Авар Нуцалзабазул Наслу

Нуцалзабазул наслу, Нуцабазул наслу букІана гьанжесеб Дагъистаналъул бакътІерхьуда букІараб Аваразул пачалихъалъе (XI–XIX гІ.) бетІерлъи гьабулел рукІаразул наслу.

Гьезул тахшагьарлъун букІана цин ТІануси, хадуб Хунзахъ, жеги гІарабал рачІиналдего жиб букІараб

Авар Нуцалзабазул Наслу
ТІад свердероги бахъараб штандартгун бацІ — авар нуцаллзабазул дугъ.

Сариралъул ханзаби

  • Абухуасро. Гьев вукІун вуго «тушазул, хунзахъезул ва гьел бакІазул киналниги хъанчие лагълъи гьабулезул» бетІерлъун. Гуржиязул тариххъваялда рекъон, Абухуасро вукІун вуго VIII гІасруялъул 40-лел соназ.
  • Авар/Аваз. Ибн-Рустаца рехсон буго, Срирлъул бетІерасда «Авар абураб цІар» бугилан. Гъардзиица хъвалеб буго Сариралъул «пачаясда Аваз абула» — ян. Гьел баянал кколел ратизе руго IX гІасруялъул кІиабилеб бащалъиялде.
  • Бухт-Йишо I (1025—26 )?. Гьав Сариралъул ханаса гь. 292/905 соналъ «хилиплъиялдалъун асир» гьавул Чоралъул амир МухІамад ибн Гьишам.
  • Филан-шагь (940—950)?. Ал-МасгІудияс хъвалеб буго Сариралъул бетІерасда «Филан-шагь абула» — ян, хадубго тІаде жубалеб буго Филан-шагь «Сариралъул киналниги ханзабазул цІар» бугилан. Цогидал иццазулги, живго МасгІудиясулги информациялъул анализ гьабидал, пикру бачІуна Филан-шагь X гІасруялъул 40 — 50 соназул Сариралъул ханзабазул титул гуреб, жидерго цІар букІанин абураб.
  • Бухт-Йишо II. Сарийс абурай ясалъул эмен; гь. 416/1025 соналъ гьей росасе кьола Чоралъул амир Мансурие.
  • (Фируджа)
  • Т...ку/ТІокъу (рехсон вуго 457/1065 соналъ). Ф-руджил (К-рух, цІар тІубан цІалихе кІолеб гьечІо) вас, Чоралъул раис Муфаридж ибн Музаффарил вакъад. XVII гІасруялда авар аристократиялда гьоркьоб гьеб цІар дандчІвалеб букІун буго

Нуцалзаби

Сариралъул ханзабазда ва нуцалзабазда гьоркьоб бугеб хурхен

Сариралъул ханзабаздаги нуцалзабаздаги гьоркьоб букІараб бухьен бихьизе бегьула Сариралъулги Аланиялъул рукІарал гьоркьоблъабаздасан. Ибн Рустаца Х гІ. байбихьуда рехсарав Авар абураб цІар бугев Сариралъул ханасулги нартазул эпосалда рехсон вугев Ауар-ханасулги цІаразда гьоркьоб буго баянаб аналогия, гьенисан бачІунеб буго пикур Авар абулев бетІерги (нуцал) Сариралъул жинца аланиязул ханасул яс ячун вукІарав цІар лъаларев ханги цого гІадмал ругин абураб. Авар нуцалзабазда гьоркьоб тІибитІун рукІун руго жидер бачІин осетиязул мацІалдаса ругел цІарал. Мисалалъе ГІандуникІ абураб (гІемерисебни гьеб рикІунеб буго Андроникос (грек Ἀνδρόνικος), абураб цІаралдаса бачІараб бугин абун), рес бугеб жо буго, гьири мацІалъул æндан (осет. æндан — чаран) абураб рагІудаса бачІун бати, цогидаб цІар — Сиртан — гьединго лъугьараб батизе буго гьириязул мацІалдаса, нартазул эпосалда рехсон буго гьеб Сырдон, Ширдан хІисабалда.

Нуцалзабазул сияхІ

МухІамад Рафиясул «Дагъистаналъул тарихалда» I Суракъатиде щвелалде рехсон руго гьесул умумул, амма гьеб ицц тІубанго битІараблъун кколаро.

  • Авар-хан

Лъаларел цогидал ханзаби

Лъаларел цогидал ханзаби

  • Суракъат II (1353/1354) ?
  • Саратан II
  • Дугърихан I, цеве рехсарасул вас
  • Ибрагьим I
  • МухІамадмирза, цеве рехсарасул дурц ва Дугъриханасул I вас
  • ГIандуникI (1460—1485), Ибрагьимил I вас
  • Булачнуцал (1485—1510) МухІамадмирзал вас
  • ГІамирхІамзат-нуцал (1510—1540), Булач-нуцаласул вас ГӀума-нуцаласул вас,
  • Нуцалхан I (1540—1546), цеве рехсарасул вас вукӀине бегьула
  • ГІандуникІхан II (1546 — декабр 1569), цеве рехсарасул вас
  • АхІмад (1569—1577), цеве рехсарасул вас
  • Тунай-Жалав (1577 - 1578), Чупан шамхаласул вац
  • МухІамад-Шамхал (1578—1589), Нуцалханасул I вас Турарасул вас,
  • Канбулакхан I (1589—1595), цеве рехсарасул вас
  • Шамхалхан I (1595 — 1596), цеве рехсарасул вац
  • Ибрагьим II (1596 — 1605)
  • Магьдихан I (1605—1614), вас МухІамад-Шамхал
  • Барти-КӀилъилав (1614—1620), ГІандуникІханасул II вас Бартил вас КӀушкӀанди-КӀилъиласул вас МухІамадханасул вас,
  • ГІумахан I (1620—1634), Шамхалханасул вас
  • ГІамир ХІамзатхан I (гІага-шагарго 1634—1646), Барти-КӀилъиласул вас
  • МолдармирзаI (1646 — 1650)
  • МухІамадхан I (1650 — 1656), Барти-КӀилъиласул
  • Дугрихан II (1656—1668), ГІумаханасул вас
  • МухІамадхан II (1668—1688), цеве рехсарасул вас
  • ГІумахан II (1688—1699), цеве рехсарасул вас
  • ГІандуникІхан III (1699 — 1706), цеве рехсарасул вас
  • Дугърихан III, цеве рехсарасул вац
  • ГІумахан III (1706 — 1707), яги КӀудияв Булач, Дугъриханасул III вас вукӀана
  • МухІамадхан III (1707 — 1722), цеве рехсарасул вац
  • ГІумахан IV (1722—1735), Турурасул вас, Туралазул тухумалдаса.
  • Анкалхан I (1735—1740)
  • Нуцалхан II (1740—1744), ГІумаханасул IV вас
  • МахӀмудхан I (1744—1765)
  • МухІаммад-нуцал IV (1765—1774), Булачил ГІумаханасул вас
  • ГІумахан V (1774 — апрел 1801), цеве рехсарасул вас
  • Гебекхан I (1801 — январ 1802), цеве рехсарасул вац
  • СултІан АхІмадхан I (1802—1823), ГӀалисултІан Мехтулил вас
  • Сурхайхан I (1818—1834), Гебекханасул вас
  • Арсланхан I (1827—1828)
  • Абу СултІанхан I (1828—1834), СултІан АхІмадханасул I вас
  • Бахубика I (1834—1834), ГІумаханасул V яс
  • МухІамадмирза I (1834—1837)

1837—1859 сс. — Хьундасеб Кавказалъул имаматалда гъоркьо уна.

  • Ибрагьимхан I Мехтулиса (1859—1863), СултІан АхІмадханасул I вас

1863 соналдаса нахъе Авар ханлъи Россиялда гъорлъе уна.

ХІужжаби

Адабият

  • "Дагъистаналъул Тарих", т. 1, М., 1967;
  • МухӀамадов Р. М., "Дагъистаналъул Тарих", МахӀачхъала, 1961.
  • Сычев Н.В. Книга династий. М., 2008. с. 637-638.

Линкал

Tags:

Авар Нуцалзабазул Наслу Сариралъул ханзабиАвар Нуцалзабазул Наслу НуцалзабиАвар Нуцалзабазул Наслу ХІужжабиАвар Нуцалзабазул Наслу АдабиятАвар Нуцалзабазул Наслу ЛинкалАвар Нуцалзабазул НаслуАвар нуцаллъиДагъистанНуцалХунзахъ

🔥 Trending searches on Wiki Авар:

МагIарул мацIУхӀудалъул гъазаватБусурманчиГъоркьколо1956РембрандтЯнварШамДублинАмерикалъул Цолъарал ШтаталБетӀераб гьумерРихьуниXIX гӀасруРугъжаса ЭлдарилавЧили1937ЭнциклопедияСингапурИндо-европиял мацӀалАвар нуцаллъиЛъимХунзахъ хъалаНейл Армстронг1Риидалил заманАзарбижанЧачан мацӀИрландияСагӀудиязул ГӀарабияБелоруссВоенный городок, Болъихъ мухъКСарирПетербурБиблияИсламПольшаСордоЧӀегӀер гӀорБахӀрайнВинстон ЧерчиллБакъда ГьиристанУнкъоГерманияХадиял росдал боТӀоцебесеб дунялалъулаб рагъ27 апрель2019 сонДучеТолстой, Лев Николаевич16 августВикимактабХлорофиллГӀурус географияб жамагӀатБагъдадГӀараб мацӀГӀурус мацӀ10 августВисокоснияб сонМацӀ (лага)🡆 More