГӏободаса Шагӏбан-Къади МугъчӀваялГӏободаса Шагӏбан-Къади АдабиятГӏободаса Шагӏбан-Къади РегӀелалГӏободаса Шагӏбан-КъадиАвар нуцаллъиГӀобода

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

КъажаралГӀалибекилросу1973ПалтогаГендерил машинабазул тоннельԊХунзахъКІванадаДербендБолъихъ мухъНусиПольшаКавказалъул мацӀалКъардибИсламияб ПачалихъЧарахъ (Гъуниб мухъ)Закам (Закатала район)1990-лел соналХьаргабиса ИдрисЧӀар жамагӀатЛъебел-убаДмитрий МедведевТранслативГІалиев, МухІамадил ГІадаллоЦӀалбанЧалоХуштадаТуплисГIурус пачалихъЈ̵ИнхокъвариНанибикаГӀашкъабад5 НоябрТатаристанРембрандт2003 сон4 августГъараколобЗибирхалиГьамиштІаИндияХьиндахъ (Гъуниб мухъ)ГъагъалъГӀуманМагIарул мацIБетIераб гьумерРочиселБайдар1 июльЭгъедаЭхеди ЧардахъЖалакьуриБеледиЧинихъXI гІасруСанкьадаСаратан IКиндиргъа жамагIат🡆 More