Ал-Мужибу

Ал-Мужибу (гIараб мацIалда المجيب).

Жинца жаваб гьабулев.

Ал-Мужибу

Гьев ккола гьарулел чагIазул гьари жинца къабул гьабулев, дугIа гьабулезул дугIаялъе жинца жаваб гьабулев, чара-рес къотIаразул хIажат жинца тIубалев, хIатта гьаризегIанго жинца нигIматал кьолев чи. Гьеб кинабго жо ТIадегIанав Аллагьасул гурони букIунаро, щайгурелъул Гьесда лъала гьел гьаризегIанго хIажатал чагIазул хIажат. Гьесда гьеб авалалдаго лъазеги лъан, гьелъие сабабал рекъезарула квен-тIех бижун, гьелъие къваригIунел алатал ва цогидабщинаб къваригIунел жал рижун. Лагъги вукIине рекъола мужиблъун. ТIоцебесеб иргаялда жиндирго БетIергьанасе, Гьес гьабураб амрунагью тIубазабун, Гьесул ахIиялъе жаваб гьабун. Хадуб Гьесул лагъзадерие, Алагьас гьесие кьурал нигIматаздаса гьезиеги кьеялдалъун, кумек гьараравщинав чиясе, бажарулеб бугони, кумек гьабиялдалъун, бажарулеб батичIони, берцинаб жаваб гьесие кьеялдалъун. Свалат-салам лъеяв Аварагас абулеб буго: «Цониги чияс гIиялъа жоялъул бох кваназе ахIаницин, жинца гьесие жаваб гьабилаан. Цониги чияс гIиялъажоялъул ратIа жиндие сайгъат гьабуни, гьебги жинца къабул гьабилаан», – абун (Бухари). Авараг ахIараб бакIалде вачIинги, лъица ахIун ватаниги, гьес кьураб сайгъат къабул гьабиги ккола, цогидал кIодо гьариги гьезие жаваб гьабиги. Чан вугев чIухIарав чи жиндир къадараб гIамал бугев, бокьабокьараб сайгъатги жинца къабул гьабизеги, ахIаравщинав бакIалде инеги жив чIухIулев ва ахIарав чиясда квеш букIиналъул жинца ургъелги гьабуларев. Гьединав чиясе гьаб цIаралдаса щибго бутIа гьечIо.

→ →

Примечания

Tags:

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

Мадаин-СалихӀКьудаб контентУдмурт мацӀКквАлмахъЙогьанн Волфганг фон Гёте14 мартДублинСура Ал-ФуркъанСетуялЗакаталаПКагӀбаГьакъобГригорианияб календарГьоландКъехӀросу1902ХортаГьава-бакъРоманиял мацӀал20 апрельПарансМугъал-росу жамагIатЦІиликь росдал боГениРосу2005 сонГалаксияНасранияб динГьагьар1950ХъахӀабросулӀа МахӀмудАвар алфабет2017 сонАвар квен-тӀехАгъадаМалъХъизихъ20 ФевралСоветияб Союзалъул Социялизмаялъул РеспубликабиРоссияБрейвик, Андерс БерингШагьарХӀукуматСингапурАваразул кицаби ва абиялЦӀалбанАвар мацІалъул свералабиТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъТуплис1967 сонКӀудияб пандаБежудаУрмаБайтул МакъдисГъалгъайГъараколобДагъистанЦӀБочохъ4 август🡆 More